Автор Н. Гlалиева. Ноябрь 2022 сон.
Ахиралде щолеб буго Россиялдаго маданияб ирсалъул сонлъун лъазабураб лъагIел. Гьединаб цIар гьаб соналъе кьеялъе гIиллалъун ккана нилъер умумузул гIадаталги, бахIарчияб нухги, халкъияб творчествоги гIун бачIунеб гIелалда лъазабиялде, гьеб цIуниялде дагьабги цIикIкIун кIвар кьей. Гьеб цIуниялъе кIудияб кIвар буго Культураялъул рукъзабазул, клубазул, маданиял центразул. Гьезул хIалтIи буссараб букIуна нилъерго Дагъистаналъе, районалъе хасиятал маданиял гIадатал Россиялъул цогидал халкъазда лъазари, гьезул лъикIал рахъал нилъецаги хIалтIизари. Гьеб мурадалъе гIоло гIемерал батIи-батIиял тадбирал тIоритIана Россиялъулго маданияталда, гьелдаго гьоркьоб Дагъистаналда ва нилъер районалда. Гьел рукIана Россиялъул халкъалъул рукIа-рахъиналда, культураялда, искусствалда, тарихалда хурхарал.
ЛъагIалил ахирги бугелъул, кин гьаб сон нилъер районалда тIобитIулеб бугебали лъазелъун жакъа дун дандчIвана районалъул Маданияб централъул нухмалъулей Хъайитмазова Жавгьарат ГIабдурахIмановнагун. Гьелдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чIвари:
-Жавгьарат ГIабдурахIмановна, лъазе бокьилаан кинаб кIвар бугеб нилъер маданиял гIадатазул централъул этнотрадиция цебетIезабиялъе ва гьеб цIуниялъе.
Маданияталъ бихьизабула инсанасул, тIолабго жамгIияталъулго гIумру унеб сверухълъиялъул жанисеб дуниял. Гьаб отделалда хIалтIулелъул дица жигар бахъулеб буго цебесебги хIалтIизабун, гьанжесеб цIияб гъорлъе бачун, районалъул маданият мустахIикъаб къагIидаялда цебехун бачине. Гьаниб данде гьарун рукIана нилъер умумузул фольклор, гIадатал, тарих, творчество, хIалбихьи, гIумру-яшавалъул къагIидабазул баянал. Нижеца жигар бахъула сундулъго жигараб гIахьаллъи гьабун, якъинго гьел гIадамазухъе кьезе. ХIисаб гьабуни, кинаб тадбир районалда тIобитIулеб букIаниги, культураялъул хIалтIухъаби гьоркьор гьечIони гьеб релъунаро. Бертин-туялда, рохалилаб мажлисалда магIарул бакъаналда ахIулеб хIасратаб кочIол гьаракьалъгIадин черх чIаголъун, гIолохъанлъун бачIунаро, унтарасул рекIелъе дарулъун лъугьуна гьеб. ЦIа гIадал гIолилазул ракIазе гуребги, ботIрол рас хъахIлъарал харабазеги, сакъатлъиялъ черх загIип гьабурал инвалидазеги рекIее паракъалъи бачIинабула гьелъ.
Нилъер гIадатал, рукIа-рахъин, ругьунлъаби цогидал миллатазда лъица загьирго рихьизарулел культураялъул хIалтIухъабаз гIадин берцинго. Къварилъи кканиги, рохалилал тадбирал тIоритIулел ругониги, культураялъул хIалтIухъаби тIоцебесеб кьерда чIола. БукIана замана культураялъул учреждениял ковидалъул заманалдаги, цоги батIи-батIиял гIиллабаздалъун къаралги. Кинаб лахIзат тIаде бачIаниги, хIатта, батIи-батIиял гIиллабаздалъун заманаялъ нижер гIуцIи къан бугеб мехалдагицин, кинаб тадбир районалда тIобитIулеб букIаниги, нилъер культураялъул хIалтIухъабаз гьениб гIахьаллъи гьабичIого течIо.