Четверг, 28.03.2024, 22:53 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Октябрь » 25 » БАХlАРЗАЛ ХЪАБЧИЛЪ ГУРЕЛГИ, КlАЗИЛЪГИ РАТУЛА
12:18
БАХlАРЗАЛ ХЪАБЧИЛЪ ГУРЕЛГИ, КlАЗИЛЪГИ РАТУЛА

Бах1арзал хъабчилъ гурел, к1азилъги ратула

Бах1арчилъи-бер къанщун гьабулеб лъик1лъиялъулъ, 
                                                            Ракъигин, къеч, г1акъуба къезабизе к1веялъулъ.
                                                                                                       (З. Батирова).

Дагъистаналъул бихьиназул бах1арчилъиги, сундасаго нахъеккей гьеч1ого, жидеде ккараб къо борхиги киназдаго лъала. Гьезул бергьараб чилъиялъулги чорхол ях1алъулги меседил х1арпаз хъван буго Кавказалъул, К1удияб Ват1анияб, Афгъаналъул ва гь.ц. рагъулал тунка-г1усиязул тарихалда. Г1ажаиблъизе яч1инч1о дун, жидерго росу-ракь ц1унизе рахъарал г1ешдерил лебалал ясалги, 16 сон гурого г1умрудул бук1инч1ониги бихьинчилъиялъ ц1ар арай Ч1иркъат1аса Гьумайги, Г1орут1аса Саг1адулал машгьурай лъади Хъутайги г1езарураб Дагъистаналъул ракьалда, жакъа къоялъги к1азал ч1варал бах1арзал загьирлъиялдаса, гьезул рукъарал заралг1анал рак1азулъ к1уди-к1удиял дациял ратиялдаса…

Нилъер районалъул Ц1алк1ит1а росулъа контракталъулаб хъулухъалъул сержант Г1абдуразакъова Асият Ах1мадовна 2022 соналъул 27 февралалдаса нахъе г1ахьаллъулей йиго Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда. 
Ч1ух1иялъулги, гьелдаго цадахъ х1инкъиялъулъги асар гьабулеб буго медицинаялъулаб 205 отрядалъул командирас Асиятие кьураб характеристика ц1алулаго:
«Операциялъулай сестра А. А. Г1абдуразакъовалъ яргъилал къуватазул Югалъулаб къокъаялда хъулухъ гьабулаго, жийго йихьизаюна лъик1 х1адурарай ва махщел камилай рагъулай хъулухъч1ужулъун. 
Цебесеб кьерда, авлахъалъулал шарт1азда, гьелъ гьоркьоса къот1ич1еб медицинаялъулаб хъулухъ гьабуна Пески, Кашперо-Николаевка, Костычи, Виноградовка мухъазда лъукъарал рагъухъабазе. Гьебги-50 ялде щвезег1анги лъукъа-къот1арал къойида жаниб рач1унел ракетабазулгун артиллериялъул гьужумазда гъоркь.
Г1умруялъе х1инкъигун, гьелъ жийго лъугьун къат1инабуна 15 зах1матго лъукъаразул ругъназдаса чваххулеб би, ОМЕДОялда (хасаб кумекалъул отряд) цадахъ г1ахьаллъана кьалул байдабаздаса 25 лъукъарав нахъе вачиналда, тохтурзабазул бригадагун 97 операция т1обит1иялда…»
 


Бит1ахъе абуни, черхалда сири базабуна «халатал гъалалги т1аргъинир гурун» х1еренай, берцинай маг1арул ясалъул къох1ехьейги багьадурлъиги цебе ч1езабун. 
Абухъего, доб нухмалъулесул характеристика июнь моц1алде щвезег1ан хъвараб бук1ана. Жеги чан г1умрудай хвасар гьабураб лебалай дагъистаниялъ, долдаса нахъе, чан солдатдай вехъерхъана жиндирго заг1ипабго мугъзадаги ч1ван, дозул г1умруялъе х1инкъи гьеч1еб бак1алде?!


Г1агарлъи гьоркьоб ккун гьабураб Асиятилгун накъиталдасан лъана гьабсаг1ат гьей госпиталалде ячун «цодагьаб бигьалъиялда йик1иналъул» (кинаб бигьалъиялъул бицинеги бегьилеб, рукъ тун, херай эбел тун, квачан-унтун, ц1ар щибилан таниги, рагъулал шарт1азда йигей ч1ужуг1аданалъул «парахаталъе» къимат кьолаго?!). Щибго рак1бух1и гьеч1ищ рагъулаб хъулухъалъул медсестраялъул х1алт1и т1аса бищиялдасаян дир суалалъе жаваблъунги Асиятил: «Г1адамазе кумек гьабизе рес щвеялдаса щиб рак1бух1и бук1инеб? Дун гьаний ц1ик1к1ун х1ажат йиго, ракълилаб Дагъистаналдаса»- ян бач1ана бах1арчияб калам.


Гьалдолеб буго рак1 ч1ужуг1аданалъулъ недегьлъи ч1валеб вах1шияб заманалда, «рагъуй къали бухулезда» ццим бахъун, т1урт1удулел руго, херай эбелалъухъегун цо вугев васасухъе – Асиятги, гьейго г1адал анц1-анц1 ясалги, аза-азар васалги сах-саламат рокъоре нахъруссагиян дуг1агун Аллагьасда цере ккурал, кверал…

PS. СВО байбихьаралдаса нахъего цересел кьеразулъ рагъухъабазе медицинаялъулаб хъулухъ гьабулей йигей лебалай маг1арулай, сержант Г1абдуразакъова Асият Ах1мадовна рак1бац1ц1адаб хъулухъалъухъ ва бах1арчилъиялъухъ йихьизаюн йиго Жуковасул медалалъе. 

Ниж «заг1ипаб бащалъийила-я»доб?!


Ф. Мух1амадова

Просмотров: 175 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz