31 октябралда райадминистрациялда тlобитlана росабазул бегавулзабазул данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас, заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас ва военком Шамил Мухlамадовас.
Данделъиялда гьоркьоб лъураб аслияб суаллъун букlана цlиял шартlазда рекъон исана хаслихъе призыв тlобитlиялъул къагlида бичlчlизаби.
“Нилъер тушбабаз ва цо-цо питна бекьизе къваригlарал чагlаз Интернеталдасан тlиритlизарулел кьучl гьечlел харбаздаги божун халкъалда гьоркьоб бихха-хочи лъугьинабулеб буго. Нилъеда тlадаб буго гьел гьадингоял къватlул харбал рукlин ва гьезда божизе бегьунгутlи халкъалда бичlчlизаби. Гьединаб бичlчlикьеялъулаб хlалтlи тlобитlизе ккола жидерго росабалъ бегавулзабазги. Киназдаго лъазе ккола исана хаслихъе призывалде рачунел гlолилал хасаб операция тlобитlулеб зонаялде ритlизе гьечlеблъи. 28 октябралда Россиялъул Оборонаялъул министр Сергей Шойгуца улкаялъул Президентасда лъазабуна Россиялда тlобитlулеб букlараб цо бутlаялъулаб мобилизация рагlалде бахъанилан. Гьединлъидал хаслихъе призывалде унел гlолохъаби хlинкъи бугеб бакlалде ритlунгутlиялда нужеца ракl чlезабе. Нилъеда тlадаб буго жакъа нилъер Ватlаналъул хlинкъи гьечlолъи цlунун къеркьолел ругел васазул ва гьезул рокъор тарал хъизан-лъималазул ва эбел-инсул тlалаб гьабизе. Гьеб мурадалдалъун районалда гlуцlун буго хасаб штабги. Жалго гlолохъабиги нижеца рехун тун гьечlо. Гьезие хlажатаб цlехон, гьелгун кидаго бухьеналда рукlинелъун гlуцlун буго хасаб группаги”, - ян абуна Нурмухlамад Задиевас.
Гьединго районалъул нухмалъулес бегавулзабазда тlад къана гьезие къваригlараб-тарабги цlехон, зама-заманалда хасаб операциялда гlахьаллъи гьабулел ругел гlолохъабазул рокъоре щвайиланги.
И. Мухlамадов.
|