Главная » Архив материалов
Автор И. Мухlамадов. Август 2023 сон.
17 августалда райадминистрациялда тlобитlана школазул директорзабазулгун данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас ва лъай кьеялъул отделалъул начальник Патlимат Хlамзатовалъ.
Данделъиялда рорхарал аслиял суалаздасан рукlана цlияб цlалул соналда районалъул школазул цlали анкьил щуго къоялде бачунеб букlин, ай гьанжеялдаса нахъе шамат къоги гlодобкъолъун букlине буго. Гьединаб къагlида гьабулеб бугин республикаялъул Лъай кьеялъулгун гlелмуялъул министерствоялъул бихьизабиялда рекъонилан абуна районалъул бетlерас. Гьеб цохlо нилъер гьаниб гьабулеб жо гурин, цогидал районаздаги цlали гьединабго къагlидаялде бачунеб бугилан тlадеги жубана гьес. Узухъда, цlияб къагlидаялда рекъон хиса-басиял гьаризе кколел руго школазул уставазда ва цlалулал планазда.
|
Автор И. Мухlамадов. Август 2023 сон.
16 августалда райадминистрациялда тlобитlана районалъул терроризмалда данде къеркьеялъул комиссиялъул (АТК) иргадулаб данделъи. Гьелда гьоркьор лъун рукlана муниципалитеталъул лъай кьеялъул учреждениял терроризмалъул хlинкъиялдаса цlуниялъул ва Лъай кьеялъул къоялде хlадурлъиялда хурхун райадминистрациялъул лъай кьеялъул отделалъул хlалтlул хlасилал гьариялъул, диниял гlуцlабазул терроризмалдаса цlуниялъул, гьезул категорирование ва паспортизация гьабиялъул, Расул Хlамзатовасул 100 сонилаб юбилей кlодо гьабиялда хурхарал тадбирал тlоритlулеб заманалда гlемерал гlадамал данделъулел бакlазда жамгlияб гlадлу-низам ва хlинкъи гьечlолъи чlезабиялда хурхун гьабулеб бугеб хlалтlул, 2019-2023 соназда Хунзахъ районалда терроризмалъул идеологиялда данде къеркьеялда хурхун комплексалъулаб планалда рекъон тадбирал тlоритlиялъул хlакъалъулъ суалал.
Данделъиялда гlахьаллъи гьабуна хlинкъи гьечlолъиялъул рахъалъ районалъул бетlерасул замсетитель, районалъул АТКялъул секретарь Хlамид Гьитlиновас, УФСБялъул Хунзахъ бугеб районазда гьоркьосеб отделалъул начальник Шамил Гlумаровас, РОВДялъул нухмалъулесул ишал тlуралев Шамил Маликовас, лъай кьеялъул отделалъул начальник Патlимат Хlамзатовалъ ва цогидазги.
Тlоцебесеб суалалда хурхун баян кьуна Патlимат Хlамзатовалъ. Гьелъул рагlабазда рекъон районалъул киналго лъайкьеялъул гlуцlабазул минаби руго сверун къан, киназдаго руго видеокамераби, тревогаялъулал кнопкаби, цlадудаса цlуниялъул системаби, экстреннияб хъулухъалъул телефонал. 38 школалда ва 10 садикалда лъун руго металлодетекторал. 5 школалда буго къад къоялъул охрана (ЧОП), исана цlияб цlалул соналдаса байбихьун гьединабго охрана букlине буго жеги 5 школалдаги (гьезда гъорлъ руго районалда цlиял рарал Гlарани ва Гlобода гьоркьохъел школалги). Кlиябго цlияб школалда шартlал гlуцlун руго СанПиналъул киналго тlалабазе жаваб кьоледухъ.
Районалъул имамасул вакил Шамил Гьитlиновасовас бицана жакъа къоялде районалда бугин 70 ялдасаги цlикlкlун мажгит, гьездасан жакъа къоялде гlицlго 16 мажгиталъул хlадурун бугин “зеленка”. Муниципалитеталъул диниял учреждениязул аслияб гlузру кколеб буго хlинкъи гьечlолъиялъул паспортал гьечlолъи. Гlицlго райцентралъул болмажгиталъул хlадурун рагlула хlинкъи гьечlолъиялъул паспорт. Гьебги жеги тасдикъ гьабун гьечlо. Гьел суалал рагlалде рахъинариялда хурхун жидеца хlалтlи гьабулеб бугилан тlадеги жубана гьес.
|
Автор И. Мухlамадов. Август 2023 сон.
5 августалда хlалтlулаб сапаргун районалде рачlун рукlана республикаялъул Хlукуматалъул къокъа. Гьезул бетlерлъуда вукlана Хlукуматалъул Председатель Гlабдулмуслим Гlабдулмуслимов, гьесул заместитель Муслим Телякавов, Культураялъул министр Зарема Бутаева, Лъай кьеялъул министр Яхlя Бучаев, Транспорталъулгун ухазул магlишаталъул министрасул заместитель Мухlамад Тlагьиров, Экономикаялъул министрасул заместитель Шамил Гlаммаев, Федералияб Казначействоялъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул нухмалъулев Гlабдулпатахl Гlамирханов, Халкъияб Собраниялъул депутат Хучбар Хучбаров ва цогидалги.
Районалъул нухмалъиялъ гьалбадерида дандчlвай гьабуна районалъул гlорхъуда Бухlнатlа абулеб бакlалда. Хlалтlулаб къокъаялъул нилъер районалде сапар бухьиналъе аслияб гlилла букlана тlаде щолеб бугеб Расул Хlамзатовасул 100 сонилаб юбилеялде унеб бугеб хlадурлъиялъухъ халгьаби.
Гьедин, тlоцебе гьел щвана шагlирасул цlаралда Гlарани балеб бугеб цlияб школалде. Гьениб цlалул корпусалда гьарулел хlалтlаби рагlалде щун руго. Цо-цо кабинетазухъ байбихьун бугоан мебель бакlаризе. Хlакъикъаталдаги цlакъ берцинаб, гlатlидаб, гвангъараб ва гьаб заманалъул тlалабазе жаваб кьолеб школа лъугьун буго. Гlаммаб къагlидаялъ цlияб школалда букlине буго 308 лъимералъе бакl. Щибаб тlалаялъул къадазда ран руго Расул Хlамзатовасул творчествалъул, гьесул гlумрудул нухлул, нилъер Ватlаналъул бечедаб тарихалъул рицунел стендал. Гьалбал рази хутlана цlалул корпусалда бихьаралдаса, амма кибниги кlудияв шагlирасул рахьдал мацlалда бугеб цониги кечl батичlолъи рекlее гlечlо премьерасе. "Расул Хlамзатовасул цlаралда бараб школалда щай цониги гьесул магlарул мацlалда ругел асарал хъвараб стенд гьечlеб? Гьаб школалда аслияб кlвар кьезе ккола магlарул мацlалде, гьанир цlалулел лъималазда лъазе ккола жидерго рахьдал мацl. Шагlирасул магlарул мацlалда ругел асарал хъварал стендалги рукlине ккола гьанир", - ян абуна гьес. Хlадурун буго 126 лъимералъе бакl бугеб общежитиеги. Амма Хlукуматалъул нухмалъулесул гьениб бихьараб-таралдаса букlараб разилъи ссун ана азбар-къоноялда ва спортивияб залалъул корпусалда бугеб ахlвал-хlал бихьидал. Гьениб жеги гlураб хlалтlи бугоан. Жеги лъугlун гьечlо спортзалалда ва азбаралъул гьелда цебехун бугеб территориялда гьарулел ругел хlалтlаби. “Гьадинаб хехлъиялда хlалтlаби унел ругони, 25 ноябралдехун лъугlизеги бегьула школа. Нилъее хутlараб жо буго гlицlго цохlо моцl. Гьеб болжалалда жаниб гьабщинаб хlалтlи рагlалде бахъинабизе ккани, чанго нухалъ цlикlкlинабизе ккола гьанир ругел хlалтlухъабазул къадар ва сордо рогьаралдаса къо рукlкlинегlан хlалтlизе ккола гьел. Гурони, нилъ киналго цlакъ нечараб бакlалде ккезе руго", - ян тlадеги жубана гьес. Объект базе тlаде босараб подрядалъулаб гlуцlиялъул нухмалъулев Хlусен Хlамзатовас бицана жакъа къоялде, гlаммаб къагlидаялъ кlиябго объекталда цадахъ 120 чи хlалтlилев вугилан.
|
Автор И. Мухlамадов. Август 2023 сон.
2 августалда райадминистрациялда тlобитlана бегавулзабазул данделъи. Гьеб нухда бачана районалъул бетlерасул заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас. Данделъиялда аслияб къагlидаялъ гьоркьор лъун рукlана налогал ракlариялда ва тlаде щолеб бугеб Расул Хlамзатовасул 100 сонилаб юбилеялде хlадурлъиялда хурхарал суалал.
Налогал ракlариялъул бицунаго, Асадгlали Гlабдуразакъовас абуна кидагогlадин, гьеб иш лъагlалил ахиралде щвезегlан хадуб бехъерхъун течlого, гьанжего гьелъие хlалтlи гьабизе кколилан. Гьелда хурхун гlемерал суалал ругоан бегавулзабазул. Гьезул гlемерисел рази гьечlоан Налогазулаб хъулухъалъул хlалтlудасан. Налогал кьезе кколеблъи берцинго гlадамазда бичlчlизабун гурони, хlал гьабун гьезухъа налогал рахъи жидеда тlадаб иш гурин, гьеб бугин Налогазулаб хъулахъалъул ва судалъулал приставаз гьабизе кколеб хlалтlийилан абуна бегавулзабаз.
Узухъда, данделъиялда аслияб суаллъун букlана Расул Хlамзатовасул юбилеялде хlадурлъиялда хурхун унеб бугеб хlалтlул бицин.
|
Автор И. Мухlамадов. Июль 2023 сон.
23 июлалда Хунзахъ тlобитlана росдал авалазул командабазда гьоркьосеб иргадулаб футболалъулаб турнир. Гьеб бухьинабун букlана мунагьал чураяв, росуцояв Тlалхlатов Хlасанил цlаралда ва аслияб къагlидаялъ гlуцlун букlана гьесул вацасул ва инсул хlаракаталдалъун.
Гlаммаб къагlидаялъ, исанасеб турниралда гlахьаллъи гьабуна 8 командаялъ. Гьел рикьун рукlана кlиго къакъаялде. Щибалъусан къватlире рорчlизе рес букlана кlи-кlи командаялъул. Гьедин, хlалуцарал хlаязул хlасилалда полуфиналалде рачlана “Лъарахъ 1” - “Жаниб мегъ” ва “Гургур” - “Щулалъутlа” командаби. 2-1 ва 2-0 хlисабгун дандиязда тlад бергьенлъиги босун, финалалде рачlана “Лъарахъ” ва “Гургур” авалазул командаби. Финалияб хlай лъугьана цlакъго хlалуцараблъун ва 1-0 хlисабгун бергьенлъиги босун, “Лъарахъ 1” команда бахъана турниралъул щуцlул чемпионлъун. Лъабабилеб бакl ккуна “Щулалъутlа” авалалъул футболистаз.
Турнир къалаго кlалъаял гьаруна тадбир гlуцlаразул цояв Шамил Малачиевас, росдал цевесев ва гьанжесел бегавулзаби Хизри ва Мухlамад Тlалхlатовас ва цогидазги.
“Киназего кlудияб баркала буго жакъа дир вацги кlодо гьавун, гьесул цlаралда тlобитlулеб турниралде рачlанщиназе. Гьадинал тадбираз цолъизарула нилъер гlолилал, щула гьабула росдал гlолохъабазул гьудуллъи-вацлъи ва лъикlаб мисал бихьизабула гlисинаб гlелалда. Нилъеца хlаракат бахъила гьоркьоб къотlизе течlого, жеги тlадегlанаб даражаялда санайил гьаб турнир тlобитlизе”, - ян абуна росдал бегавул Мухlамад Тlалхlатовас.
|
Автор И. Мухlамадов. Июль 2023 сон.
19 июлалда районалъул Ветеринарияб управлениялда тlобитlана исана лъагlалил тlоцебесеб бащалъиялда гьабураб хlалтlул хlисаб кьеялъул данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlерасул заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас, ветуправлениялъул начальник Тlалхlат Шамхаловас, Хунзахъ бугеб зоналияб лабораториялъул директор Патахl Сагlадуевас, участоказда ругел пунктазул заведующияз ва цогидазги.
Киназего саламги кьун, данделъи рагьана Тlалхlат Шамхаловас. Гьес жиндирго докладалда гlатlидго бицана управлениялъ исана сонил тlоцебесеб бащалъиялда гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ.
Гьедин, Тlалхlат Шамхаловас бицана районалъул ветуправлениялъул специалистаз хъулухъ гьабулин муниципалитеталъул 24 росдал администрациязде ва 76 жамгlияб секторалъул магlишаталде гъорлъе унел 24448 бетlер чlегlербоцlуе, 159647 бетlер гlи-цlцlаназе, 731 бетlер чу-хьваниялъе, 41106 бетlер гlанкlо-хlелекоялъе, 49 бетlер кутузе, 4159 найил тlулбузе. Гьел киналго руго Хунзахъ, Кочубей, Бабаюрт ва Кизилюрт районазул гочинабун гlи-боцlи хьихьулел зонабазда. Гlаммаб къагlидаялъ 2023 сонил тlоцебесеб бащалъиялда жаниб районалъул ветуправлениялъул хlалтlухъабаз рахунел ва инвазионниял унтабаздаса гlи-боцlи цlуниялъул мурадалда хал-шал гьабуна 1001666 бетlер гlи-боцlухъ. Чlегlерхlайваназул ва гlи-цlцlаназул язва бугищали халгьаби тlубазабун буго 111% ва 100%, чу-хьванул - 104%. Чlегlербоцlул ва гlи-цlцlаназул ящур бугищали халгьабун буго 100% ва 104%. Гlи-цlцlаназул оспа бугищали халгьабун буго 100%. Гьабзазул ва кутузул бешенство бугищали халгьаби тlубазабун буго 100% ва 112%.
Серологиялъулаб цlех-рех гьабун буго 15744 бетlер чlегlербоцlул, 12910 бетlер гlи-цlцlаназул, 280 бетlер чу-хьваниялъул. Гьезул цонигиязул бруцеллез батун гьечlо. Гьединго лейкоз бугищали халгьабун буго 15201 бетlералъул, амма цониги хlужа батун гьечlо. Туберкулез бугищали 11545 бетlер гlи-цlцlаназул халгьабиялъул хlасилалда цониги хlужа тlатун гьечlо. Тlомода гъоркь букlунеб овод бугищали халгьабун буго 25193 бетlер чlегlербоцlул, цонигиялъул батун гьечlо.
Роспотребнадзоралдсан бачlун буго гlадамазда хlайваназ хlанчlиялъул хlакъалъулъ 10 сообщение. Щибаб хlужаялда хурхун гьабун буго букlине кколеб хlалтlи, ралагьун руго хlайваназул бетlергьаби (7 хlайваналъул бетlергьаби ратун руго, хутlарал 3 хlайванал ратун руго къватlул кутул). Рехсарал хlайваназда хадуб чlезабун буго 10 къоялъулаб халгьаби, гьеб заманалда жаниб цонигиялъул бешенствоялъул гlаламатал загьирлъун гьечlо. Ккун буго гlадамал бруцеллезалъ унтиялъул 4 хlужа. Бакlаздеги ун, киназдаго хурхун гьабун буго эпизоотическияб цlех-рех. Цебеккун гьабураб халгьабиялъухъ балагьичlого, бруцеллезалъ унтарал гlадамазул гlи-боцlул цlидасанги гьабун буго серологиялъулаб халгьаби. Цонигиялъул унти батун гьечlо.
Хlисаб кьолеб болжалалда жаниб хасаб хlалтlи гьабун буго хlайванал рахунел унтабаздаса цlуниялъе гlоло профилактикияб хlалтlи гьабиялда хурхунги. Мисалалъе, копрологиялъулаб халгьабиялъул 521 проба босун буго чlегlерхlайваназул, гlи-цlцlаназул - 1554. Гьелъул хlасилалда чlегlерхlайваназда гьоркьоб тlатун буго 50 хlужа фасциоллез унтиялъул, стронгилятоз - 37, мониезиоз - 23, парафистамоз - 19, дикроцеллиоз - 5; гlи-цlцlаназул тlатинабун буго 258 фасциолез, стронгилятоз - 220, мониезиоз - 231, парафистамоз - 10, кокцидиоз - 17. Цадахъго профилактикияб ва дару-сабабалъулаб тадбирал тlоритlун руго 26118 бетlер чlегlерхlайваналъе ва 192750 бетlер гlи-цlцlаназе. Гьединго чурун буго 35235 бетlер чlегlерхlайваналъул ва 180093 бетlер гlи-цlцlаназулги.
|
Автор И. Мухlамадов. Июль 2023 сон.
16 июлалда Хунзахъ байрамалъулаб ахlвал-хlалалда рагьана маданияталъулабгун туристазулаб комплекс AVA. Кlалъаял гьаруразда гъорлъ рукlана проекталъул идеолог Дмитрий Карташов, архитектор Валерия Куцеба, Хунзахъ тарихиябгун гlагараб ракь лъазабиялъул музеялъул гlелмияв хlалтlухъан Мухlамад Гlамиров ва цогидадги. Тадбир рагьи берцин гьабун букlана “Гlакаро-Хунзахъ” районалъул кьурдул ансамблялъул церерахъиналъги.
Проекталъул автораллъун ккола Санкт-Петербургалъул “В. А. Гавриловасул творчествоялъулаб архитектураялъул мастерскаялъул“ коллектив. Тlоцебе рехсараб комплекс гlуцlиялъе архитектуриябгун художественнияб пикру бижана гьеб мастерскаялъул нухмалъулев Валентин Александрович Гавриловасул. Архитекторасда лъикl лъала Дагъистан, гьесул гlемерсоназулаб гьудуллъи ва батlи-батlиял проектазда хурхараб бухьен букlана Расул Хlамзатовасулгун ва гьесул хъизамалъулгун. Рехсараб мастерская ккола батlи-батlияб заманалда улкаялъул батlи-батlиял бакlазда гlуцlарал проектазул, музеязул комплексазул ва культураялъул объектазул автораллъун. Мисалалъе, гьезда гъорлъ руго араб гlасруялъул 80 аб. соназда “Дербенталъул хъалаялъул реконструкция ва реставрация гьабиялъул план”, “Дагестанский аул” этнографиялъул комплексалъул музей-заповедник, Махlачхъалаялъул ва Дербенталъул музеязул экспозициял, “М. Ю. Лермонтовасул музей-усадьба”, Рязань областалъул Константиново росулъ бугеб “С.А. Есенинил Пачалихъияб музей-заповедник”, “Адыгеялъул Миллияб музей”, “Лермонтовасул музей”, Пермь краялъул Тамань росулъ бугеб “Таманалъул археологиялъулаб музей”, “Анапаялъул археологиялъулаб музей-заповедник“Горгиппия”, Ростовалда бугеб “Археологиялъул музей-заповедник Танаис”, Калининградалъул “Дунялалъул океаналъул музей“ ва гlемерал цогидалги проектал. Гьединалго комплексал разе руго Карелия, Кисловодск, Хакасия, Владивосток ва цогидалги улкаялъул бищунго гlемер туристал хьвадулел бакlаздаги.
|
Автор Ш. Мухlидинов. Июль 2023 сон.
Календаралъул тIанчазда божани, БакьагьечIиса ГIалиев Гъайирбегил гIумруялъул кколеб буго 80 сон. Гьениб Гъайирбегил гьунар бугин, гьесда баркизе жо дида батулеб гьечIо, гьев вижарав Аллагьасе щукру гьабуни гурого. Амма Гъайирбегил тIокIлъи буго, гIумруялъулъ Аллагьас живго щай вижаравали хехго бичIчIи. Дида, росулъа чи вукIаниги, Гъайирбег щуго минуталъ годекIанив хабар-кIалалда чIун вихьичIо. ЧIаниги, гIумруялъ ботIролъе босараб батIи-батIияб гIелму цогидасухъе кьолевлъун гурони. Гьес ботIролъе босарабгIанасеб гIелму цоги чияс, Аллагьас 800 сонилаб гIумру кьуниги, босун бахъунеб жо гуро.
Гъайирбегил «Пикрабазул лахIзатал» абураб тIехьалъул цеберагIиялда хъвалеб буго, жив гьавунила Хунзахъ районалъул БакьагьечIи росулъ хъулухъчиясул хъизамалдайилан. Росдал школалъул 7 классги лъугIизабун цIаланила Дагъистаналъул медицинаялъул училищеялда. КIиго соналъ Хунзахъ районалда фельдшерлъунги хIалтIун, цIализе лъугьанила ДГМИялде. 1969 соналда гьебги лъугIизабун, жакъа къоялде щвезегIанги хIалтIулев вугила районалъул Централияб больницаялда психоневрологлъун.
Хъван буго вачIараб тухумалъул хIакъалъулъги: «Ккола инсул рахъалъан кочIохъан-сатирик Муртазал тухумалъул, эбелалъул рахъалдасан – хундерил тIалъиялда Малла-Насрудин гIадав ГъалбацIхIажил тухумалъул», - абун. Щун руго «Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур» ва «ТIадегIанаб категориялъул тохтур» абурал цIаралги, «ХIурматалъул гIаламат» орденги. Унго, чиясул гIумруялде данде ккураб мехалъ рагIабазул мукъсанлъи.
Гьев тIадегIанаб даражаялъул, яхI-намусалда хIур хъвазе течIев, аза-азар чиясе пайдаялъе, сахлъиялъе ватарав чи вугин, Хунзахъ тIалъи гвангъизабулеб, чIухIизабулеб бажариялъул анкьгьунар вугилан гьел рагIабаздасан бичIчIулеб гьечIо. БичIчIулеб гьечIо гIумруялъул саназда жаниб кигIан гIемер гьев унтараз сардилъ вахъинавуравали, кигIан гIемерав чиясе гьес районалдаго тIоцебе рукIкIби хIунчун дару гьабиялъул махщелги лъазабун кумек гьабурабали. КигIан гIемеразул, махщалида дару-сабабги гьабун, къотIун унеб букIараб хьул гIумруялде лъезабурабали. Гьесул биографиялъул къокъал рагIабазда хъван гьечIо гьев гьимулев гурони лъидаго вихьичIилан, гьимаравго унтарал сахлъулилан, сахал унтичIого хутIизе гьесул махсара-хочI гъорлъ гIемерал сатирикиял кучIдузулги кумек букIунилан. Дида, тохтур гурелъул, лъаларо гьесул гIемерал рахъал жанире рачараб тохтурлъиялъул махщалие къимат кьезе. Амма лъала ва бихьана, райбольницаялъул лъимал регизарулеб къотIелалда ва къадазда гьес лъималазе рахъарал суратаз, гьел гьимизе гурелги, сахлъизеги гьарулел рукIин. Бихьана гIагараб школалдеги вачIун, клубалда гьес художникас гIадин, бахъараб росдал сураталъ лъималазул росдаде, ВатIаналде рокьи базабураблъи. Бихьана, дун директорлъун вукIаго, цо чанго цIалдохъанас «хехго кIудиял гIезе бокьун» чIачIаги гьекъон гьел мутIигI гьаризе дида кIвечIеб мехалъ, Гъайирбегги ахIун, гьес махщалида гьел мутIигI гьарураб куц. Дида вихьана Гъайирбег наязул гIелмуги лъазабун гьелги хьихьун, унтаразе найил гьацIул сахлъиялъе бугеб кIваралъул бицуневги. Наязул гIелмуялъул, жиндирго гIумруги гьездасан мисал босун хIалтIулаго индал батила, лъалареб жо гьесда гьечIо. Киназго бицуна гьесул гIи-боцIуе хъулухъ гьабизе бугеб махщалил, гьес сунда квер баниги, аскIор ругезда бигьаго гьабулеб бугин кколедухъ, гьесухъа бажарулеб куц.
|
Автор И. Мухlамадов. Июль 2023 сон.
3 июлалда Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб школалда хlалтlизе лъугьана школалда цебесеб сах гьариялъулгун хlохьбахъиялъул лагерь “Сарир”.
Гьеб рагьун буго Дагъистан республикаялъул Лъай кьеялъулгун гlелмуялъул министерствоялъул ва районалъул администрациялъул цадахъаб хlаракаталдалъун. Лагерь рагьиялъулъ гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlерасул заместитель Хlамид Гьитlиновас ва школалъул директор Раисат Хlаштlиховалъ.
"Гьаб ахираб заманалда нилъер районалда букlинчlо гьадинаб лагерь. Исана нужее рес щун буго гьаниб хlохьбахъи гьабизе. Узухъда, гьанибги цlунизе ккола хасаб низам. Гlенеккизе ккола тарбичагlазухъ, бегьуларо кватlаризе ва гlилла гьечlого къоял гьоркьор риччазеги", - ян абуна Хlамид Мухlамадовичас.
|
Автор И. Мухlамадов. Июль 2023 сон.
4 июлалда нилъер районалъул Макьасда тlобитlана “Дир халкъалъул кучlдул ва кьурдаби” абураб, Расул Хlамзатов гьавуралдаса 100 сон тlубаялда хурхараб фестиваль. Тадбир гlуцlун букlана “Горцы” абураб фольклоралъулгун гlадатияб маданияталъул 21 аб. Халкъазда гьоркьосеб фестивалалда рекъон. Данделъаразе саламги кьун тадбир рагьана районалъул бетlерасул заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас.
“Дун цlакъ вохарав вуго жакъа некlсияб хундерил ракьалда ва гьадинаб берцинаб тlабигlаталда тlобитlулеб тадбиралда гlахьаллъи гьабизе щвеялдаса. Районалъул нухмалъиялъул рахъалдасан ракl-ракlалъулаб баркала кьезе бокьун буго гlагарлъулеб бугеб кlудияв шагlирасул юбилеялда хурхун тlобитlулеб фестивалалда гlахьаллъи гьабизе рачlарал киналго гьалбадерие”, - ян абуна гьес.
|
Автор Ш. Гlалиев. Июнь 2023 сон.
Лъимерлъи
Дун дунялалде вач1унаго, дида цадахъ бач1ун батилин тола дица, дир херал чаг1аздеги, гьит1инал лъималаздеги бугеб г1орхъи гьеч1еб рокьи. Г1агараб росдал годек1анибги, къват1ахъги ана дир лъимерлъи, гьениб бук1ана дир динги, дир рек1елгъейги. Дие ц1акъ бокьулаан чуязда рек1ине, чуял риччалел, гьаби рагъизарулел къецазухъ балагьизе. Амма дие бокьулароан лъуг1и гьеч1ел малъа-хъваязухъ г1енеккизе. Г1адлу низамги малъа-хъваялги г1емерлъидал, дун гьезде ругьунлъун ккун вук1унаан. Дир рек1ее г1ажаибаб асар гьабулаан зикру бачунеб гьаракьалъги, щаялиго бокьулаан росдал хабзалалъе инеги. К1одоэбелалъ бицунаан нижер росдадасаги цере рук1арал хабзал ругин гьелилан.
Маг1арухъ г1иссинал лъимал хабзалалъе риччалареб г1адат бугониги, дица кинги нухал ратун, гьениве ворч1изе х1аракат бахъулаан. Дица кидаго г1ажаиблъи гьабулаан щай хоб гьедин гъварид бухъулебан, дир бот1ролъ гьелда сверун г1емерал суалал женжедулел рук1ана. Жакъа рак1алде кколеб буго, кин гьит1инав чиясул бот1ролъе гьединал пикраби рач1унел рук1аралилан.
Киданиги, щибниги къо бихьич1ого щварав чи гуро дун. Х1атта, лъимер гьабидал рохун гьелда лъолеб ц1аргицин лъабго моц1ил даг1ба-къецалдаса хадуб гурони дида лъун гьеч1о. Дир 104 сон барай к1удияй эбелалъ, Халиль-эбель абулаан гьелда, дун ургьив вук1аго дир эбелалда абун бук1уна, дуца васги гьавулин, гьев вихьич1ого хвезеги жинда рак1алда гьеч1илан. Гьеб мехалъ киназго гьей хоч1ие гьаюла, нусилъа арай г1аданалъул хабар бихьулищилан.
Цинги Халиль-эбелалъ лъазабула васасда Имам Шамилил ц1арги лъезе кколин, гьеб ц1аралъул маг1наги бугин «Лъай бугев», абун. Аллагьас чиясе лъай-г1акълу эбелалъул ургьисанго кьолин, хут1араб жинца кинидахъ ах1унги малъилин гьесдаян. Росдал жамаг1аталъулги, ц1ик1к1арал г1адамазулги пикруялда Шамил Имам г1адав чиясул ц1ар ккара-ккаразда лъуни баракат гьеч1олъи щвезе бегьулин абун дида лъабго моц1алъ ц1ар лъеч1ого хут1ула, кинги ц1ик1к1арай г1аданалъул адаб гьабун, гьелъул гьари т1убазабула, амма бач1унеб 100 соналъ росулъ гьеб ц1ар т1ок1аб лъицаниги лъогеянги лъазабула. Нижер маг1арухъ абула: «Киналго ралагьула, амма цо-цоязда гурони бихьуларо», ян. Халиль-эбелалъ къот1ухъе ккана дирги къисмат. Дир кинидухъ жеги лъабго соналъ ц1алана гьелъ Къуръан-х1адисал, бачана зикру, ах1ана туркаби. Гьелъ кинидасанго ургьибе т1едал батила, Къуръан ц1алулеб, зикру бачунеб раг1идал дир черхги, рак1ги, рух1ги т1егьан бач1уна. Дида ккола дун ц1идасан лъимерлъиялде щванин ва гьенисан бук1инеселъухъ валагьун вугилан. К1одоэбелалъул г1умрудул дарсаз бекьана дир рек1елъ хераздеги, лъималаздеги рокьи. Кинаб х1укуматалда, шагьаралда, росулъ вугониги, 5 сонил г1умруялде рахинч1ел лъимал рихьидал дун ч1езеги ч1ун балагьула гьезухъ, гьел гьимани дида дунго гьезул кьерилав вугин ккола. Гьеб бук1уна дир бищун талих1аб лах1зат, харабаздаги лъималаздаги аск1об г1адин рек1елгъей дие кибго бук1унаро. Лъимадул недегьлъиги, гогьлъиги, чанк1к1иги, можк1к1иги дилъ кидаго бук1ана, гьелда рекъараб г1адлуги камулароан дие.
|
Автор И. Мухlамадов. Июнь 2023 сон.
17 июналда Махlачхъалаялда Авар театралда тlобитlана КПРФалъул СКФОялъул регионазул нухмалъулезулгун активалъул семинар-данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна Пачалихъияб Думаялъул депутат, КПРФалъул ЦКялъул Председателасул тlоцевесев заместитель Юрий Афонин, партиялъул Северияб Кавказалда ругел регионалиял отделениязул активал ва цогидалги партиялъул нухмалъиялъул вакилзаби. Гьезда гъорлъ рукlана Хунзахъ райкомалъул членалги.
Тадбир байбихьана киназго цадахъ радалго Ленинил ва Расул Хlамзатовасул памятниказда цебе тlугьдул лъеялдасан. Авар театралда цебе бугеб майданалда чадралги чlван хlадурун ругоан СКФОялъул регионазул бокlнал, гьенир церелъун рукlана рукlана щибаб регионалда партиялъул отделениялъул тарих, гьезул хlалтlи ва жакъасеб гlуцlиялъул бицунел тlахьал, газетал, журналал ва буклетал.
Гьезул щибалъухъ халги гьабун, делегатал ракlарана театралъул залалде. Жиндирго кlалъаялдалъун тадбир рагьана Дагъистаналъул рескомалъул тlоцевесев секретарь Самир Гlабдулхаликовас. Хадуб гlатlидаб докладгун цеве вахъана Юрий Афонин.
“Нилъеца дагьаб цебегlан кlодо гьабуна киго кlвар бугел юбилеял - СССР гlуцlаралдаса 100 сон тlубай ва нилъер партия цlидасан гlуцlун 30 сон тlубайги. СКФОялъул регионалиял отделениязги жигараб гlахьаллъи гьабуна гьел тадбирал кlодо гьариязда. Цlакъго кlудияллъун лъугьана СССР гlуцlаралдаса 100 сон тlубаялда хурхун тlоритlарал тадбирал. Гьелдалъун бихьулеб буго социалистияб гlуцlи биххиялдалъун кинаб пачалихъалдаса нилъ махlрумлъаралали Кавказалъул республиказда лъикl бичlчlулеб букlин. Гьезда гъорлъ хасаб бакl ккола Дагъистаналъги. Нилъеда лъала 1996 соналда президентасулал рищиязда Г. А. Зюгановасе Дагъистаналдасан бищун цlикlкlун гьаркьал щун рукlараблъи. Жакъа партиялда цере чlун руго кlудиял масъалаби. Гьездасан ккола кватlичlого тlаде щолел ругел рищиязде хlадурлъи. СССР биххараладса нахъе цlияб хlукуматалъ кидаго хlаракат бахъула рищиязда коммунистазул къинабизе. Нилъеда тlадаб буго нилъерго гьаркьал цlунизе ва закон хвезабиялъул хlужжаби тlатани, гьезул хlакъалъулъ иш тlаде кколел органазде лъазабизе. Жакъа нилъеда бихьулеб буго улкаялда бугеб бюрократия, коррупция, тухумчилъи, чванта биццатазул ва нахъа “мугъ” бугезул рахъалда ругел законал, ричун росулел хъулухъал, экономикаялда лъугьун бугеб хlалуцараб ахlвал-хlал, гlадатаб халкъалъул язихъаб гlумру, гьезул цlунулел гьечlел ихтиярал, гьечlеб социалияб ритlухълъи. Цохlо нилъеда гуребги, гьеб кинабго цlакъ лъикl бихьулеб буго гlадатияб халкъалдаги. Гьединлъидал цlикlкlине руго коммунистазул рахъ кколел. Сон дица гlахьаллъи гьабуна Санкт-Петербургалда тlобитlараб халкъазда гьоркьосеб экономикияб форумалда. Гьенир кlалъазе рахъарал тlалъиялъул вакилзабаз бицунеб букlана базаралъулаб экономикаялъул ругел тlокlлъабазул ва цоги туркlи приватизациялъул гьабизе кколин. Приватизациялъги базаралъулаб экономикиялъги гурищ жакъа нилъер экономика гьадинаб хlалалде ккун бугеб? Унго, гьезда бихьуларищ социалистияб нух тlаса бищараб Китай цебетlун бугеб куц? Цоги жакъа партиялъ кlудияб бутlа лъолеб буго Украинаялда тlобитlулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда. Жакъа къоялде партиялъул 37 членас рухl кьуна сцецоперациялда гlахьаллъулаго. Гьединго СКФОялъул регионаздасаги цlакъ гlемерал рагъухъабаз гlахьаллъи гьабулеб буго СВОялда. Гьелъги бицунеб буго Кавказалда унго-унгоял бихьинал ва Ватlаналъул патриотал рукlин”, - ян абуна гьес
|
Автор Н. Гlалиева. Июнь 2023 сон.
1979 соналда Дагъистаналъул Пачалихъияб педагогикияб институталъул къват1исел пачалихъазул мац1азул факультетги лъуг1изабун г1агараб районалде яч1арай Хунзахъ росулъа Гьит1инова Рах1мат Мух1амадовнаялъ аслияб къаг1идаялъ жиндирго зах1маталъулаб нух бухьинабуна Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школалда. Бач1инахъего гьей х1алт1изе лъугьана байбихьул классазул учительницалъун. Гьелдаса нахъе ун буго 45 сон. Гьебгощинаб заманалда лъималазе гъваридаб лъайги, лъик1аб тарбияги щвезеялъе г1оло бихьулеб къоялде, унеб заманалде яч1инч1ого, к1вах1-свак лъач1ого х1алт1ана Рах1мат ц1алдохъабигун.
Жиндир к1удияб талих1 кканилан абула Рах1матица, бач1инахъего школалъул ч1ух1илъун кколев, гьелъул директор, мунагьал чураял, Ясулов Х1ажи, завуч Гьит1инов Т1алх1ат, Г1абдулаева Гуржигьан, Мух1амадова Сиядат г1адинал учительзабазда цадахъ х1алт1изе щвей. Х1албихьи бугел учительзабазул кумек бук1унаанила т1оцебе лъалареб малъизеги, бич1ч1улареб бич1ч1изабизеги, гьездасан мисал босун х1алт1изеги.
Г1исинал лъималаз кинабго гьабула жидеда цее йигей учителалъухъ хал гьабун, гьелъул мисалалда, гьелъ г1адинан. Гьебги бич1ч1ун, х1алт1уде яч1араб т1оцебесеб къоялдасанго бахъараб, Рах1матил х1алт1ул мурадлъун бук1уна ц1алдохъаби зах1мат бокьулеллъун, рак1 бац1ц1адаллъун, лъик1го церет1ураллъун куцай. Жийго Рах1матги кколелъул гьединабго хъизаналдаса. Эбел Сакинатицаги, эмен Мух1амадицаги жидерго лъимал куцан рук1ана к1удиясул адаб-хъатир бугеллъун, зах1мат хирияллъун, рак1а-рахарараллъун, рук1а-рахъине лъалеллъун рук1ине. Гьел хасиятал такрарлъула Рах1матица ц1алдохъабазе кьолеб тарбиялъулъги.
Школалда гьелъ къач1ан буго зах1маталде лъимал ругьун гьариялъул кабинет. Бук1ана замана классалъе х1албихьиялъул участокги босун, гьенир ч1арал гъут1бузе, кванил ниг1матазе гьез хъулухъ гьабулебги. Гьанже школазухъ гьединал участокал гьеч1о. Гьенир т1орит1улел бач1иналъул байрамазда Рах1матил классаз росулаан цересел бак1ал.
|
Автор Х. Гlаммаева. Июнь 2023 сон.
К1иго эбел йиго духъ балагьун ч1ун
К1иго эбел йиго духъ балагьун ч1ун
Макьу тун, ургъалилъ сардалги рорч1ун
Цояй мун гьавурай, г1езе гьавурай
Цояй Бет1ергьанас сайгъатлъун кьурай.
Абула эбелги цо йик1унин, Ват1анги цо бук1унилан. Амма Бет1ергьанасул х1алк1олъи к1удияб бук1иналъ чиясул къисмат бокьухъе хисизе рес буго. Гьедин ккана нилъер районцояв, Гьамущи росулъа Украинаялда унеб бугеб СВОялъул г1ахьалчи Мух1умаев Мух1амадрасулил къисмат.
Ват1ан ц1унизе, т1аде ккараб къо борхизе къват1иве вахъарав муг1рул г1олиласе, къисматалъ рак1алдаго бук1инч1еб к1удияб сайгъат гьабуна.
Гьанже Мух1амадрасулил йиго к1иго эбел, цо к1удияб хъизан, гьесухъ урхъун, гьесул ургъалида к1ет1олеб к1иго рак1, гьев ц1униян Аллагьасда гьардолаго цебе ккураб ункъо квер.
Зах1малъиялде ккарасе кумек гьабиги, вакъарав-къечарасе чадил кесек кьейги, унтарасде, херлъаразде зиярат гьабиги нилъер маг1арулазул г1адатлъун билъараб, бидулъ бессараб ишлъун бугелъул, Украинаялда спецоперация байбихьаралдаса нахъе республикаялдаго унел рук1ана «Посылка солдату», «Письмо солдату» ва гь.ц. акциял. Гьеб рагъ-кьалалъе квербакъи х1укуматалде рехун, жидер иш гурилан нилъер халкъалъ теч1о. Гьеб рагъда вас, вац, вацг1ал гьеч1ониги, росулъа т1алъиялдасаниги чи камун вук1унарелъул халкъалъул цоцаца кквейги, сахаватчилъиги к1удияб буго.
Гумбет районалъул Мелъелт1а росулъа Исубилаева Г1азрацаги бит1ун бук1ана Украинаялде посылка. Гьеб посылка щола Мух1амадрасулихъеги гьесул рагъулал гьалмагъзабазухъеги.
Ват1аналдасан бач1араб сайгъат к1удияб рохеллъун бук1уна г1олилазе. Рокъоб къадазги кумек гьабулилан аби буго, Ват1аналъул гьит1инаб бут1аялъ к1удияб таваккалги, къвак1иги, бергьенлъи босизе дагьабги гъираги кьола чиясе.
Мух1амадрасулил рек1ее кинго пикрабаз х1алхьи толеб бук1унаро ц1орораб хасало, кьалул майданалда жидер рак1ал хинлъизе, рик1к1ад маг1арул росулъ, гъасда ц1а бакарай маг1арулалъул ц1ар лъазе бокьун. Ахир Мух1амдрасулихъе щола Г1азрал телефоналъул номер. Мух1амадрасул баркала кьезе к1алъайдал, г1ажаибаб йихха-хочиги, рохелги пашманлъиги жубараб асар лъугьуна Г1азрае.
Гьелдаса нахъе гьез цоцазулгун бухьен т1езе толаро. Г1иц1го Г1азрае гуревги, гьелъул хъизан-лъималазеги, бет1ергьанчи Набигулагьиеги къо бахъарабг1ан г1агарлъун, васлъун лъугьуна Мух1амадрасул.
Мух1амадрасул отпускаялъ вач1ине мех щвейгун гьесул эбел-инсуца гьоболлъухъ ах1ула Г1азраги гьелъул хъизанги. Гьоболлъухъ щведал бертаде къоги ц1ан х1адурун ратула Мух1амадрасулил г1агарлъи. Жидерго вас т1убай эбел-инсуе к1удияб рохел бук1уна, эбел-инсуеялда бащадаб рохеллъун лъугьуна гьеб Г1азрал хъизаналъеги.
|
Автор И. Мухlамадов. Май 2023 сон.
31 маялда райадминистрациялда тlобитlана росабазул бегавулзабазулгун данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас, гьесул заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас, Роскадастралъул республикаялда бугеб филиалалъул плановияб отделалъул начальникасул заместитель Хlажимурад Тlагьировас ва цогидазги.
Данделъиялда гьоркьор лъун рукlана районалда “Национальная система пространственных данных” абураб пачалихъияб программа гlумруялде бахъинабиялъул, росабазул генералиял планал хlадуриялъул, ихдалил призыв тlобитlиялъул, росдал магlишаталъул ракьал жиндирго мурадалда хlалтlизариялъул, диниял учреждениязул “зеленкаби” гьариялъул ва цогидалги бегавулзабазда ва гьезул нухмалъиялда ругел росабазда хурхарал жакъа къоялда бищунго кlвар цlикlкlарал суалал.
Узухъда, гьезда гьоркьоса бищунго кlвар бугеблъун букlана генералиял планазул суал. Чанго соналъ райадминистрацияги бегавулзабиги цогидалги иш тlаде кколел гlуцlабиги гьелда тlад хlалтlилел ругониги, жакъа къоялде районалъул жеги цониги росдал генплан тlубан хlадурун гьечlо. Гьелъ кlудиял кваклквал гьабулеб буго районалда ралел ва разе ракlалда ругел объектазе, ай хlинцлъизабулеб буго муниципалитеталъул инфраструктураялъул цебетlей. Хlадурараб генплан гьечlого, законалда рекъон кьезе бегьулеб гьечlо цониги участок, цониги объекталъе бихьизабураб участокалъе гьабун бажарулеб гьечlо “зеленка”. Араб соналдаса нахъе “зеленка” гьечlеб минаялде бачун бажарулеб гьечlо тlабигlияб газги.
|
« 1 2 ... 4 5 6 7 8 ... 87 88 » |