4 июлалда нилъер районалъул Макьасда тlобитlана “Дир халкъалъул кучlдул ва кьурдаби” абураб, Расул Хlамзатов гьавуралдаса 100 сон тlубаялда хурхараб фестиваль. Тадбир гlуцlун букlана “Горцы” абураб фольклоралъулгун гlадатияб маданияталъул 21 аб. Халкъазда гьоркьосеб фестивалалда рекъон. Данделъаразе саламги кьун тадбир рагьана районалъул бетlерасул заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас.
“Дун цlакъ вохарав вуго жакъа некlсияб хундерил ракьалда ва гьадинаб берцинаб тlабигlаталда тlобитlулеб тадбиралда гlахьаллъи гьабизе щвеялдаса. Районалъул нухмалъиялъул рахъалдасан ракl-ракlалъулаб баркала кьезе бокьун буго гlагарлъулеб бугеб кlудияв шагlирасул юбилеялда хурхун тlобитlулеб фестивалалда гlахьаллъи гьабизе рачlарал киналго гьалбадерие”, - ян абуна гьес.
Данделъаразе гlатlидаб программагун цере рахъана Башкириялдаса халкъиял кьурдабазул ансамбль “Аманат”, Пачалихъияб хор “Поющая Чарода”, районалъул кьурдул ансамбль “Гlакаро-Хунзахъ” ва цогидалги маданияталъул бутlаялъул хlаракатчагlи. Гьединго хlадурун рукlана миллияб квен-тlехалъул, ретlел-куналъул ва умумузул тlагlел-алаталъул бокlналги.
Ахиралда районалъул администрациялъул рахъалдасан фестивалалъул гlахьалчагlазе кьуна баркалаялъул кагъталги сувениралги.
И. Мухlамадов.
|