Среда, 01.05.2024, 23:02 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Июль » 17 » КlИГО ЭБЕЛ ЙИГО ДУХЪ БАЛАГЬУН ЧlУН
15:49
КlИГО ЭБЕЛ ЙИГО ДУХЪ БАЛАГЬУН ЧlУН

К1иго эбел йиго духъ балагьун ч1ун
К1иго эбел йиго духъ балагьун ч1ун
Макьу тун, ургъалилъ сардалги рорч1ун
Цояй мун гьавурай, г1езе гьавурай
Цояй Бет1ергьанас сайгъатлъун кьурай.


Абула эбелги цо йик1унин, Ват1анги цо бук1унилан. Амма Бет1ергьанасул х1алк1олъи к1удияб бук1иналъ чиясул къисмат бокьухъе хисизе рес буго. Гьедин ккана нилъер районцояв, Гьамущи росулъа Украинаялда унеб бугеб СВОялъул г1ахьалчи Мух1умаев Мух1амадрасулил къисмат.
Ват1ан ц1унизе, т1аде ккараб къо борхизе къват1иве вахъарав муг1рул г1олиласе, къисматалъ рак1алдаго бук1инч1еб к1удияб сайгъат гьабуна.


Гьанже Мух1амадрасулил йиго к1иго эбел, цо к1удияб хъизан, гьесухъ урхъун, гьесул ургъалида к1ет1олеб к1иго рак1, гьев ц1униян Аллагьасда гьардолаго цебе ккураб ункъо квер.
Зах1малъиялде ккарасе кумек гьабиги, вакъарав-къечарасе чадил кесек кьейги, унтарасде, херлъаразде зиярат гьабиги нилъер маг1арулазул г1адатлъун билъараб, бидулъ бессараб ишлъун бугелъул, Украинаялда спецоперация байбихьаралдаса нахъе республикаялдаго унел рук1ана «Посылка солдату», «Письмо солдату» ва гь.ц. акциял. Гьеб рагъ-кьалалъе квербакъи х1укуматалде рехун, жидер иш гурилан нилъер халкъалъ теч1о. Гьеб рагъда вас, вац, вацг1ал гьеч1ониги, росулъа т1алъиялдасаниги чи камун вук1унарелъул халкъалъул цоцаца кквейги, сахаватчилъиги к1удияб буго.
Гумбет районалъул Мелъелт1а росулъа Исубилаева Г1азрацаги бит1ун бук1ана Украинаялде посылка. Гьеб посылка щола Мух1амадрасулихъеги гьесул рагъулал гьалмагъзабазухъеги.


Ват1аналдасан бач1араб сайгъат к1удияб рохеллъун бук1уна г1олилазе. Рокъоб къадазги кумек гьабулилан аби буго, Ват1аналъул гьит1инаб бут1аялъ к1удияб таваккалги, къвак1иги, бергьенлъи босизе дагьабги гъираги кьола чиясе.
Мух1амадрасулил рек1ее кинго пикрабаз х1алхьи толеб бук1унаро ц1орораб хасало, кьалул майданалда жидер рак1ал хинлъизе, рик1к1ад маг1арул росулъ, гъасда ц1а бакарай  маг1арулалъул ц1ар лъазе бокьун. Ахир Мух1амдрасулихъе щола Г1азрал телефоналъул номер. Мух1амадрасул баркала кьезе к1алъайдал, г1ажаибаб йихха-хочиги, рохелги пашманлъиги жубараб асар лъугьуна Г1азрае.
Гьелдаса нахъе гьез цоцазулгун бухьен т1езе толаро. Г1иц1го Г1азрае гуревги, гьелъул хъизан-лъималазеги, бет1ергьанчи Набигулагьиеги къо бахъарабг1ан г1агарлъун, васлъун лъугьуна Мух1амадрасул.
Мух1амадрасул отпускаялъ вач1ине мех щвейгун гьесул эбел-инсуца гьоболлъухъ ах1ула Г1азраги гьелъул хъизанги. Гьоболлъухъ щведал бертаде къоги ц1ан х1адурун ратула Мух1амадрасулил г1агарлъи. Жидерго вас т1убай эбел-инсуе к1удияб рохел бук1уна, эбел-инсуеялда бащадаб рохеллъун лъугьуна гьеб Г1азрал хъизаналъеги.
Бертадаса хадуб жиндирго т1адаб рагъулаб хъулухъ т1убазе т1адвуссун арав Мух1амадрасулил хабар лъазе, к1алъазе кват1ани рах1ат хун ургъалида рук1уна Г1азраги Набигулагьги.
Рагъде т1адвуссиналде ц1ияй бах1арайгун цадахъ Мелъелт1е гьоболлъухъ арав Мух1амадрасул жидерго васлъун гьавула гьез.

Нижер редакциялъеги рес щвана телефоналдасанго бугониги Г1азралгун гара-ч1вари гьабизе. Гьей ккола Гумбет районалъул руччабазул советалъул председателалъул  заместитель, г1адатай маг1арул ч1ужуг1адан.
Гьаб лъугьа-бахъиналъул х1акъалъулъ ц1ех-рех гьабидал гьей тамашаго нечон, намуслъун лъугьана, жинца щибго бук1унареб, кутакаб рецц-бакъалъе мустах1икъаб ишго гьабич1ила, киназго рит1улел рук1арал посылкаби рит1и гурого. Рецц-бакъ гьабизе кколила Мух1амадрасул г1адал г1аданлъиги, ях1ги, иманги бугел васазеги, гьел куцарал эбел-инсуеги. 


«Дун йиго гьит1инго эбел-инсул гьуинлъи бихьич1ого, бесдаллъиялда г1урай г1адан. Дие ц1акъ бокьуларо дицаго гьабуралъул, кьураб-таралъул бицине. Дица посылка бак1арулаго г1иц1го Аллагьасе г1оло нигатги гьабун, дирго вас дова вук1аравани досие х1ажат бук1инаанилан ккарабщинаб жо лъуна гьелда жаниб, рагъда ругел васазе таваккал ц1ик1к1ине, Ват1аналде рокьи ц1ик1к1ине Ф. Г1алиевалъул «Сыновья, сыновья» абураб кеч1ги хъван лъуна т1ад. 
Киг1ан к1удияб рохел Мух1амадрасул нижехъе вач1индал дир бук1арабали, раг1абаздалъун бицун пайда гьеч1еб жо буго. Дица гьесул эбел Ажайбикадаги эмен Мух1умидаги абуна нужеда ккогейила жинца нужехъа вас вахъулев вугилан, жий йигин ц1акъ г1адан хирияй, нужгун г1агарлъизе щвеялъ рак1 бечелъарай г1аданилан. Дир вас Ах1мадгун нижер росу бихьизе арав Мух1амадрасул вач1ана г1ажаиблъун, Гьамущивалдаса ц1ик1к1ун Мелъелт1а лъалев ватанин живилан. Дица г1емер бицун, киназдаго лъала дир к1иабилев вас Мух1амадрасул вук1инги, гьес хъулухъ гьабулеб ротаялъулго эбеллъун дун лъугьун йик1инги.
Дун ц1акъ ч1ух1арай йиго Мух1амадрасул г1адав вас, дир г1умрудул нухда, дир васин абун дандч1ваялдаса. Гьев вуго гьаб заманаялъулъ дица тарав «Герой». Россиялъул Оборонаялъул министерствоялъ дир васасе хасаб рагъулаб операциялда бихьизабураб бах1арчилъиялъухъ кьуна «За боевые отличия»
абураб медальги,-ян бицана нижее Г1азраца.  
Гьеб г1ажаибаб лъугьа-бахъиналъул х1акъалъулъ дагьабги мух1канлъи лъазе Килалъа Нуцалалъул коч1ол раг1абазги газета ц1алулезе рек1ее асар гьабилилан ккола.


Х.Г1аммаева.

РАГЪУХЪАН  МУХ1АМАДРАСУЛИЛГУН ККАРАБ ГЬУДУЛЛЪИ.
Бокьула нилъее, рагъда ругезе,
Рак1ал рохизелъун сайгъат бит1изе,
Рак1ал къваридазе сабаблъун ккезе
Гьит1инабго салам кагътида хъвазе.


Бук1ана гьадинаб цо лъугьа-бахъин,
Ящикал рук1ана рагъде рит1улел,
Иргадулаб нижер Гумбеталдасан 
Г1азрацаги лъуна ящикалъуб квен.


Исубилаевалъ хъах1аб кагътида
Хъвана солдатазде урхъараб салам,
Т1инк1улеб маг1уялъ биччараб т1амач,
Лъуна ящикалъуб рекъезе гьабун.


Хъвана Г1азраица рагъухъабазде
Жий йигин Мелъельт1а росулъа г1адан,
Гумбет районалъул зах1матчаг1азул
Киназулго бугин нужеде салам


Ц1адулъан, г1азулъан, гьоролъан гирун
Унеб буго салам рагъухъабазде,
Ват1аналъул т1аг1ам, т1олго гьуинлъи
Украинаялде буго баччулеб.


Гьале рагъухъабаз рагьула ящик,
Т1оцебе батула т1ад лъураб кагъат,
Хунзахъ районалъул Гьамущи росдал
Мух1амадрасулил кверзукь буго гьеб.


Кверал соролаго, т1урт1удилаго,
Бат1ияб рохелалъ бала гьесда къвал,
Гьудулзабаздаги раг1изе гьабун
Ц1алула кагътида хъван бугеб куцалъ.


Ящикалъур ругел т1аг1амал рихьун,
Тамахлъула рак1ал рагъухъабазул,
Жал рак1алде щварай Г1азра йигилан
Г1умруялъул рохел гьарула гьелъий.


Гьалдалъун лъуг1ич1о рагъухъанасул,
Мух1амадрасулил г1аданлъиялъул,
Къаси-къад ч1еч1ого хал гьабуна гьес
Мелъельт1аса Г1азрал номер щвезег1ан.


Ниж рак1алде щварай, салам бит1арай,
Саламатай Г1азрал лъазе бокьана,
Рагъул х1алуциналъ х1ал рекъезег1ан
Цо дагьаб заманалъ хал гьабун ч1ана.


Гьасухъ кодоб буго Г1азраил номер,
Бокьун буго гьелъий баркала кьезе,
Ургъулев вуго гьав киндай ах1илеб,
Х1алакун к1ет1олеб буго жаниб рак1.


Гьале, санаг1атаб заман балагьун
Кьурана телефон гьас маг1арухъе,
Гумбет районалъул борхалъиялде,
Ниг1матал рит1арай дой Г1азраиде.


Дун Гьамущиса вас Мух1амадрасул,
Салам къабул гьабун дуде к1алъалев,
Исубилаева, дуе баркала,
Мун дир к1иабилей эбеллъун ккола!


Украинаялда, боркьараб рагъда,
Ват1аналъул налъи т1убазабулел,
Ниж рагъухъабазул, цо къокъаялъул
Г1азра, буго дуде нижерги салам!


Гьай йиха-хочана, кверал сорона,
Абизе раг1иго гьеч1о батулеб,
Бот1ролъ пикрабиги данде рак1арун
Мунищ, дир василан калам гьабуна.


Дица бат1ияб жо щибго гьабич1о,
Цойгидазг1адинан сайгъат бит1ана,
Къваридаб бак1алда ругел нужее
Рохел загьир гьаби мурад бук1ана.


Гьелдаги лъуг1ич1о гьазул гьоркьоблъи,
Ах1ана цоцахъе эбел-инсуца,
Набигулагь, Г1азра, кин ругелилан
Кидаго телефон гаргазабуна.


Гьале, т1аде щвана рохалилаб къо,
Мух1амадрасулил отпускаялъул,
Хех нижехъе щваян хабар бач1ана,
Хунзахъ-Гьамущибе сапар бухьана.


Гьав рокъов щварабго бертин гьабизе
Х1адурун ратана т1олго г1агарлъи,
Нижер рохалие г1орхъи бук1инч1о
Мух1амадрасулил квер бачине щун.


Бертинги т1убана, т1адги руссана,
Щулалъана жеги гьоркьоб гьудуллъи,
Г1амалги берцинав, адаб ц1унарав,
Аллагьас ц1унайги Мух1амадрасул!


Нагагьлъун к1алъазе гьев кват1анани,
Набигулагьица гьабула калам,
Дов нилъер васасул хабар гьеч1ищан,
Щиб хабарин бугеб рагъул байдабахъ?


Т1инч1ай бах1арайги рокъой жийго тун
Ана гьев нахъойги налъи борхизе,
Ниж, к1ияйго эбел, гъаримго руго,
Цоцазде ургъелал рикьулел руго.


К1ал ккураб замана, хириял къоял,
Рагъухъабаздехун к1алъана Г1азра,
Гьаре Аллагьасде къуват кьейгиян,
«Я ЛЯТ1ИФУ» бачун къоял риччаян.


Т1олго ротаялъул эбелг1адинан
Малъана Г1азраца Аллагьасул нух,
Насих1атал кьуна, ваг1за бит1ана,
Телефоналдасан бухьен ккун ч1ана.


Посылкабазулги ц1ц1ад базабуна,
Рекъа-рекъараб жо жанибги сок1к1ун,
К1албиччанкъоялъул кинабго т1аг1ам
Рагъухъабазе щвей мурад бук1ана.


Аллагьас рачайги васал рокъоре,
Руссайги улбухъе, хъизаназухъе,
Бергьенлъиги босун нухда рач1унел
Рихьайги нилъеда къвак1арал ц1ц1умал!


ИншаАллагь, щвела гьединабги къо,
Мух1амадрасулгун ниж дандч1валеб къо,
Гьамущиб росулъе ниж къокъунеб къо,
Къварилъи лъуг1араб, бакъ гвангъараб къо!


Ниж ралагьун ч1ела, хьул къот1иларо,
Х1укму Аллагьасул, Алх1амдулиллагь,
Дуг1аби ц1алила, сайгъат бит1ила,
Сундулъго гьарила Бет1ергьанасде.


НУЦАЛАЙ КИЛАЛЪА.
 

Просмотров: 127 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz