16 июлалда Хунзахъ байрамалъулаб ахlвал-хlалалда рагьана маданияталъулабгун туристазулаб комплекс AVA. Кlалъаял гьаруразда гъорлъ рукlана проекталъул идеолог Дмитрий Карташов, архитектор Валерия Куцеба, Хунзахъ тарихиябгун гlагараб ракь лъазабиялъул музеялъул гlелмияв хlалтlухъан Мухlамад Гlамиров ва цогидадги. Тадбир рагьи берцин гьабун букlана “Гlакаро-Хунзахъ” районалъул кьурдул ансамблялъул церерахъиналъги.
Проекталъул автораллъун ккола Санкт-Петербургалъул “В. А. Гавриловасул творчествоялъулаб архитектураялъул мастерскаялъул“ коллектив. Тlоцебе рехсараб комплекс гlуцlиялъе архитектуриябгун художественнияб пикру бижана гьеб мастерскаялъул нухмалъулев Валентин Александрович Гавриловасул. Архитекторасда лъикl лъала Дагъистан, гьесул гlемерсоназулаб гьудуллъи ва батlи-батlиял проектазда хурхараб бухьен букlана Расул Хlамзатовасулгун ва гьесул хъизамалъулгун. Рехсараб мастерская ккола батlи-батlияб заманалда улкаялъул батlи-батlиял бакlазда гlуцlарал проектазул, музеязул комплексазул ва культураялъул объектазул автораллъун. Мисалалъе, гьезда гъорлъ руго араб гlасруялъул 80 аб. соназда “Дербенталъул хъалаялъул реконструкция ва реставрация гьабиялъул план”, “Дагестанский аул” этнографиялъул комплексалъул музей-заповедник, Махlачхъалаялъул ва Дербенталъул музеязул экспозициял, “М. Ю. Лермонтовасул музей-усадьба”, Рязань областалъул Константиново росулъ бугеб “С.А. Есенинил Пачалихъияб музей-заповедник”, “Адыгеялъул Миллияб музей”, “Лермонтовасул музей”, Пермь краялъул Тамань росулъ бугеб “Таманалъул археологиялъулаб музей”, “Анапаялъул археологиялъулаб музей-заповедник“Горгиппия”, Ростовалда бугеб “Археологиялъул музей-заповедник Танаис”, Калининградалъул “Дунялалъул океаналъул музей“ ва гlемерал цогидалги проектал. Гьединалго комплексал разе руго Карелия, Кисловодск, Хакасия, Владивосток ва цогидалги улкаялъул бищунго гlемер туристал хьвадулел бакlаздаги.
Гьеб комплексалде рачlаралъухъ гlадамазухъа гlарац босулеб бугин абун цебеккун Интернеталда гlемераб ахlи-хlур бахъун букlиндал, нижеца проекталъул идеолог Дмитрий Карташовасда гьарана газеталъе гьелда хурхун баян кьеян.
“Комплексалда букlине буго суратал рахъулел хасал чанго батlиял зонаби, ихтилат-сухlматалъул, маданияталъул ва цогидалги тадбирал тlоритlизе ва гьезул суратал ва видео бахъизе рес бугел площадкаби, гьаб заманалъул санузелал, музей, лъималазул гьелчераби , как балеб рукъ, туристазулаб вилла, сувениразулаб лавка. Гьеб киналъулго багьа букlине буго цо чиясухъа 500 гъурущ. Хунзахъ росдал гlадамазухъа гlарац босизе гьечlо. Гьелда тlадеги, кваназе бокьарав чиясе букlине буго хасаб гастро-барги. Гlарац кьезе бокьичlев чиясул рес буго комплексалъул территориялдеги вачlинчlого, лъел чвахиязухъ балагьизе гьелъул хьолбохъ ругел территориязде инеги. Гьабсагlаталда гьанир чlун руго берцинал гъутlби, сокlкlун руго бакlалъулаб хаслъидул ганчlал, лъун руго гlадамал кьурул рагlалде, цlакъго моцlролъе инчlого рукlине, тlад хасал хъвай-хъвагlаялги ругел ограждениял ва скамейкаби, жибго площадкаялъул территория къачlан буго чабахги бан ва гьабун буго цlадал лъел гьениб хlор чlечlого, гlодобе чвахулеб къагlидаги. Гьаб проект гlумруялде бахъинабулеб буго Дагъистаналда туризм цебетlезабиялда рекъон хасал инвестиционниял сурсатазде. Гьедин, жакъа къоялде нижеца гьаниб харж гьабуна 12 млн гъурущ. Щвараб хайиралъул бащалъи ине буго бакlалъулаб бюджеталде”, - ян бицана гьес нижее.
И. Мухlамадов.
|