Среда, 01.05.2024, 20:24 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Август » 01

Автор И. Мухlамадов. Июль 2023 сон.

23 июлалда Хунзахъ тlобитlана росдал авалазул командабазда гьоркьосеб иргадулаб футболалъулаб турнир. Гьеб бухьинабун букlана мунагьал чураяв, росуцояв Тlалхlатов Хlасанил цlаралда ва аслияб къагlидаялъ гlуцlун букlана гьесул вацасул ва инсул хlаракаталдалъун.


Гlаммаб къагlидаялъ, исанасеб турниралда гlахьаллъи гьабуна 8 командаялъ. Гьел рикьун рукlана кlиго къакъаялде. Щибалъусан къватlире рорчlизе рес букlана кlи-кlи командаялъул. Гьедин, хlалуцарал хlаязул хlасилалда полуфиналалде рачlана “Лъарахъ 1” - “Жаниб мегъ” ва “Гургур” - “Щулалъутlа” командаби. 2-1 ва 2-0 хlисабгун дандиязда тlад бергьенлъиги босун, финалалде рачlана “Лъарахъ” ва “Гургур” авалазул командаби. Финалияб хlай лъугьана цlакъго хlалуцараблъун ва 1-0 хlисабгун бергьенлъиги босун, “Лъарахъ 1” команда бахъана турниралъул щуцlул чемпионлъун. Лъабабилеб бакl ккуна “Щулалъутlа” авалалъул футболистаз.


Турнир къалаго кlалъаял гьаруна тадбир гlуцlаразул цояв Шамил Малачиевас, росдал цевесев ва гьанжесел бегавулзаби Хизри ва Мухlамад Тlалхlатовас ва цогидазги. 
“Киназего кlудияб баркала буго жакъа дир вацги кlодо гьавун, гьесул цlаралда тlобитlулеб турниралде рачlанщиназе. Гьадинал тадбираз цолъизарула нилъер гlолилал, щула гьабула росдал гlолохъабазул гьудуллъи-вацлъи ва лъикlаб мисал бихьизабула гlисинаб гlелалда. Нилъеца хlаракат бахъила гьоркьоб къотlизе течlого, жеги тlадегlанаб даражаялда санайил гьаб турнир тlобитlизе”, - ян абуна росдал бегавул Мухlамад Тlалхlатовас.

Просмотров: 271 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 01.08.2023 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Июль 2023 сон.

19 июлалда районалъул Ветеринарияб управлениялда тlобитlана исана лъагlалил тlоцебесеб бащалъиялда гьабураб хlалтlул хlисаб кьеялъул данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlерасул заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас, ветуправлениялъул начальник Тlалхlат Шамхаловас, Хунзахъ бугеб зоналияб лабораториялъул директор Патахl Сагlадуевас, участоказда ругел пунктазул заведующияз ва цогидазги.
Киназего саламги кьун, данделъи рагьана Тlалхlат Шамхаловас. Гьес жиндирго докладалда гlатlидго бицана управлениялъ исана сонил тlоцебесеб бащалъиялда гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ. 


Гьедин, Тlалхlат Шамхаловас бицана районалъул ветуправлениялъул специалистаз хъулухъ гьабулин муниципалитеталъул 24 росдал администрациязде ва 76 жамгlияб секторалъул магlишаталде гъорлъе унел 24448 бетlер чlегlербоцlуе, 159647 бетlер гlи-цlцlаназе, 731 бетlер чу-хьваниялъе, 41106 бетlер гlанкlо-хlелекоялъе, 49 бетlер кутузе, 4159 найил тlулбузе. Гьел киналго руго Хунзахъ, Кочубей, Бабаюрт ва Кизилюрт районазул гочинабун гlи-боцlи хьихьулел зонабазда. Гlаммаб къагlидаялъ 2023 сонил тlоцебесеб бащалъиялда жаниб районалъул ветуправлениялъул хlалтlухъабаз рахунел ва инвазионниял унтабаздаса гlи-боцlи цlуниялъул мурадалда хал-шал гьабуна 1001666 бетlер гlи-боцlухъ. Чlегlерхlайваназул ва гlи-цlцlаназул язва бугищали халгьаби тlубазабун буго 111% ва 100%, чу-хьванул - 104%. Чlегlербоцlул ва гlи-цlцlаназул ящур бугищали халгьабун буго 100% ва 104%. Гlи-цlцlаназул оспа бугищали халгьабун буго 100%. Гьабзазул ва кутузул бешенство бугищали халгьаби тlубазабун буго 100% ва 112%.
Серологиялъулаб цlех-рех гьабун буго 15744 бетlер чlегlербоцlул, 12910 бетlер гlи-цlцlаназул, 280 бетlер чу-хьваниялъул. Гьезул цонигиязул бруцеллез батун гьечlо. Гьединго лейкоз бугищали халгьабун буго 15201 бетlералъул, амма цониги хlужа батун гьечlо. Туберкулез бугищали 11545 бетlер гlи-цlцlаназул халгьабиялъул хlасилалда цониги хlужа тlатун гьечlо. Тlомода гъоркь букlунеб овод бугищали халгьабун буго 25193 бетlер чlегlербоцlул, цонигиялъул батун гьечlо. 


Роспотребнадзоралдсан бачlун буго гlадамазда хlайваназ хlанчlиялъул хlакъалъулъ 10 сообщение. Щибаб хlужаялда хурхун гьабун буго букlине кколеб хlалтlи, ралагьун руго хlайваназул бетlергьаби (7 хlайваналъул бетlергьаби ратун руго, хутlарал 3 хlайванал ратун руго къватlул кутул). Рехсарал хlайваназда хадуб чlезабун буго 10 къоялъулаб халгьаби, гьеб заманалда жаниб цонигиялъул бешенствоялъул гlаламатал загьирлъун гьечlо. Ккун буго гlадамал бруцеллезалъ унтиялъул 4 хlужа. Бакlаздеги ун, киназдаго хурхун гьабун буго эпизоотическияб цlех-рех. Цебеккун гьабураб халгьабиялъухъ балагьичlого, бруцеллезалъ унтарал гlадамазул гlи-боцlул цlидасанги гьабун буго серологиялъулаб халгьаби. Цонигиялъул унти батун гьечlо. 
Хlисаб кьолеб болжалалда жаниб хасаб хlалтlи гьабун буго хlайванал рахунел унтабаздаса цlуниялъе гlоло профилактикияб хlалтlи гьабиялда хурхунги. Мисалалъе, копрологиялъулаб халгьабиялъул 521 проба босун буго чlегlерхlайваназул, гlи-цlцlаназул - 1554. Гьелъул хlасилалда чlегlерхlайваназда гьоркьоб тlатун буго 50 хlужа фасциоллез унтиялъул, стронгилятоз - 37, мониезиоз - 23, парафистамоз - 19, дикроцеллиоз - 5; гlи-цlцlаназул тlатинабун буго 258 фасциолез, стронгилятоз - 220, мониезиоз - 231, парафистамоз - 10, кокцидиоз - 17. Цадахъго профилактикияб ва дару-сабабалъулаб тадбирал тlоритlун руго 26118 бетlер чlегlерхlайваналъе ва 192750 бетlер гlи-цlцlаназе. Гьединго чурун буго 35235 бетlер чlегlерхlайваналъул ва 180093 бетlер гlи-цlцlаназулги.

Просмотров: 138 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 01.08.2023 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Июль 2023 сон.

16 июлалда Хунзахъ байрамалъулаб ахlвал-хlалалда рагьана маданияталъулабгун туристазулаб комплекс AVA. Кlалъаял гьаруразда гъорлъ рукlана проекталъул идеолог Дмитрий Карташов, архитектор Валерия Куцеба, Хунзахъ тарихиябгун гlагараб ракь лъазабиялъул музеялъул гlелмияв хlалтlухъан Мухlамад Гlамиров ва цогидадги. Тадбир рагьи берцин гьабун букlана “Гlакаро-Хунзахъ” районалъул кьурдул ансамблялъул церерахъиналъги.


Проекталъул автораллъун ккола Санкт-Петербургалъул “В. А. Гавриловасул творчествоялъулаб архитектураялъул мастерскаялъул“ коллектив. Тlоцебе рехсараб комплекс гlуцlиялъе архитектуриябгун художественнияб пикру бижана гьеб мастерскаялъул нухмалъулев Валентин Александрович Гавриловасул. Архитекторасда лъикl лъала Дагъистан, гьесул гlемерсоназулаб гьудуллъи ва батlи-батlиял проектазда хурхараб бухьен букlана Расул Хlамзатовасулгун ва гьесул хъизамалъулгун. Рехсараб мастерская ккола батlи-батlияб заманалда улкаялъул батlи-батlиял бакlазда гlуцlарал проектазул, музеязул комплексазул ва культураялъул объектазул автораллъун. Мисалалъе, гьезда гъорлъ руго араб гlасруялъул 80 аб. соназда “Дербенталъул хъалаялъул реконструкция ва реставрация гьабиялъул план”, “Дагестанский аул” этнографиялъул комплексалъул музей-заповедник, Махlачхъалаялъул ва Дербенталъул музеязул экспозициял, “М. Ю. Лермонтовасул музей-усадьба”, Рязань областалъул Константиново росулъ бугеб “С.А. Есенинил Пачалихъияб музей-заповедник”, “Адыгеялъул Миллияб музей”, “Лермонтовасул музей”, Пермь краялъул Тамань росулъ бугеб “Таманалъул археологиялъулаб музей”, “Анапаялъул археологиялъулаб музей-заповедник“Горгиппия”, Ростовалда бугеб “Археологиялъул музей-заповедник Танаис”, Калининградалъул “Дунялалъул океаналъул музей“ ва гlемерал цогидалги проектал. Гьединалго комплексал разе руго Карелия, Кисловодск, Хакасия, Владивосток ва цогидалги улкаялъул бищунго гlемер туристал хьвадулел бакlаздаги.  

Просмотров: 147 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 01.08.2023 | Комментарии (0)

Автор Ш. Мухlидинов. Июль 2023 сон.

Календаралъул тIанчазда божани, БакьагьечIиса ГIалиев Гъайирбегил гIумруялъул кколеб буго 80 сон. Гьениб Гъайирбегил гьунар бугин, гьесда баркизе жо дида батулеб гьечIо, гьев вижарав Аллагьасе щукру гьабуни гурого. Амма Гъайирбегил тIокIлъи буго, гIумруялъулъ Аллагьас живго щай вижаравали хехго бичIчIи. Дида, росулъа чи вукIаниги, Гъайирбег щуго минуталъ годекIанив хабар-кIалалда чIун вихьичIо. ЧIаниги, гIумруялъ ботIролъе босараб батIи-батIияб гIелму цогидасухъе кьолевлъун гурони. Гьес ботIролъе босарабгIанасеб гIелму цоги чияс, Аллагьас 800 сонилаб гIумру кьуниги, босун бахъунеб жо гуро.


Гъайирбегил «Пикрабазул лахIзатал» абураб тIехьалъул цеберагIиялда хъвалеб буго, жив гьавунила Хунзахъ районалъул БакьагьечIи росулъ хъулухъчиясул хъизамалдайилан. Росдал школалъул 7 классги лъугIизабун цIаланила Дагъистаналъул медицинаялъул училищеялда. КIиго соналъ Хунзахъ районалда фельдшерлъунги хIалтIун, цIализе лъугьанила ДГМИялде. 1969 соналда гьебги лъугIизабун, жакъа къоялде щвезегIанги хIалтIулев вугила районалъул Централияб больницаялда психоневрологлъун. 
Хъван буго вачIараб тухумалъул хIакъалъулъги: «Ккола инсул рахъалъан кочIохъан-сатирик Муртазал тухумалъул, эбелалъул рахъалдасан – хундерил тIалъиялда Малла-Насрудин гIадав ГъалбацIхIажил тухумалъул», - абун. Щун руго «Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур» ва «ТIадегIанаб категориялъул тохтур» абурал цIаралги, «ХIурматалъул гIаламат» орденги. Унго, чиясул гIумруялде данде ккураб мехалъ рагIабазул мукъсанлъи. 
Гьев тIадегIанаб даражаялъул, яхI-намусалда хIур хъвазе течIев, аза-азар чиясе пайдаялъе, сахлъиялъе ватарав чи вугин, Хунзахъ тIалъи гвангъизабулеб, чIухIизабулеб бажариялъул анкьгьунар вугилан гьел рагIабаздасан бичIчIулеб гьечIо. БичIчIулеб гьечIо гIумруялъул саназда жаниб кигIан гIемер гьев унтараз сардилъ вахъинавуравали, кигIан гIемерав чиясе гьес районалдаго тIоцебе рукIкIби хIунчун дару гьабиялъул махщелги лъазабун кумек гьабурабали. КигIан гIемеразул, махщалида дару-сабабги гьабун, къотIун унеб букIараб хьул гIумруялде лъезабурабали. Гьесул биографиялъул къокъал рагIабазда хъван гьечIо гьев гьимулев гурони лъидаго вихьичIилан, гьимаравго унтарал сахлъулилан, сахал унтичIого хутIизе гьесул махсара-хочI гъорлъ гIемерал сатирикиял кучIдузулги кумек букIунилан. Дида, тохтур гурелъул, лъаларо гьесул гIемерал рахъал жанире рачараб тохтурлъиялъул махщалие къимат кьезе. Амма лъала ва бихьана, райбольницаялъул лъимал регизарулеб къотIелалда ва къадазда гьес лъималазе рахъарал суратаз, гьел гьимизе гурелги, сахлъизеги гьарулел рукIин. Бихьана гIагараб школалдеги вачIун, клубалда гьес художникас гIадин, бахъараб росдал сураталъ лъималазул росдаде, ВатIаналде рокьи базабураблъи. Бихьана, дун директорлъун вукIаго, цо чанго цIалдохъанас «хехго кIудиял гIезе бокьун» чIачIаги гьекъон гьел мутIигI гьаризе дида кIвечIеб мехалъ, Гъайирбегги ахIун, гьес махщалида гьел мутIигI гьарураб куц. Дида вихьана Гъайирбег наязул гIелмуги лъазабун гьелги хьихьун, унтаразе найил гьацIул сахлъиялъе бугеб кIваралъул бицуневги. Наязул гIелмуялъул, жиндирго гIумруги гьездасан мисал босун хIалтIулаго индал батила, лъалареб жо гьесда гьечIо. Киназго бицуна гьесул гIи-боцIуе хъулухъ гьабизе бугеб махщалил, гьес сунда квер баниги, аскIор ругезда бигьаго гьабулеб бугин кколедухъ, гьесухъа бажарулеб куц. 

Просмотров: 144 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 01.08.2023 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz