Четверг, 02.05.2024, 15:46 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Август » 1 » ТОХТУР, ШАГlИР ВА "РОСДАЛ МИЧУРИН"
15:52
ТОХТУР, ШАГlИР ВА "РОСДАЛ МИЧУРИН"

Календаралъул тIанчазда божани, БакьагьечIиса ГIалиев Гъайирбегил гIумруялъул кколеб буго 80 сон. Гьениб Гъайирбегил гьунар бугин, гьесда баркизе жо дида батулеб гьечIо, гьев вижарав Аллагьасе щукру гьабуни гурого. Амма Гъайирбегил тIокIлъи буго, гIумруялъулъ Аллагьас живго щай вижаравали хехго бичIчIи. Дида, росулъа чи вукIаниги, Гъайирбег щуго минуталъ годекIанив хабар-кIалалда чIун вихьичIо. ЧIаниги, гIумруялъ ботIролъе босараб батIи-батIияб гIелму цогидасухъе кьолевлъун гурони. Гьес ботIролъе босарабгIанасеб гIелму цоги чияс, Аллагьас 800 сонилаб гIумру кьуниги, босун бахъунеб жо гуро.


Гъайирбегил «Пикрабазул лахIзатал» абураб тIехьалъул цеберагIиялда хъвалеб буго, жив гьавунила Хунзахъ районалъул БакьагьечIи росулъ хъулухъчиясул хъизамалдайилан. Росдал школалъул 7 классги лъугIизабун цIаланила Дагъистаналъул медицинаялъул училищеялда. КIиго соналъ Хунзахъ районалда фельдшерлъунги хIалтIун, цIализе лъугьанила ДГМИялде. 1969 соналда гьебги лъугIизабун, жакъа къоялде щвезегIанги хIалтIулев вугила районалъул Централияб больницаялда психоневрологлъун. 
Хъван буго вачIараб тухумалъул хIакъалъулъги: «Ккола инсул рахъалъан кочIохъан-сатирик Муртазал тухумалъул, эбелалъул рахъалдасан – хундерил тIалъиялда Малла-Насрудин гIадав ГъалбацIхIажил тухумалъул», - абун. Щун руго «Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур» ва «ТIадегIанаб категориялъул тохтур» абурал цIаралги, «ХIурматалъул гIаламат» орденги. Унго, чиясул гIумруялде данде ккураб мехалъ рагIабазул мукъсанлъи. 
Гьев тIадегIанаб даражаялъул, яхI-намусалда хIур хъвазе течIев, аза-азар чиясе пайдаялъе, сахлъиялъе ватарав чи вугин, Хунзахъ тIалъи гвангъизабулеб, чIухIизабулеб бажариялъул анкьгьунар вугилан гьел рагIабаздасан бичIчIулеб гьечIо. БичIчIулеб гьечIо гIумруялъул саназда жаниб кигIан гIемер гьев унтараз сардилъ вахъинавуравали, кигIан гIемерав чиясе гьес районалдаго тIоцебе рукIкIби хIунчун дару гьабиялъул махщелги лъазабун кумек гьабурабали. КигIан гIемеразул, махщалида дару-сабабги гьабун, къотIун унеб букIараб хьул гIумруялде лъезабурабали. Гьесул биографиялъул къокъал рагIабазда хъван гьечIо гьев гьимулев гурони лъидаго вихьичIилан, гьимаравго унтарал сахлъулилан, сахал унтичIого хутIизе гьесул махсара-хочI гъорлъ гIемерал сатирикиял кучIдузулги кумек букIунилан. Дида, тохтур гурелъул, лъаларо гьесул гIемерал рахъал жанире рачараб тохтурлъиялъул махщалие къимат кьезе. Амма лъала ва бихьана, райбольницаялъул лъимал регизарулеб къотIелалда ва къадазда гьес лъималазе рахъарал суратаз, гьел гьимизе гурелги, сахлъизеги гьарулел рукIин. Бихьана гIагараб школалдеги вачIун, клубалда гьес художникас гIадин, бахъараб росдал сураталъ лъималазул росдаде, ВатIаналде рокьи базабураблъи. Бихьана, дун директорлъун вукIаго, цо чанго цIалдохъанас «хехго кIудиял гIезе бокьун» чIачIаги гьекъон гьел мутIигI гьаризе дида кIвечIеб мехалъ, Гъайирбегги ахIун, гьес махщалида гьел мутIигI гьарураб куц. Дида вихьана Гъайирбег наязул гIелмуги лъазабун гьелги хьихьун, унтаразе найил гьацIул сахлъиялъе бугеб кIваралъул бицуневги. Наязул гIелмуялъул, жиндирго гIумруги гьездасан мисал босун хIалтIулаго индал батила, лъалареб жо гьесда гьечIо. Киназго бицуна гьесул гIи-боцIуе хъулухъ гьабизе бугеб махщалил, гьес сунда квер баниги, аскIор ругезда бигьаго гьабулеб бугин кколедухъ, гьесухъа бажарулеб куц. 
Абула гьесда «Росдал Мичуриниланги». Абиларебги кинха росулъ кидаго рижичIел гъутIбиги, хинлъи бокьулел пихъалги гьес рижизаридал. ЦIекIаб гIечцин бижулареб букIараб БакьагьечIи цIибилги, цIулакьоги, куракги, гениги гьес бижизабураб мехалъ. Божизе захIмат буго цохIо 80 соналда жаниб гьес гьеб кинабго гьабун батиялда. Дун гьесдаса лъабго соналъниги кIудияв вуго. Гьевги, дунго гIадин, рагъул ва рагъда хадусел соназул мукъсанлъи лъалев чи вуго. Гьелъго батила гьесда заманалъулги, Аллагьас кьураб гIумруялъулги къимат лъалеб. «Пикрабазул лахIзатал» абун тIехьалда цIар лъуниги, пикраби гьарулареб лахIзат Гъайирбегил 80 соналда жаниб букIун батиларо. Гьеб тIехьалда руго гьадинал мухъал: 
МацIал гьаризе гуро, 
МацI нилъеда бижараб, 
МацIалъ рокьи бекьизе, 
Кьалдаса хвасарлъизе. 
*** 
Кьурал гIумрудул къоял, 
Къокъаб сапаралъул нух, 
Нахъа толеб нухалда 
Намусалъул гъутIби чIе. 

Щибаб мухъ – кочIодалъун хъвараб кици, бицен, щибалъулъ бриллианталъул гIадаб кьер-кьераб кунчIи. Дица росулъа чи вугелъул веццулев вугин ккезе бегьула, гьев вецццизе диралдасаги ихтияр бугезеги изну кьезин.

Кватlун тlатараб гьунар
Мунагьал чураяв шагIир ва журналист МухIамад ПатахIовас хъван буго: 
«РукIуна гIадамал жиделъ гьитIинго кечI яги хабар хъвазе гьунарги загьирлъарал, гьеб махщел къисматалъул нухлъунги тIаса бищарал. Руго жиделъ гьечIеб гьунар бугиланги ккун, гьазул-дозул кумекалдалъун гьанир-дора цо-цо хъварал жалги рахъун, жидеегоги цогидазеги гIумруялъго гIазаб кьолелги. 
Ратула, жидеца цогияб махщелги тIаса бищун, гьелда рекъараб гIелму-лъайги щун, гьеб ишалъул унго-унгоял устарзабилъунги рахъун, рекIелъ тIегьараб асарги кунчIараб пикруги кагътидеги босун, гьебги жидеего тун гIенеккун чIаралги. Гьеле гьединавлъун вихьула дида БакьагьечIиса ГIалиев Гъайирбег. 
ЛъикIав тохтур гуревги, ракI бацIцIадав, гIаданлъи-намус цIунарав, гIумруги гIаданги вичIчIулев инсан хIисабалда лъала гьев районцоязда. Гъайирбегилгун дир лъай-хъвай ккаралдасаги, гьеб лъикIаб гьудуллъиялде свераралдасаги лъикIалан сонал руго. КигIанго цоцазул божилъиялда рукIаниги, рохалилъги къварилъи ккаралъубги гIезегIанго аскIоре кканиги, лъалароан дида Гъайирбегил хъвадарухъанасул махщел букIин. Чанго соналъ цебе «ХIакъикъаталъул» редакциялде бачIана Гъайирбег ГIалиевасул «Къурбанил ахирисеб макьу» абураб хабар. Хабаралъ ниж рохизаруна ва бачIинахъего журналалдаги бахъана. Хадубги «ХIакъикъат» ва «Росдал захIматчи» газетаздаги журналаздаги рахъана ГIалиевасул «КIиго зани», «Ханжарги кIиго гуллаги», «Гургур», «ЦIадираби», «Эбелалъул аманат», «ХIорлъараб бертин», «РакI рагьараб калам» абурал харбал. Гьел цIалдолез гъираялда къабул гьаруна. Къабул гьаруна, щайгурелъул гьезулъ руго хIакъикъияб гIумру, чиясул къисматалда ккезе бегьулел, инсан тIад ургъизе, пикру гьабизе тIамулел лъугьа-бахъинал». 

Чеховасул сухъмахъалъул магlарул къагlида
Филологиял гIелмабазул доктор, мунагьал чураяй ЗулхIижат ХIажиевалъул «Гьанжесеб аваразул проза. КIвар буссинабурал суалал, хасиятлъун лъугьарал, гIадатлъун билълъарал нухал» абураб тIехьалда хъван буго: 
«МагIарул прозаялде гъорлъе гIезагIанго жигаралда лъугьунел руго харбил формаялда хъвадарулел авторазул цIиял цIарал. Гьезда гъорлъ руго тохтурзабиги. ХIикмалъизе тIамулеб жо, инсанасул рукIунел масъалабазул, суалазул хъвалеб буго унтаралгун къойил дандчIвалел гIадамаз. Хвалидаги гIумруялдаги гьоркьоб бугеб гIорхъигун къойил дандчIвалел рукIиналъ батизе ккола гьел инсанасул къисматалда, гIумруялъул философиялда тIад ургъизе тIамулел, рихьизе рес гьечIел къаркъалаялъулги рухIалъулги хурхеназда, гIумруялъул балъгоял гIадатазда, гьезул чIаголъиялъулгун ругел хурхеназда тIад ургъун пикру гьабизе тIамулел. Гьезул асарал рукIуна ракI тIаде цIалеллъун, жакъасеб магIарул прозаялъул чвахиялъулъ кIвар бугеб бакI кколеллъун. Гьел хъвадарухъабазда гьоркьов вугевлъун вихьула дида ГIалиев Гъайирбегги. 
Гъ. ГIалиевасул харбал руго къокъал. Гьел руго рагIарас рицине хъварал гIадал, аслияб къагIидаялъ биценазул ва гара-чIвариязул формаялда хъварал. Масала, «Наязул бацI», «Билараб намус». 
«Билараб намус» буго гьитIинабго гара-чIвари. Хъван буго жакъа, намус - яхIги лъугIараб, баркала лъайги тIагIараб, инсанияталъул лъикIал хасияталги дагьлъараб, намусалде гIунтIун кинабго бичулебги босулебги бугеб, «гьеб букIана сон, жакъа къо батIияб буго» абун хIалтIулеб хIалихьалъиялъул философияги бугеб мехалъ рагIун загьир гьабулеб пашманлъилъун. Гьениб гара-чIвари буго, кIиго гIумруялъул хIалбихьиги щварал, гIакъилал, гIумруялъул захIмалъабаз лъадарарал, «гIумруялъ гIурул ханал гIадин цIвакизарурал» херал чагIазул. 
ПалхIасил, гьесул киналго асарал руссарал руго гIадамазул бичIчIи буголъи борчIизабиялде. Гьел руго гIумруялъул лахIзатазул рахъарал сураталлъун, чIамучIаб хабарлъун гьечIого, калам чIухI-чIухIизабичIого. Аслияб жо буго гара-чIвариялъулъ бичIчIулеб магIна яги чиясул иш-пиша. Гьезие къимат живго цIаларас кьела». 

БакьагьечIиса Гьудил Хочбарил яс Умалфазлуца, филологалъ ва Дагъистаналъул мустахIикъай учителалъ, Гъайирбегил «БекьечIдерил сатира» тIехьалъе хъвараб цеберагIиялда хъван буго: «Махщел бугев, унтарасдехун хIеренав, гьесул тIалаб гьабулев врач хIисабалда лъала ГIалиев Гъайирбег. Гьесул кIиабилеб махщел (чан гьесул гьеб бугеб!) ккола лъикIаб рагIул устарлъи. Гьесул «Бахилай кIодоги къурущалъул бетIергьанги», «Къурущалъул бетIергьаналъул жаваб», «Вищана гьале, гьанже» ва цогидалги цIалараб мехалъ кигIан пашманавги велъичIого хутIуларо. Авторасда кIун буго чиясул пикруялъул мукъсанлъи, къарумлъиялъул гIорхъи гьечIолъи, рухIияб рахъалъ сури, гьереси, рекIкI къватIиб чIвазабизе. Гьесул щибаб сатираялъ, бухIизабулеб бегIерлъигун хъварал асараз какулеб буго нилъер гIумруялда дандчIвалеб сурукъабщинаб лъугьа-бахъин. Гъайирбегил сатирикиял кучIдул цIалараз пикру гьабизе буго, вугодай дун гьаб пуланаб сатирикияб кечIалъул героясда релълъарав, бугодай дилъги дун къабихI гьавулеб гIамалго абун. Батани битIизабизе гIамал гьабила гьес», - абун. 
Ахиралдаги абила, Аллагь разилъаги вац, Гъайирбег, дудаса. Мун росдал хIуби, тIалъиялда кунчIараб цIва, гIолилаз мисал босизе бегьулев инсан хIисабалда гIемерал соназ таги. ТарабгIан заманалда гIадамазе хъулухъалда вукIине дур нигат букIунеблъи лъаларев чи нижеда гьоркьов гьечIо. 
Шамил МУХIИДИНОВ

Просмотров: 145 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz