19 июлалда районалъул Ветеринарияб управлениялда тlобитlана исана лъагlалил тlоцебесеб бащалъиялда гьабураб хlалтlул хlисаб кьеялъул данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlерасул заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас, ветуправлениялъул начальник Тlалхlат Шамхаловас, Хунзахъ бугеб зоналияб лабораториялъул директор Патахl Сагlадуевас, участоказда ругел пунктазул заведующияз ва цогидазги.
Киназего саламги кьун, данделъи рагьана Тlалхlат Шамхаловас. Гьес жиндирго докладалда гlатlидго бицана управлениялъ исана сонил тlоцебесеб бащалъиялда гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ.
Гьедин, Тlалхlат Шамхаловас бицана районалъул ветуправлениялъул специалистаз хъулухъ гьабулин муниципалитеталъул 24 росдал администрациязде ва 76 жамгlияб секторалъул магlишаталде гъорлъе унел 24448 бетlер чlегlербоцlуе, 159647 бетlер гlи-цlцlаназе, 731 бетlер чу-хьваниялъе, 41106 бетlер гlанкlо-хlелекоялъе, 49 бетlер кутузе, 4159 найил тlулбузе. Гьел киналго руго Хунзахъ, Кочубей, Бабаюрт ва Кизилюрт районазул гочинабун гlи-боцlи хьихьулел зонабазда. Гlаммаб къагlидаялъ 2023 сонил тlоцебесеб бащалъиялда жаниб районалъул ветуправлениялъул хlалтlухъабаз рахунел ва инвазионниял унтабаздаса гlи-боцlи цlуниялъул мурадалда хал-шал гьабуна 1001666 бетlер гlи-боцlухъ. Чlегlерхlайваназул ва гlи-цlцlаназул язва бугищали халгьаби тlубазабун буго 111% ва 100%, чу-хьванул - 104%. Чlегlербоцlул ва гlи-цlцlаназул ящур бугищали халгьабун буго 100% ва 104%. Гlи-цlцlаназул оспа бугищали халгьабун буго 100%. Гьабзазул ва кутузул бешенство бугищали халгьаби тlубазабун буго 100% ва 112%.
Серологиялъулаб цlех-рех гьабун буго 15744 бетlер чlегlербоцlул, 12910 бетlер гlи-цlцlаназул, 280 бетlер чу-хьваниялъул. Гьезул цонигиязул бруцеллез батун гьечlо. Гьединго лейкоз бугищали халгьабун буго 15201 бетlералъул, амма цониги хlужа батун гьечlо. Туберкулез бугищали 11545 бетlер гlи-цlцlаназул халгьабиялъул хlасилалда цониги хlужа тlатун гьечlо. Тlомода гъоркь букlунеб овод бугищали халгьабун буго 25193 бетlер чlегlербоцlул, цонигиялъул батун гьечlо.
Роспотребнадзоралдсан бачlун буго гlадамазда хlайваназ хlанчlиялъул хlакъалъулъ 10 сообщение. Щибаб хlужаялда хурхун гьабун буго букlине кколеб хlалтlи, ралагьун руго хlайваназул бетlергьаби (7 хlайваналъул бетlергьаби ратун руго, хутlарал 3 хlайванал ратун руго къватlул кутул). Рехсарал хlайваназда хадуб чlезабун буго 10 къоялъулаб халгьаби, гьеб заманалда жаниб цонигиялъул бешенствоялъул гlаламатал загьирлъун гьечlо. Ккун буго гlадамал бруцеллезалъ унтиялъул 4 хlужа. Бакlаздеги ун, киназдаго хурхун гьабун буго эпизоотическияб цlех-рех. Цебеккун гьабураб халгьабиялъухъ балагьичlого, бруцеллезалъ унтарал гlадамазул гlи-боцlул цlидасанги гьабун буго серологиялъулаб халгьаби. Цонигиялъул унти батун гьечlо.
Хlисаб кьолеб болжалалда жаниб хасаб хlалтlи гьабун буго хlайванал рахунел унтабаздаса цlуниялъе гlоло профилактикияб хlалтlи гьабиялда хурхунги. Мисалалъе, копрологиялъулаб халгьабиялъул 521 проба босун буго чlегlерхlайваназул, гlи-цlцlаназул - 1554. Гьелъул хlасилалда чlегlерхlайваназда гьоркьоб тlатун буго 50 хlужа фасциоллез унтиялъул, стронгилятоз - 37, мониезиоз - 23, парафистамоз - 19, дикроцеллиоз - 5; гlи-цlцlаназул тlатинабун буго 258 фасциолез, стронгилятоз - 220, мониезиоз - 231, парафистамоз - 10, кокцидиоз - 17. Цадахъго профилактикияб ва дару-сабабалъулаб тадбирал тlоритlун руго 26118 бетlер чlегlерхlайваналъе ва 192750 бетlер гlи-цlцlаназе. Гьединго чурун буго 35235 бетlер чlегlерхlайваналъул ва 180093 бетlер гlи-цlцlаназулги.
Ветуправлениялъул хlалтlул цоги кlвар бугеб рахълъун ккола районалда биччалеб ва бича-хисулеб росдал магlишаталъул продукциялъул качествоялда хадуб халкквей. Гьедин, хlисаб кьолеб заманалда жаниб гьабун буго 2475 ветсанэкспретиза. Гьездасан хlайваналъул гьанал - 42, гlиял гьанал - 120, гlанкlо-хlелекоялъул - 1792, ччугlил - 3, рахьдал ва рахьдал нигlматазул - 277, ханазул - 5, пихъ-мичlалъул - 236. Экспертизаялъул хlасилалда нахъе бахъун буго 30 кг хlайваналъул гьанал ва 25 кг гlиял гьанал. Турун батиялъул гlиллаялдалъун нахъе бахъун буго 30 кг пихъ-мичlалъулги. Бащдаб лъагlалида жаниб гlи-боцlи ва гьезул продукция добе-гьанибе гочинабиялъе кьун буго 1457 ветеринариялгун сопроводительниял справкаби. Гьездасан чlегlерхlайваназе - 72, гlи-цlцlаназе - 24, хlайваналъул гьанае - 225, гlиял гьанае - 64, гlанкlо-хlелекоялъул гьанае - 102, рахь ва рахьдал нигlматазе - 967, квас - 3.
Врач-эпизоотолог Махсутlов Гlарипица гlатlидго бицана бакlазда гьабулеб бугеб хlалтlул ва гьенир ругел гlунгутlабазул.
Данделъараздехун кlалъай гьабуна Асадгlали Гlабдуразакъовасги.
“Районалъул нухмалъиялъ тlадегlанаб къимат кьола нилъер ветеринаразул хlалтlуе. Лъала кигlан захlматго бугониги, мукъсанал харжазухъги гьечlел шартlазухъги балагьичlого, нужеца нужерго хlалтlи ракl бацlцlадго тlубазабулеблъи. Амма жакъа бачlун буго тlадегlанал технологиязул заман, киналго бутlабазул ва киналго гlуцlабазул хlалтlи буссинабизе кколеб буго электроннияб къагlидаялде. Гьединлъидал хlалтlи гьабураб гlолеб гlечlо, гьеб босизе кколеб буго кагътидеги. Гьеб рахъалдеги кlвар кьезе ккела”, - ян абуна гьес.
Киналго кlалъаязухъги, хlисаб кьеязухъги гlенеккун, данделъиялъул ахиралда къабул гьаруна дандрекъон кколел хlукмаби ва рихьизаруна гьел тlуразе болжалалги.
И. Мухlамадов.
|