3 июлалда Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб школалда хlалтlизе лъугьана школалда цебесеб сах гьариялъулгун хlохьбахъиялъул лагерь “Сарир”.
Гьеб рагьун буго Дагъистан республикаялъул Лъай кьеялъулгун гlелмуялъул министерствоялъул ва районалъул администрациялъул цадахъаб хlаракаталдалъун. Лагерь рагьиялъулъ гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlерасул заместитель Хlамид Гьитlиновас ва школалъул директор Раисат Хlаштlиховалъ.
"Гьаб ахираб заманалда нилъер районалда букlинчlо гьадинаб лагерь. Исана нужее рес щун буго гьаниб хlохьбахъи гьабизе. Узухъда, гьанибги цlунизе ккола хасаб низам. Гlенеккизе ккола тарбичагlазухъ, бегьуларо кватlаризе ва гlилла гьечlого къоял гьоркьор риччазеги", - ян абуна Хlамид Мухlамадовичас.
100 гlан лъимералъ лагералда базе буго 21 къо. Лъимал рикьун руго 5 отрядалде. Гьеб заманалда жаниб лъималазе хlадурун буго спортивиял конкурсаздасан, къецаздасан ва цогидалги лъимер цебетlеялъе квербакъулел хасал тадбираздасан гlуцlараб хасаб программа, тlагlамаб квен-тlех ва цогидалги хlажатал шартlал.
Гьединабго лагерь рагьун буго Гьоцlалъ гьоркьохъеб школалдаги. Гьениб буго 90 лъимер.
И. Мухlамадов.
|