Среда, 01.05.2024, 17:58 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Июль » 18 » КИНАБГО ЛЪУГlИЛА-ЦlВАБИ ХУТlИЛА
17:15
КИНАБГО ЛЪУГlИЛА-ЦlВАБИ ХУТlИЛА

Лъимерлъи 
Дун дунялалде вач1унаго, дида цадахъ бач1ун батилин тола дица, дир херал чаг1аздеги, гьит1инал лъималаздеги бугеб г1орхъи гьеч1еб рокьи. Г1агараб росдал годек1анибги, къват1ахъги ана дир лъимерлъи, гьениб бук1ана дир динги, дир рек1елгъейги. Дие ц1акъ бокьулаан чуязда рек1ине, чуял риччалел, гьаби рагъизарулел къецазухъ балагьизе. Амма дие бокьулароан лъуг1и гьеч1ел малъа-хъваязухъ г1енеккизе. Г1адлу низамги малъа-хъваялги г1емерлъидал, дун гьезде ругьунлъун ккун вук1унаан. Дир рек1ее г1ажаибаб асар гьабулаан зикру бачунеб гьаракьалъги, щаялиго бокьулаан росдал хабзалалъе инеги. К1одоэбелалъ бицунаан нижер росдадасаги цере рук1арал хабзал ругин гьелилан.


Маг1арухъ г1иссинал лъимал хабзалалъе риччалареб г1адат бугониги, дица кинги нухал ратун, гьениве ворч1изе х1аракат бахъулаан. Дица кидаго г1ажаиблъи гьабулаан щай хоб гьедин гъварид бухъулебан, дир бот1ролъ гьелда сверун г1емерал суалал женжедулел рук1ана. Жакъа рак1алде кколеб буго, кин гьит1инав чиясул бот1ролъе гьединал пикраби рач1унел рук1аралилан.


Киданиги, щибниги къо бихьич1ого щварав чи гуро дун. Х1атта, лъимер гьабидал рохун гьелда лъолеб ц1аргицин лъабго моц1ил даг1ба-къецалдаса хадуб гурони дида лъун гьеч1о. Дир 104 сон барай к1удияй эбелалъ, Халиль-эбель абулаан гьелда, дун ургьив вук1аго дир эбелалда абун бук1уна, дуца васги гьавулин, гьев вихьич1ого хвезеги жинда рак1алда гьеч1илан. Гьеб мехалъ киназго гьей хоч1ие гьаюла, нусилъа арай г1аданалъул хабар бихьулищилан.


Цинги Халиль-эбелалъ лъазабула васасда Имам Шамилил ц1арги лъезе кколин, гьеб ц1аралъул маг1наги бугин «Лъай бугев», абун. Аллагьас чиясе лъай-г1акълу эбелалъул ургьисанго кьолин, хут1араб жинца кинидахъ ах1унги малъилин гьесдаян. Росдал жамаг1аталъулги, ц1ик1к1арал г1адамазулги пикруялда Шамил Имам г1адав чиясул ц1ар ккара-ккаразда лъуни баракат гьеч1олъи щвезе бегьулин абун дида лъабго моц1алъ ц1ар лъеч1ого хут1ула, кинги ц1ик1к1арай г1аданалъул адаб гьабун, гьелъул гьари т1убазабула, амма бач1унеб 100 соналъ росулъ гьеб ц1ар т1ок1аб лъицаниги лъогеянги лъазабула. Нижер маг1арухъ абула: «Киналго ралагьула, амма цо-цоязда гурони бихьуларо», ян. Халиль-эбелалъ къот1ухъе ккана дирги къисмат. Дир кинидухъ жеги лъабго соналъ ц1алана гьелъ Къуръан-х1адисал, бачана зикру, ах1ана туркаби. Гьелъ кинидасанго ургьибе т1едал батила, Къуръан ц1алулеб, зикру  бачунеб раг1идал дир черхги, рак1ги, рух1ги т1егьан бач1уна. Дида ккола дун ц1идасан лъимерлъиялде щванин ва гьенисан бук1инеселъухъ валагьун вугилан. К1одоэбелалъул г1умрудул дарсаз бекьана дир рек1елъ хераздеги, лъималаздеги рокьи. Кинаб х1укуматалда, шагьаралда, росулъ вугониги, 5 сонил г1умруялде рахинч1ел лъимал рихьидал дун ч1езеги ч1ун балагьула гьезухъ, гьел гьимани дида дунго гьезул кьерилав вугин ккола. Гьеб бук1уна дир бищун талих1аб лах1зат, харабаздаги лъималаздаги аск1об г1адин рек1елгъей дие кибго бук1унаро. Лъимадул недегьлъиги, гогьлъиги, чанк1к1иги, можк1к1иги дилъ кидаго бук1ана, гьелда рекъараб г1адлуги камулароан дие.


Гьаб заманалда лъимал бец1аб (бокьор) сараялъур т1амуни, гьел х1инкъун лъавудаса ина, дунин абуни гьелде ругьунав вук1ана. 7-леб классалде вахъинег1ан дида хьитал щиб жояли лъалеб бук1ун батиларо, хешт1езегицин х1ат1ида г1иц1го унаан. Гъалмагъир г1емерав дун х1ебт1изе зах1малъидал, дир инсул балъгояб анищ бук1уна дун цо лъицаниги жиндиего вачинародай ян, амма дир хасияталъухъ балагьун, вачине бокьаразулги рак1 бух1улеб бук1уна. К1удияв г1едал дица гьикъана инсуда унго-унгоги кьезе вук1анищин дунилан. Вук1анилан абуна гьес дида, амма бахьикъосарав мун вачине разилъулев чиго ккеч1ин.


Гьит1инаб мехалда дун ч1олаан бот1родаса рес къунц1изе биччаларилан.
Дир инсул гьудул К1удияв Х1ажица чода рек1инавулелъул дун бот1рол расги ккун, кодове восун лъолаан чодул кьолонив, гьединго гъоркьеги виччалаан чодаса. Черхалда сири балеб унтиялдасаги, чода рек1ине бугеб гъира бергьунаан дир. Дун кидаго К1удияв Х1ажи вихьизе чан къан вук1унаан. Дие гьев ц1акъ хирияв вук1ана, гьесие дунги вокьулаан. Гьабсаг1аталдаги гьесул лъималазда бер ч1вайдал дида дунго гьезул вацилан ккола. К1удияв Х1ажи хведал дир ц1акъ рак1 бекун бук1ана, дица гьесде кеч1-маг1угицин гьабун бук1ана. Гьев дир рек1елъа жеги-жеги унаро.


13 сон бараб мехалъ дун Избербашалда бугеб интернаталде ц1ализе вит1ана. Т1оцебесеб къоялъго ралъдалъ маякалде аск1ове щвезег1ан лъедолаго гъанкъизе вахъун, цойги васас хвасар гьавуна. Интернаталда ц1ализе дие ц1акъ бокьулаан учительзаби рокьич1ониги, амма гьанже пикру гьабидал ккола, г1ияде ине ккеч1ого вук1ине батилин дун ц1алдолев вук1аравилан. Нижер хъизамалда цонигиял вехьлъун яги дояркалъун рахъинч1о.
Дие кидаго сундулъго цеве к1анц1изе бокьулаан. Цин чода рек1иналде х1амида рек1ине ругьунлъизе кколилан абидал, дун разилъулароан. Дие бокьун бук1ана циндаго чода рек1ине. Щаяли лъаларо, дида киданиги дирго кьерилазда гьоркьобги, г1агарлъиялда гьоркьобги дирго бак1 батулеб бук1инч1о.


Кидаго дир гьалмагъзаби дидаса г1езаг1анго к1удиял рук1ана. Дун кидаго сверухъе лъугьа-бахъунелъул пикрабазда вук1унаан, дир пикрабалъ пири пирханиги, гъугъаданиги, горо-ц1ер баниги, гьелда сверун г1емерал суалал рук1унаан. Гьелдаса к1удияб тамашалъи щиб бугебилан кколаан дида.
Бокьулаан саг1тазги ц1вабзазухъ балагьун ч1езе, гьел рик1к1ине. Муг1рузда гьел г1ажаибго гвангъарал, берцинал, ч1ах1иял рук1унин ккола. Дида абулаан ц1ваби рик1к1ине бегьуларин, гьеб г1антаб, г1ададисеб иш бугилан, амма гьукъарабщинаб гьабизе дир кидаго шавкъ ц1ик1к1унаан. Гьел рик1к1унаго батила дир х1исаб суалалъе гъира барабги. Х1исабалъул дарс, физика дие школалда ц1акъ бокьулаан, амма г1урус мац1алъе лъик1ав вук1инч1о дун.


Нижер маг1арухъ аби буго, г1емер ургъулев чи гьересиялдаса рик1к1ад вук1унилан, ургъизе бокьула дие. Т1охда вегун чанги рогьинег1анги вук1унаан ц1вабзазухъ валагьун. Гьанже росулъе щведал дун т1имугъги мугъалда бан унев вихьани, росуцоязда лъала ц1вабзазухъ валагьизе унев ватулеблъи. Дир пикрабигун дун вич1ч1изе киназего зах1малъулаан, хасго дирго инсуе. Гьединлъидал диде кидаго семулел, тамих1 гьабулел рук1унаан, бец1аб бокьовги т1амулаан чанги.


Инсуца дида малъулаан чуги бекьарулеб оцги бухизе бегьуларилан, дида кодоб ц1ал яги т1ил бугеблъи гьеб к1иялдаго дуца кьабич1ониги лъалила, амма бухараб чодаса, чот1ахъангун рекъон бекерулеб чу ч1алде цебе бач1унилан.
Дица тола дир бищун к1удияб талих1 кколин дир инсуда дун санал индал вич1ч1и. Щибаб щамат къоялъ киналго хъизан-лъимал эбел-инсул дора данделъидал дун кват1ани, яги вач1инч1они эмен ц1акъ рах1ат хун вук1унаан.


Г1олохъанлъи
Дун ц1ализе лъугьана Ленинградалда бугеб гуми гьарулеб институталде. «Корабелка»  ялде ц1ализе лъугьине вач1унев дир киналго щуйилалги, г1урус мац1алъе лъабилабги бук1ана. Рихараб бук1ана дие г1урус мац1. Гьениве щвезег1ан дида рак1алде кколаан дунялалда киназдаго  дида г1адин маг1арул мац1 лъалилан. Экзаменалъеги дие  цойилаб  ккун бук1ана. Гьеб диктантатлда рук1арал х1арпазул къадаралдаса, диктанталда гъорлъ дица риччарал гъалат1азул къадар ц1ик1к1ун бук1ун батилин ккола. Т1оцебесеб заманалда дица дарс маг1на бич1ч1ич1ониги, рек1ехъе лъазабулаан, хадуб бич1ч1илеб батилилан. Лекциязде инеги дие бокьулароан, дир к1удияв имсуца абухъе, дун хьвадизе колеб нух, дирго х1ат1азда гурони лъаларилан. Общежитиялда бак1а-бахари гьабизеги дица, пахруяв маг1арулас, инкар гьабулаан. Дие бокьулароан лекциял хъвазе, рак1алде кколаан щайдайин киналго г1енеккизарун, ч1амуч1го, цого жо бицунебан. Гьелъ дие ц1алулъ г1емерал квал-квалалги кколаан. Библиотекаялдаса т1ахьал кьолаан г1иц1го ц1акъго лъик1ал студентазухъе, дихъе гьел щолароан. Лекциялги хъвач1огон, т1ахьалги гьеч1ого дица сессия кьезе кколаан ц1охо дидаго рак1алда ч1арабги бицун. Общежитиялда нижер анлъгоял рук1ана цадахъ. Дир гьалмагъазабаз ц1алдон, цоцазе билетал рицунелъул дица гьезухъ г1енеккун пайда босулаан. Гьанже дир гьалмагъазабаз релъулаго бицуна, дун лекциязде г1енеккизеги хъвадаризеги гурев, лекторазе сулалал кьезе вач1унаанилан.


Дун кидаго нечолароан дида бич1ч1улареб жо гьикъизе. Дун разияб жаваб лекторас кьеч1они, дица гьесда бадибе абулаан дудагоги лъалеб гьеч1ин жавабилан. Дида бич1ч1улареб жо бук1ана 60-70 чи г1енеккараб залалда лъилниги лекциялда хурхун суал гьеч1ого кин бук1унебилан. Дида лъим г1адин лъалеб жоялда т1ад х1алт1улагоялдаса, лъалареб жо ц1ехолаго рек1ее асар ц1ик1к1ун гьабулаан дир.


Вехьги г1иги цоцада рич1ч1улел гьеч1они, гьел цоцада релъарал ратизе ругилан ккола дида. Гьаб дир г1амал-хасиятгун дун институталдаса нахъе рехич1ого хут1аралъухъ баркала кьола дица институталъул ректоразеги профессоразеги (Е. Товстых ва Д. Ростовцев) т1ок1лъи бугилан. Дун нахъе рехизеян суал цебе лъедал гьез дун жидехъего ах1ана. Нахъе мун рехизе бокьараб къоялъги кват1ун бук1инарин, амма дур лъик1ав специалист вахъинавизе х1ал бихьизе бугин жидецаян абуна гьез дида. Г1адамасул г1унгут1аби ралагьизе бокьарав чиясухъа бажарула, амма киназдаго гуро к1олеб гьесул т1ок1лъи, лъик1аб рахъ бихьизе. Гьез дун эркенаб тадбиралда хьвадизе тана лекцияздеги. Дие лъазе гъира бугеб жо дицаго ц1ехон, балагьун, ц1алун гурони лекторас бицинег1ан ч1ун дир рак1 г1одобе биччалароан. Гьес бицунаан г1иц1го жиндирго дарсида хурхараб, дие кидаго кинабго ц1ик1к1ун лъазе къвариг1ун бук1ана. Дир суалазе жавабалги, дие кумекги щванилан тола дица Салтыков Щедринил ц1аралда бугеб библиотекаялдасан. Радал 9 т1убазе 10 минут хут1идал гьениве щварав дун, къаси 10 т1убайдал къват1иве вит1улаан. Дун 2 саг1аталъ ц1алдолаан 9 саг1аталъ ургъулаан. Гьеб библиотека бук1анин дир институтилан тола дица. Гьабсаг1атги гьенир рук1арал х1алт1ухъабазда дун ват1а гьавизе лъала. Дир институт лъуг1улеб заманалде щолаго дида сверухъ рук1ана к1иго бат1иял тайпаялъул г1адамал цоял – дидехун лъик1аб бербалагьи бугел, дун вич1ч1улел, цойгидал – дун вихьизецин бокьуларел, гьасие щайин кинабго бокьухъе гьабизе бегьулебан кколел. 


Г1умруялда дида лъик1 бич1ч1араб жо буго, дида малъараб гуреб, диего бокьараб дирго гъира балеб жо гьабидал, дир х1асилал лъик1ал кколеллъи.
Чиясул нух байбихьула гьесда жиндиего жанисеб гьаракь раг1араб, гьеб гьаркьихъ г1енеккизе лъараб мехалъ. Жанисеб рух1алъул гьаркьил к1удияб къуват буго, гьеб ц1унизе ккола. Гьеб мехалъ кинабго жинди-жиндир рук1алиде ккола.


Бет1ергьанас пагьму щивав чиясе кьун буго, амма гьеб батизе, гьелъухъ г1ин т1амизе киназдаго гуро бажарулеб. Ш. Г1алиев

Интернеталъул материалаздасан данде росана Х. Гlаммаевалъ.
 

Просмотров: 145 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz