Среда, 01.05.2024, 23:01 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Июль » 17 » 45 СОН МАХЩЕЛ БОРХИЗАБУЛАГО
15:56
45 СОН МАХЩЕЛ БОРХИЗАБУЛАГО

1979 соналда Дагъистаналъул Пачалихъияб педагогикияб институталъул къват1исел пачалихъазул мац1азул факультетги лъуг1изабун г1агараб районалде яч1арай Хунзахъ росулъа Гьит1инова Рах1мат Мух1амадовнаялъ аслияб къаг1идаялъ жиндирго зах1маталъулаб нух бухьинабуна Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школалда. Бач1инахъего гьей х1алт1изе лъугьана байбихьул классазул учительницалъун. Гьелдаса нахъе ун буго 45 сон. Гьебгощинаб заманалда лъималазе гъваридаб лъайги, лъик1аб тарбияги щвезеялъе г1оло бихьулеб къоялде, унеб заманалде яч1инч1ого, к1вах1-свак лъач1ого х1алт1ана Рах1мат ц1алдохъабигун.


Жиндир к1удияб талих1 кканилан абула Рах1матица, бач1инахъего школалъул ч1ух1илъун кколев, гьелъул директор, мунагьал чураял, Ясулов Х1ажи, завуч Гьит1инов Т1алх1ат, Г1абдулаева Гуржигьан, Мух1амадова Сиядат г1адинал учительзабазда цадахъ х1алт1изе щвей. Х1албихьи бугел учительзабазул кумек бук1унаанила т1оцебе лъалареб малъизеги, бич1ч1улареб бич1ч1изабизеги, гьездасан мисал босун х1алт1изеги.
Г1исинал лъималаз кинабго гьабула жидеда цее йигей учителалъухъ хал гьабун, гьелъул мисалалда, гьелъ г1адинан. Гьебги бич1ч1ун, х1алт1уде яч1араб т1оцебесеб къоялдасанго бахъараб, Рах1матил х1алт1ул мурадлъун бук1уна ц1алдохъаби зах1мат бокьулеллъун, рак1 бац1ц1адаллъун, лъик1го церет1ураллъун куцай. Жийго Рах1матги кколелъул гьединабго хъизаналдаса. Эбел Сакинатицаги, эмен Мух1амадицаги жидерго лъимал куцан рук1ана к1удиясул адаб-хъатир бугеллъун, зах1мат хирияллъун, рак1а-рахарараллъун, рук1а-рахъине лъалеллъун рук1ине. Гьел хасиятал такрарлъула Рах1матица ц1алдохъабазе кьолеб тарбиялъулъги. 

Школалда гьелъ къач1ан буго зах1маталде лъимал ругьун гьариялъул кабинет. Бук1ана замана классалъе х1албихьиялъул участокги босун, гьенир ч1арал гъут1бузе, кванил ниг1матазе гьез хъулухъ гьабулебги. Гьанже школазухъ гьединал участокал гьеч1о. Гьенир т1орит1улел бач1иналъул байрамазда Рах1матил классаз росулаан цересел бак1ал.
Ц1алдохъабазул школалде рокьи бижизабиялъул, лъаялде гъира базабиялъул мурадалда, Рах1матица дарсазда г1емер х1алт1изарула инсценировкаби гьарун ролал х1алел расандаби. Бищунго к1удияб к1вар гьелъ кьолеб буго словаралде, раг1аби рит1ун хъваялде.
Рах1матида лъала сунда бараб бук1унеб педагогасул цебет1еяли. Гьединлъидал гьей гьоркьоса къот1ич1ого т1ад ч1ола жиндирго педагогикияб махщел борхизабиялда. Гьелъ т1адч1ун лъазабула компьютер ва гьенисанги ругьун гьарула лъимал школалда малъулеб программаялда т1адеги т1адкъаял т1уразаризе. Гьединлъидал гьелъул классалъул ц1алдохъабаз бокьараб олимпиадаялда, х1аязда ккола цересел бак1ал. Рах1матил классалъул г1емерисел ц1алдохъаби ц1алула «4» ва «5» къиматазда. Лъабилал ругел ц1алдохъаби, бищун г1емер рук1ани 2,3 чи гурого вук1унаро. 
Ц1алдохъабигун х1алт1улелъул Рах1матица кидаго ц1унула рит1ухълъи. Рах1матица абула, ц1алдохъанасул лъай борцунелъул, жинца цоязе ц1ик1к1инарун, цогиязе дагь гьарун лъоларила къиматал, жинда цебесан т1асияб классалде ун хадуб школа лъуг1изег1анги, жиндир къимат рит1ухъ гьабулеб х1алалда гурого, гьединлъидал Рах1матил махщел, сабру, рух1ияб рак1 бац1ц1алъи мисаллъун хут1ула гьелъ къват1ире риччарал ц1алдохъабазул чанго г1елалъе. Гьелъул ц1алдохъаби рахъана врачаллъунги, муг1алимзабилъунги, бизнесменаллъунги.

Рах1мат ккола школалда насих1атч1ужулъунги. Гьелъ кидаго гьабула г1олохъанал учительзабазе малъа-хъваял, кумек.
Рах1матил руго 3 лъимал: 1 яс ва 2 вас. Гьелги куцана гьелъ нилъер умумузул къаг1идаялда Ват1ан бокьулеллъун, г1адамал хирияллъун, г1адлу-низам бугеллъун. 

Бокьун буго Рах1мат Мух1амадовнаялъе гьаризе чорхое щулияб сахлъи. Лъималаздасаги, гьезул лъималаздасаги ц1алдохъабазул гьунараздасаги йохун, ч1ух1ун хут1аги гьей.
Н. Г1алиева.  

Просмотров: 95 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz