17 июналда Махlачхъалаялда Авар театралда тlобитlана КПРФалъул СКФОялъул регионазул нухмалъулезулгун активалъул семинар-данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна Пачалихъияб Думаялъул депутат, КПРФалъул ЦКялъул Председателасул тlоцевесев заместитель Юрий Афонин, партиялъул Северияб Кавказалда ругел регионалиял отделениязул активал ва цогидалги партиялъул нухмалъиялъул вакилзаби. Гьезда гъорлъ рукlана Хунзахъ райкомалъул членалги.
Тадбир байбихьана киназго цадахъ радалго Ленинил ва Расул Хlамзатовасул памятниказда цебе тlугьдул лъеялдасан. Авар театралда цебе бугеб майданалда чадралги чlван хlадурун ругоан СКФОялъул регионазул бокlнал, гьенир церелъун рукlана рукlана щибаб регионалда партиялъул отделениялъул тарих, гьезул хlалтlи ва жакъасеб гlуцlиялъул бицунел тlахьал, газетал, журналал ва буклетал.
Гьезул щибалъухъ халги гьабун, делегатал ракlарана театралъул залалде. Жиндирго кlалъаялдалъун тадбир рагьана Дагъистаналъул рескомалъул тlоцевесев секретарь Самир Гlабдулхаликовас. Хадуб гlатlидаб докладгун цеве вахъана Юрий Афонин.
“Нилъеца дагьаб цебегlан кlодо гьабуна киго кlвар бугел юбилеял - СССР гlуцlаралдаса 100 сон тlубай ва нилъер партия цlидасан гlуцlун 30 сон тlубайги. СКФОялъул регионалиял отделениязги жигараб гlахьаллъи гьабуна гьел тадбирал кlодо гьариязда. Цlакъго кlудияллъун лъугьана СССР гlуцlаралдаса 100 сон тlубаялда хурхун тlоритlарал тадбирал. Гьелдалъун бихьулеб буго социалистияб гlуцlи биххиялдалъун кинаб пачалихъалдаса нилъ махlрумлъаралали Кавказалъул республиказда лъикl бичlчlулеб букlин. Гьезда гъорлъ хасаб бакl ккола Дагъистаналъги. Нилъеда лъала 1996 соналда президентасулал рищиязда Г. А. Зюгановасе Дагъистаналдасан бищун цlикlкlун гьаркьал щун рукlараблъи. Жакъа партиялда цере чlун руго кlудиял масъалаби. Гьездасан ккола кватlичlого тlаде щолел ругел рищиязде хlадурлъи. СССР биххараладса нахъе цlияб хlукуматалъ кидаго хlаракат бахъула рищиязда коммунистазул къинабизе. Нилъеда тlадаб буго нилъерго гьаркьал цlунизе ва закон хвезабиялъул хlужжаби тlатани, гьезул хlакъалъулъ иш тlаде кколел органазде лъазабизе. Жакъа нилъеда бихьулеб буго улкаялда бугеб бюрократия, коррупция, тухумчилъи, чванта биццатазул ва нахъа “мугъ” бугезул рахъалда ругел законал, ричун росулел хъулухъал, экономикаялда лъугьун бугеб хlалуцараб ахlвал-хlал, гlадатаб халкъалъул язихъаб гlумру, гьезул цlунулел гьечlел ихтиярал, гьечlеб социалияб ритlухълъи. Цохlо нилъеда гуребги, гьеб кинабго цlакъ лъикl бихьулеб буго гlадатияб халкъалдаги. Гьединлъидал цlикlкlине руго коммунистазул рахъ кколел. Сон дица гlахьаллъи гьабуна Санкт-Петербургалда тlобитlараб халкъазда гьоркьосеб экономикияб форумалда. Гьенир кlалъазе рахъарал тlалъиялъул вакилзабаз бицунеб букlана базаралъулаб экономикаялъул ругел тlокlлъабазул ва цоги туркlи приватизациялъул гьабизе кколин. Приватизациялъги базаралъулаб экономикиялъги гурищ жакъа нилъер экономика гьадинаб хlалалде ккун бугеб? Унго, гьезда бихьуларищ социалистияб нух тlаса бищараб Китай цебетlун бугеб куц? Цоги жакъа партиялъ кlудияб бутlа лъолеб буго Украинаялда тlобитlулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда. Жакъа къоялде партиялъул 37 членас рухl кьуна сцецоперациялда гlахьаллъулаго. Гьединго СКФОялъул регионаздасаги цlакъ гlемерал рагъухъабаз гlахьаллъи гьабулеб буго СВОялда. Гьелъги бицунеб буго Кавказалда унго-унгоял бихьинал ва Ватlаналъул патриотал рукlин”, - ян абуна гьес
Жакъа дунялалда ва улкаялда бугеб экономикиябгун политикияб ахlвал-хlалалда хурхун жидерго пикраби загьир гьаруна партиялъул ЦКялъул цогидал членазги. Мисалалъе, КПРФалъул 18 аб. съездалъул хlукмаби ва жакъа къоялда церечlарал масъалаби тlуразариялда хурхун партиялъул халгьабиялъулгун ревизиялъулал органазул хlалтlул бицана КПРФалъул ЦКРКялъул председатель Николай Ивановас. Рищиязул законазда ругел хиса-басиязул хlакъалъулъ баян кьуна партиялъул юридикияб хъулухъалъул нухмалъулев Георгий Камневас. Лъималазе ва гlун бачlунеб гlелалъе гражданлъиялъулабгун патриотикияб тарбия кьеялда хурхараб букlана партиялъул секретарь Мария Дроботил кlалъай. Агитациялъулгун пропагандаялъул бутlаялда ругел аслиял суалазда хурхараб доклад гьабуна партиялъул агитациялъулгун пропагандаялъул отделалъул заведующий Станислав Аниховскияс. Партиялъул рищиязул компаниял тlоритlиялъул отделалъул нухмалъулесул заместитель Николай Волковас бицана исанасел ва тlасияб соналъ рукlине ругел президентасулал рищиязде хlадурлъиялъул хlакъалъулъ.
Гьединго кlалъаял гьаруна семинаралда гlахьаллъи гьабизе рачlун рукlарал СКФОялъул регионалиял отделениязул нухмалъулезги. Гьезул щивас бицана жидерго регионалда гьабулеб бугеб хlалтlул ва цере лъурал масаъалабазул. Гlатlидго бицана гlолеб гlелалъулгун ва жамгlиял гlуцlабазулгун хlалтlи гьабиялда, партиялъул кьеразулъе цlи-цlиял чагlи цlаялда, Донбассалде битlизе гуманитарияб кумек бакlариялда ва гьеб гьенибе щвезабиялда, рагъулал тунка-гlусиязул хlасилалда зарал ккарал регионазул гlадамазе кумек гьабиялда хурхун жидецаго гьабулеб бугеб хlалтlул хlакъалъулъ.
Ахиралда Юрий Афониница билетал кьуна партиялъул мухъилъе рачlарал цlиял коммунистазе, кlудияб баркала кьуна семинаралде рачlанщиназе ва унго-унгояб Дагъистаналъул гьоболллъиги бихьизабун, тlадегlанаб даражаялда тадбир гьеб гlуцlараб Дагъистаналъул рескомалъеги.
И. Мухlамадов.
|