Пятница, 26.04.2024, 04:00 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Июнь » 5 » "ДОРА ДИХЪ РАЛАГЬУН РУГО"
16:13
"ДОРА ДИХЪ РАЛАГЬУН РУГО"

Рагъал, рагъал, рагъал… Гьел г1емерал ккана нилъер улкаялда. Г1емерал биял г1одоре т1уна нилъер ракьалда. Ккарал рагъазда гьоркьоб бищунго вах1шияб, бищунго г1емерал камиял ккараблъун бук1ана К1удияб Ват1анияб рагъ. Т1ок1аб сундулниги бицинч1ониги, 26,6 млн чиясул къиматаб рух1 нахъе босун ана гьелъ нилъер Ват1аналдаса.
Сонал ина, амма халкъалъул рек1елъа киданиги нахъе инаро нилъер г1адамазул бах1арчилъиги, гьунаралги, къо х1ехьейги, рух1алда барахщич1ого, щибго х1инкъи-къай лъач1ого г1агараб Ват1ан ц1униялъе г1оло жидерго рух1 кьурал бах1арзазул ц1арал. Нилъер районалдасаги ун рук1ана 3 азаргог1ан чи Ват1ан ц1унизе. Гьезул бащадалниги т1ад руссинч1о. Рагъулал гьунаразе г1оло анц1-анц1 ракьцоясе щвана орденалги, медалалги. Гьабсаг1аталда районалда ветераназул цониги чи нахъе хут1ун гьеч1о. Ч1аго ругеб мехалда нилъеца гьезул къимат, адаб гьабулаан. Гьел к1одо гьарун т1орит1улаан дандч1ваял. Ветераназ нилъее бицунаан доб вах1шияб рагъул х1акъалъулъ, г1ун бач1унеб г1ел ах1улаан Ват1ан бокьизе, рекъел ц1унизе. Ветераназул харбихъ г1енеккидал нилъеда цере ч1олаан ц1а боркьараб рагъда гуллица керенги борлъун шапун унелги, фашистазул лагераздеги ккун, хвалил квач1икье ккаралги, бидулаб авлахъалда рух1 босулелъул г1агараб росу-ракьалъухъ, г1агарлъиялъухъ, лъималазухъ угьдулаго берал къанщаралги.
Гьабсаг1аталда нилъгун гьеч1ел ветераназул пикру гьабулелъул цере рач1уна бет1ер хъах1лъарал хараби, Ват1ан ц1унизе ккеялъул, рагъ-кьал гьукъизе т1адаб бук1иналъул бицунел нилъер насих1атчаг1и.
Амма киг1анго нилъее бокьун бук1инч1ониги, гьабсаг1аталдаги, ц1ар кинаб лъуниги, Украинаялда унеб буго хасаб рагъулаб операция. Гьениреги унел руго нилъер районалдаса г1олохъаби. Жакъа къоялда жаниб районалдаса гьеб операциялда г1ахьаллъулел руго 500-ялде г1агарарав г1олохъанчи, гьезда гьоркьор руго Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школа лъуг1аразул анц1ила цояв.
Г1ун бач1унеб г1елалъе рагъулабгун патриотикияб тарбия щвеялъе к1удияб к1вар буго рокъоб эбел-инсуца кьолеб тарбиялда цадахъго, школалда муг1алимзабаз кьолеб тарбиялъулги. Гьеб х1алт1и ц1акъго г1уц1араб къаг1идаялда гьеб школалда унеб бук1ин бихьулеб буго, шагьаралъул к1удиял школаздацин 5-ялдаса т1аде араб къадар шапакъатал щваразул (хун хадуб) гьеч1еб мехалда, Ват1аналъул х1инкъи гьеч1олъи ц1униялъе г1оло т1обит1улеб рагъда гьеб школалдаса 4-яв-Бихьинчилъиялъул орденалъул кавалераллъун рахъун рук1иналъги.
Улбузда г1адин лъик1 жидерго васал лъиданиги лъаларилан абураб пикруялда дица гара-ч1вари гьабуна, киг1анго зах1матго бук1аниги, гьезул улбузулгун.


Т1оцебе бицинин Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школалъе ц1ар кьурав, Бихьинчилъиялъул орденалъул кавалер Ах1мадов Мирза Мух1амадг1ариповичасул х1акъалъулъ.
Диргун бук1араб гара-ч1вариялда Мирзал эбел Багьжатица дие гьадин бицана:
- Кинай эбел ятаниги, гьелъие жиндирго вас квешав вук1унаро. Дидаги ккола дирго вас реч1араб бак1алда къалеб ч1ор г1адав, тулакав вук1анин. Кутакалда бокьулаан спорт. Школа лъуг1ун хадуб Мирза вит1ана т1адаб налъи т1убазе Армиялде. Гьев ккана ралъдал флоталде. Бицунаан, гьенибги Мирза спорталдаса вич1ич1илан, Рагъулаб округалъул  спортивиял къецазда гьев чемпионлъун вахъун вук1аниланги.
Чорхолъ вит1арав, бажари бугев вук1иналъ батила, армиялдаса т1ад вуссун вач1индал, бач1инахъего Мирза восана Болъихъ районалъул жанисел ишазул отделалда х1алт1изе. Х1инкъи-къай гьеч1ого, т1ад къараб иш раг1алде бахъинабич1ого ч1олароан гьев. Гьединлъидал кинаб х1инкъи бугеб бак1алде унел ругониги, Мирза гьениве вит1улаан. Мирзаца г1ахьаллъи гьабуна чачаназул бандал Болъихъе к1анц1араб мехалда т1орит1арал рагъулал тунка-г1усиязда. Гьелдаса хадуб дир Мирза х1алт1илев вук1ана Дагъистан республикаялъул  Халкъияб Собраниялъул хъаравуллъиялда. Гьенисан гьев вачана ОМОНалде х1алт1изе. Гьеб ц1акъ х1инкъи бугеб бак1 бугилан абулин, дир вас, нахъе вилъаян гьарулеб бук1ана. Рек1елъ къвак1и бугев, нилъер маг1арулазул хасият-г1амал чорхолъ бессарав вук1иналъ, х1инкъизе ккараб х1алт1и гурин гьебилан дун г1одое йиччазе гьаюлаан, х1алт1укьа х1инкъулел чаг1и рук1унарин бихьиналин абулаан.
Дагъистаналда вагьабиязул багъа-бачари ц1ик1к1араб 2006 соналда, Унсоколо районалъул Генуб росдада аск1об бугеб рохьоб ккараб кьварараб рагъда вагъулаго, снайперас г1ужие восун вуго дир Мирза. Дида гьев гьениве унев вук1инцин лъалеб бук1инч1о. Хадур г1одулел 2 васги, хъизанги, гьесухъ инагьдулей дун-эбелги тун ана дир вас ахираталъул рокъове. Дуниял к1очараб Алжан щун вохизавун ватаги гьев т1адег1анав Аллагьас. Гьеб рагъда бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло Мирза мустах1икълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе. Г1адамазда гьоркьовги гьев вук1ана кумек к1удияв, кибго цебехъанлъи бихьизабулев.

Х1асанх1усенов Мух1амад Зубаирович
Мух1амадил эбел Рах1матица дие васасул х1акъалъулъ гьадин бицана: Щибаб май моц1 бач1ингун дир рак1 судулеб, бух1улеб бук1уна, щайин абуни, гьеб моц1алъ гьавун вук1ана тушманасул квердасан нилъедаса ват1алъарав дир вас Мух1амад. Лъик1ал къиматазда росдал школаги лъуг1изабун Мух1амад ун вук1ана Дагъистаналъул педагогикияб институталъул географиялъулаб факультеталде ц1ализе. Гьеб лъуг1ун хадуб Мух1амад ана армиялда хъулухъ гьабизе. Т1адаб налъиги т1убан г1агараб районалде вач1арав Мух1амадица жиндирго зах1маталъулаб нух бухьинабуна 2107 рагъулаб  часталъул  пограничниказул отрядалда. Х1алт1ана Мелъелт1а ва Ц1умада погранзаставабазда.
Цо къоялъ жиндирго хъулухъалъулаб т1адкъай т1убазабулаго, бандазул руккалилъеги ккун ч1ван вач1ана дир вас.


Адаб бугев вук1ана гьев. «Къаси нахъа рокъове вач1унелъул, кьижарал ниж рорч1илин х1инкъун, т1адагьго х1ет1еги босун унаан кьижизе.  Радал вач1унаан рорч1ами кьезе. Кумек к1удияв вук1ана. Яс гьеч1ей эбел дун йик1индал, васазулин, ясазулин х1алт1и бат1а гьабич1ого кинабго гьабун батулаан рокъоб.  Мадугьалзаби хирияв вук1ана. Нижеда т1адехун ругел мадугьалзабазулги вук1ана 3 вас, нижерги вук1ана 3 вас, гъоба данд рит1ун ругезулги рук1ана. Амма цониги нухалъ цоцалъ рагъизе ккун, цоцалъ рак1, х1ал рекъоларого гьел рук1инч1о.  Гьудул-гьалмагъзаби г1емерав вук1ана. Гьесда цадахъ институталда ц1алулел рук1арал васал, къогониги сон гьелдаса нахъе аниги, щибаб соналъ хабат1е щвезе рач1уна. Как-к1ал толароан гьес. Къуръан ц1аларав вук1ана. Аллагьас дуниял к1очараб ахират добаги кьеги гьесие».


Х1усенов Мух1амад Шамсудиновичасул эбел Пат1иматица рек1екълъун бицана, исана 54 сон т1убалаанин жиндир вас Мух1амадица, хъубал бандазул кверщаликье ккун вук1инч1евани. Нилъер г1олохъабазул т1адаб налъилъун кколеб Ват1ан ц1унулезул кьеразулъеги ун т1ад вуссарав Мух1амад, къот1и-къайиялда рекъон лъугьун вук1ана Россиялъул ФСБялъул Хунзахъ бугеб г1орхъаби ц1унулезул отрядалде. 2006 соналъул 14 декабралда г1орхъаби ц1унулезул хъулухъалъул начальникасухъе бач1уна лъазаби Ц1умада районалъул Шаури росулъ законалде данде кколареб къаг1идаялъ кодоб ккун ярагъгун г1адамал сверулел рук1иналъул х1акъалъулъ бицараб. Гьеб лъазабиялъул рит1ухълъи мух1кан гьабиялъул мурадалда, Шаури росдал рахъалдехун рит1ун рук1ана погранотрядалъул ич1гоял. Гьезда гьоркьов дир вас Мух1амадги вук1ана. Росдаде аск1оре щолеб бак1алда бандитаз байбихьула щибаб рахъалдасан гьезул автомашинаялда реч1ч1изе. Пограничниказги данде реч1ч1улеб бук1уна, амма дандиязул къуват ц1ик1к1араб бук1иналъ киналго пограничникал ч1вала ва гьезул автомашина ч1варалгун цадахъ к1к1алахъа гъоркье рехула. Рагъулаб хъулухъ т1убазабулаго, гьеб тунка-г1усиялъулъ бихьизабураб бихьинчилъиялъе ва бах1арчилъиялъе г1оло Россиялъул президент В. В. Путинил указалдалъун киназего г1адин, Мух1амадиеги кьуна Бихьинчилъиялъул орден. Районцоязда, классцоязда к1очонаро Мух1амадил ц1ар. Щибаб соналда классцояз гьесул ц1аралда т1обит1ула волейболалъул турнир. Къого сон гьелдаса нахъе аниги, щибаб нухалда бергьаразе лъик1ал сайгъаталги гьарун гьеб турнир гьоркьоса къот1изе теч1о гьез. Гьесул ц1ар даимаблъун гьабиялъе ахирисеб нухалда рагъ унеб бук1араб бак1алда лъун буго мемориалияб хъарщи, росулъ цо къват1алда лъун буго гьесул ц1ар.
Мух1амадил г1агарлъиялъ к1удияб баркала загьир гьабулеб буго классцоязе жидер васасул гьабураб адаб-хъатиралъухъ. Кидаго гьезие гьара-рахьиялда рук1уна гьел.

Хунзахъ № 2 гьоркьохъеб школалъул историялъул учительница Г1абдуразакъова Мадиналгун бук1араб гара-ч1вариялдасан дида лъана гьабсаг1аталда СВОялда Ват1ан ц1унулел ругел г1олохъабазул х1акъалъулъ баяналги. Бит1араб бицани,- ян абуна Мадинаца,- историялъул дарсида ц1алдохъабазе К1удияб Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ, бицунеб мехалда жинда рак1алде кколеб бук1инч1ила школа лъуг1ун г1емер заманго иналде гьал ц1алдохъабиги ине ккелин рагъде, гьездаги бихьилин нилъер умумузда г1адинаб рагъул кьог1лъиги, къварилъи-зах1малъигиян. Доб мехалда ч1инкун бералгун дихъ ралагьун рук1унел рук1арал щибго бихьич1ел, сундулго х1албихьи щвеч1ел ц1алдохъаби, жакъа СВОялдаса отпускаялъ рач1индал школалде щвезе рач1арал васал т1уранго хисун, бат1ияллъун лъугьун руго. Гьезда бич1ч1улеб буго нилъер Ват1ан нилъецаго ц1унизе кколеблъи. Ц1идасанги СВОялде ине бокьилищан абураб суалалъе гьез жаваб кьуна; «Узухъда, бокьила. Нижер гьудулзабиги дора тун ниж анир кин рук1инел, гьел нижехъ ралагьун руго»,- ян. Дида рак1алде ккана цо-цо гьанир ругел г1олохъабазде данде ккун, гьел г1емерго ях1 бугел ругилан.
Нижерги мурад буго рагъ-кьалги лъуг1ун г1олохъаби хехго т1ад руссун рач1ин. 
Рек1аралъур рещт1аги, г1олохъаби, нуж.
Н. Г1алиева.

  

Просмотров: 117 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz