Четверг, 25.04.2024, 06:45 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Март » 23 » ТАХИЦА ЖИЙ ГУРЕЙ, ЖИНДИЦА ТАХ БЕРЦИН ГЬАЮУРАЙ ИНСАН
16:33
ТАХИЦА ЖИЙ ГУРЕЙ, ЖИНДИЦА ТАХ БЕРЦИН ГЬАЮУРАЙ ИНСАН

Рук1уна г1адамал, жидергун дагьа-макъаб заманаялъ гурого бухьен ккеч1ониги, г1умру гьабун жал рик1к1ад рук1аниги, рек1ел тахида хасаб бак1 кколел, цадахъаб х1алт1ул болжал цебего ун бук1аниги, жидедехун адабалъул асар ссунарел. Гьеле гьединайлъун хут1ана дие зах1маталъул нухлул байбихьуда ц1ик1к1арай гьалмагълъун, камилай насих1атч1ужулъун жий лъугьурай Г1алиева Рах1мат Х1амидовнаги. 4 марталъ дир мисалияй муг1рул ч1ужуг1аданалъ к1одо гьабуна г1умрудул гьайбатаб юбилейги.

Гьелда к1ийилаб байрамги баркулаго, бокьун буго гьелъул х1акъалъулъ нужееги бицине. (Гьей цеего мустах1икъай йик1ана районалъул газеталъул гьурмаздасан йихьизайизе).

1966 соналъ Хунзахъ гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун Г1алиева Рах1мат  ц1ализе лъугьана ДГУялъул консервал х1адур  гьариялъул технологиязул факультеталде. Цадахъго гьелъ лъуг1изабуна КПССалъул Мах1ачхъалаялъул горкомалда цебе бугеб  марксизм-ленинизмалъул университетги.1971 соналъ ц1алараб бак1алдасан йит1ана Гьоц1алъ консервазул заводалда мастерлъун х1алт1изе. Гьабулеб ишалъулъ Рах1матил бугеб х1аракатчилъиги жавабчилъиги бихьун, чанго моц1идасан гьей йищула ВЛКСМалъул райкомалъул к1иабилей секретарлъун. 1980 соналъ гьелда т1адкъала жеги жавабчилъи ц1ик1к1араб, Хунзахъ райисполкомалъул г1аммаб отделалъул заведующиялъул х1алт1и. Хадуб, мустах1икъаб х1алхьиялде инег1ан т1адег1анаб даражаялда гьелъ бачана райисполкомалъул ишазул, администрациялъул аппараталъул нухмалъулелъул х1алт1иги.
Рах1мат Х1амидовна чанц1улго йищун йик1ана районалъул собраниялде депутатлъун. Руго ЦК ВЛКСМалъул х1урматалъул грамотаби, «За активную работу комсомола» медаль.
Гьелъие щун бук1ана доб мехалда рух1 кьун х1алт1аразе гурого щвезе рес бук1инч1еб «ДРялъул муниципалияб хъулухъалъул мустах1икъай х1алт1ухъан» абураб т1адег1анаб ц1арги.

Рах1мат Х1амидовна дида т1оцее лъана байбихьул классазда нижгун дандч1вазе вач1унев вук1арав К1удияб Ват1анияб Рагъул г1ахьалчи Г1алиев Х1амидил яс х1исабалда. Кутакалда вит1арав, рит1ухъав чилъун рик1к1унаан мунагьал чурад г1адамазда гьоркьов. Гъедуялдаса гъадил т1инч1ги лумияб бук1унеблъи бич1ч1ана дида Рах1мат Х1амидовна лъайдал. Дунго ц1алич1еб, щиб-кинали лъалареб бук1ана дие журналистикаялъул дида т1ад къараб иш, доб мехалъ: лъалароан г1адамал, жамг1ияталда лъугьунеб-толеб. Кумек гьарун г1емерго ине кколаан администрациялъул хъулухъчаг1азухъе. Киг1ан жиндир рег1ел гьеч1ониги, кинабго малълъун, мух1кан гьарун сок1к1арал папкабазулъа рахъун баянал кьун, кидаго кумекалъе ятулаан Рах1мат Х1амидовна. Бихьич1о дида гьелъ лъиениги нодо бук1к1ун, жиндирго т1адег1анаб хъулухъалдаса пайда босун нахъе-цере цулелги. Х1алт1улаб хаслъиялъ гьелъул бербалагьи бук1ине кколаан х1алт1уда камулел-кват1улел пишацоязда хадубги. Жакъа г1адин рак1алда буго, «Жийги нужго г1адай ч1ужуг1адан йигин, кинабго нужер гъуждузде кколеб зах1малъидул гьирги бич1ч1улин, амма бук1аниги х1алк1ун х1аракат бахъе т1ад ругел х1акимзабазукьа нилъго нечелареб х1алалъ, щибаб къойилг1аги кват1арич1ого ч1езе» ян Рах1матил лъилниги рак1 сук1иларедухъ гьабураб бадибч1вай. Берцинго  бич1ч1изеги гьабун, лъидениги г1арзги бахъич1ого, кагътидаги хъвач1ого гьабулаан гьей г1акъилай инсаналъ г1адлу. Узухъда, гьедин берцинго гьарараб гьари сан гьабич1ого тезе нижги намуслъулаан. Гьабулеб кагъат-хъарщиялъул ищ дурусай, кидаго щиб бук1аниги гьабулей йик1ине бокьулей инсан йик1ана Рах1мат х1алт1уда нахъа. Гьаниб асар гьабун батила комсомол г1уц1иялъул х1алт1уда нахъаги цебесеб кьерда, гьалдолеб г1умруялда бакьулъ ругьунай инсан гьей йик1иналъ. Нужеца абизе бегьила, райадминистрациялъул хъулухъалда х1алт1и к1удияб къо бихьулеб иш гурилан. Ва амма г1емерисел гьеб ишалда рук1ун нахъе аразде Расул Х1амзатовасул коч1олъ абухъе, камуларо хьамулел наг1анабиги квешал раг1абаздалъун рак1алдещвезариги:


Щив пача кканиги, гьесий ч1валеб хъат
Ч1ахъаги, ч1ахъаги, ч1ахъагийилан
Гьес тах тараб мехалъ хьваг1улел т1илал
Т1аг1аги, т1аг1аги, т1аг1агийилан.


Дир очеркалъул героиня гьединаздасан гуро. Цадахъ х1алт1аразги г1адатияб халкъалъул вакилзабазги абула Рах1мат маг1наяй, г1акъилай инсан йик1анилан.


Х1укуматалъул х1алт1уда нахъа гурейги, хъизамалда жанийги гьединайго дурусай, кверда махщел бугей, рукъалъул гъанситухъ ц1а ссвине толарей, х1алхьи гьеч1еб рак1алъул, унго-унгояй умумузул заманалъул ч1ужуг1адан, эбел йиго Рах1мат. Дун божула, 2007 соналъ хъизан-лъималгун Мах1ачхъалаялде яхъине ккеялъ х1алт1и тун бук1инч1ебани, жеги чанги баракатги лъик1лъиги бахун бук1инаанин Рах1матидасан районалъе, г1адатал г1адамазеян. 


Гьей йиго унго-унголъунги тахица жий гурей, жиндицаго тах берцин гьабурай инсан. Умумузухъан ирсалъе щвараб г1аданлъи-чилъиги, дандиясул адаб гьабиги, хундерие хасиятаб г1акъиллъиги жиндилъ бессарай йик1иналъ, рек1елъ хинлъигун щола дида гьей жакъа къоялдаги рак1алде. Гьелъ жакъа къоялде щвезег1анги щибал цадахъ х1алт1аразда баркула байрамал, ургъел гьабула районалда лъугьунеб-толелъул, г1ахьаллъула жамг1ияб г1умруялъул тадбиразда. 


Т1аде щвараб руччабазул байрамги г1умрудул юбилейги гьей сахай инсаналда баркулаго, бокьун буго гьелъие гьаризе хъизан-лъималгун парахатаб г1умруги, щулияб сахлъиги, гьурмада ссунареб рохалил гьимиги. Мун г1адал руччабаз ч1ух1изабун буго Расулил Муг1рул улка, мун г1адал хъулухъчаг1аз машгьур гьабуна лъик1аб рахъалъ Хунзахъ район.


Ф. Мух1амадова.

Просмотров: 648 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz