Автор Ф. Мухlамадова. Март 2023 сон.
Рук1уна г1адамал, жидергун дагьа-макъаб заманаялъ гурого бухьен ккеч1ониги, г1умру гьабун жал рик1к1ад рук1аниги, рек1ел тахида хасаб бак1 кколел, цадахъаб х1алт1ул болжал цебего ун бук1аниги, жидедехун адабалъул асар ссунарел. Гьеле гьединайлъун хут1ана дие зах1маталъул нухлул байбихьуда ц1ик1к1арай гьалмагълъун, камилай насих1атч1ужулъун жий лъугьурай Г1алиева Рах1мат Х1амидовнаги. 4 марталъ дир мисалияй муг1рул ч1ужуг1аданалъ к1одо гьабуна г1умрудул гьайбатаб юбилейги.
Гьелда к1ийилаб байрамги баркулаго, бокьун буго гьелъул х1акъалъулъ нужееги бицине. (Гьей цеего мустах1икъай йик1ана районалъул газеталъул гьурмаздасан йихьизайизе).
1966 соналъ Хунзахъ гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун Г1алиева Рах1мат ц1ализе лъугьана ДГУялъул консервал х1адур гьариялъул технологиязул факультеталде. Цадахъго гьелъ лъуг1изабуна КПССалъул Мах1ачхъалаялъул горкомалда цебе бугеб марксизм-ленинизмалъул университетги.1971 соналъ ц1алараб бак1алдасан йит1ана Гьоц1алъ консервазул заводалда мастерлъун х1алт1изе. Гьабулеб ишалъулъ Рах1матил бугеб х1аракатчилъиги жавабчилъиги бихьун, чанго моц1идасан гьей йищула ВЛКСМалъул райкомалъул к1иабилей секретарлъун. 1980 соналъ гьелда т1адкъала жеги жавабчилъи ц1ик1к1араб, Хунзахъ райисполкомалъул г1аммаб отделалъул заведующиялъул х1алт1и. Хадуб, мустах1икъаб х1алхьиялде инег1ан т1адег1анаб даражаялда гьелъ бачана райисполкомалъул ишазул, администрациялъул аппараталъул нухмалъулелъул х1алт1иги.
Рах1мат Х1амидовна чанц1улго йищун йик1ана районалъул собраниялде депутатлъун. Руго ЦК ВЛКСМалъул х1урматалъул грамотаби, «За активную работу комсомола» медаль.
Гьелъие щун бук1ана доб мехалда рух1 кьун х1алт1аразе гурого щвезе рес бук1инч1еб «ДРялъул муниципалияб хъулухъалъул мустах1икъай х1алт1ухъан» абураб т1адег1анаб ц1арги.