Пятница, 19.04.2024, 17:56 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Июнь » 2 » ГЪОНОХЪА ЩУАБИЛЕБ ОКЕАНАЛЪУЛ БАГЬАДУР
16:41
ГЪОНОХЪА ЩУАБИЛЕБ ОКЕАНАЛЪУЛ БАГЬАДУР

«Дие бокьулаан зодоб тӀавап гьабулел цӀумазда хадуб халкквезе. Дица гьел данде кколаан самолеталгун. Диеги бокьана воржарухъанлъун вахъине. Эбел-инсуда гьедин абураб мехалда, гьез санго гьабичӀо. Гьез абуна Дагъистаналъул росдал магӀишаталъул институталде цӀализе айилан. Амма дир ракӀалъ тӀалаб гьабулеб букӀана зобалазде воржин. Гьединлъидал дун чанцӀулго ана районалъул военкоматалде, авиациялъул училищеялде витӀеянги гьарун». Гьадин ракӀалде щвезабула машгьурав летчик, авиаспорталъул тренер Къасум Нажмудиновас.

Анищалда хадув
Къасум Нажмудинов гьавуна 1933 соналъул 15 маялда нилъер районалъул Гъонохъ росулъ ХӀусенов Нажмудинилги Батирова ЗулхӀижатилги хъизамалда. Хунзахъ тӀалъиялде роржунел самолетал рихьаралдаса нахъе гьесул анищ букӀана летчиклъун вахъине. Бокьун букӀана авиациялъул училищеялде цӀализе ине. Амма военкомас, хӀалакъав ва логокъав вугинги абун, инкар гьабуна гьениве витӀизе. Рес къотӀарав Къасум цӀализе лъугьана Дагъистаналъул росдал магӀишаталъул институталде. Гьенив вукӀаго, комиссиялъул хӀукмуялдалъун, Къасумие щвана авиациялъул училищеялде цӀализе лъугьине ихтияр кьолеб кагъат. Ва 30 призывникасда цадахъ гьев ц1ализе лъугьана Борисоглеб шагьаралъул Валерий Чкаловасул цӀаралда бугеб рагъулаб авиациялъул летчиказул училищсялде. Учищеялда ц1алулаго, гьев вукӀана офицерзабазул многоборьеялъул тренерлъунги волейболалъул командаялъул капитанлъунги. 1957 соналъ багӀараб дипломги щун, училище лъугӀизабуна гӀолохъанав лейтенант Къасум Нажмудиновас.
Авиациялъул лейтенант Къ. Нажмудинов витӀана Москваялъул рагъулаб округалде хъулухъ гьабизе. Жигарав ва ракӀбацӀцӀадав гӀолохъанав лейтенантасде лъикӀаб бербалагьи букӀана полкалъул командиразул. Къасум гьез ахӀана хасаб комиссиялде балъгояб гара-чӀвариялъе. Гьелъул хӀасилалда Къасумие ихтияр кьуна космонавтал хӀадурулеб къокъадулъе лъугьине. Гьев витӀана Москваялде, чорхол сахлъиялъухъ мухӀканго халгьабизе. Амма комиссиялъ гьев нахъе витӀана, сахлъиялъул рахъалъ гӀунгутӀаби ругинги абун.

Нилъго роржарал гӀоларо...
1961 соналда, Никита Хрущевасул буюрухъалда рекъон, Советияб армиялъул къадар дагьлъизабулеб бугинги абун, гьениса нахъе витӀана 40 азарго офицер. Гьезда гьоркьове ккана Къ. Нажмудиновги. Гьев тӀадвуссана Дагъистаналде ва байбихьана Валентин Эмировасул цӀаралда бугеб аэроклубалда летчик-инструкторлъун хӀалтӀизе. Гьесда бичӀчӀана: «Мунго воржунев вукӀин лъикӀаб иш буго, амма цогидазда роржине малъи ва гьелдаса лазат босизе щвей-жеги лъикӀаб пиша бугин» абурал рагӀабазул магӀна.
Инструкторасул пишаялъул балъголъаби рагьизе гьесие кумек гьабуна хӀалбихьи бугел ишцояз. Спортивияб самолеталда хӀалтӀизе захӀмалъулеб букӀана Къасумие. Гьаваялда батӀи-батӀиял фигураби гьарулеб мехалда, берал къватӀире кӀанцӀулел ругин кколаан. Гьурмал тӀомги цӀацӀан бачӀунаан, биреччун букӀунаан гьурмада.
1962 соналда тӀоритӀана клубалъул гӀахьалчагӀазда гьоркьосел - тӀоцересел къецал, ва Къ. Нажмудиновасе щвана тӀоцебесеб бакӀ. Гьев вачана областалъул цолъизабураб командаялда гъорлъе ва витӀана Доналда бугеб Ростовалде - РСФСРалъул югалъулаб зонаялъул командабазда гьоркьосел къецазда гӀахьаллъизе. Гьелдаса хадуб эроклубалъул нухмалъиялъ Къ. Нажмудинов тӀамуна клубалъул кӀудияв тренерлъун.
1963 соналдаса нахъе Къасум тӀуванго машгъуллъана спорталде. Ва Дагъистаналъул цолъизабураб командаялъул тренерлъун хӀалтӀулаго, Къасумие кумек гьабуна СССРалъул мустахӀикъав тренер Борис Порфирьевас. Гьезул цадахъаб хӀаракаталдалъун 1963-1968 соназда Дагъистаналъул спортсменал-летчикал мустахӀикълъана РСФСРалъул югалъулаб зонаялъулги, СССРалъулги ва РСФСРалъулги чемпионатазул тӀоцересел бакӀазе. Гьеб заманалда Къасум Нажмудиновас куцана СССРалъул спорталъул 15 мастер.
1963 соналда Къасум Нажмуди-нов тӀоцебесеб нухалда гӀахьаллъана Куйбышевалда (Саратов) тӀобитӀараб СССРалъул чемпионаталда. Гьебго соналда гьес гьабуна ригьин, лъадилъун ячана ЦӀумада районалъул Агъвалиса мединституталъул студентка СалихӀат. Гьезие гьаюна кӀиго ясги - Эльмира ва Жамиля.
1964-1965 соназда Къ. Нажмудинов хӀалтӀана Ростовалъул Авиацентралъул эскадрильялъул командирлъун. ЛъагӀалидасан гьев тӀамуна МахӀачхъалаялъул аэроклубалъул начальниклъун.
1966 соналъул апрелалда СССРалъул тӀасабищараб команда хӀадурлъулеб букӀана Дунялалъул ункъабилеб чемпионаталде. Гьелъие тадбирал гӀуцӀун рукӀана МахӀачхъалаялъул аэроклубалда. ТӀадегӀанаб даражаялда гьел тӀоритӀизе кумек гьабуна республикаялъул партиялъулгун советиял ва комсомолалъул идарабаз. КватӀичӀого Москваялда тӀобитӀараб Дунялалъул чемпионаталда Совет Союзалъул цолъизабураб командаялъе щвана тӀоцебесеб бакӀ. Гьелдаса хадув Къасум Нажмудинов ахӀана РСФСРалъул тӀасабищараб командаялъул кӀудияв тренерлъун хӀалтӀизе. Гье- дин Къасум, хъизамгун цадахъ, гочана Москваялде.
1969 соналдаса нахъе гьев хӀалтӀана СССРалъулги РСФСРалъулги цолъизарурал командабазул кӀудияв тренерлъун. 1991 соналдаса хадув Нажмудинов вукӀана улкаялъул цолъизабураб командаялъул кӀудияв тренерлъун. Гьесул нухмалъиялда гъоркь команда гӀахьаллъана Европаялъулгун Дунялалъул 14 чемпионаталда. Бихьиназул команда 12 нухалъ бахъана Дунялалъул абсолютияб чемпионлъун, ва руччабазул командаялъги кидаго кколаан тӀоцересел бакӀал. Гьел командабазда гьоркьоса рецц-бакъалъе мустахӀикъаллъун Къасум Нажмудиновас рехсана дунялалъул абсолютияв чемпион Виктор Чмаль, дунялалъул анкьцӀул чемпионка Светлана Капанина, гьединго Виктор Лецко, Светлана Савицая, Сергей Крикалев, Халиде Макагонова, Евгений Фролов, Игорь Егоров, Юрий Ващук, Литваялъул экс-президент Роландас Паксас, Лидия Леонова, Любовь Немкова, Николай Никитюк ва гь.ц. Гьес куцана дунялалъул абсолютияв 12 чемпион ва Европаялъул 14 чемпион.
Ккана Къасумил командаялъе пашманал камиялги. Масала, Виктор Лецкол къокъаялъул самолет бортана, ва хвана дунялалъул абсолютиял чемпионал. Гьелдаса хадуб летчиказ инкар гьабуна Як-50 самолеталда роржине. Гьеб мехалда Къ. Нажмудиновас ДОСААФалъул ЦКялдаги генерали- яв конструктор А. Яковлевасдаги цебелъуна рехсараб самолеталда роржунаго, гӀумруялъе хӀинкъи гьечӀолъи цӀуниялъул суал. Гьесул рахъккуна ДОСААФалъул ЦКялъул председатель, Совет Союзалъул лъабцӀул БахӀарчи Александр Покрышкиница.

«Щуабилеб океаналъул рыцарь»
15 маялъ Къасум Нажмудиновас тӀубана 90 сон. Жакъаги вуго гьев ракӀалъ тӀасабищараб махщалие гӀолохъанаб гӀел куцалев - аэродромалда гуро, жиндирго хӀалтӀул хӀалбихьиялъул кьучӀалда хъварал тӀахьазул кумекалдалъун. Гьес хъвана анлъго тӀехь. Гьезул цо-цоял руссинаруна къватӀисел улкабазул мацӀазде ва гьел хӀалтӀизарула летчиказе дарсал кьезе. «Щуабилеб океаналъул рыцарь» абураб гьесул тӀехь рикӀкӀуна спорталъул киналго тайпабазул спортсменазеги тренеразеги чара гьечӀого хӀажатаб цӀалул пособиелъун.
Улкаялъе пайдаяб тренерасул хъулухъалъухъ Къасум Нажмудинов мустах1икълъана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав тренер, СССРалъул ва Россиялъул спорталъул мустахӀикъав мастер, РФялъул физкультураялъулгун спорталъул мустахӀикъав хӀалтӀухъан абурал къадруял цӀаразе. СССРалдаги РФялдаги авиациялъул спорт цебетӀезабиялъухъ гьесие кӀицӀул кьуна ЗахӀматалъул БагӀараб Байрахъалъул орден, «ХӀурматалъул гӀаламаталъул» орден, Халкъазда гьоркьосеб авиациялъул федерациялъул медаль, «За заслуги перед Отечеством» абураб тӀоцебесеб даражаялъул орден, лъагӀалил бищун лъикӀав тренер хӀисабалда - СССРалъул спорталъул рахъалъ пачалихъияб комитеталъул ункъо премия.
МустахӀикълъана Къасум Дагъистаналъул шапакъатазеги - «Дагъистан Республикаялъе гӀоло гьабураб хъулухъалъухъ» абураб орденги, «Дагъистаналъул культураялъул мустахӀикъав хӀалтӀухъан» ва «МахӀачхъала шагьаралъул хӀурматияв гражданин» абурал къадруял цӀаразеги.
Нилъер кӀудияв тренерасул хӀурматалда 1996 соналда СШАялда къватӀибе биччана этикеткаялда гьесул цӀар хъвараб чагъирги.    
Нилъ чӀухӀула Совет Союзалъулги Социалистияб ЗахӀматалъулги БахӀарзаздаса. ЧӀухӀула Россиялъул БахӀарзаздаса, къадру-къиматалда рехсола ЗахӀматалъул БахӀарзал. 
Къасум Нажмудиновасул хӀаракатги мустахӀикъаб буго «Россиялъул ЗахӀматалъул БахӀарчи» абураб цӀар кьеялъе. Лъик1аб бук1инаан республикаялъул нухмалъиялъ гьелъие ресал ратани. Аллагьас щулияб сахлъиялда таги Къасум Нажмудинович халатал соназ.


ГӀабдулатӀип ХӀАЖИЕВ, тарихиял гӀелмабазул кандидат


 

Просмотров: 140 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz