Дибиров Мух1амад Дибирович гьавуна нилъер районалъул Х1ариколо росулъ 1997 соналъул 9 июналда. Хъизаналда гьев бищун гьит1инав вук1ана. Гьит1инаб къоялдаса нахъего гьев г1ун вач1унев вук1ана рак1 бац1ц1адавлъун, т1ад къараб иш мух1канго т1убазабулевлъун, гьудул-гьалмагъзаби, г1агарлъи хириявлъун. Умумул, Дибирица ва Мадинатица лъик1аб тарбия- кьун г1езавуна вас, гьев кидаго х1адурав вук1ана бокьарав чиясе кумек гьабизе, гьединлъидал гьев ц1акъ вокьулаан г1ел бащадазегин, гьудул-гьалмагъзабазе. Мух1амад кидаго гьез сверун ккун вук1унаан.
Байбихьул школа Мух1амадица лъуг1изабуна г1агараб росулъ. Гьес 10 сон т1убайдал, гьесул хъизан гочана Хъумторхъалаялда бугеб Баг1араб росулъе. Гьениб лъуг1изабуна гьес гьоркьохъеб школа.
Мух1амад гьит1инго ват1алъана инсудаса, гьединлъидал эбелалъе кумек гьабизелъун, киг1анги зах1матаб х1алт1иялде гъорлъе жувалаан гьев.
2019 соналъул декабралда Дибиров Мух1амад ах1ана РФялъул Рагъулал къуватазул кьеразулъе. Гьев ккана Бурятия республикаялъул Кяхта шагьаралде мотострелковиял аскаразде. Гьениб хъулухъ гьабулев вугев мехалдаго, эбелалъе кумек гьабиялъул мурадалда, гьес хъвана контракт ва гьенивго ч1ана хадубккунги хъулухъалда. Мух1амадида ц1акъ лъик1го лъалаан техника, гьединлъидал командованиялъ бач1инахъего восана гьев водительлъун х1алт1изе.
Т1ад къараб иш рак1бац1ц1адго т1убалев, жавабчилъи ц1ик1к1арав, ккараб къо борхулев, бихьинчияв-гьеле гьединал раг1абаздалъун къимат кьолеб бук1ана командованиялъ ва цадахъ хъулухъ гьабулез Мух1амадие.
Февралалъул байбихьуда часталъул командованиялъ Мух1амад вит1ана Украинаялде. К1иго анкьалъ ругьун гьарулел рук1ана гьел г1орхъи бахине. Гьеб заманалда чанго нухалъ рес щвана гьесие г1агарлъиялъухъе к1алъазе, абулеб бук1ана Украинаялъул ва Белоруссиялъул г1орхъуда вугилан. 21 февралалда раг1ана эбелалда ахирисеб хирияв васасул гьаракь.
Украинаялда рагъулаб операция байбихьарал бищунго зах1матал къояз ват1алъана нилъедаса Мух1амад. Рагъухъабиги, ярагъги босун х1ажатаб бак1алде унеб машинабазул колонна ракетабаз кьвагьизабуна тушманас.
Рагъулаб налъи т1убазабулаго бихьизабураб бах1арчилъиялъе, къо х1ехьеялъе, рух1алда барахщич1ого гьабураб хъулухъалъе г1оло гьесие кьуна Бихьинчилъиялъул орден (хун хадуб).
2022 соналъул 20 октябралда Х1ариколо гьоркьохъеб школалда т1обит1ана Украинаялда унеб спецоперациялда нилъедаса ват1алъарав Дибиров Мух1амад Дибировичасе гьев ц1аларав школалда мемориалияб хъарщи ч1вай. Тадбир рагьана нилъер районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас.
Г1агарав чи ват1алъи хъизаналъе, г1ага-божаразе, гьудул-гьалмагъзабазе к1удияб ками ккола, амма нилъеда лъала нилъер рак1азулъ гьев абадиялъго хут1изе вук1ин.
Дибиров Мух1амад Дибирович даимго хут1ила Хунзахъ районалъул ва Х1ариколо росдал тарихалъулъ.
П. Х. Билалова.
|