Пятница, 03.05.2024, 09:43 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Декабрь » 18 » СУАЛАЛГИ ЖАВАБАЛГИ
12:43
СУАЛАЛГИ ЖАВАБАЛГИ

Цебеккун лъазабун букlахъе, 12 декабралда райцентралда Ш. Шамхаловасул цlаралда бугеб маданияталъул кlалгlаялда тlобитlана районалъул бетlерасул жамагlаталъулгун дандчlвай. Гьелда гlахьаллъи гьабуна муниципалитеталъул активалъ ва жамагlаталъул вакилзабаз. Данделъи байбихьулаго Нурмухlамад Задиевас абуна жакъасеб тадбиралда гlицlго рачlарал суалазе жавабал кьун гурони, хlалтlул хlисаб кьезе гьечlилан. Хlисаб кьезе бугила тlасияб соналъул январь моцlалдаян. 

Суалазул гlемерисел хурхарал рукlана социалияб бутlаялда. Гlаммаб къагlидаялъ районалъул бетlерас жаваб кьуна 20 ялдасаги цlикlкlун суалалъе.  
Тlоцебе гьес цlалараб суалалда хъвалеб бугоан школазда рахьдал мацlалъул дарсазул сагlтал дагьлъизариялъул, нилъерго мацl цlунизе ккеялъул хlакъалъулъ ва гьелда хурхун районалъул тlалъиялъ щибго хlалтlи гьабулеб гьечlилан гlайиб-гъвелги бугоан гьениб. Нурмухlамад Задиевас гьелъие жаваб кьуна рахьдал мацl цlунизе бищун цебе рокъосан байбихьизе кколин. Ай, хъизамалда жаниб эбел-эмен лъимергун магlарул мацlалда кlалъалел гьечlони, школалда анкьида жаниб цо-кlиго нухалъ кьураб дарсалъ мацl цlунуларилан.  

Гъонохъан ва Гьоцlалъан рачlарал суалазда цlехолеб букlана рехсарал росабалъе тlабигlияб газ бачиналъул хlакъалъулъ. Гъонохъеги тlалъиялда бугеб жеги щуго росулъеги гlагараб заманалда хъахlилаб цlатари щвезе бугилан абуна Нурмухlамад Махсутlхlажиевичас. Гьединго цогидал участоказдаги гьеб рахъалда хурхун хlалтlаби унел ругила. Мисалалъе, киналго росабалъ унел руго изыскательниял хlалтlаби. Гlемерисел бакlазда, гьезда гъорлъ Гьоцlалъги байбихьун буго проектирование гьабизе. Иш тlаде кколел гlуцlабигун данд бараб планалда рекъон, хиса-баси ккечlого хутlани, 2025 сон рагlалде щвелалде тlолабго район тlабигlияб газалдалъун хьезабун букlине кколин, амма минаялъул бетlергьан чlезарулел документал гьечlони, законалда рекъон гьенибе газ бачун бажаруларин тlадеги жубана гьес. 

Добго Гъонохъан хъвалеб бугоан жидер росулъ садик рагьизе ва аслияб къотlнобниги хъил тlезе ресал ратиларищанги. Цадахъ кинабго гьабун бажаруларин, цин росулъе газги бачун, хадуб гьел суалалги хlисабалде росилин жаваб кьуна гьелъиеги. 

Кlахъ - Буцlра - Гlоркlачlи нух цlакъ квешаб хlалалда бугин, гьеб къачlазе рес гьечlищилан хъвалеб бугоан цоги суалалда. Гьелъие нижеца киналго документал хlадурун ругин ва хадусеб соналъниги гьеб нух къачlазе хlаракат бахъилилан абуна бетlерас. 

Чанго суалал рукlана Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялъул гlахьалчагlазул ва гьезул эбел-инсул рахъалдасан рачlаралги. Гьезда хурхун ищ тlаде кколел хlалтlухъабазе хасал тlадкъаялги кьун, СВОялъул гlахьалчагlазул ва гьезул хъизамазул гlузраби жиндир кидагосеб бербалагьиялда гъоркь рукlунилан абуна муниципалитеталъул бетlерас.    

“Нижеда ракlалда буго лъагlалида жаниб 1-2 нухалъниги гьадинал тадбирал тlоритlизе. Гьадин, халкъалъулгун бугеб ракl рагьараб гара-чlвариялъ, нужер суалаз дие рес кьола гlадамалги гьезул гlузрабиги лъикl ричlчlизе. Баркала буго жакъасеб данчlваялда гlахьаллъи гьабуразе ва жидерго суалал ритlаразе. Гьезул цо-цоязда хурхун метерго хlалтlи гьабизе байбихьизе буго, цогидал суалал тlуразе заман къваригlуна, амма гьелги дирго хасаб бербалагьиялда гъоркь рукlине руго”, - ян абуна ахиралда районалъул нухмалъулес. 
 

И. Мухlамадов. 
 

Просмотров: 180 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz