Пятница, 03.05.2024, 13:54 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Март » 18 » ВАТlАНАЛЪЕ ГlОЛО РУХl КЬУН РАГЪИЛА
15:05
ВАТlАНАЛЪЕ ГlОЛО РУХl КЬУН РАГЪИЛА

Ват1ан ц1унулезул къо-23 февралалда нилъеца бицуна Россиялъул гучаб Армиялъул, рак1алде щвезарула рагъулаб гьаялъе рит1ухъаллъунги рук1ун, жидерго Ват1ан ц1униялъул налъи т1убазабурал бах1арчиял г1олохъаби, гьеб т1убазабулаго бихьинчилъиялда хварал, хвеч1ого нахъе хут1ун гьаб жакъа къоялдаги нилъер улкаялъ Украинаялда т1обит1улеб бугеб рагъулаб операциялда х1инкъи-къай лъач1ого, багьадурлъиялда рагъулел ругел аскариял. Гьел г1олохъабаз к1удияб бут1а лъолеб буго районалъул г1ун бач1унеб г1елалъе Ват1ан бокьиялъулаб тарбия кьеялъе, рагъулаб хъулухъалъул къимат борхизабиялъе.

Гьал къоязда районалъул тарихиябгин краеведениялъул музеялда т1обит1ана Украинаялда унеб бугеб рагъулаб операциялда г1ахьаллъулел ругел, дагьал церег1ан отпускалъул къоял рокъор т1амизе рач1арал Ц1елмес росулъа Зайнулаев Г1али Рамазановичасулгун ва Харахьи росулъа Мух1амадов Расул Мах1ачевасулгун дандч1вай. 

Музеялъул х1алт1ухъабаз лъик1аб дандч1вай гьабуна г1олохъабазда. Гьез гьеб х1инкъараб рагъулаб операциялда бихьизабулеб бах1арчилъиялъухъ, лебаллъиялъухъ,  рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабуна, музеялъул г1елмияв х1алт1ухъан Г1алиев Шамилица ва абуна, жакъа нилъеца к1одо гьарулел ругила ккараб бак1алда Ват1ан ц1унизе къват1ире рахъарал, щибго х1инкъи-къай лъач1ого, жакъа къоялдаги гьениб рагъулел ругел нилъер районалъул ч1ух1илъун кколел г1олохъаби. Гьезие гьес сайгъат гьаруна рак1алде щвеялъул сайигъаталги. Данделъиялда чаялъул чашкаялда нахъа г1одор ч1араздаги аскарияздаги гьоркьоб бук1ана рак1 рагьараб гара-ч1вари.

Х1урматияб данделъиялда г1ахьаллъарай дицаги гара-ч1вари гьабуна нилъер х1инкъи-къай лъаларел, къвак1арал г1олохъабазулгун. К1иявго г1олохъанчи 2022 соналъул сентябралдаса нахъе г1ахьаллъулел руго Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда. Г1али ккола 2 лъимадул эмен. Расулица жеги хъизан гьабун гьеч1о. 18 сон барав чи армиялдеги ун т1ад вуссун хадуб г1емер заманго бан бук1унаро гьес. Бит1ун хъизан гьабиялъул пикрабазда вук1аго, Ват1ан ц1униялъул мурадалда уна Украинаялде. Г1алиги жинцаго г1арзаги кьун лъугьуна рагъухъабазул кьеразулъе. К1иявго районцояв ккола Запорожьеялъул мотострелковияб гвардиялъулаб полкалде.

 Лъаг1елгун бащадаб заманаялъ рагъул кор боркьараб бак1алда хъулухъ гьабулелъул, жалго г1олохъабаз рагьун бицинч1ониги, нилъеда лъала гьезда г1емерал зах1малъабиги, къо х1ехьезе кколел лъугьа-бахъиналги данд ч1вараллъи. Г1олохъабазулгун гьабураб гара-ч1вариялда дица г1емерал суалал кьуна гьезие, гьезул рук1а-рахъиналда, квен-т1ехалда, яргъидалъун хьезариялда хурхарал. Чанги сардал рогьунел руго нилъер г1олохъабаз гьава-бакъалъухъ хал гьабич1ого окопазда жанибги… Квине квен гьеч1огоги жал хут1ич1ила, амма бук1анила заман рагъул т1оцебесеб кьерда ругеб заманалда «бакъвараб паекги» кванан хут1арабги. Амма гьениса т1ад руссингун хинаб лъик1аб квен кванач1огоги жал ч1оларилан. Ват1ан ц1унулезул кьералъ ругезе квен гурила аслияблъун кколеб, кьвагьизе ярагъ бугони, - ян абуна гьез. Гьеб гьеч1огоги жал хут1ич1илан.

Дида суал кьеч1ого тезе к1веч1о бокьунищ гьел мобилизациялда рекъон рагъулаб операциялде арал яги х1ал гьабунищан, - абун. Г1алица жаваб кьуна, телевизоралдасан Ват1ан ц1униялъул, рагъ-кьалалъул кинофильмал рихьизарулеб мехалда, жинда рак1алде кколаанила, гьединаб бак1алда г1ахьаллъизе жиндиеги бокьилаанилан, гьединлъидал кьун г1арзагун анила жив г1агараб Ват1ан ц1унизе. Жакъа живги инч1они, метер цогиявги вахчун ч1ани, щивила гьениве ине вугев.

Расулица абуна балугълъиялде вахарав, сахлъи бугев г1олохъанчи Ват1ан ц1унизе инч1ого кинго бегьуларилан. Мун жегиги гьит1инав г1олохъанчи, рагъул кор бокьараб бак1алде ине х1инкъун вук1инч1ищилан, – абун дица кьураб суалалъе, гьес нахъойги жаваб кьуна: «Дун ккола Харахьи росулъа генерал Х1ажиев Х1айдарханил вацасул вас. Гьеб ц1аралъе г1олонги дие бокьич1о вахчаризеги, х1инкъун нахъе к1анц1ун ч1езеги. Дун х1адурав вуго бихьараб зах1мат, ккараб къоги х1ехьон, Ват1аналъе г1оло рух1 кьезеги. Амма рагъухъабазул кьеразулъ вук1аго, дида цебеса унеб гьеч1о, дун гьеб рагъде унев вук1ин лъайдал дир эбелалда бук1араб ах1вал-х1ал. Дун рагъулаб операциялде аралдаса гьей пуланалъул к1иц1ул инфаркт ккун буго. Дова вагъулелъул, дир берда цебеса эбел кидаго унаро! Х1инкъи-къаялъул бицунелъул, аск1ов вук1арав Г1алица т1аде жубана, Расул х1инкъарав вас гурин, аскарияз гьесие «гамач1» абураб ц1ар кьун бугилан. Гьединаб ц1ар кинав ватаниги рагъухъанасе щоларилан.

Гьал кьварарал хасалил сардазги, бух1араб риидалги, т1аде балел гуллил х1исаб гьабич1ого, майилан жидерго г1олохъанаб г1умру Ват1аналъе г1оло, кьолел г1олохъабазул пикру лъазелъун дица ц1ехана х1ажат бук1анадай Россиялъе Украинаялъулгун рагъ гьабизе, - ян. Гьез жаваб кьуна: «Нилъер г1орхъудехун Украинаялъул ракьалда СШАялъулги, НАТОялъулги яргъилал къуватаз кверщел гьабулеб бугеб мехалда, нилъер улкаялъе гьелъул к1удияб х1инкъи бук1ана. Т1оцебе гьенибе щвараб мехалда дагьа-макъаб щаклъи бук1араб батаниги, гьанже нижеда т1убанго бич1ч1ана иш гьедин ккеч1ого бук1иналъе рес бук1инч1олъи. 

Бах1арчилъи кинавго чиясул рек1елъ гуро бук1унеб, киналго гуро Аллагьас гьединаллъунги рижулел. Дие бокьун буго нилъер бах1арчиял муг1рул васазе гьаризе чорхое сахлъи ва къуват. Риччанте гьел сах-саламатго бергьенлъиги босун, г1емерал шапакъаталгун, орденал, медалаз курмул ц1езарун т1ад руссун рач1ине».

Гьезул эбел-инсуе, хъизан-лъималазе гьарула рек1ее сабру ва г1одоре риччай. Аллагьас ц1унаги нилъер г1олохъаби кир ругониги.
Н. Г1алиева

 

Просмотров: 77 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz