Машгьурав хъвадарухъан ва журналист Костантин Паустовскияс художникасул х1алт1уе къимат кьолаго абун буго «Суратал рахъулесул иш рохалил лъимер гьаби кколилан». Унго-унголъунги, г1адамазул берзуеги рек1ееги лазат кьола берцинго, рек1елъ бугебщинаб асаргун бахъараб сурат бихьидал.
Творческиял г1адамазул ват1ан нилъер район бук1иналъе нуг1лъи гьабула хундерил анлъго г1ун халкъияв шаг1ир вук1иналъги, гьаниса анц1-анц1 ц1ар раг1арал художникал, халкъияб махщалил устарзаби рахъиналъги. Творчествалъулал г1адамазул церехъабазул цояйлъун ккола 10 январалъ г1умрудул 80-сонилаб юбилей к1одо гьабулей йигей Россиялъул художниказул Союзалъул член, Г1обода росулъа Казиева Сиядат Мух1амадовнаги.
Гьей кколей йиго маг1арул руччабазда гьоркьоса т1оцее СССРалъул художниказул Союзалъул членлъун йосарай г1аданги.
1965 соналъ Сиядатица лъуг1изабуна М. Джемалил ц1аралда бугеб Дагъистаналъул художественнияб училище. 1979 соналъ ц1ализе лъугьана Москваялъул полиграфиялъул институталде ва гьебги гьелъ баг1араб дипломалда лъуг1изабуна. Ц1алул заманалда Сиядатил х1алт1аби лъолаан т1олгосоюзалъулал ва халкъазда гьоркьосел церелъеязда. Ц1алул ва жамг1ияб г1умруялъул цеехъан йик1иналъ, ц1алун яхъиндал Сиядатил ихтияр бук1ана улкаялъулго к1варалъул х1алт1улел бак1ал (Улкаялъул Монетный двор, ц1ар раг1арал издательстваби…) т1аса рищизе. Амма гьелъул рак1 ц1ана ват1аналде, г1агараб Дагъистаналде...
1985 соналъ гьей х1алт1изе лъугьана Дагъистаналъул Пачалихъияб Педагогикияб Университеталъул художествениябгун графикияб факультеталде преподовательлъун.
Амма гьей кидаго рак1алъ ц1алаан творческияб х1алт1улъе: гьей г1емерго г1ахьаллъана суратазул церелъеязда, т1ахьазе иллюстрациял г1уц1иялда.
Графикаялъул киналго бут1аби – тушь, акварель, монотопия, краскабаз сурат бахъи т1ок1борч1ун лъик1 лъалей махщалилай ккола Сиядат. Жиндирго г1агараб Г1обода росдаде бугеб рокьиялъ кумек гьабунин жиндир творчествоялъеян бицана художникалъ. Гьединлъидал батила гьеб иллагьияб рокьул «т1анч1и» - гьелъул суратал Япониялъул искусствабазул музеялдацин паракъалъарал. Сиядат Казиева г1уна лъимал г1емераб хъизамалда, гьелъул вац Шапи Казиевасул (мунагьал чурад) хъвадарухъанасул махщел – гьунар лъаларев чи нагагьавги ватиларо нужеда гьоркьовги. Цойги вац, Мах1ач ккола техникиял г1елмабазул кандидат, доцент, МЧСалъул халкъазда гьоркьосеб даражаялъул профессор. Гьелъул росги васги рук1ун руго художникаллъун. Гьел Аллагьасул къадаралде щун руго, Бут1ергьан гурх1аги жидеда. Казиевалъул буго республикаялъул изобразительнияб искусствалъулъ росарал бергьенлъабазухъ щварал дипломалги, Россиялъул культураялъул министерствалъул Х1урматалъул грамотаги.
Рак1-рак1алъ баркула махщел камилай районцоялда г1умрудул гьайбатаб юбилей! Кьеги дуе щулияб сахлъиги халатаб г1умруги.
Дурго суратазда (гъоркьехун - авт) релъабиг1ан берцинлъаги дуе сверухълъи, х1урматияй районцояй!
Ф. Мух1амадова
|