Воскресенье, 08.09.2024, 06:05 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Июнь » 19 » РАЦlЦlА - РАКЪАЛЪИ - ИСЛАМАЛЪУЛ БАЩАЛЪИ
15:55
РАЦlЦlА - РАКЪАЛЪИ - ИСЛАМАЛЪУЛ БАЩАЛЪИ

Кlиго сон сверана САХ “Благоустройство” гlуцlияллъул нухмалъулевлъун Сайпула Шамхалов таралдаса. Гьеб заманалда жаниб гьабураб хlалтlулги, жакъасеб хlалтlи гlуцlун бугеб къагlидаялъулги, дандчlвалел ругел захlмалъабазулги бицун нижеца гара-чlвари гьабуна гlолохъанав нухмалъулесулгун.

- Сайпула Мухlамадович, кинаб букlаниги хиса-баси кканищ гlуцlиялда даниб мун нухмалъуде вачlаралдаса?

- Дун хъулухъалде вачlараб заманалда жаниб гьабураб аслияб хlалтlул бицани, Хунзахъги Гlаранибги гъоркье бетонги тlун, жанибе хlайван баккиларедухъ сверунги къан хlадурана кьишнидул къалазул 15 площадка. Гьединго сверун къана ва видеокамера лъуна Илълъа магlарда бугеб заманаялъ кьишни-къул цlунулеб бакlги. Босана тlаде цоги кьишни баччулеб машинаги.

- Кинаб къагlидаялъ гlуцlун бугеб нужер хlалтlи?

- Нижер вуго 15 хlалтlухъан ва 5 единица техника. Хlажалъи ккун, тlаде росула сезоналъулал хlалтlухъабиги. Гlаммаб къагlидаялъ, нижеца хъулухъ гьабула тlалъиялда бугеб 16 росдае. Гьездасан Хунзахъги Гlаранибги гурони кьишнидул къалал лъун гьечlо, хутlанщинал росабалъеги анкьида жаниб цоцlул нижер кьишни баччулеб транспорт хьвадула. Цоги нижер тlалабалда букlуна Хунзахъ советалде гъорлъе унел росабазул лъел ишги. Нижер рукlуна гlарцухъ гьарулел хасал хъулухъалги. Мисалалъе, цониги чиясе жиндирго рокъобе лъим къваригlун бугони, нижер лъим баччулеб транспорталъ гьеб хъулухъ тlубала. Амма, жамагlаталъе хlажатал хъулухъал нижеца чlобого тlурала. Гьедин, араб соналъул хасалил заманалда Бакьагьечlи росу лъимги гьечlого хутlидал, нижеца гьенибе росдал гlадамазе хlажалъулеб бищунго дагьаб къадаралданиги лъим баччана. Гьединго хасало районалъул централияб больницаялда лъим цlоройдал, гьеб нижеца лъедалъуе хьезабун букlана. Гьединалго хlажатал тlурала цогидал росабазулги. 

- Кинал захlмалъаби дандчlвалел хlалтlулъ?

- Аслияб захlмалъи букlуна райцентралда хасалил заманалда лъеда хурхун. Гьелъие гlиллаги букlуна гlадамаз лъим исрап гьаби. Цlорочlого букlинеянги абун, гlемерисез цо минаялда жаниб чанго точкаялда гlадада гlодобе чвахизе биччан тола лъим. Лъел бетlералдаги лъимги дагьлъун бугони, бугебниги лъимги гlадамаз цlунулеб гьечlони, 1200 гlан цlараки жаниб бугеб росдада хадуб лъим гъезаби цlакъ захlматаб масъалалъун лъугьунеб буго хасалил заманалда. Амма кигlан захlматго бугониги, нижер хlалтlухъабаз хасало бажарараб хlалтlи гьабула гьеб бутlаялда. Цониги къо букlунаро гьез лъеда хурхун хlалтlи гьабичlеб. Зама-заманалдасан рахуна лъел бетlералде ва къачlала дора-гьанир рихъарал лъел трубаби. Гlемерисел лъел мухъал руго 50-60 соналъ цере рачун рукlарал ва басралъиялъ гьел чlечlого рихъулел рукlуна.
Цоги дандчlвалел захlмалъабаздасан буго кьишни нахъе баччаралъухъ гlадамаз гlарац кьунгутlи.  

- Лъала, дуца цадахъго бачуна жамгlияб хlалтlиги. Мун ккола районалъул гlолилазул жамгlияб гlуцlиялъул нухмалъулев. Гьеб кlиябго цадахъ бачине захlмалъуларищ дуе?

- Захlмалъи гьечlогоги букlинищха. Амма, кин букlаниги, кlиябго цадахъ бачун бажарулеб бугоха. Жамгlияб гlуцlиялъул щибаб росулъ вукlуна хасав вакил ва гьезулги кlудияб кумек букlуна хlалтlулъ. Нижер жамгlияб гlуцlиялъ гьабула районалъул гlолилазда гьоркьоб спортивияб, патриотикияб ва рухlиябгун моралияб хlалтlи. Гlуцlула гьел бутlабазда хурхарал тадбирал.

- Щиб абилеб ахиралдаги районцояздехун?

- Районцоязда гьаризе бокьилаан нижер хlалтlул къимат гьабеян. Рацlцlа-ракъалъи цlунеян, цебе ккараб бакlалде мусор рехугеян ва рехулездаги хlакъаб рагlи абеян. Нилъ диналъги гьелде ахlулел руго. Цо-цо кколел руго гlарац бакlаризе нижер хlалтlухъаби рокъоре рачlиндал, гlадамал гьезда хъачlго кlалъан, гьел инжит гьарурал хlужабиги. Бокьилаан гьединал жал такрарлъизе риччачlони. Гьединго хвезарун ратула райцентралда ва Гlарани ругел кьишнидул къалал сверун къарал заборал. Цо-цояз жидедаго хадуб нуцlаги къачlого тун ратула гьел. Гьебмехалда жанибе хlайванги борчlун, кьишни-къулги къватlибе бахъун, пасалъи гьабун батула. Кlудияб гьари буго гьедин гьабугеян.  
И. Мухlамадов.

Просмотров: 127 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz