Автор Ф. Мухlамадова. Май 2024 сон.
Халкъияб Собраниялде жиндирго санайилаб Хит1абгун цеве вахъана республикаялъул Бет1ер Сергей Меликов 29 маялда.
2023 соналда гьабизе к1варалъул ва цере ч1арал масъалабазул бицана гьес жиндирго к1алъаялда. Халкъалъул г1умру лъик1лъизабизе ккеялъул, промышленияб ва туристазулаб потенциал борхизабиялъул ва гь.ц. суалал рорхана республикаялъул нухмалъулес. Г1емерго бицана СВОялъул г1ахьалчаг1азул ва гьезул хъизамазе бугеб кумекалъул, рехсана хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса рахъарал Россиялъул Федерациялъул анц1ила цоявго дагъистанияв-Бах1арчиясул ц1арал. «Мы вместе» проекталда рекъон, хасаб рагъулаб операциялъул зонаялда ч1варазе ва лъукъаразе гьабун буго 700 млн гъурщил кумек, 400 млн. гьеб мурадалъе бач1ун буго бюджеталъул гуреб г1арцул (сахаватчаг1и, жамг1иял г1уц1аби-авт.).
Хадубккунги СВОялъулазе, гьезул хъизамазде хасаб к1вар кьезе бугилан лъазабуна Меликовас. Хъатч1ваялдалъун къабул гьабуна залалъ гьес СВОялъул г1ахьалчаг1азе ракьул участокал кьезе лъик1аблъун бихьизабиги.
2023 соналъ республикаялъул экономика борхун буго 5 проценталъ, 9 проценталъ борхун буго гьоркьохъеб харжил роцен (дирго хасаб пикру-киг1ан ц1ик1к1араб рахъалдехун харж гьункьаниги, гьеб г1адатав хъулухъчиясда лъазе рес гьеч1о, даранчаг1азул лъилниги т1адк1алъай, хъаравуллъи гьеч1еб хъант1иялъ зодоре рахунел ругел багьаби сабаблъун-ред.).
Ришватчилъи т1ибит1иялъ республикаялъул энергокомплекалда бугеб раг1а-ракьанде щвеч1еб х1алт1улги рехсана бет1ерас. «2024 соналъ федералиял сурсатаздасан 1,9 млрд гъурущалде гьаризе руго токил мухъазул ва трансформаторниял станциязул реконструкциял».
Транспорталъул ва нухазул бугеб х1алуцараб х1алалдаса рорч1изелъун, гьаризесел х1алт1абазда гьоркьор рехсана: Хасавюрт ва Дербент шагьаразде рачунел объездалъулал нухал гьари, тахшагьаралде жанире-къват1ире рачунелги т1аде рай.