Халкъияб Собраниялде жиндирго санайилаб Хит1абгун цеве вахъана республикаялъул Бет1ер Сергей Меликов 29 маялда.
2023 соналда гьабизе к1варалъул ва цере ч1арал масъалабазул бицана гьес жиндирго к1алъаялда. Халкъалъул г1умру лъик1лъизабизе ккеялъул, промышленияб ва туристазулаб потенциал борхизабиялъул ва гь.ц. суалал рорхана республикаялъул нухмалъулес. Г1емерго бицана СВОялъул г1ахьалчаг1азул ва гьезул хъизамазе бугеб кумекалъул, рехсана хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса рахъарал Россиялъул Федерациялъул анц1ила цоявго дагъистанияв-Бах1арчиясул ц1арал. «Мы вместе» проекталда рекъон, хасаб рагъулаб операциялъул зонаялда ч1варазе ва лъукъаразе гьабун буго 700 млн гъурщил кумек, 400 млн. гьеб мурадалъе бач1ун буго бюджеталъул гуреб г1арцул (сахаватчаг1и, жамг1иял г1уц1аби-авт.).
Хадубккунги СВОялъулазе, гьезул хъизамазде хасаб к1вар кьезе бугилан лъазабуна Меликовас. Хъатч1ваялдалъун къабул гьабуна залалъ гьес СВОялъул г1ахьалчаг1азе ракьул участокал кьезе лъик1аблъун бихьизабиги.
2023 соналъ республикаялъул экономика борхун буго 5 проценталъ, 9 проценталъ борхун буго гьоркьохъеб харжил роцен (дирго хасаб пикру-киг1ан ц1ик1к1араб рахъалдехун харж гьункьаниги, гьеб г1адатав хъулухъчиясда лъазе рес гьеч1о, даранчаг1азул лъилниги т1адк1алъай, хъаравуллъи гьеч1еб хъант1иялъ зодоре рахунел ругел багьаби сабаблъун-ред.).
Ришватчилъи т1ибит1иялъ республикаялъул энергокомплекалда бугеб раг1а-ракьанде щвеч1еб х1алт1улги рехсана бет1ерас. «2024 соналъ федералиял сурсатаздасан 1,9 млрд гъурущалде гьаризе руго токил мухъазул ва трансформаторниял станциязул реконструкциял».
Транспорталъул ва нухазул бугеб х1алуцараб х1алалдаса рорч1изелъун, гьаризесел х1алт1абазда гьоркьор рехсана: Хасавюрт ва Дербент шагьаразде рачунел объездалъулал нухал гьари, тахшагьаралде жанире-къват1ире рачунелги т1аде рай.
Экономикаялъул кьуч1лъун жиб кколеб агропромышленнияб комплексалъул церет1еял рехсолаго, Сергей Алимовичас мисал бачана 2,5 азарго гаялъ ц1ик1к1арал ц1олбол ахазул (гьеб пихъил бач1ин ц1ик1к1ун буго 40 проценталъ, гьелъул гьабулеб алкоголалъул къадар-5 нухалъ).
Эколог х1исабалда, дун йохана ТКО рукъизелъун республикаялда лъабго мусор бат1а гьабулеб комплекс балеб бук1иналдаса ва 35 гектар г1адамаз кьишниялъул свалкабазде сверизарурал ракьазул х1алт1изаризе бегьуледухъ рац1ц1ад гьариялдаса (рекультивация).
Рек1ее г1уна, 2023 соналъ 311 бесдалазе гурого жанир ч1езе рукъзал кьун гьеч1ин ва 2030 соналде гьединазул ирга т1убанго лъуг1изабеян Х1укуматалда цебе лъураб масъалаги.
Лъай кьеялда ц1ик1к1унисеб к1вар къадаралде гуреб, даражаялде кьезеги ах1ана республикаялъул нухмалъулес. Исана рагьараб 37 школалъул къадар 40 ялде бахинабизе буго лъаг1ел хвезег1ан, рагьун буго 11 ясли-ах. Г1унгут1абигун объектал хехго-хехго х1алт1изе кьеялдаса гьел ц1алуе киналго шарт1алгун, мух1канго лъуг1изаризе ккеялда т1адч1ей гьабуна гьес.
Муниципалиял районазул бак1алда гьанже г1уц1изе раг1ула округал, росабазул администрациял лъугьине руго округалъул администрациялъул отделаллъун. Цо бет1ер, цо администрация бук1иналъ муниципалияб кверщалил вертикаль дуруслъизе бук1иналда ва халкъалъул мурадал хехго т1уразе рук1иналда рак1ч1ун бугоан Меликовасул.
Республикаялъе х1ажатал х1алт1улал кадрал къват1ире риччазе ккеялде ах1ана республикаялъул нухмалъулес ц1алул заведениялги.
Маданияталда х1алт1иялъул къадру-къимат борхизелъун республикаялда х1алт1изе биччазехъин буго «Земский работник культуры» программа (хадубккун «Земский тренер» программаги).
Цифраязулаб цебет1еялдаса г1олеб г1елалъе тарбия кьеялде г1унт1ун суалал рорхана С. Меликовас исанисеб Хит1абалда, нужеда гьеб телевидениялдасан бихьунги батила. Г1умруялде рахъаги политиказул лъик1ал къасдал.
Гъоркьехун рахъулел руго Хит1аб бит1иялда г1ахьаллъарал районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиевасул ва СВОялъул г1ахьалчи, «Бихьинчилъиялъул» орденалъул кавалер Г1алибег Хъазанбиевасул гьелда т1асан комментариял:
Н. Задиев:
-Дагъистаналъул цебет1еялъе анкьго аслияб нух бихьизабуна Сергей Алимовичас. Федералиял дотациязда т1убанго рач1еллъун рук1ине ресалги сурсаталги ругин республикаялъулан бихьизабуна гьес.
К1очон теч1о Хит1абалда СВОялъул г1ахьалчаг1и. Нилъер рагъухъаби Ват1аналъул интересал ц1унулел ругебг1ан мехалъ, нилъеда т1адаб буго гьезул хъизамазе х1ажатабщинаб ч1езабизе. Вохана «Формирование комфортной городской среды» федералияб проект 2030 соналде щвезег1ан х1алт1изе бук1иналдаса. Гьелъул баракаталдалъун, нилъер районалъул чанго росулъ рагьана х1ухьбахъиялъул паркалги сквералги.
Г1. Хъазанбиев:
-Баркала буго Сергей Алимовичасе гьададинаб пайдаяб, маг1наяб, киналго роцабазул нухмалъулез жидерго х1алт1ул кьуч1лъун босизе кколеб хит1аб парламенталдехун, гьеб гьоркьоб ккун, жибго Дагъистаналъул халкъалдехун гьабуралъухъ. РФялъул нусгоялдасаги ц1ик1к1ун закон буго СВОялъул г1ахьалчаг1азе ва гьезул хъизаназе ругел бигьалъабазул бицараб. Узухъда, вохана нилъер республикаялъул Бет1ерасги гьезул цо-цоял жиндирго хит1абалда рорхиялдаса.
Ф.Мух1амадова
|