Пятница, 03.05.2024, 11:09 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Апрель » 16 » НИЖЕР ШАГЬРУДИН
16:49
НИЖЕР ШАГЬРУДИН

Дагъистаналъул консервазул трестазул нухмалъулев, КПССалъул  Дагъобкомалъул секретарь, ДАССРалъул Совминалъул председателасул заместитель, Совнархозалъул председатель, ДАССРалъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель, ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председатель – гьеле Шагьрудин Шамхаловасул хIалтIулаб биография. Амма дие жакъа гьелъул хIакъалъулъ гуро хъвазе бокьун бугеб. Гьелъул хIакъалъулъ гIемер хъвана газетал-журналазда. Бокьун буго рагьизе гьев хIикматав инсанасул гIаданлъиялъулги гIадатлъиялъулги гIамалал. Биччанте дир гьаб гьитIинабго макъала хутIизе кIудияб ракIалъул инсан Шагьрудин Шамхалов ракIалдещвеялъулъ лъураб гьитIинабго бутIалъун. 
Исанасеб сон Хунзахъ районалда лъазабун буго Ш. Шамхаловасул ЛъагIеллъун. Бокьун буго гьелде кавуги рагьулаго, росуцоясул хIакъалъулъ дирго пикраби загьир гьаризе.

Шагьрудинил цIва 
Дир гIагараб росдал мугIрул тIогьазда
ГIолел наслабазе кунчIана дур цIва.
Мун- гьитIинаб росдал кIудияв вакил,
КIодого хутIана халкъалъе жеги.
Шагьрудин Шамхалов, цо дур цIар гIела,
ТIадегIанлъиялъул мисаллъун чIезе.
Дагъистан цIилъизе, гIумру тIегьазе,
Дуца тарал лъалкIал гъваридал руго…

Нижер Шагьрудин.  Гьадин, рекIелъ кIудияб чIухIигун абула тIанусдерица жакъаги. Гьадин дагъистанияз абизеги мустахIикъав вукIана гьев. 
ТIадегIанас, инсан вижулаго, гьесда цадахъ ракьалде битIулеб батула гьесул цIваги. Гьеб цIваялъул хадусеб къисмат бараб букIуна ТIадегIанас гьелъул божел гьабун тарасда – ракьалдагойищ хутIилеб, зобалдаги ракьалдаги гьоркьобищ рещтIен гьабилебали, яги борхалъудасан ракьалъе гвангъийищ кьелебали. Шагьрудинил цIваялда жиндирго нух батана. Гьелъ тIаса бищана Борхалъи, яхI-намусалъулги, гIаданлъиялъулги, гIадатлъиялъулги.  Дица сапар бухьана Шагьрудинил цIваялъухъе. 

Таргъуялъул хабзал… огь, захIмат букIунеб куцха хобазулгун, заназулгун хабар бицине! Дунин абуни, гьелде некIого ругьунлъана. ХIинкъадго галабиги росулаго, дун щвана Шагьрудинил хобалде цее. ХIинкъадго  хъвалеб буго заниялда квер. Гьале аскIобго кунчIун цоги цIва – Шагьрудинил гIумруялъул гьудул Месей. Цо дагьалго дорегIан – ХIамзатил Расулги гьесул ПатIиматги. ГIагараб хунздерил тIалъи къалъизабураб  кIиго цIва, кIиго цIар – Расулги Шагьрудинги.

Борхалъудасан гьимулеб буго цIва – доле доб Шагьрудинил цIва. Къадгицин гIадамазе гвангъун хутIун бугеб хIикматаб цIваялъ, гIанабиги чурулаго, гирун унел дир магIил гаразе салам кьолеб буго. Гвангъун буго Шагьрудинил цIва, гIемергIаркьалабазул гIажаибаб цIва.  Дида  кколеб буго, щвеладай дун, масала, гIадамазда ракIалде 50 -100 соналдасанилан, рехселадай адаб-хIурматалда дирги цIарилан абун. Гвангъиладай дир цIва, щвеладай гьелъухъе гIадамал, гьимиладай гьеб гIаламалъе?! Унго, кIвелародай дир цIваялдаги цо гьитIинабгIаги борхалъиялде бахине! 

КенчIолеб буго Шагьрудинил цIва. Дица цIваялъулгун кIалъай гьабулеб буго – согIаб гIумруялъ хьухьараб Шагьрудинил къисматалъул чIумазда соназ хуна цоги чIум – нусиялда анцIабилеб чIум.  110 чIум, жиндир щибалъул хасаб тарих бугеб. 

Гьале тIоцебесеб чIум – жиндирго цIвагун Шагьрудин ракьалде вачIараб къо. КIиабилеб…, анцIабилеб…, анцIила щуабилеб… - захIматаб лъимерлъи, бесдаллъи, лъималазул рукъ…, гьединабго балугълъи. Лъеберабилеб…, кIикъоабилеб…, кIикъоялда анцIабилеб…- гIагараб халкъалъул гIумру цIилъизабизе, Дагъистан цебетIезабизе къеркьохъан. Лъабкъоабилеб…- Дагъистаналда Шагьрудинил нухмалъиялда гъоркь ралел заводал, фабрикал, стадионал, цебетIун бачIунеб спорт,… спортсменазул бергьенлъаби…

Лъабкъоялда анцIабилеб -  хIалхьи лъачIеб хIалтIудаса хадуб мустахIикъаб хIухьбахъи. Шагьрудиница гьабунщинаб лъикIлъи рокьул куркьбазда гьесухъего тIадруссун рачIунел талихIал  лахIзатал.  Нусабилеб…, ва ахиралдаги - нусиялда анцIабилеб – Шагьрудинил цIваялъ мукIур гьабуна щивасул анищлъун букIунеб борхалъи. Борхалъудасан гьелда нух батана Шагьрудин лъалевщинасул рекIелъе. Даимлъиялде араб цIар. Ракьалда тарал гвангъарал лъалкIазул цIидасанги бицунеб буго…  

Гвангъун буго Шагьрудинил цIва… Унго, долъул берцинлъи!

Росулъе нух кIочене бегьуларо 
Эбел-инсуцаги росуцоязги гIемер бицунеб рагIулаан Шагьрудинил  гIаданлъиялъулги гIадатлъиялъулги хIакъалъулъ. Росулъе вачIине кидаго гурелъулха заманги букIунеб букIараб. Амма хвел ккани, Гьев росулъе вачIунаан. Нагагь вачIине санагIалъи ккечIони, кида-къадги вачIинчIогоги чIолароан. РакIалда буго, эмен хвараб мехалда, ригьда вачIине рес ккечIиланги абун, дир эбелалъухъе гьев вачIараб къо. Гьесул хабар рагIараб мехалда, бахиллъун йикIана дун. 

- Вай, гьечIеб заманги, гIурабго хIалтIиги, вачIинейищ кколев вукIаравилан эбелалъ абидал, гьес жаваб гьабуна.

- Росулъе зигараялде вачIине замангицин букIунареб гIумруги щайха. Заманги балагьунлъидал, дун вачIун вугев, - илан хIеренго гьимина гьев. Росдалгун бухьен лъугIизе тани, росдацаги толелъулилан тIадеги жубана гьес. 

ТечIо Шагьрудиница росдалгун бухьен. Гьесул лъималги гьезулги лъималги гIемер щвана росулъе. Инсуца росулъе малъараб нух къосинчIо гьесул ясазда. Ахирал соназде щвезегIан, гьел рачIунаан росулъе. Гьелги кIодолъун рукIинарищха гьанже. МагIарул мацI лъазабизейиланги абун, бищун гьитIинай Жамила гьес росулъе цIализе йитIун ячIун йикIана. Ниж, гIисинлъимал, ирга щоларого рукIунаан гьелда аскIор чIезегицин. Нижеда лъалаан гьей МахIачхъалаялда вугев цо кIудияв хIакимасул яс йикIин.  Жамила ячIунеб нухда чIун рукIунаан ниж, гьелде данде рекеризе къваригIун.  Гьейги йикIана, эменго гIадай, гIадатияй яс. Ниж карандеги къалаан гьелъ, данде рачIиндал, багьаял конфеталги кьолаан къойил. Гьел конфетахъе гIедегIулелги рукIун ратиларищха гIисинал нижги…

Росулъе рачунеб нух аслияблъун хутIана 
Гьале дун Шагьрудиница гIумру гьабулеб букIараб минаялда цее эхетун. ГIумруялъги гIадамазги кIодо гьавуниги, жиндирго гIакъиллъиялъ гIадатиявлъун, гьитIинавлъун  хутIарав инсанасул гIадатаб мина. Эменго гIадай ятана гьесул яс Зумрудги. ГIадатияв гурев инсул хIакъалъулъ гьелъ цIакъ гIадатго бицунеб букIана. Лъабго-ункъо сагIаталъ гара-чIварана ниж.

- Инсуца нижеда кидаго абулаан ниж, гьесул лъимал, цогидаздаса сундулниги рахъалъ тIокIал гьечIилан абун. Нужеца жиндир цIаралдаса пайда босугейиланги лъазабун букIана гьес. Гьесие бокьун букIана, жиндир цIаралъул кумекалдалъун гуреб, нижерго лъай-гIакълуялдалъун ниж гIадамалъе рахъине, - ян бицана гьелъ. 

ТалихIаб лъимерлъи, кьварарав магIаруласул къвакIараб тарбия, гIадамаздехун букIараб жавабчилъи цIикIкIараб бербалагьи, ракIбацIцIалъи - гьеб кинабго кьун бугоан инсуца лъималазе ирсалъе. Зумрудица бицана Шагьрудинил лъималазулги гьезулги лъималазулги къисматалъул хIакъалъулъ – Тунис, БахIрейн, Китай, Шотландия, Москва, МахIачхъала - гьадин рикь-рикьана нижер къисматал, - илан абуна гьелъ. Амма аслияб сапарлъунги, гьединго гIумруялъул аслияб нухлъунги нижее киназего хутIана  росулъе рач1унеб нухги гьенире гьарулел сапаралги. Гьединаб букIана инсул васигат. Эбел даргинай йикIаниги, рокьи магIаруллъиялде цIикIкIана нижер. Эбелалъеги цIакъ бокьулаан инсул гIагарлъиги магIаруллъиги, - ян абуна Зумрудица. 

Щвана дун гьединго Шагьрудинил кIиабилей ясалъухъеги. 
 Школалда цIалулей йикIараб мехалда ккараб лъугьа-бахъинги бицана гьелъ:

- Дир гьудул йикIана гIадатияб хъизамалдаса яс. ГIемер щолаан гьей дида цадахъ нижер доеги. Инсуца хIеренаб мацIги бицунаан гьелъие. Диде семулевго гIадин, гьелдеги семулаан, ккедал. Амма гьелда лъалароан эмен кив хIалтIулев вугевали. Киналго жиндирго лъималазда лъазабун букIана гьес гьеб балъго гьабейилан, нижерги гIамал кIодолъичIого букIине гIоло. Цо къоялъ гьудулалъ жиндирго эбелалда бихьун буго нижер лъабазулго цадахъ чIун бахъараб сурат – дунги, гьудулги, эменги – инсуца нижее  торт бачIун букIана живго гьавураб къоялде. Гьудулалъул эбел йихха-хочун йиго, батизе рес гьечIила, нилъ гIадал чагIи гьез аскIорегицин къазе риччалел ратиларилан  абун, сураталда эменги лъан. Ясалда цадахъ нижер гъое ячIана гьей, дун Шагьрудинил яс ятиялъе ракIчIеялъе. 

Гьедин куцана нижелъ  инсуца гIадамазде бербалагьи. Гьес бичIчIизабуна нижеда гIадамал ратIа гьаризе бегьунгутIиги. ГIемер бицунаан инсуца нижее жиндирго бесдаллъиялъул, лъималазул рокъоб араб лъимерлъиялъул хIакъалъулъ, - илан бицана гьелъги.

Шагьрудинил цIваги тIанусдерил цIаги 
Хунзахъ тIалъиялъул бищунго борхалъуда бугеб ТIанусисан бихьула Шагьрудинил цIваялде данде  кенчIолеб бугеб цIа. Гьеб цIадухъ нижер гьудулзабазда батула хинлъиги рокьиги. Гьеб цIадулъе Шагьрудиница жубазабуна гIадатлъиги, гIаданлъиги, гурхIел-рахIмуги, гьуинлъиги жанибе бачараб чилъи. КIудияб г1ариялде сверараб гьеб цIадуда гъорлъ буго Шагьрудинил цIаги, жеги чанги соназ гIадамазе хинлъи кьезе бугеб.

Нижер, Шагьрудинил ирсилазул, батIияллъун рукIине рес гьечIо, росдал тарихалъул тIохьол тIанчазда гьес бекIкIун тараб гIаданлъиялъе гIоло. Гьедин ахIулеб буго досул цIваялъги цIаралъги.

ГIумруялъул сухъмахъазул нусиялда анцIго свери. Нусиялда анцIго борхалъи… 

Шамай Хъазанбиева

Просмотров: 38 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz