Суббота, 04.05.2024, 05:49 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Апрель » 22 » ЛЪИКlАЛ ИШАЗУЛ ЦЕВЕХЪАН
10:13
ЛЪИКlАЛ ИШАЗУЛ ЦЕВЕХЪАН

Рукlуна гlадамал, жидеца цо гьитlинаб лъикlаб иш гьабуниги гьеб анцlго нухалъ кlодоги гьабун, халкъалда рагlизеги гьабун, жидеего учузаб цlар балагьулел. Гьаб заманалда цlакъго гlемерлъун руго гьединал тайпаби. Амма, гlемер гьечlониги, камуларо цо-цо тlолабго гlумру яги гьелъул цо бутlа жамгlияталъе пайдаял, лъикlал ишазда ва сахаватчилъиялда унел, амма жидерго гlадатлъиялъ ва тlабигlат-гlамал берцинлъиялъ гlадамазул берзукь рукlунарел ва жидеего, кигlан мустахlикъаб бугониги, рецц-бакъ цlехон, цlекlал жал гьаруларел чагlиги. Гьединаздасан цоявлъун ккола Хунзахъ росулъа Хlусенов Малахlусен. Жакъа гъасда хlанчlараб хинкlги, щварал грамотабиги ва цогидабги жидерго гlумруялда жаниб лъугьунебщинаб жо социалиял гьиназдасан цоцазухъе рехун ва статусазда лъун тlибитlизабулеб гьаб заманалда, хlакъикъаталдаги лъикlал ишазул цевехъанасул хlаракатчилъи балъго щайха тезе ккелеб?

Гьедин, Малахlусенил хlаракаталдалъун районалдаго къачlан руго анцl-анцl зияратал, мажгитал ва цогидалги жамгlиял бакlал. Мисалалъе, Хунзахъ “Ччотода” авалалда ругел, нилъее баракат щваяв Абулмуслим шайихасда цадахъ рачlун рукlарал вализабазул зияратал цlакъ чlунтlун рукlун, жамагlатчиясул хlаракаталдалъун къачlан руго. Гьединго къачlан руго гьебго авалалда ругел некlсияб къулгlа, Хlамзат имамасул хоб, Гlумар-хlажиясул ва Гlабдурахlман-хlажиясулги (къ.с.) гьесул хъизан Фатlиматилги зияратал. Республикаялъул Казначействоялъул нухмалъулев, нилъер ракьцояв Гlабдулпатахl Гlамирхановасул кумекалдалъун къачlана кверкьаби лъолеб бакlги. 

Самилахъ авалалда гьарурал хlалтlабазул бицани, 2014 соналда цlигьабун къачlана Абулмуслим шайихасул зиярат. 2022-2023 соназда жанисан капиталияб ремонтги гьабуна гьеб мажгиталъеги. 2017-2018 соназда тlубанго къачlана мажгиталда аскlобго бугеб руччабазул мадрасалъул жанисеб рахъ. Гьаруна цlиял санузелалги. Дагьаб цебегlан гьевго Гlабдулпатахl Гlамирхановас руччабазул мадрасаялда аскlоб букlараб мина бичунги босун, кьун буго мадраса гlатlид гьабизе. Тlоцебе гьеб мадраса базе аслияб хlалтlи гьабурал чагlиги рукlун руго гьесул эмен Хlажиги Хочоев Камилги. Мутагlилзаби къватlире рачине азбаралда парк гьабизе букlине, аскlобго бугеб участокалъул суал тlубан буго росдал бегавул Мухlамад Тlалхlатовасги. Гьединго киналго шартlалги гlуцlун къачlана росулъ цохlо гурони гьечlеб жаназа чурулеб бакlги. Нилъер росулъ хоб гьечlел, амма машгьурал росуцоял, Шамил имамасул наибзаби Хириясул Гlалибегил ва Ахбердил Мухlамадил цlаралда, гьел ракlалдещвеялъул мурадалда рехсараб авалалъул кьурул рагlалда сахаватчагlазул кумекалдалъун бана цlияб парк. 2018 соналда жамагlаталъул гьариялда рекъон, басриябги биххизабун, бана кверкьаби лъезе цlияб мина (газ кьолеб бакl). Гьелдаго нахъасан 400 кв метралъ гlатlид гьаруна хабзал. Гьединго гъоркьисала 700 кв метралъ гlатlид гьарун руго вализабазул хабзалги. 2017-2018 соназда гьелго вализабазулги ва УОСалъул минаялда нахъехун ругел хабзалги 600 метрадул манзилалда сверун ганчlил къедги гьабун, тlад маххул заборги ккун ва цlиял нуцlбиги лъун къачlан руго. Гьединго къачlана вализабазул хабзалалъ ругел щуябго ва УОСалда нахъа хабзалалъ ругел лъабабго зияраталги. Къватlисанги жанисанги къачlана росдал мадрасалъул мина. Сверухъ ругел гlуцlабазда хlалтlулел руччабазе хьвадизе санагlалъи букlунедухъ, гьениб жаниб гlуцlана каки чуризе ва как базе хlажатал шартlал. Гьелда тlадеги Малахlусеница “Тlагьалъ” авалалда бугеб жиндирго участок кьуна цlияб мажгит базе ва сахаватчагlазул кумекалдалъун жиндирго нухмалъиялда гъоркь бана 400 чияс цадахъ как базе рес бугеб кlудияб кlитlалаяб мажгит.  

Цохlо райцентралде гуребги, муниципалитеталъул цогидал росабазде, хlатта, цогидал районаздегицин щолеб буго Малахlусенил квер. Гьедин, 2015-2016 соназда жамагlатчиясул хlаракаталдалъун къачlан руго Гьоцlалъ росулъ Хlажиясул Мухlамадил ва Гlабдулмажидил Мухlамадил зияратал. 
Загlибги къачlан руго Дибирил ва Багьавудин шайихасул зияратал. 

Гиничукь лъун буго росулъа Кавказалъул ва граждан рагъазда чlваразе мемориалияб хъарщи. Гьенибго къачlан буго наиб Инквачил Дибирил ва Гlусман шайихасул зияраталги. 

Шотода росулъги къачlан руго шайихзаби Хlажиясул Мухlамадил, Хlамзатил ва Ахlмадил зияратал. 
Гамачlги ккун нухги гьабун, жанибе бугеб болъоги цlи гьабун ва гъоркье щвезегlан цlияб заборги лъун къачlан буго Цlалкlитlа бугеб зияратги. Гьенибги цогидал бакlаздаги лъун руго зияраталде рачlараз цlализе рихьизарурал дугlа-алхlам тlад хъварал хъарщалги. 
Гьединго къачlан буго Болъихъа Бадрудин-афандиясул (къ.с.) ва гьелдаго аскlоб бугеб Инхелоса Къурбанил зияраталги. 
      
Росдал чlахlиял гlадамазул гьариялда рекъон, гьеб киналъулго хlакъалъулъ бицине гьал къоязда редакциялде вачlун вукlарав живго жамагlатчиясе кьуна цо чанго суалги.

- Малахlусен, тlоцебе кида ва кин ракlалде ккараб жамгlияб хlалтlуде гъорлъе лъугьине?

- Цо нухалъ, шагьаралдаса эхеде щведал,  жиндир баракат нилъее щваяв Абулмуслим шайихасул зиярат бугеб мажгиталде жаниве лъугьарав чиясул бер речlчlана гьеб басралъун бугеб куцалда ва пикру бачlана гьеб жанисан къачlазе хlалтlаби гьаризе. 2014 сон букlанин ккола гьеб. Гьелдасан байбихьана жамгlияб хlаракатчилъиялде. Гьел соназда гьабунщинаб хlалтlулъ дие кlудияб кумек щвана районалъул доб мехалда вукlарав нухмалъулев Сагlид Юсуповасдасанги. Гьелдаса хадуб, чанго соналдасан имамасул гьариялдалъун тlаде босана киналго мажгитазда хlалтlи гьабиги. 

- Хlакъаб жо буго гьалгощинал хlалтlаби гьаризе гlезегlан гlарцулал сурсатал хlажалъулеблъи. Рукlунищ кумек гьабулел сахаватчагlи?

 - Рукlуна, рецц Аллагьасе. Лъикlал ишазе квербакъи гьабулел сахаватчагlи чанги руго нилъер. Бажарараб кумек гьабула жибго жамагlаталъги. Кlудияб баркала буго гьел киназего. Дихъаго гьабун бажарулебщинаб хlалтlи дицаго гьабула. Цогидал хlалтlаби гьаризе рачарал устарзабазе мухьги кьола. Цо гъурущги босичlого, Аллагьасе гlоло, киридахъ хlалтlулелги руго гьезда гъорлъ. 

- Жакъа къоялъ сунда тlад хlалтlилев вугев? Кинал ругел гlагараб заманалда цере лъурал масъалаби?

Гьабсагlаталда ракlалда буго  Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб школалул азбаралда ясал-васазе батlаго санузелалги гьарун, ай, каки чуризе ва как базе санагlалъи букlунел бакlал гьаризе. Гьелда хурхун разилъи кьуна школалъул директоралъги. Гьединго ракlалда буго райцентралда бугеб руччабазул мадраса гlатlид гьабизеги. Дир кидагосеб бербалагьиялда гъоркь рукlуна росулъ ругел мажгитал ва киналго къачlарал зияратал. Гьениб щиб букlаниги басралъани, хвани, хlалтlулеб гьечlони, дица хlаракат бахъула хехгого гlунгутlи тlагlинабизе. 

-Кидаго жамгlияб хlалтlуде машгъуллъунги вукlун, дурго хъизан-лъималаздегlаги регlулищ мун?

-Регlула (велъулаго). Аллагьас рехун толев гьечlо. Жамгlияб хlаракатчилъиги дирго ишалги цадахъ рачине бажарунгутlи гьечlо.
-Малахlусен, кlудияб баркала буго дуе гьеб Аллагьги гlадамалги разияб иш тlадеги босун, тlубазабулеб бугелъухъ. Хадубккунги лъикlал ишазул цевехъанлъун хутlизе сахлъиги бажариги кьеги дуе.

И. Мухlамадов. 
 

Просмотров: 74 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz