Бат1и-бат1иял къисматал ккола щивав чиясул г1умруялда жаниб. Цо-цоял г1умруялдаса рат1алъула дунялалъул кепги босун, мустах1икъаб къаг1идаялда г1умруги т1амун, лъималазул ва гьезулги лъималазул горсверуда рук1аго, цогидал хъизан-лъимал гьаризег1анцин хут1ич1ого, лъабабилел хадур инагьдулел лъималги, хъизанги тун къанщула абадиялъго берал. Дие гьаниб бицен гьабизе бокьун буго Гьоц1алъ росулъа бах1арчияв рагъухъан Г1абдусаламов Хизри Г1алиевичасул х1акъалъулъ.
Гьавуна Хизри Г1алиевич 1980 соналъул 15 июлалда Гьоц1алъ росулъ. 1987 соналда Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалде ц1ализе арав Хизри, т1убанго гьеб лъуг1изег1ан гьенив хут1ич1ого, хъизан бат1ияб бак1алде г1умру гьабизе бахъунеб бук1иналда бан, ц1ализе уна Ахтини гьоркьохъеб школалде. 1996 соналда гьебги лъуг1изабун рокъов вук1арав Хизри, 1998 соналъул 18 ноябралда вит1ула Ват1ан ц1униялъул борч т1убазабизе Армиялде. Гьев ккола Владивосток Камчатка «Морской порт» г1уц1иялде хъулухъ гьабизе. Гьениб х1алт1улев вук1ана водитель-прожектористлъун.
2000 соналъул ноябралда т1адаб хъулухъги т1убан т1ад вуссарав Хизри Г1алиевич, 2015 соналъул 9 ноябралда лъугьуна рагъулаб часть х1ажаталдалъун хьезабулеб заводалъул подразделениялъул кьеразулъе. Украинаялъул территориялда хасаб рагъулаб операция байбихьараб заманалда, гьенисан Хизри Г1алиевич вит1ула Украинаялъул Донецк областалда бугеб Павловка росулъе рагъулаб хъулухъ т1убазабизе.
Лъиего балъголъи гуро, рагъда г1ахьаллъулел г1олохъабаз, киг1анго х1инкъарал бак1азде унел ругониги, т1ад къараб иш т1убазабизе кколеблъиги, гьеб т1убазабулаго талих1 къарал цо-цо г1умруялдаса рат1алъулебги, бит1 ккарал рохун т1ад руссунеблъиги. Иргадулаб т1адкъай т1убазабизе иналде цебе рах1ат толарого бугел г1олохъабазул бот1ролъе рач1арал кьог1ал пикрабиги нахъе гъолаго, гьез пикру гьабулеб бук1ана рокъор тарал лъималазул, рокьун рачарал лъудбузул. Рихьиладай т1ок1алъ, рихьилародай? Нагагьлъун…?
Гьаб сапаралда Хизри унев вук1ана цебесеб кьерда рагъулел рагъухъаби яргъидалъун хьезариялъул ротаялъул командирасда цадахъ. Машина ккана минаби лъураб бак1алде. Циндаго бахъана г1ундул гъугъазабураб гьаракь, ракь т1ерк1езе лъугьана, зоб гъугъадана. Хизри ва цадахъ вук1арав командир зах1матго лъукъула.
Украинаялде хасаб рагъулаб операциялде Хизри унеб мехалда цо-цо г1адамаз гьесда абулеб бук1уна х1алт1удаса нахъеги вилъун рокъовго ч1айин рагъулаб операциялде унгейилан.
Амма Хизри Г1алиевич къуркьизавизе к1веч1о. Гьес гьезда абула: «Дун кьалул майданалдаго хвела, хадуб дир лъималазда нужер эмен х1инкъун инч1ин Армиялдейилан абизег1ан».
Хизри Г1алиевичасул мурад бук1ана бергьенлъиги босун, бах1арчилъун т1ад вуссине. Гьелъие г1оло жиндирго г1умруялдецин вач1инч1о гьев. Хизри бах1арчилъун вахъана, амма рокъове вуссинч1о. Гьесие щварал ругънал бигьаял рук1инч1елъул, Хизри г1умруялдаса ват1алъула.
РФялъул Президентасул указалда рекъон Хизри Г1алиевичасе кьун буго Бихьинчилъиялъул орден (хун хадуб) 2022 соналъул 17 марталда гьев вукъула Буйнакск шагьаралда. Хизрил нахъе хут1ун руго лъади Асиятги, 2 васги: Рамазанги, Мух1амадги.
Гьединал васал нилъер рек1елъа киданиги унаро, «Щибго к1очон гьеч1о, щивго к1очон гьечlо.
П. Шамилова.
|