25 апрелалда райадминистрациялда тlобитlана районалъул росдал магlишаталъул предприятазул нухмалъулезулгун данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ ва цо-цо росабазул бегавулзабазги. Аслияб къагlидаялъ гьоркьоб лъураб суал букlана магlишатазда хадур ругел ракьал хlалтlизари.
Данделъиялда бицаралда рекъон, хlакъикъаталдаги нахъе ккун бугоан ракьал хlалтlизариялъул иш. Гlаммаб къагlидаялъ босани, районалъул магlишатаз ракьал хlалтlизарулел руго гlицlго 45 %. Руго цо-цо гьеб рахъалъ лъикlал хlасилал ругел магlишаталги. Мисалалъе, “Гьацlалухъ” ва “Гъоркьколо” СПКяз исана 100% хlалтlизарулел руго жидедаго хадур ругел ракьал. Амма руго гьелъул гlаксалда мисалалги. Ленинил цlаралда бугеб ва “Гиничукь” СПКяз рекьун руго гlицlго 11,5 % ва 10,7 % ракьазул.
“Жакъа киналго магlишатазда цебечlараб суал буго жидедаго хадур ругел ракьал рехун течlого, хlалтlизари. Бегавулзабазги председателазги цоцазде рехи гьабун хутlун буго гьеб суал. Нилъер магlишатал ругьунлъун руго гlицlго бецараб херги бичун, ракьалги ва бугебниги гlи-боцlиги ижараялъеги кьун, тlокlаб щибго хlалтlиги гьабичlого, рахlаталда рукlине. Жакъа къоялдаса нахъе гьеб къагlида лъугlизабизе ккола. Гlагараб 6 моцlида жаниб киназего рес кьезе буго жидедаго хадур ругел ракьаздаса кlвараб пайда босизе. Гьеб болжалалда жаниб ракьал хlалтlизаруларел магlишатазухъа нахъеги росун, гьел кьезе руго пайда босулезухъе. Мисалалъе, Гlочlло гъутаналда бугебщинаб ракьул цо гектарцин бекьулеб гьечlо ва цониги гlиялъажо хьихьун гьечlо жамагlаталъ. Гьебмехалъ щай нилъеца тlубараб магlишаталъул тlалаб гьабизе кколеб? Щай росдал магlишаталъул отделалъ ургъел гьабизе кколеб гьединал магlишатазул? Кинаб букlаниги росдал магlишаталъул хlалтlаби гьарулареб магlишаталъул ракьал росабазул советазухъе кьезе ккелаха эдин батани. Гьебго сурат буго росабазда хадур ругел ракьазулги. Кинха гьез гьел хlалтlизарулел ругел? Щай нужеца ракьал ижараялъе кьоларел? Мисалалъе, Мущули советалда гьечlо садик базе ракь. Нужехъа ракьаздаса пайда босун бажарулеб гьечlони, кье гьел райадминистрациялъухъе. Метер-сезе нилъер ракьал нахъе росун арабго, нилъ гlайибиял рукlине руго нилъер умумузда цебе. Руго цо-цо жидецагоги хlалтlизаруларел, хlалтlизарулезухъеги кьоларел, ккун ракьалгун чlарал чагlиги. Школа базе ракь кьеларилан чlун руго Гlоркlачlи росдал жамагlат. Харахьи участокалъул гlадамазул гlемерал гlарзал рукlана жидее АЗС байилан. Босана контейнералъулаб АЗСги ва рехсараб участокалъул бакьулъгlадин кколеб жибго Харахьи росулъ гьеб лъезеян лъугьиндал, росдал гlадамаз инкар гьабуна АЗСалъе участок кьезе. Гьебищ жамагlат? Цо чанго чиясул хасал интересазе гlоло зарал кколеб буго тlубараб жамагlаталъе. Гьединал мисалал жеги гlемер рачине бегьула. Хlукуматалъ бихьизабун буго росдал магlишаталъул предприятизе гlарцал ва кумек. Амма гьеб щвезе ккани, хlалтlи гlуцlун букlине ккола рагьун. Магlишаталъул финансовияб рахъги бахча-хьван, щвараб жоги чвантиниб лъун рукlинчlого, рагьун ва хlилла-рекlкl гьечlого, хlалтlизабизе ккола бухгалтерия. Законалда рекъон гlадамал хlалтlудеги росе ва гьезухъ налогалги кье. Гьеб мехалъ щола пачалихъияб кумек. Нилъ ругьунлъизе къваригlун руго нилъецаго гlарац гьабизе. Цоцазде жавабчилъиги рехун кидалъагlан рукlине? Щибаб бутlаялъул рукlине ккола жавабиял хlалтlухъаби ва жибго хlалтlи гlуцlун букlине ккола законалда рекъон”, - ян абуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас.
Гlемерисел магlишатазул председателаз дандчlвалел ругел захlмалъабазул цояблъун рехсолеб букlана хlалтlухъаби щолеб гьечlолъиги. “Жакъа дагьа-макъаб гlарцухъ хlалтlизе бокьулеб гьечlо лъиениги. Щолел гьечlо хlалтlухъаби. Нижер гlадамаз гьединаб жо кваналариланги абун, Рамазан моцlалъ ифтаралде квен гьабизеян садакъаде кьураб пиринчl босичlо лъицаниги. Нилъер гlадамал гlорцlун руго”, - ян абуна “Гlоротlа” СПКялъул нухмалъулес.
“Жакъа нилъеца бицунеб буго ракьал хlалтlизариялъулги гlи-боцlи хьихьиялъулги хlакъалъулъ. Къоялъе 2000 гъурщихъ гlи гочинабизе чи киса щолев, гъоркьисала нижер доба хlалтlи гьабулеб мехалъ къоялъе 3000 гъ. кьолеб бугониги росулъ жаниб хадучилъи гьабизе хlалтlухъан щвечlо дие. Моцlрое 80 000 гъурущ кьуниги боцlуда тезе вехь щолев гьечlо. Жакъа лъиениги бокьулеб гьечlо дагьабниги къоги бихьун хlалтlи гьабизе”, - ян абуна Гьацlалухъ росдал бегавулас.
Данделъиялда, иргадал рахъун, киналго председателаз гlатlидго бицана ракьал хlалтlизариялда хурхун жидерго магlишатазда бугеб ахlвал-хlалалъул ва рагlи кьуна исана кlванагlан цlикlкlун ракьал рекьизе ругилан.
И. Мухlамадов.
|