Автор И. Мухlамадов. Апрель 2024 сон.
25 апрелалда райадминистрациялда тlобитlана районалъул росдал магlишаталъул предприятазул нухмалъулезулгун данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ ва цо-цо росабазул бегавулзабазги. Аслияб къагlидаялъ гьоркьоб лъураб суал букlана магlишатазда хадур ругел ракьал хlалтlизари.
Данделъиялда бицаралда рекъон, хlакъикъаталдаги нахъе ккун бугоан ракьал хlалтlизариялъул иш. Гlаммаб къагlидаялъ босани, районалъул магlишатаз ракьал хlалтlизарулел руго гlицlго 45 %. Руго цо-цо гьеб рахъалъ лъикlал хlасилал ругел магlишаталги. Мисалалъе, “Гьацlалухъ” ва “Гъоркьколо” СПКяз исана 100% хlалтlизарулел руго жидедаго хадур ругел ракьал. Амма руго гьелъул гlаксалда мисалалги. Ленинил цlаралда бугеб ва “Гиничукь” СПКяз рекьун руго гlицlго 11,5 % ва 10,7 % ракьазул.
“Жакъа киналго магlишатазда цебечlараб суал буго жидедаго хадур ругел ракьал рехун течlого, хlалтlизари. Бегавулзабазги председателазги цоцазде рехи гьабун хутlун буго гьеб суал. Нилъер магlишатал ругьунлъун руго гlицlго бецараб херги бичун, ракьалги ва бугебниги гlи-боцlиги ижараялъеги кьун, тlокlаб щибго хlалтlиги гьабичlого, рахlаталда рукlине. Жакъа къоялдаса нахъе гьеб къагlида лъугlизабизе ккола. Гlагараб 6 моцlида жаниб киназего рес кьезе буго жидедаго хадур ругел ракьаздаса кlвараб пайда босизе. Гьеб болжалалда жаниб ракьал хlалтlизаруларел магlишатазухъа нахъеги росун, гьел кьезе руго пайда босулезухъе. Мисалалъе, Гlочlло гъутаналда бугебщинаб ракьул цо гектарцин бекьулеб гьечlо ва цониги гlиялъажо хьихьун гьечlо жамагlаталъ. Гьебмехалъ щай нилъеца тlубараб магlишаталъул тlалаб гьабизе кколеб? Щай росдал магlишаталъул отделалъ ургъел гьабизе кколеб гьединал магlишатазул? Кинаб букlаниги росдал магlишаталъул хlалтlаби гьарулареб магlишаталъул ракьал росабазул советазухъе кьезе ккелаха эдин батани. Гьебго сурат буго росабазда хадур ругел ракьазулги. Кинха гьез гьел хlалтlизарулел ругел? Щай нужеца ракьал ижараялъе кьоларел? Мисалалъе, Мущули советалда гьечlо садик базе ракь. Нужехъа ракьаздаса пайда босун бажарулеб гьечlони, кье гьел райадминистрациялъухъе. Метер-сезе нилъер ракьал нахъе росун арабго, нилъ гlайибиял рукlине руго нилъер умумузда цебе. Руго цо-цо жидецагоги хlалтlизаруларел, хlалтlизарулезухъеги кьоларел, ккун ракьалгун чlарал чагlиги. Школа базе ракь кьеларилан чlун руго Гlоркlачlи росдал жамагlат. Харахьи участокалъул гlадамазул гlемерал гlарзал рукlана жидее АЗС байилан. Босана контейнералъулаб АЗСги ва рехсараб участокалъул бакьулъгlадин кколеб жибго Харахьи росулъ гьеб лъезеян лъугьиндал, росдал гlадамаз инкар гьабуна АЗСалъе участок кьезе. Гьебищ жамагlат? Цо чанго чиясул хасал интересазе гlоло зарал кколеб буго тlубараб жамагlаталъе.