25 апрелалда райадминистрациялда тlобитlана районалъул депутатазул собраниялъул иргадулаб сессия. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, депутатаз, цо-цо бегавулзабаз ва цогидазги.
Данделъаразе саламги кьун сессия рагьана председатель Мухlамад Мухlамадовас. Гlатlидаб ва чlаголъиялда араб сессия букlана гьаб нухалда. Гlаммаб къагlидаялъ гьоркьор лъун букlана 11 суал: “Хунзахъ район” МРалъул Уставалъул статьябазда хиса-басиял ва тlадежураял гьариялъул, районалъул 2023 сонил бюджет тlубазабиялъул хlакъалъулъ хlисабкьеялъул, райдминистрациялъул росдал магlишаталъул отделалъ араб соналъ гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ хlисабкьеялъул, къайимлъиялъул органалъ гъоркьисала гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ хlисабкьей, гlовул гlужде рахинчlел лъималазул ишазул рахъалъ комиссиялъул гlуцlи хисизабиялъул, Гlараниб рагъулабгун спортивияб лицей Гlараниб гьоркьохъеб школа-Интернататгун цолъизабиялда хурхун гьеб росдал жамагlаталда гьоркьоб цlех-рех (опрос) тlобитlиялъул, Хунзахъ советалда кьишни-къулалъул площадкаби хlадуриялъул, Гlоркlачlи росдал генералияб план тасдикъ гьабиялъул, исана районалъул муниципалияб мал-мулкалъул приватизация гьабиялъул план тасдикъ гьабиялъул ва районалъул приватизация гьабулеб мунипалияб буголъиялъул (коммуналиял квартираби ва бесдалазе рихьизарурал рукъзал) сияхl тасдикъ гьабиялъул хlакъалъулъ суалал.
Гьездасан гlицlго районалъе кlвар бугел ва гlадатиял гlадамазда хъатlулел суалазул хlакъалъулъ бицун тела гьаб материалалда.
Мисалалъе, сессиялда бищун хlалуцараб ахlвал-хlалалда анин абизе бегьула Хунзахъ гьоркьохъеб школа-интернат (лицей) Р. Хlамзатовасул цlаралда бугеб Гlарани гьоркьохъеб школагун цолъизабиялда хурхун росдал жамагlаталда гьоркьоб цlех-рех (опрос) тlобитlиялъул хlакъалъулъ суал. Гьелъул хlакъалъулъ баян кьуна лъай кьеялъул отделалъул хlалтlухъан Мурад Мухlумаевас. Гьес бицаралда рекъон, цlех-рех тlобитlизе буго 6-10 маялда, сагlат 9.00 тlубаралдаса 18.00 тlубазегlан Гlараниб росулъ ва гьелда гlахьаллъи гьабизе кколел гlадамазул бищун дагьаб къадар букlине кколеб буго 40 чи. Гьелда хурхун тlасан кlалъай гьабуна лицеялъул директор, Гlочlло росулъан депутат Мухlамадсайгид Мухlамадиновас. Гьев рази гьечlоан учреждение биххизабиялда хурхун гlуцlараб комиссиялъул гlуцlиялдаса ва жибго цlех-рех тlобитlизехъин бугеб къагlидаялдаса.
Гlоркlачи росдал генералияб план тасдикъ гьабиялъул хlакъалъулъ бицана районалъул бетlерасул заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас. Гьесго баян кьуна “Совхоз Харахинский” МУПалда сверухъ гьабизе ракlалде бугеб хиса-басиялъул хlакъалъулъги. Гьедин, ракlалда рагlула рехсараб магlишат ОООялде сверизабизе.
Районалъул нухмалъулесул заместитель Тlалхlат Гlамиргlалиевас бицана Хунзахъ советалда хlадуризе ругел кьишнидул площадкабазул хlакъалъулъ. Гьедин, тlасияб соналъ советалде гъорлъе унел росабалъ гьаризе ракlалда бугила мусоралъул 16 площадка. Гьеб иш гlумруялде бахъинабизе бугила ДРялъул Росдал магlишаталъул министерствоялъул программаялда рекъон. Проекталъул багьа бахунеб буго 4,2 млн цlикlкlун гъурщиде ва гьелъул 70% биччалеб буго министерствоялдасан, 20 % райадминистрациялъ, 10% меценатаз. Гьелъие хlажатал документал рехсараб министерствоялде ритlун рагlула.
Финансовияб отделалъул начальник Хlайдар Хlайдарбеговас бицана районалъул араб соналъул бюджеталъул къадар райсобраниялъул хlукмуялдалъун ункъго нухалъ хисизабунилан. Гьедин, гъоркьисала муницалитеталъул бюджеталъул тlаде бачlунеб бутlа бахун буго 1 миллиардгун 593 миллион гъурщиде, тlаса унеб - 1 миллиардгун 611 миллионалде.
Росдал магlишаталъул отделалъул начальник Мухlамад Гlалиевас бицана районалъул гьеб бутlаяда бугеб ахlвал-хlалалъул. Гьесул рагlабазда рекъон гlи-боцlуда хасел тlамизаби ун буго берцинго ва щибго захlмалъи-къварилъи ккечlого. Гlаммаб къагlидаялъ, районалъул киналго магlишатаз хасалиде хlадурун букlун буго 46 000 т хъачlаб рагlи-хералъул. Гьабсагlаталда рагlалде щун бугин абизе бегьула гlи къинлъул компания. Кинабниги исана нилъер бугила 102 000 бетlер къинлъулеб чахъдал. Гьезда хадуб цlунизе кlун буго 90 % кьегlер. Гlаммаб къагlидаялъ районалъул магlишатазда хадуб буго 8832 гектар рекьулел ракьазул, гьезул хlалтlизарулел ругила гlицlго 45 %. Хаслихъе рекьи гьабун буго 415 гектаралда, гъоркьисала люцерна бекьун буго 1303 гектаралда, исана гьеб бекьизе ракlалда рагlула 530 гектаралда, суданка - 944 гектаралда, цlоросаролъ - 48, овощал - 151, пиринчl - 640.
Къайимлъиялъул органалъул специалист Патlимат Гlалибеговалъ бицана араб соналъ районалда букlанин 40 бесдал лъимер. Жакъа къоялде мина щвезе иргаялда буго 65 бесдал ва эбел-инсул къайимлъи гьечlого хутlараб лъимер.
1990 аб. соназ Пачалихъияб Думаялда гlадин, гlажаибаб чlаголъиялда ва бахlсазда ана сессия. Гьелда жигараб гlахьаллъи гьабуна бекьечlдерил ва цlигьулдерил депутатал Будун Бариновас ва Мухlуч Патахlовас. Цониги суал хутlичlин абизе бегьула гьез тlад кlалъай гьабичlеб.
Кlалъазе рахъаразухъги гlенеккун депутатаз къабул гьаруна дандрекъон кколел хlукмабиги. Ахиралда районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас киналго ахlана жиде-жидер хасал интересалги жалго тун, цадахъ рекъон район цебетlеялъе хlалтlизе.
И .Мухlамадов.
|