Араб анкьалъ байбихьана росабазул бегавулзабаз араб соналъ гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ хlисабал кьеялъул тадбирал. Абизе ккола, хlакъикъаталдаги, цlакъ лъикlал, гlадамазе пайда бугел ва районалъулгун росабазул нухмалъиялдаги ва гlадатаб халкъалдаги гьоркьоб бугеб бухьен щула гьабизе квербакъулел тадбирал кколин гьелилан. Щайгурелъул, бокьарав чиясул рес буго районалъул тlалъиялъе жиндирго суал кьезе.
Исана тlоцебе хlисаб кьуна Гьамущи росдал гlолохъанав бегавул Гlумар Аминовас. Гьедин, араб соналъ кlудияб хlалтlи гьабун буго нухазда хурхун. Мисалалъе, Гьамущи росдал тlасияб роххада цlадал райдал лъим гlадамазул рукъзабахъе кlанцlулеб букlиналда бан, нухлул рагlалда ругел лотокал церегlанги цlан, жаниса рацlцlадги гьарун, лъим берцинго гьезда жанисан чвахун унеб къагlида гьабун буго. Араб соналъ бан рагlалде бахъана 2 м гъварилъи ва 875 кв м гlатlилъидул бассейн. Чанго нухалда росдал депутаталги, жамагlатги гlахьаллъун бассейналда сверухъ хlалтlаби гьариялда хурхун тlоритlун руго субботникал. “Формирование комфортной городской среды” программаялда рекъон бан буго лъималазул площадкаги жаниб бугеб цlияб парк. Гlемераб хlалтlи гьабун буго росу лъедалъун хьезабиялда хурхунги. Гьедин, росулъе рачlунел лъел мухъазда, гlаммаб къагlидаялъ 720 метрадул манзилалда хисун ва цlиял лъун руго трубаби. Рехсараб участокалда ругел росабалъе жеги тlабигlияб газги щун гьечlелъул, гьениб киса-кирго руго токалда хурхарал гlузраби, хасго хасало заманалда. Гьеб бутlаялда иш роцlцlинабиялъул мурадалда хисун буго токалъул 6 хlуби. Гlезегlан хlалтlаби гьарулел руго депутатазул, сахаватчагlазул ва жалго жамагlаталъул хlаракаталдалъунги. Гьел киназего кlудияб баркалаги кьуна бегавулас. Рехун тун гьечlо гlолилалги. Росдал нухмалъиялъ цlайи бугеб хlалтlи гьабулеб буго гlолилазда гьоркьоб. Рухlиял церехъабиги гlахьал гьарун, зама-заманалдасан щагьаралда ва росулъ тlоритlулел руго гlолилазулгун дандчlваял ва спортивиял тадбирал. Гьамщадерил гъутаналда гьабсагlаталда унел руго цlияб спортзал баялда хурхун хlалтlаби. Тlад тlохги бан, штукатурка гьабиялде щун бугила гьениб хlалтlи. Гьелъие бажарараб кумек гьабулеб буго гъутаналъул жамагlаталъги. Узухъда, хасаб кlвар кьолеб буго Украинаялда унеб бугеб рагъулаб операциялъул гlахьалчагlазде ва гьезул хъизамазде. Гlаммаб къагlидаялъ, советалде гъорлъе унел росабалъа СВОялда гlахьаллъи гьабулеб буго 11 чияс, гьезул цояв къадаралде щун вуго. Гьезда гъорлъ руго бихьизабураб бахlарчилъиялъухъ батlи-батlиял шапакъатал щваралги.
Бегавуласул хlисаб кьеялдаса хадуб кlалъай гьабуна районалъул нухмалъулев Нурмухlамад Задиевасги.
“Бищун цебе баркала кьезе бокьун буго гьадин бегавуласда хьолбохъги чlун, росу цебетlеялъе гъуждулги гурун хlалтlулел ругел жамагlатазе. Гъоркьисала Расул Хlамзатовасул юбилеялъулаб сонги букlун, аслияб къуват Хунзахъ тlалъиялде рехун букlана. Амма рикlкlада ругел росабалъги, гlемер бажаричlониги, ресалда рекъон, дагьа-дагьабниги хlалтlи гьабичlого нижеца толаро. Узухъда, цадахъ кинабго хlалтlи гьабун бажаруларо. Щибаб ишалъе букlуна жинди-жиндир заман ва къагlида. Мисалалъе, цlакъ басралъун, лъикlаб гуреб хlалалда буго нужер росдал школа. Цlияб школа базе хlажалъулел киналго документалги хlадурун, сурсатал риччаялъухъ балагьун чlун руго. Гьединго хlадурун буго Гьамущи цlияб культураялъул рукъ баялъе кагъат-хъарщиги. Лъала, гlемерал гlарзал руго нужер участокалъул гlадамазул нухал гlатlид гьариялда хурхун гьарулел хlалтlабазда тlасан. Узухъда, дида бичlчlула гьенир гьарулел хlалтlабаз санагlалъи бахъизабун буго машинаби хьвадиялъе. Амма, хlалтlаби лъугlизегlан сабру гьабуни, анцl-анцl соназ пайда босизе бегьулеб, лъикlаб нух лъугьине буго. Цоги участокалъул гlадамазул гlузру букlана аскlоса гlебеде хlалтlулеб АЗС гьечlолъиялда бан. Гьеб суалалда тlадги ниж хlалтlана. Босун буго контейнералъулаб АЗС, кватlичlого гьеб лъезе буго Гlорутlа”, - ян абуна гьес.
Кlалъаял гьаруна райсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас ва военком Шамил Мухlамадовасги. Гьес абуна военкоматалъул рахъалдасан СВОялъул гlахьалчагlазе ва гьезул хъизамазе бажарараб кумек гьабизе хlадурав вугилан. Исана Гьамущи росдал советалдаса 45 чи ахlун вугин ихдал призывалде ва киналго рачlине кколилан тlадеги жубана.
Жамагlаталъ рорхана минабазе “зеленкаби” гьариялда, нухал къачlаялда ва СВОялъул гlахьалчагlазе кумек гьабиялда хурхарал суалал.
Гьебго къоялъ хlисабкьей тlобитlана Лъагlилухъ росулъги. Бегавул Гlали Мусаевас къокъго бицана 2023 соналъ советалде гъорлъе унеб лъабабго росулъ гьабун бажарараб хlалтlул. Мукъсанабго гурони бюджет гьечlониги (гъоркьисала росдал поселениялъул бюджет букlун буго 2, 350 млн гъурущ) цо-цо сахаватчагlазул ва жалго жамагlатазул жигараб хlаракаталдалъун цо хасаб къадар хlалтlул гьабун буго араб соналъ. Мисалалъе, сахъадерил магlардасан Лъагlилухъе бачlунеб лъел мухъда 400 метрадул манзилалда хисун руго трубаби, гьединго къачlан буго лъел бетlерги. 600-700 кв метрадул гlатlилъуда хъил тlезе хlадурун буго гьебго росдал цо авалалъул участок. Чабах бан къачlан руго цогидал къватlалги. Текитlа росдал жамагlаталъги сахаватчагlазги росдал хlажатазе бакlарун буго гlага-шагарго цо миллион гъурщиде гlунтlун гlарац. Киса-кибго гlадин Лъагlилухъ советалде гъорлъе унел росабалъги аслияблъун кколеб буго токалда хурхараб гlузру. 10-15 токалъул хlуби бугила цlакъго басралъун ва турун. Чара гьечlого хlажат бугила гьел хисизе. Гьединго басралъун ва тlадецуй хlехьезе кlоларого ругила токалъул кваралги. Советалдаса СВОялда гlахьаллъи гьабулеб буго 20 чияс, гьездасан цояв къадаралде щун вуго, цогияв вугила араб бакl лъачlого тlагlаразда гъорлъ. Гьезул хъизамазеги бажарараб кумек гьабулеб бугин бицана бегавулас.
Жамагlаталъул вакилзабаз кьурал суалалги аслияб къагlидаялъ токалда хурхарал рукlана.
И. Мухlамадов.
|