Воскресенье, 08.09.2024, 06:16 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Май » 28 » ХАЛКЪАЛЪЕ ХЪУЛУХЪАЛДА
12:28
ХАЛКЪАЛЪЕ ХЪУЛУХЪАЛДА

Районалъул бищунго жигарал бегавулзабазул цебесеб кьерда вуго 2015 соналдаса нахъе Хlариколо росдал советалъе нухмалъи гьабулев Хlайбулаев Сагlадулаги. Рехсараб советалда гъорлъ бугеб кlиябго росулъги цо гъутаналдаги буго 427 цlараки ва гlумру гьабун буго ... чияс.  Росабалъ ругел гlузрабазулги, ахир заманалда жаниб гьабураб хlалтlулги дандчlвалел ругел захlмалъабазулги хlакъалъулъ бицараб гара-чlвари гьабуна нижеца бегавуласулгун.

- Сагlадула, ракl бухlанищ росдал бегавуласул хъулухъалде вачlиналдаса? 

- Аллагьасдаги халкъалдаги цебе жавабчилъи цlикlкlараб иш букlуна бегавуллъи. Гьединлъидал цо-цо рукlуна гьединал пикрабаз кверде восарал лахlзаталги. Амма, кин букlаниги, дирго гlагараб росу-ракьалъе хъулухъ гьабизе рес щвеялдаса ракl бухlанин абизе кинго бегьиларо. 

- Кинал хlалтlаби гьарун бажарарал гьаб ахир заманалда?

- Дун хlалтlуде вачlараб мехалъ чlобогояб ва чlунтарал росаби рукlана нижер. Бегавуллъун вугебгlан заманалда жаниб цониги квер щвечlеб бакl хутlичlин абуниги мекъи ккеларо. 

Хlариколо росдал бицани, гьабсагlаталда кинабго къуват рехун буго  4 километралъул манзилалда шагьраялдасан Хlариколо росулъе рачlунеб нух къачlаялде. Араб соналъ гьеб гlатlид гьабуна, исана ракlалда буго гьениб хъил тlезе. Гьеб нух гlатlид гьабулаго цо-цо гlадамазул ракьал ва рецаби хвезарурал хlужабиги ккана. Хасго гlезегlан зарал ккана Кlахъ росдал гlадамазе. Амма, цогидал росабалъ гlадин, ракьалги хвезарун, жидеца нух бахъизе теларин, данде рахъун яги ахlи-хlур бахъинабурал хlужаби ккечlо. Гьелъул гlаксалда - цlакъ бичlчlигун къабул гьабуна жамагlаталъ нух гlатlид гьабиялда хурхун гьарулел хlалтlаби. Гьелъухъ кlудияб баркала буго гьезие. Гъоркьисала бетон тlун ва чабах баччун къачlана росдал хабзалалъе унеб нух. 300 гlан метрадул манзилалда сверунги къан къачlана жалго хабзалги. Цlикlкlун тlадецуй хlехьезе кlолездалъун хисулел руго басралъун рукlарал токалъул кварал. Гьединго хисана цlакъго басралъун, турун букlараб токалъул 9-10 хlуби  Гьабсагlаталда къачlалеб буго росдал медпункт. Араб соналъ 200-300 метрадул манзилалда хисана централизованнияб канализациялъул мухъал. Гьединго ахирал соназда гьабун бажарараб кlудияб хlалтlул бицани, федералияб программаялда гъорлъеги ккезабун, капиталияб ремонт гьабуна росдал клубалъул минаялда.    

Гъоркьисала районалъул администрациялъ гlарцулал сурсаталги риччан, капиталияб ремонтги гьабун къачlана Кlахъ росдал гlаммаб лъай кьеялъул школа.  Гьабуна батlаго цlияб пищеблок, котельня ва школалъул минаялда жанирго туалетал. 250 метрадул манзилалда хисана росулъ лъел трубаби. Клубалъул минаялда хисана гордал. Километралъул манзилалда хисана токалъул кварал. Цебесеб трансформаторги кьвагьун, исана цlияб трансформатор босизе росдал жамагlаталъ бакlарараб гlарцуде тlаде сурасатал риччана росдал администрациялъги. Замана-заманалдасан чабах бан ва гвендал рацун къачlала росдал жанисел нухал. Кlахъ росдал къватlахъ буго рекlунеб 35-40 чирахъги. Мини-футболалъул байдан гьабизе букlине, битlа-бишизабун хlадурун буго площадка, исана гьебги рагlалде бахъинабизе ракlалда буго. Гьединго гьабуна лъималазул площадкаги. Киназдаго бихьун батила Кlахъ шагьра нухлул рагlалда эхетун бугеб берцинаб мажгит. ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, нилъер районцояв Хучбар Хучбаровасдаги гьарун, мажгиталда цебе бугеб территориялде тlуна хъилги. 

Дица хlаракат бахъула цадахъго нижер гъутанги рехун течlого, гьенибги бажарараб хlалтlи гьабизе. Гьедин, араб соналъ километралъул манзилалда хисана 150 мм диаметралъул лъел трубаби. Гьеб хlалтlулъ кlудияб кумек гьабуна росдал гlадамаз. Мисалалъе, росулъа цо-кlиго сахаватчияс кьуна 200 000 ва 100 000 гъурущ гlарцул, цоги росуцояв, трубаби гьарулеб цехалъул бетlергьанас 240 000 гъурщиде ккарал трубаби кьуна чlобого гьенир хlалтlизаризе. Нижер СПКялъул председатель Гьадигатула Лачемилаевас босун кьуна 650 метр трубабазул. Жидерго бутlа лъуна цогидал гlолохъабазги. Гьабсагlаталда унел руго 400 метралъул гlатlилъи бугеб лъималазул площадкаялда хурхун ахирисел хlалтlаби. 2 июналда тlобитlизе буго гьеб рагьиялъул кlудияб тадбир. Дун хъулухъалде вачlараб мехалда гъутаналъул къватlахъ букlинчlо 9-10 гурони чирахъ. Гьабсагlаталда гьениб буго 68 чирахъ. Тlубанго хисанин абизе бегьула лъабабго трансформаторалъул жанисеб тlагlел-гlучl. Гьединго километргlан манзилалда хисана басралъарал токалъул кварал. Жамагlаталъул ва сахаватчагlазул кумекалдалъун цадахъго бачуна мажгит-мадрасалъул хlалтlиги. Гъутаналда чlезабун буго анкьида жаниб цонух кьишни-къул къватlибе баччулеб техникаги.  

- Кинал захlмалъаби дандчlвалел хlалтlулъ? 

- Цогидал нухмалъулезулго гlадин, бегавуласул хъулухъги бухьараб букlуна гlадамазулгун хlалтlи гьабиялда. Гьебин абуни, буго бищунго захlматаб иш. Гlадамал рукlуна батlи-батlиял, бичlчlи бугелги гьечlелги. Цоязда берцинго кlалъазе ккола, цогиязда хъачlго кlалъазе ккола. Хъачlаб гурони калам бичlчlуларелги камуларо. Гьел киназдаго хlал рекъезаби бигьаяб жо букlунаро. Киналго рази гьаризеги хlалкlоларо. Росулъ цониги хlалти гьабулелъул, мисалалъе, къватl гlатlид гьабулаго, цониги гъветl къотlизе кколеб бугони, гьелъул вачlуна жиндие къватlалъул ургъелгlаги гьечlин, жиндир гъветlалда квер хъвагеян. Цохlо гъветl сабаблъун тlубараб росдаего хlажатаб хlалтlи нахъбахъун битlун кколарелъул, гьединаб ахlвал-хlалалда росдае пайда цlикlкlараб ишалъул рахъ кквезе ккола. Нагагь, гьесухъги гlенеккун, гьабулеб хlалтlи чlезабуни, жамагlаталъул рахъалдасан гlайиб щола цохlо чиясул интересал сабабалъун тlубараб росдаего зарал щай гьабулебан? Гьединал лъугьа-бахъинал чанги ккола ва гьездалъун гlадамазулгун кlалъай ва ракl хвей ккечlогоги хутlуларо. 

- Ахиралдаги щиб дуца абилеб росабазул жамагlатаздехун?

- Цlакъ лъикlал жамагlатал руго нижер. Дица цебехун рехсовухъе, гlемерал руго жидер бажариги ресги бугел, росу-ракьалъе гlемераб кумек гьабулел сахаватчагlи. Гьез зама-заманалдасан кьола садакъаги. Гьединго рехсечlого гlоларо щиб къваригlелалъ аскlове аниги, ресалда рекъон, кумек гьабулеб районалъул нухмалъиги. Нижер росабазул жамагlатазул рахъалдасан ракl-ракlалъулаб баркала кьезе бокьун буго гьел киназего. Хадубккунги гlагараб росу-ракь цебетlеялъе хlалтlизе киназего щулияб сахлъиги бажариги кьеги!

И. Мухlамадов.

Просмотров: 155 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz