Воскресенье, 08.09.2024, 06:38 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Май » 28

Автор И. Мухlамадов. Май 2024 сон.

Районалъул бищунго жигарал бегавулзабазул цебесеб кьерда вуго 2015 соналдаса нахъе Хlариколо росдал советалъе нухмалъи гьабулев Хlайбулаев Сагlадулаги. Рехсараб советалда гъорлъ бугеб кlиябго росулъги цо гъутаналдаги буго 427 цlараки ва гlумру гьабун буго ... чияс.  Росабалъ ругел гlузрабазулги, ахир заманалда жаниб гьабураб хlалтlулги дандчlвалел ругел захlмалъабазулги хlакъалъулъ бицараб гара-чlвари гьабуна нижеца бегавуласулгун.

- Сагlадула, ракl бухlанищ росдал бегавуласул хъулухъалде вачlиналдаса? 

- Аллагьасдаги халкъалдаги цебе жавабчилъи цlикlкlараб иш букlуна бегавуллъи. Гьединлъидал цо-цо рукlуна гьединал пикрабаз кверде восарал лахlзаталги. Амма, кин букlаниги, дирго гlагараб росу-ракьалъе хъулухъ гьабизе рес щвеялдаса ракl бухlанин абизе кинго бегьиларо. 

- Кинал хlалтlаби гьарун бажарарал гьаб ахир заманалда?

- Дун хlалтlуде вачlараб мехалъ чlобогояб ва чlунтарал росаби рукlана нижер. Бегавуллъун вугебгlан заманалда жаниб цониги квер щвечlеб бакl хутlичlин абуниги мекъи ккеларо. 

Хlариколо росдал бицани, гьабсагlаталда кинабго къуват рехун буго  4 километралъул манзилалда шагьраялдасан Хlариколо росулъе рачlунеб нух къачlаялде. Араб соналъ гьеб гlатlид гьабуна, исана ракlалда буго гьениб хъил тlезе. Гьеб нух гlатlид гьабулаго цо-цо гlадамазул ракьал ва рецаби хвезарурал хlужабиги ккана. Хасго гlезегlан зарал ккана Кlахъ росдал гlадамазе. Амма, цогидал росабалъ гlадин, ракьалги хвезарун, жидеца нух бахъизе теларин, данде рахъун яги ахlи-хlур бахъинабурал хlужаби ккечlо. Гьелъул гlаксалда - цlакъ бичlчlигун къабул гьабуна жамагlаталъ нух гlатlид гьабиялда хурхун гьарулел хlалтlаби. Гьелъухъ кlудияб баркала буго гьезие. Гъоркьисала бетон тlун ва чабах баччун къачlана росдал хабзалалъе унеб нух. 300 гlан метрадул манзилалда сверунги къан къачlана жалго хабзалги. Цlикlкlун тlадецуй хlехьезе кlолездалъун хисулел руго басралъун рукlарал токалъул кварал. Гьединго хисана цlакъго басралъун, турун букlараб токалъул 9-10 хlуби  Гьабсагlаталда къачlалеб буго росдал медпункт. Араб соналъ 200-300 метрадул манзилалда хисана централизованнияб канализациялъул мухъал. Гьединго ахирал соназда гьабун бажарараб кlудияб хlалтlул бицани, федералияб программаялда гъорлъеги ккезабун, капиталияб ремонт гьабуна росдал клубалъул минаялда.

Гъоркьисала районалъул администрациялъ гlарцулал сурсаталги риччан, капиталияб ремонтги гьабун къачlана Кlахъ росдал гlаммаб лъай кьеялъул школа.  Гьабуна батlаго цlияб пищеблок, котельня ва школалъул минаялда жанирго туалетал. 250 метрадул манзилалда хисана росулъ лъел трубаби. Клубалъул минаялда хисана гордал. Километралъул манзилалда хисана токалъул кварал. Цебесеб трансформаторги кьвагьун, исана цlияб трансформатор босизе росдал жамагlаталъ бакlарараб гlарцуде тlаде сурасатал риччана росдал администрациялъги. Замана-заманалдасан чабах бан ва гвендал рацун къачlала росдал жанисел нухал. Кlахъ росдал къватlахъ буго рекlунеб 35-40 чирахъги. Мини-футболалъул байдан гьабизе букlине, битlа-бишизабун хlадурун буго площадка, исана гьебги рагlалде бахъинабизе ракlалда буго. Гьединго гьабуна лъималазул площадкаги. Киназдаго бихьун батила Кlахъ шагьра нухлул рагlалда эхетун бугеб берцинаб мажгит. ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, нилъер районцояв Хучбар Хучбаровасдаги гьарун, мажгиталда цебе бугеб территориялде тlуна хъилги. 

Просмотров: 155 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 28.05.2024 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Май 2024 сон.

Исанаги тlолабго улкаялдагогlадин, нилъер районалдаги кlодо гьабуна Кlудияб Ватlанияб рагъ лъугlаралдаса 79 сон тlубай. Цебеккунго гlуцlараб комитеталъ хlадурараб программаялда рекъон, байрамкъоялде хlадурун букlана чанго тадбир. Апрелалъул ахиралдасан байбихьун, районалда тlоритlана чанго субботникал, рацlцl-ракъалъи гьабун, рукlалиде рачана росабалъ ругелщинал Кlудияб Ватlанияб рагъул гlахьалчагlазе рарал памятникал, плакаталги ран берцин гьарун рукlана къватlал ва цо-цо учреждениязул минаби. Украинаялда хасаб рагъулаб операция унеб букlиналда бан, исанаги хасаб кlвар кьолеб букlана байрамалъул гlахьалчагlазул хlинкъи гьечlолъиялде.

Байрамалъулал тадбиразде байбихьана 8 маялъго. Тlоцебе райадминистрациялъул жанахlалъуб рагьана СВОялда къадаралде щварал гlолохъабазул стенд. Хадуб, гlадатлъун лъугьахъе, райцентралда бугеб памятникалда лъуна тlугьдул. Гьенисан киназго сапар бухьана СВОялъул къурбанал ракlалде щвеялъул мурадалда росдал рагlалда, “Гъвалдакь” абулеб бакlалда балеб бугеб ахикье. Гьениб, гор сверун 400 метрадул манзилалда сверун къараб территориялда чlун буго 70 цlикlкlун пихъил ва махил гъутlби ва хlадурулеб буго хlохьбахъиялъе гlодор чlезе беседка. Муниципалитеталъул бетlер Нурмухlамад Задиевас, васал чlварал улбуздехун вуссун абуна, паркалда хурхун гьезул ругел предложениялги къабул гьаризе ругилан. Гьелдаса хадуб киналго ракlарана Ш. Шамхаловасул цlаралда бугеб маданияталъул кlалгlаялда ДДТялъул хlалтlухъабазул хlаракаталдалъун бахъараб фильмалъухъ балагьизе. Цlакъ рекlелъе бортиледухъ хlадурун бугоан гьез гьеб, гьелъухъги балагьун чангиязда кlолеб букlинчlо магlу кквезе. Муниципалитеталъул нухмалъулес рехсараб гlуцlиялъул директор Мухlамад Раджабовасе кьуна баркалаялъул кагъатги. Гьебго къоялъ, къалъудаса хадуб Тlануси тlобитlана цlигьабун къачlараб памятник рагьи. Кlалъаял гьаруна Нурмухlамад Задиевас, военком Шамил Мухlамадовас, росулъа СВОялъул гlахьалчи Мухlамад Айгубовас ва цогидазги. Росдал школалъул цlалдохъабаз рикlкlана кучlдулги.

Просмотров: 76 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 28.05.2024 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz