Пятница, 03.05.2024, 17:29 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Апрель » 1 » ГЬАЛБАЛ КЪАБУЛ ГЬАРИЗЕ ХlАДУРГО РУГО
10:48
ГЬАЛБАЛ КЪАБУЛ ГЬАРИЗЕ ХlАДУРГО РУГО

Къо бахъанагlан Россиялда цебетlун унеб буго жанисеб туризм. Туризмалъул рахъалъ бищунго машгьурал регионазда гъорлъ буго Дагъистанги. Гьедин, гьал ахирал соназда жаниб нилъер республика ккана бищунго гlемер туристал рачlунеб 10 регионалда гъорлъе. Араб соналъ Дагъистаналде вачlун вуго 1, 75 млн турист. Гьелъ рес кьолеб буго цо къадаралъниги гlадатаб халкъалъул яшавалъул даража борхизабизе. Экспертазул пикруялда рекъон, гьезул къадар гьал гlагарал соназда жеги цlикlкlун гурони, гlодобе ккезе гьечlо. Щайгурелъул, къватlисел пачалихъул санкциязул халатаб рахасалъ сверун ккун гъанкъулеб бугеб Россиялъул гражданазе гlемерисел пачалихъазде нух къан буго. Республикаялда бищун гlемер туристал рачlунел муниципалитетазда гъорлъ буго нилъер районги. Мисалалъе, 2023 соналда нилъер районалде вачlун вуго гlага-шагарго 220 азарго гlан турист. Исана туристазул сезоналде районалъул хlадурлъиялъулги гьеб бутlаялда хурхун гьабулеб бугеб хlалтlулги нижее бицана райадминистрациялъул гlолилазул ишазул, туризмалъул ва спорталъул отделалъул специалист Хlажимурад Хlусеновас.

-Хlажимурад, сунда хурхараб бугеб дур хlалтlи ва кинал ругел тlуразе кколел ишал? 

- Дир хlалтlи хурхараб буго нилъер районалда туризм цебетlеялъе шартlал гlуцlиялда ва гьелда хадуб кидагосеб бербалагьи чlезабиялда. Дихъ букlуна муниципалитеталда ругел киналго гьалбадерил рукъзабазул, туристазул локациязул, маршрутазул, почалъул отделениязул, банказул, кафеязул, музеязул ва цогидалги туризмалъул сурсатазул сияхl ва хlажатаб информация жаниб бачараб документ. Гьелда абула туристазул паспортилан. Гьеб щуго соналда жаниб цоцlул цlи гьабизеги ккола. Гьедин, жакъа къоялда нилъер районалда буго 40 цlикlкlун гьалбадерил рукъ ва гостиница. Гьездасан 26 лъун буго налоговияб учеталда.

 -Исана кида байбихьизе бугеб нилъер районалда туристазул сезон ва хlадурун бугищ район гьелде? 

- Туристал нилъер районалде тlубараб лъагlел халалъухъего рукlуна рачlунел. Амма аслияб къагlидаялъ, сезон байбихьула май моцlалда ва халатбахъуна октябрь моцlалде щвезегlан. Гlемерисел гьалбал районалле рачlуна цебеккунго росарал путевкабазда рекъон, ай туразда цадахъ. Гьелги рукlуна батlи-батlиял, бищунго машгьурал руго 2, 5 ва 7 къоялъул турал. Гьезда рекъон рачlуна нилъехъе гlемерисел туристал. Гьезда цадахъ рачlунел гидалги рукlине ккола профессионалиял, ай гьез хъвай-хъвагlай гьабун букlине ккола республикаялъул Туризмалъулгун халкъиял махщелазул министерствоялда ва лъагlалида жаниб кlицlул гьабизе ккола аттестация. Туристазул цоги бутlа бачlуна хъизан-лъималгун, жидерго автомобилаздаги. Цересел саназги рачlунаан нилъехъе туристал, амма гьезул къадар циндаго цlикlкlана коронавирусалъул пандемиялдаса хадуб.   

- Кинаб хlалтlи гьабураб гьаб ахираб заманалда районалда туризм цебетlезабиялда хурхун? 

 - Нижер кидагосеб бербалагьиялда гъоркь букlуна гьеб суал. Гьедин, 2022 соналда хъалаялда цебехун рахъалдасан 600 метрадул манзилалда сверун къана Цlолбокь рагlал. Лъуна туалет. 2023 соналда 1000 метрадул манзилалда гьенир ва кlкlалахъ лъуна чирахъал. Гьабсагlаталда гьел чирахъазе техусловиял гьариялъул хlалтlи унеб буго ва кватlичlого къасимехалда гьел рекlине руго. Гьениб ва “Каменная чаша” абулеб бакlалда гlадамазе хьвадизе квегlенлъи букlунедухъ гъоркьисала гьаруна нухал ва къачlана болъаби. Кlочон тун гьечlо рацlцlа-ракъалъиялъул рахъги. Киналго локациязда ва маршрутазда лъун руго кьишнидул урнаби. “Проект местных инициатив направленных на развитие туризма в Муниципальных образованиях” программаялда рекъон исана нилъер районалъе бергьана кlиго грант. Гьелда рекъон районалъе рес щвана “Каменная чаша” ва Мочlохъ хlорил рагlал къачlаялда хурхун хlалтlаби гьаризе. Гьедин, проекталда рекъон кlиялго машгьурал туризмалъул локациязда разе руго автостоянкаби ва нухлул рагlалда санузелал. Хlалтlаби кватlиго байбихьизе руго. Тlолабго республикаялдаго “унтараб” суал ккола туристазе жамгlиял туалетал гьечlолъи. Гьелда хурхунги районалда хасаб хlалтlи гьабун буго. Цlолбокь рагlалда, Макьасда ва Цlада “Хъахlал къункъраби” мемориалияб комплексалда лъун руго жамгlиял туалетал. Хадубккунги хlажат ккарал бакlазда жеги тlаде лъезеги ракlалда руго гьел. Аслияб къагlидаялъ, гьалбадерие интерес букlуна нилъер гьайбатаб тlабигlаталъул, миллияб квен-тlехалъул ва гlадатазулгун рукlа-рахъиналъул. Гьедин, нилъер муниципалитеталда бищунго машгьурал локациял ккола Тобот лъел чвахи, Макьас ва “Каменная чаша”. 

-Цо-цоязул пикру букlуна Дагъистаналде рачlунел туристал гlемерлъиялъе гlилла бугин россиялъулазе къватlисел пачалихъазде нухал къан рукlин ва гlорхъаби рагьаралго Дагъистаналде рачlунезул къадар дагьлъизе бугилан. Кинаблъун дуда бихьулеб нилъер районалда туризмалъул букlинесеб?

- Цо рахъалъ битlараб буго гьебги. Къватlисел пачалихъазде ине рес щварабго нилъехъе рачlунезул къадар дагьлъизеги рес буго. Амма киназулго гуро гьединаб пикру букlунеб. Дида лъала ункъго соналъ тlатlала нилъехъе рачlунел туристалги. Гьелъги нугlлъи гьабула гьезие нилъер ракьалде рачlине цlакъго бокьулеблъи. Гьединлъидал, дида ккола гlаммаб къагlидаялъ босани, гьал гlагарал соназда нилъер ракьалде рачlунел туристазул къадар гlодобе ккеларилан. Узухъда, гlемераб жо бараб букlуна туристазе хlажатал шартlал гlуцlиялда ва Интернетги цогидал ресалги хlалтlизарун, нилъер районалъул реклама гьабиялдаги. Цоги гьеб бараб букlуна жанисеб туризмалъул агентствабаздаги (туроператор). Гьезул цебеккунго хlадурарал маршрутазде гьоркьобе нилъер районги ккани, нилъехъе рачlунел гьалбалги гlемерлъула. Мисалалъе, гъоркьисала нилъер машгьурав ракьцояв Расул Хlамзатовасул 100 сонилаб юбилей сабаблъунги лъикlаб реклама щвана нилъер районалъе ва гьелдалъунги туристазулги къадар цlикlкlана. 

- Рукlуна туристал сабаблъун нилъер гьаниб гlадлу-низам холеб бугин ва чороклъи тlобитlулеб бугин абулел гlадамалги. Дур кинаб пикру бугеб гьелда хурхун?

- Гьелдаса цlунизелъун киналго локациязда чlван руго нилъер гlадаталда рекъон тlад ретlине кколеб парталалъул хlакъалъулъ хъварал хасал табличкаби. Гьелъул хlакъалъулъ лъазе ккола гидаздаги. Узухъда, кколел ратила цо-цо гьезухъ гlинги тlамичlого, гьалбаз нилъер гlадат-гlамалалда данде кколарел ишал гьарурал хlужабиги. Амма гьединал гlадамазда аскlореги ун, берцинаб каламалдалъун бичlчlизабизе ккола нилъер гьаниб бегьулебги бегьуларебги жо. Бегьуларо хъачlго кlалъазе яги гьезул сураталгун видеоги бахъун Интернеталде рехизе.

И. Мухlамадов.
 

Просмотров: 218 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz