Пятница, 03.05.2024, 08:18 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Март » 18 » КИБГО ЦЕРЕСЕЗУЛ КЬЕРАЗУЛЪ
15:33
КИБГО ЦЕРЕСЕЗУЛ КЬЕРАЗУЛЪ

Абула, школа байбихьулин директорасдасанилан. Г1обода гьоркьохъеб школалъул директор, Дагъистаналъул халкъияб лъай кьеялъул отличник, Россиялъул халкъияб лъай кьеялъул Х1урматияй х1алт1ухъан, Зах1маталъул ветеран Х1абибова Пат1имат Мух1амадовнаялъе школа байбихьула гьелъул рагьу-мах1уялдасан, азбаралдасан. Школалъул минаялде жание лъугьиналде, гьелъ киса-кибго бер реч1ч1изабула цин къват1исан минаялда сверухъ бак1 роц1ц1ун бугищали, хадуб хал гьабула жанисан школалда бугеб ах1вал-х1алалъухъги. 

Ц1алиялда цадахъго Пат1имат Х1абибовалъ ц1ик1к1араб к1вар кьола, гьеб школа лъуг1ун к1удияб дунялалде, гвангъараб бук1инеселде унеб бугеб лъимер кинабго рахъалъан цебе т1ураблъун, унго-унгояв инсанлъун куцаялде, лъик1абги квешабги бат1а бахъизе лъалев, рит1ухъабги т1екъабги бич1ч1улев чилъун лъугьиналде. Жиндир школалда ц1алулеб лъимералда лъазе кколин, - абула гьелъ, школалъул программа гуребги, г1адамазда гъорлъ рук1а-рахъинеги, хьвада-ч1вадизеги. Гьелъие жиндиегоги гьединаб тарбия щвана школалдасан.

Районазда гьоркьосеб руччабазул школа-интернат. Гьеб бук1ана республикаялдаго ц1ар раг1араб жидерго росулъ гьоркьохъел школал гьеч1ел ва хадубккун ц1ализе гъира бугел муг1рузул районаздаса ясазе рагьараб школа-интернат. Гьениб лъай кьеялда цадахъго ясал ругьун гьарулаан рук1а-рахъиналде, рац1ц1а-ракъалъиялде, жидедаго хадуб хъулухъ гьабиялде, пал-х1асил, рокъоб эбел-инсуца малъулелдаса ц1ик1к1араб бук1ана школалда муг1алимзабазги, тарбиячаг1азги гьениб ц1алдохъабазда малъулебщинаб. Гьеб школалде ине гъира бук1унаан эбел-эмен гьеч1ого хут1арал бесдал лъималазул гуребги, лъик1ал хъизаназда г1олел ругезулги. Гьенир ясал ругьунлъулаан гьудуллъи-яццлъиялде, ц1ик1к1арасул адаб-х1урмат гьабиялде, гьит1иналгун рекъон рук1иналде, г1аданлъи, ях1-намус ц1ик1к1араллъун лъугьиналде. 

Гьеб школа лъуг1изабуна Х1абибова Пат1имат Мух1амадовнаялъги. Т1оцебе Хунзахъ микьго сонил школаги лъуг1изабун хадуб гьоркьохъеб лъай босизелъун дунги ана гьебго школалде ц1ализе. Гьениб т1оцебесеб къоялдасанго дир лъай-хъвай ккана, школалъул комсомол организациялъул секретарь, общежитиялъул советалъул вакил, кибго цеехъанлъи бихьизабулей Г1обода росулъа Х1абибова Пат1имат Мух1амадовнаялъулгун. Классрук Насух1ова Г1апи Гъазиевнаялъул нухмалъиялда гъоркь Пат1иматил класс ц1алул, спорталъул, художественниял г1ахьалчаг1азул, ай кинаб рахъ босаниги, сундулъго бук1унаан т1оцебесеб кьерда. Гьеб киналъулъго к1удияб бут1а лъолаан классалъул староста П. Х1абибовалъги. Ц1ализеги Пат1имат лъидасаго ц1акъай йик1ана. Гьелъ меседил медалалдалъун лъуг1изабуна школа.

Гьанжего гьанже школа лъуг1улел, сонги школалъул партаялда г1одор ч1ун рук1арал ц1алдохъабазе, к1удияб г1умруялде т1оцебесеб гали т1амулелъул, к1вар бугеблъун ккола киндай хадусебги г1умру г1уц1илеб, сундедай руссинебан абураб суал. Амма Х1абибова гьелда т1ад г1емер ургъизе ккеч1о. Щайгурелъул, гьей кколей йик1индал, ц1ар бугел педагогазул тухумалдаса яс. Гьелъул к1удияв эмен Х1ажимух1амад Зайналов вук1ана Советияб х1укуматалъул т1оцересел соназдаго Буйнакск шагьаралда педагогикиял курсалги лъуг1изарун учительлъун х1алт1улев вук1арав чи. 100 соналъ цебе т1оцебе гьес рагьун бук1уна Г1обода росулъ школаги. Гьелъул имг1ал Зайналов Мух1амад вук1уна махщел камилав педагог. Гьес нухмалъи гьабулеб бук1ана районалъул лъай кьеялъул отделалъеги, х1алт1улев вук1ана директорлъунги. Эбелги йик1ана учительницалъун х1алт1улей. К1удияв инсул мисалалда тухумалъул г1емерисел рахъана педагогаллъун. Гьез росдал лъимал куцана лъаялде, г1адлу-низамалде, нилъер умумузул г1адаталда Ват1ан бокьиялде, гьелъул ирсилаллъун рук1иналде. 

К1удияв инсул г1акълуги х1исабалде босун, школа лъуг1ун хадуб Пат1имат ц1ализе лъугьуна Дагъистаналъул педагогикияб институталъул физикаялъулгун математикаялъул факультеталде. Баг1араб дипломалдалъун гьебги лъуг1изабун т1ад йиссарай г1олохъанай, жан-жигар бугей педагог 1982 соналда яч1уна г1агараб районалде. 1982 соналъ хIалтIуе байбихьи лъола ГьоцIалъ росдал гьоркьохъеб школалдасан. 1985 соналъ х1алт1изе лъугьуна Г1обода росдал гьоркьохъеб школалде. Гъваридаб лъай, бергьараб творческияб махщел бук1иналъ, к1удияб гъира-шавкъалда гъорлъе лъугьана Пат1имат х1алт1уде. Чанго соналъ учительницалъун х1алт1улаго, гьелъул бажариги, лъайги бихьун, 1999 соналда Пат1имат Мух1амадовна т1амуна школалъул директорлъун. Бихьулеб къоялде яч1иинч1ого х1алт1ана Х1абибова гьеб школалдаги. Школа бачана районалъул ц1акъго лъик1азул кьеразулъе.

Амма школа бук1ана басриябго минаялда жаниб. Исана гьелъ т1убалаан 100 сон. Гьебги х1исабалде босун 2021 соналъ школа бачана «Лъай кьей» миллияб проекталъул программаялде гьоркьобе. 2022 соналдасан байбихьана ц1ияб школа базе. Къокъаб заманалда жаниб гьебги бан лъуг1изабун, 2023 соналъул 1 сентябралдасан байбихьун талих1ал ц1алдохъабазги, педагогазги нуц1би рагьана гвангъарал, хинал, берцинал классазде. Щибаб классалда лъун буго гьанжесеб технологиялъулаб къайи-къоно, руго интерактивиял доскаби, компьютерал. Ц1алдохъаби гъираялда х1алт1ула гьанжесел химиялъул, физикаялъул, информатикаялъул, биологиялъул, математикалъул ва цогидалги кабинетазда.

Руго кабинетал «Точка роста»- лъул занятиязе, хас гьабун жалго жидедаго ч1ун ц1али гьабиялъеги. Школалъул коридоралъуб рихьизе бегьула берцинал, рах1атал диванал, азбаралъубин абуни, футболалъул майдан, площадка, воркаут, рекеризе гьарурал хасал нухал, к1удиял газонал, жанир ч1ч1арал гъут1би ва т1угьдул. Бокьараб шагьаралъул школацин урхъизе бегьула гьадинаб к1алг1аялъухъ балагьун.

Гьаниб кинабго буго рахъи бугеб лъайгун мисалияб г1адлу-низам бук1инабиялъе. Гьадинаб школалда х1алт1изе к1удияб гъира-шавкъ буго  педагогазул гуребги, ц1ализе лъималазулги.

Дица Пат1иматида ц1ехана ахираб заманалда улкаялдаго х1алт1изарулел ругел, амма цо-цо педагогазе рек1ее г1олел гьеч1ел ФГОСазул, электрониял дневниказул ва цогидалги ц1илъабазул х1акъалъулъ пикруги. Гьелъ абуна цодагьал гъорлъе ккезег1ан сундулго зах1малъи бук1унин, амма хадуб бич1ч1улин гьелъул квег1енлъиян. Киналго ц1илъаби ругила г1ун бач1унеб г1ел жеги ц1ик1к1ун цебет1еялъе, лъай ц1ик1к1иналъе гьарулелщиналилан абун.

Школалда х1алт1улел 40-ялдасаги ц1ик1к1арал соназ Пат1имат Мух1амадовнаялда цебесан ун буго гьелъул рук1арал ц1алдохъабазул 3 г1ел. Гьез к1удияб къадру-къиматалда ц1ар рехсола жидерго директоралъул. Гьезул г1емерисел рач1уна йокьулей учителалъухъе лъалареб гьикъизеги, г1акълу данд базеги.

Ахиралдаги бокьун буго Пат1имат Мух1амадовнаялъе гьаризе хадубккунги гьединабго  къарт1алда, бокьулеб школалда х1алт1изе чорхое сахлъиги, халатаб г1умруги, рак1алда ругелщинал мурадал т1урайги.
Н. Г1алиева

 

Просмотров: 82 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz