Нилъер районцоял машгьурал г1адамазул чит1иралда гъорлъ мустах1икъаб, т1адег1анаб бак1 ккола г1адатаб халкъалъул рек1елъ жиндирго нахъе тарал лъик1ал ишаздалъун хасаб тах ккурав, пачалихъияв ва жамг1ияв х1аракатчи Шагьрудин Мух1амадович Шамхаловас.
Щивха вук1арав гьев, исанисеб сон жиндир ц1аралда районалда т1обит1улеб бугев сахаватав инсан?
Ш. М. Шамхалов гьавуна 1914 соналда нилъер районалъул Т1ануси росулъ. Гьит1инго бесдаллъарав гьесие тарбия щвана Буйнакск шагьаралъул лъималазул рокъоб. Хадув ц1алана г1олохъанал рекьарухъабазул, ралъдал ва рагъулаб школазда. Армиялда хъулухъ гьабун хадув х1алт1ана МВДялъул органазда. Гьениса 1936 соналда ц1ализе вит1ана Грозныялъул т1адег1анаб коммунистияб сельхозшколалде. 1939 соналда гьеб лъуг1ун хадув х1алт1ана республикаялъул партиялъул, советиял ва росдал маг1ишаталъул идарабазда.
1948 соналдаса нахъе Шамхалов х1алт1ана Дагъистаналъул консервазул тресталъул управляющийлъун ва 1950 соналда гьев вищана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул секретарьлъун.
1953 соналда т1амуна ДАССРалъул Министразабазул Советалъул председателасул заместительлъун.1957 соналдаса нахъе Дагъистаналъул Совнархозалъул председателлъун. 1963 соналда, Совнархозал риххун хадуб, х1алт1ана ДАССРалъул Совминалъул председателасул заместительлъун, хадув-т1оцевесев заместительлъунги.
1970 соналда Ш. М. Шамхалов вищана ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председательлъун ва гьебго заманалда, хъулухъалда рекъон гьев кколаан РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председателасул заместительги.
Пенсиялда вук1аго, 1978 соналде щвезег1ан х1алт1ана Дагъистаналъул бассейназул лъим рук1алиде ккезабиялъулги ц1униялъулги управлениялъул начальниклъун.
Г1емер соназ х1алт1улаго, Ш. М. Шамхаловас к1удияб бут1а лъуна Дагъистаналъул экономикаги культураги цебет1езабиялъе. Гьесул бук1ана г1уц1арухъанлъиялъе к1удияб гьунар, жигар, х1аракат. Г1емераб х1алт1и гьабуна промышленность, росдал маг1ишат ва республикаялъул цоги-цогидал рахъал церет1еялъе. К1удияб буго пачалихъалъул нухмалъи цебет1езабиялъулъ гьес лъураб бут1аги.
Ш. М. Шамхаловас к1удияб к1вар кьолаан спортивиял бак1ал раялде, Дагъистаналъул спорт цебет1езабиялде, хасго эркенаб гугариялде.
Гьесул зах1мат к1одо гьабун бук1ана Октябралъул Революциялъул, лъабго Зах1маталъул Баг1араб Байрахъалъул, «Х1урматалъул г1аламат» орденаз ва СССРалъул щуго медалалъ.
Россиялдаги Дагъистаналдаги халкъазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъизабиялъулъ лъураб к1удияб бут1аялъухъ Ш. М. Шамхаловасе 2000 соналда кьуна Гьудуллъиялъул орден.
Ш. М. Шамхалов чанго нухалъ вищана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул бюроялъул членлъун ва РСФСРалъулги ДАССРалъулги Верховный Советалъул чанго ах1иязул депутатлъун.
Шагьрудин Шамхаловас жигараб г1ахьаллъи гьабулаан политикиябгун жамг1ияб г1умруялъулъ, республикаялда рекъелги парахалъиги бук1инабиялъулъ. Г1умруялъул ахирал соназда гьес х1аракатчилъи бихьизабуна Пачалихъалъул Советалда цебе г1уц1араб Херазул Советалъул х1алт1улъ, хъвана чанго т1ехь, гьезда гьоркьоб ахирисеб «Дагъистан-дир рокьиги къисматги» абурабги.
Гьесул г1умруялъул к1удияб х1албихьиялъ, г1акълуялъ, г1адамазда гьоркьоб бугеб къадруялъ к1удияб кумек гьабуна Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъизабиялъе, республикаялъул социалиябгун экономикияб ва культурияб цебет1еялъе.
Шагьурдин Мух1амадовичасулъ бук1араб нухмалъиялъулаб гьунар, зах1мат ва Ват1ан бокьи, интернационализм, г1адамаздехун рак1т1еренлъи лъугьана Ш. Шамхаловасул Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб бук1араб къадруялъул кьуч1лъун.
Нилъ, районцоял ихтияр бук1ун ч1ух1ула Шагьрудин Шамхалов г1адал ракьцояздаса. Биччанте гьесул къадруяб, рак1бац1ц1адаб г1умруялъул мисалалда г1езе ц1иял г1елал, ва гьес нахъе тарал лъалк1ал ссунарел ц1вабилъун кунч1ун хут1изе районалъул тарихалъул т1охьода.
Нурмух1амад Задиев, «Хунзахъ район» муниципалияб райналъул бет1ер.
|