Пятница, 11.10.2024, 15:03 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Июль » 22

Автор И. Мухlамадов. Июль 2024 сон.

11 июлалда райадминистрациялда тlобитlана школазул директорзабигун данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна муниуипалитеталъул бетlер Нурмухlамад Задиевас, райсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас,  лъай кьеялъул отделалъул начальник Патlимат Хlамзатовалъ ва цо-цо росабазул бегавулзабаз. 

Данделъи байбихьана экзаменазул хlасилал гьариялдасан. Гьедин, араб цlалул соналъ ЕГЭ кьун буго 180 цlалдохъанас, ОГЭ 272 цlалдохъанас. 19 цlалдохъанасе щун буго 60 цlикlкlун баллал, 7 цlалдохъанасе щун буго 70 цlикlкlарал баллал. Гlурус мацlалъул ЕГЭялъе бищун цlикlкlараб, 86 балл щун буго Гlобода гьоркьохъеб школалъул выпускник Хlабибов Зиявудин Мухlамадовичасе, гьесго росун руго химиялъул ва биологиялъул экзаменазеги бищун цlикlкlарал 83 ва 73 баллал.  Обществознаниялъе 90 балл босун буго Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб школалъул выпускница Гьитlинова Патlимат Ахlмадовнаялъ, гьелъиего щун буго историялъул экзаменалъул бищун цlикlкlараб 84 баллги. 
Гьоркьохъеб лъай щвеялъул хlакъалъулъ аттестат щун гьечlо 16 выпускникасе. 

Гlаммаб къагlидаялъ босани, хlасилаздаса рази гьечlолъи загьир гьабуна районалъул бетlерасги.
“Хlасилал цо-цоязул лъикlал руго, цогиязул реццизе гlадал гьечlо. Ахирисел соназул хlисаб гьабидал, ЕГЭялъул рахъ босани, нилъер хlасилал лъикlлъун руго, амма ОГЭ цого бакlалда чlун хутlун буго. Дун кинго разилъуларо нилъер лъималазухъа жеги лъикl цlалун бажаруларин абураб жоялда. Бищун лъикlал хlасилал рихьизарун руго Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб ва Гlобода школаз, ай гlемерал выпускникал ругел школаз. Гьелъул гlаксалда - республикаялдаго бищун лъикlабин рикlкlине бегьулеб ва хlажатабщиналдалъун хьезабураб, цlияб Гlарани школа-Интернаталъул щуго выпускникасдасан кlигоясе ккун буго кlийилаб. Гьебищха тlубараб цlалул соналда жаниб гьабураб хlалтlул хlасил? Узухъда, цlияб школалда цlалул тlоцебесеб сонги бугелъул, хlалтlулел чагlазул гъалатlал ккечlого хутlуларо. Амма гъалатlал ритlизаризе хlаракат бахъизе кколаха. Гьединалго хlасилал руго бищунго дагьал выпускникал ругел цогидал школаздаги”, - ян абуна гьес. 

Просмотров: 78 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 22.07.2024 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Июль 2024 сон.

18 июлалда райадминистрациялда тlобитlана райсобраниялъул депутатазул иргадулаб сессия. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlер собраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас, депутатаз ва цогидазги.

Данделъаразе саламги кьун, сессия рагьана председатель Мухlамад Мухlамадовас. Гьеб сессиялда гьоркьор лъурал суалазул гlемерисел рукlана хlисабкьеязда хурхарал. Гьедин, араб соналъ жиде-жидер бутlабазда гьабураб хlалтlул хlисабкьейгун ва церечlарал масъалабазул хlакъалъулъ бицун депутатазда цере рахъана лъай кьеялъул отделалъул, районалъул централияб больницаялъул (ЦРБ), культураялъул отделалъул ва централияб библиотекаялъул нухмалъулел.

Лъай кьеялъул отделалъул начальник Патlимат Хlамзатовалъ гlатидго бицана рехсараб бутlаялда бугеб ахlвал-хlалалъул. Гьедин, жакъа къоялде районалъул лъай кьеялъул системаялда буго 77 гlуцlи, гьездасан 20 гьоркьохъеб, 7 гlаммаб ва 12 байбихьул классазул школа, 1023 мугlалим ва 38 школалда цебесеб лъай кьеялъул учреждение. Гъоркьисала цlалул соналъул байбихьуда районалъул школазда вукlун вуго 2985 цlалдохъан. 2023-2024 цlалул соналда жаниб, мугlалимзабазул 62% лъугlизарун руго лъай кьеялъул цlиял стандартазда рекъон махщел тlадегlан гьариялъул курсал. Араб цlалул сонил хlасилазда рекъон районалда вахъун вуго 7 медалист, гьездасан 5 меседил ва 2 гlарцул. Лъай кьеялъул бутlаялъул цебетlей борцуна районалъул лъай кьеялъул гlуцlабаз санайил “Современная школа”, “Точка роста”, “Успех каждого ребенка”, “Образование” миллияб проекталъул “Цифровая образовательная среда” ва цогидалги проектал гlумруялде рахъинариялъулъ гlахьаллъи гьабулеб букlиналъги. 11 школалда хlалтlулеб буго “Точка роста”. Исана ракlалда бугила гьеб Гlоротlа гьоркьохъеб школалдаги рагьизе. Амма лъай кьеялъул бутlаялда кигlан гlемерал цlи-цlиял технологиял хlалтlизаруниги, махщел бугел учительзаби гьечlони, хlасил кколарелъул. Хlалтlул загlипал рахъазул ва дандчlвалел ругел захlмалъабазул бицунаго, Патlимат Хlадисовнаялъ рехсана жакъа кадрабазул дефицит букlинги. Гьедин, жакъа 12 школалда гlолел гьечlила учительзаби, хасго хlажат ругила математикаялъул, физикаялъул ва химиялъул мугlалимзаби.  Педагогазул гьоркьохъеб ригь бахунеб буго 47 соналде. Гъоркьисала районалде хlалтlизе вачlун вуго гlицlго 14 гlолохъанав специалист. Жакъа къоялде районалдаса 19 чи цалулев вуго пединституталда ва 9 чи педколледжалдаги. 2022 соналдаса байбихьун, райадминистрациялъ педагогикиял вузазда цlалулел ругел студентазе чlезабун буго стипендияги. Гьелъул бищун дагьаб къадар буго 3000 гъурущ.     

 

Просмотров: 40 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 22.07.2024 | Комментарии (0)

Автор Ф. Мухlамадова. Июль 2024 сон.

СССРалъул художниказул союзалде маг1арул руччабазул т1оцее жий йосарай махщелч1ужу ккола нилъер районцояй, Г1обода росулъа машгьураб Казиевазул хъизамалдаса Сиядат Мух1амадовна Казиева. Ургъел бук1ана искусствалъул ч1ужуг1адангун г1аммаб мац1 батизе дидаго к1веладаян, амма жиндирго саназдаса йихьизе г1езег1ан къамарт1го ятарай, жеги г1олохъанаб рак1алъул ракьцоялъ дун т1оцересел лах1затаздасанго асир гьаюна. Гара-ч1вариялда нижеца бицинч1еб жого теч1о дунялалда т1ад.

-Сиядат Мух1амадовна, бицеха кин дур г1умрудул нух суратал рахъиялда бухьараб? Кидагойищ лъалеб бук1араб мун художниклъун яхъунеблъи?

-Дида ккола к1одоэбелалдасанго бижанин дилъ суратал рахъиялде, берцинлъи г1уц1иялде шавкъан. Г1ажаибал давагьинал рессулелъул, долда рек1ехъе лъалаан щибаб расенги к1ич1ги. Суратал рахъулаан дир эбелалъги. (Гьаниб рак1алде бач1ана Сиядатил вац, техникиял г1елмабазул кандидат, профессор Мах1ачица бицун бук1арабги: «Жеги щуго сон бач1ей ч1ужу аск1ое ах1ула эбелалъ Сиядат, гьадаб х1обода к1усун бугеб кету кагътида бахъеян. Анц1ила щуго минуталде ч1агоялда к1иго къат1раг1ан релълъараб кетуги, х1убиги, кинабго сверухълъиги кагътиде рещт1инабула»-авт.) Сиядатица.

Т1орччол г1ерекъалъ эбелалъ бахъараб гьегьги босун уней г1олилалъул сурат бук1ана г1емерал соназ росдал къадазул цо цололъ. Дида кколаан дой ясалъул берзул балайцин бугеб х1алалъ бахъун бугин эбелалъилан. Дирго альбомалда гьелъ бахъараб вехьасул сураталдаги гьороца к1ич1изабураб буртинадул г1инщцин бук1ана х1акъикъияб. Гьит1инаб мехалъго лъезе ккола лъималазулъ гьезул гъира бугеб ишалде кьуч1ал, х1алт1изе ккола гьезие бокьулелда т1ад. Дир умумузул бидулъанго щвана дие гьеб.

Рак1алда буго, ц1алулей йигей ч1ужу дун, к1одоэбелалда кьеразул спектразул, накъищазул данде ккей-ккунгут1иялъул малъа-хъваял гьаризе, давагьин бессизе малъизе лъугьарай. Долъ дир «теория» ч1идбиххизабуна «Гьаб кун гьабцоялде дандеккей-ккунгут1и гьадинго бералда лъазе кколарищилан». Гьединал рук1ана нилъер умумул. Гьезул гьеб г1ажаибаб махщел ц1унизе, г1олел г1елазухъе кьезе х1алт1и гьабич1они, нилъер хадуб рак1бух1изе буго. 

Просмотров: 40 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 22.07.2024 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Июль 2024 сон.

Исана лъагlалил байбихьуда райадминистрациялъул гlуцlарухъанлъиялъулгун правовояб отделалъул начальниклъун тана Парихан Локалова. Рехсараб отдел ккола райадминистрациялъул бищунго кlудияблъун. Гьез гьабулеб хlалтlулги, церечlарал масъалабазулги, дандчlвалел захlмалъабазулги нижее бицана отделалъул нухмалъулелъ.

-Парихан Мухlамадовна, кинал ругел отделалда тlадал ишал ва сунда хурхараб  букlунеб нужер хlалтlи?

-Нижер отделалъул хlалтlиялъ гъорлъе рачуна цlакъ гlемерал рахъал. Гьелда гьоркьоре уна бегавулзабазулгун хlалтlи гlуцlи, бухьен букlине ккола муниципалитеталъул 24 росдал администрациязулгун. Районалъул администрациялъул гьезда хурханщинал суалалги нижер отделалдасан тlурала. Тlуразарула киналго нормативиялгун правовоял акталги. Гьединго нижер хlалтlуда гъорлъ рукlуна киналго кадровиял суалалги. Цониги хlалтlухъан шапакъат кьун кlодо гьавулев вугони яги гьелъул гlаксалда, тамихl гьабизе ккани, гьеб ишги нижер отделалдасан тlубала. Нижер тlей гьечlеб бухьен букlуна республикаялъул Бетlерасулгун Хlукуматалъулгун администрациялъулгун, тlобитlула гьезулгун кинабго документооборот. Гlаммаб къагlидаялъ, нижер отделалда вуго 9 хlалтlухъан ва щивасул руго жиндаго тlадал ишал ва тlуразе кколел масъалаби. 

-Кинал ругел нужерго хlалтlулъ дандчlвалел захlмалъаби?

-Аслияб захlмалъи букlуна хlалтlул гlемерлъиялъ ва щибаб къойил цlи-цlиял программабиги законалги рахъулел рукlиналъ. Узухъда, гьеб киналдаго хадур гъезе бигьаго букlунаро. Жакъа хlалтlи буго кигlан гlемер хlалтlананиги лъугlулареб. Цо хlалтlи гьабун бахъиналде цоги иш тlад чlвала. Гьединлъидал киналдего квер щоларо.

Просмотров: 39 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 22.07.2024 | Комментарии (0)

Автор Н. Гlалиева. Июнь 2024 сон.

Т1оцебе районалда г1емерхъулухъазулаб центр (МФЦ) г1уц1араб мехалда цо-цоязда бич1ч1улеб бук1инч1о щиб г1уц1и гьеб кколебали. Рук1ана гьединаб г1уц1и х1ажат бук1инч1илан абулелги. Хадуб, къойидаса-къойиде, г1адамазул ургьибе ана, гьеб гьезие бигьалъиялъе, гьел бат1и-бат1иял хъулухъал т1уразаризе щибаб г1уц1иялде хьвадич1ого, «цо гордухъан» гьезул къвариг1елал т1убалеб пайдаяб г1уц1и бук1ин. Гьелъие нуг1лъи гьабула гьеб г1уц1аралдаса нахъе араб 10 соналда жаниб г1адамазул гьелъул х1акъалъулъ ругел пикрабаздасанги.

Жакъа дун дандч1вана нилъер районалда бугеб г1емер хъулухъазул централъул директор Мах1мудова Хадижат Х1ажимурадовнагун. Гьелдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:


-Хадижат, бокьун буго т1оцебесеб иргаялда нужеда баркизе МФЦ районалда г1уц1аралдаса 10 сон т1убай. Хадубги районалъул газета ц1алулезда бич1ч1изабизе цебе араб 10 соналда жаниб МФЦялда ккарал хиса-басиязул. Г1адамазе гьелдасан кинаб пайда, хайир бугебали.

-Г1емерхъулухъазулаб Центр г1уц1иялъе г1иллалъун ккана, гьадингоги х1алт1и-пишаялда гъорлъ росун рук1унел г1исинал лъимал ругел улбулги, херал чаг1иги ва г1емерал цогидалги г1емераб заманги ч1ван х1ажатал документазда хадуб бат1и-бат1иял инстанциязде ине ккеч1ого гьезие, юридикиял г1уц1абазеги пачалихъиял ва муниципалиял хъулухъал т1уразе г1уц1араб центр. Мисалалъе, паспорт босизе яги хисизе, къват1исел улкабазде ине х1ажалъи ккани гьенире ине паспорт, медицинаялъулаб страхованиялъул полис, чанахъанасул билет босизе, зеленкаби гьаризе, «Зах1маталъул ветеран» абураб ц1ар, лъимер гьабиялъул х1акъалъулъ свидетельство щвезе ва г1емерал цогидалги хъулухъал т1уразе.

 

Просмотров: 39 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 22.07.2024 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Июнь 2024 сон.

Маялъ кlиго сон сверана 2 росдадасан ва 1 гъутаналдасан гlуцlараб, 429 цlараки жаниб бугеб ва 1310 чияс гlумру гьабураб Тlануси росдал советалъул бегавуллъун Хlажи Гlабдулхаликъов вищаралдаса. Гьеб заманалда жаниб гьабураб хlалтlулги церечlарал масъалабазулги дандчlвалел ругел захlмалъабазулги бицун, гара-чlвари гьабуна рехсарав бегавулгун.

 

-Хlажи Мухlамадович, ракl бухlанищ гьаб захlматаб заманалда бегавуласул хъулухъ тlаде босиялдаса?

-Кигlанго бигьаяб хlалтlи гьечlониги, дирго гlагараб росдае хъулухъ гьабизе щвеялдаса ракl бухlанин абизе кинго бегьиларо. Гьаб хъулухъалде вачlинегlанги 38 соналъ хlалтlана дун учительлъун росдал школалда. Тарбия-лъай кьун гlезаруна гlемерал гlелал. Амма, кин букlаниги, сокlкlарал саналги дагьал гьечlелъул, цоги болжалалъ чlезеги ракlалда гьечlо. Мунагьал чураяв Шагьрудин Шамхалов 60 сонил ригьалде вахиндал, гьанже хlалтlи гlолохъабазухъе кьезе кколинги абун, жиндиего бокьун, хъван гlарзагун хъулухъалдаса нахъе ун вуго. Гьебги нилъее мисаллъун букlине ккола. Херлъараб мехалда хlинцлъула пикру ва хlабургъуна гlакълу, бажаруларо цебе гlадин хlалтlи цебе бачун. Гьединлъидал, хадусеб гlелалъеги ресал кьезе ккола хlалтlулъ жидерго бажари-гьунар бихьизабизе. 

-Хlажи Мухlамадович, кинал аслияб хlалтlаби гьарун бажарарал бегавуллъун вищаралдаса нахъе?

-Дир цебего кlудияб анищлъун букlана росулъе лъим бачин. Гьединлъидал, аслияб къуват рехун букlана гьеб иш рагlалде бахъинабиялде. Гьедин, 3,8 километрадул манзилалда, 50 мм диаметралъул трубабиги лъун, росулъе бачана кlиго цlияб лъел мухъ. Гьанже росулъ кинабгlаги лъел гlунгутlи букlунаро. Тlануси росдал аслияб къотlнобе тlуна хъил. Босана кlиго лъималазул площадкаялъе хlажатаб инвентарь. Щибго квалквал гьечlого, тlадагьаб автотранспорт хьвадизе бегьулеб куцалда гlатlид гьабуна Гlарахъ магlарде унеб нух.

Гьабсагlаталда тlадбан унеб буго республикаялдаго цlар рагlарав машгьурав политикиявгун жамгlияв хlаракатчи, нижер росуцояв Шагьрудин Шамхалов гьавуралдаса 110 сон тlубаялъул юбилей тlобитlиялда хурхун хlадурлъи. Кватlичlого росулъ тlоритlизе буго гьесул цlаралда  волейболалъул ва эркенаб гугариялъул рахъалъ республикалъул даражаялъул турниралги.  

Просмотров: 33 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 22.07.2024 | Комментарии (0)

Автор Ф. Мухlамадова. Июнь 2024 сон.

Щибаб лъаг1алил июнь моц1алъул лъабабилеб гьат1анкъоялъ 1980 аб. соналдаса нахъе улкаялда к1одо гьабулеб буго медицинаялъул х1алт1ухъабазул къо.
Байрамкъоялъ адабгун рехсола ват1анцоязул сахлъи ц1униялда х1ал-рух1 кьун х1алт1улел тохтурзабиги, медсестрабиги, рац1ц1а-ракъалъиялъул мусудулги, медицинаялъулаб оборудование г1уц1улел инженералги, лаборанталги… Къокъго абуни сахлъи ц1униялъул, цоял гьеч1ого цоял т1убалареб т1олабго гъункараб  механизмалъул къеркьохъаби… 

Халкъияб информациялъул алатазда гьоркьоб, вацап кодоб ккурай к1одол баянал гурел, газеталъул гьурмаздасан бач1аралъул к1варги кьуч1ги бугел 1998-2003 соназда къват1ибе араб газеталъул щибаб к1иабилеб номералда камулароан сах гьарурал унтаразул тохтурзабазе баркала кьурал макъалаби. Гьезда гьоркьоб 70 процентниги кколаан Харахьи участкаялъулаб больницаялда регун рук1арал г1адамазул.

Жакъа къоялда кин гъоркьамухъалъул азархана бугебали лъазелъун, нижеца сапар бухьана Харахьибе. Гара-ч1вари гьабуна больницаялъул бет1ерав врач, Дагъистаналъул мустах1икъав тохтур, Мух1амад Гъазимух1амадович Хъайтмазовгун, гаргазаруна жалго унтарал, балагьана киналъухъго нижерго мухбиразулал рит1ухъал бераздалъун. Гъоркьехун бахъулеб буго бихьараб-тарабги.

Больницаялъул х1алт1ухъаналъул ццидал къвач1ил приступги бач1ун гьелъул унти бахъулел, зах1матго унтун яч1арай 1947 соналъ гьаюрай пациенткаялъе сабабазда… т1аде вач1арав чиясда к1алъазе рег1улареб, х1алуцараб ах1вал-х1алалда ратана нижеда гьеб къоялъги херехьдерил сахлъи ц1униялъул хъаравулзаби… Байбихьудаго бич1ч1ана халатаб хабар-к1алалъе гьаниб заман бук1унареблъи… 

Просмотров: 37 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 22.07.2024 | Комментарии (0)

Автор Ф. Мухlамадова. Июнь 2024 сон.

Халкъияб Собраниялде жиндирго санайилаб Хит1абгун цеве вахъана республикаялъул Бет1ер Сергей Меликов 29 маялда.

2023 соналда гьабизе к1варалъул ва цере ч1арал масъалабазул бицана гьес жиндирго к1алъаялда. Халкъалъул г1умру лъик1лъизабизе ккеялъул, промышленияб ва туристазулаб потенциал борхизабиялъул ва гь.ц. суалал рорхана республикаялъул нухмалъулес. Г1емерго бицана СВОялъул г1ахьалчаг1азул ва гьезул хъизамазе бугеб кумекалъул, рехсана хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса рахъарал Россиялъул Федерациялъул анц1ила цоявго дагъистанияв-Бах1арчиясул ц1арал. «Мы вместе» проекталда рекъон, хасаб рагъулаб операциялъул зонаялда ч1варазе ва лъукъаразе гьабун буго 700 млн гъурщил кумек, 400 млн. гьеб мурадалъе бач1ун буго бюджеталъул гуреб г1арцул (сахаватчаг1и, жамг1иял г1уц1аби-авт.).

Хадубккунги СВОялъулазе, гьезул хъизамазде хасаб к1вар кьезе бугилан лъазабуна Меликовас. Хъатч1ваялдалъун къабул гьабуна залалъ гьес СВОялъул г1ахьалчаг1азе ракьул участокал кьезе лъик1аблъун бихьизабиги.

2023 соналъ республикаялъул экономика борхун буго 5 проценталъ, 9 проценталъ борхун буго гьоркьохъеб харжил роцен (дирго хасаб пикру-киг1ан ц1ик1к1араб рахъалдехун харж гьункьаниги, гьеб г1адатав хъулухъчиясда лъазе рес гьеч1о, даранчаг1азул лъилниги т1адк1алъай, хъаравуллъи гьеч1еб хъант1иялъ зодоре рахунел ругел багьаби сабаблъун-ред.).

Ришватчилъи т1ибит1иялъ республикаялъул энергокомплекалда бугеб раг1а-ракьанде щвеч1еб х1алт1улги рехсана бет1ерас. «2024 соналъ федералиял сурсатаздасан 1,9 млрд гъурущалде гьаризе руго токил мухъазул ва трансформаторниял станциязул реконструкциял».

Транспорталъул ва нухазул бугеб х1алуцараб х1алалдаса рорч1изелъун, гьаризесел х1алт1абазда гьоркьор рехсана: Хасавюрт ва Дербент шагьаразде рачунел объездалъулал нухал гьари, тахшагьаралде жанире-къват1ире рачунелги т1аде рай.

Экономикаялъул кьуч1лъун жиб кколеб агропромышленнияб комплексалъул церет1еял рехсолаго, Сергей Алимовичас мисал бачана 2,5 азарго гаялъ ц1ик1к1арал ц1олбол ахазул (гьеб пихъил бач1ин ц1ик1к1ун буго 40 проценталъ, гьелъул гьабулеб алкоголалъул къадар-5 нухалъ).

Просмотров: 37 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 22.07.2024 | Комментарии (0)

Автор Н. Задиев. Июнь 2024 сон.

Нилъер районцоял машгьурал г1адамазул чит1иралда гъорлъ мустах1икъаб, т1адег1анаб бак1 ккола г1адатаб халкъалъул рек1елъ жиндирго нахъе тарал лъик1ал ишаздалъун хасаб тах ккурав, пачалихъияв ва жамг1ияв х1аракатчи Шагьрудин Мух1амадович Шамхаловас.

Щивха вук1арав гьев, исанисеб сон жиндир ц1аралда районалда т1обит1улеб бугев сахаватав инсан?

Ш. М. Шамхалов гьавуна 1914 соналда нилъер районалъул Т1ануси росулъ. Гьит1инго бесдаллъарав гьесие тарбия щвана Буйнакск шагьаралъул лъималазул рокъоб. Хадув ц1алана г1олохъанал рекьарухъабазул, ралъдал ва рагъулаб школазда. Армиялда хъулухъ гьабун хадув х1алт1ана МВДялъул органазда. Гьениса 1936 соналда ц1ализе вит1ана Грозныялъул т1адег1анаб коммунистияб сельхозшколалде. 1939 соналда гьеб лъуг1ун хадув х1алт1ана республикаялъул партиялъул, советиял ва росдал маг1ишаталъул идарабазда. 

1948 соналдаса нахъе Шамхалов х1алт1ана Дагъистаналъул консервазул тресталъул управляющийлъун ва 1950 соналда гьев вищана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул секретарьлъун. 

1953 соналда т1амуна ДАССРалъул Министразабазул Советалъул председателасул заместительлъун.1957 соналдаса нахъе Дагъистаналъул Совнархозалъул председателлъун. 1963 соналда, Совнархозал риххун хадуб, х1алт1ана ДАССРалъул Совминалъул председателасул заместительлъун,  хадув-т1оцевесев заместительлъунги.

1970 соналда Ш. М. Шамхалов вищана ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председательлъун ва гьебго заманалда, хъулухъалда рекъон гьев кколаан РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председателасул заместительги.

Просмотров: 32 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 22.07.2024 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz