Маялъ кlиго сон сверана 2 росдадасан ва 1 гъутаналдасан гlуцlараб, 429 цlараки жаниб бугеб ва 1310 чияс гlумру гьабураб Тlануси росдал советалъул бегавуллъун Хlажи Гlабдулхаликъов вищаралдаса. Гьеб заманалда жаниб гьабураб хlалтlулги церечlарал масъалабазулги дандчlвалел ругел захlмалъабазулги бицун, гара-чlвари гьабуна рехсарав бегавулгун.
-Хlажи Мухlамадович, ракl бухlанищ гьаб захlматаб заманалда бегавуласул хъулухъ тlаде босиялдаса?
-Кигlанго бигьаяб хlалтlи гьечlониги, дирго гlагараб росдае хъулухъ гьабизе щвеялдаса ракl бухlанин абизе кинго бегьиларо. Гьаб хъулухъалде вачlинегlанги 38 соналъ хlалтlана дун учительлъун росдал школалда. Тарбия-лъай кьун гlезаруна гlемерал гlелал. Амма, кин букlаниги, сокlкlарал саналги дагьал гьечlелъул, цоги болжалалъ чlезеги ракlалда гьечlо. Мунагьал чураяв Шагьрудин Шамхалов 60 сонил ригьалде вахиндал, гьанже хlалтlи гlолохъабазухъе кьезе кколинги абун, жиндиего бокьун, хъван гlарзагун хъулухъалдаса нахъе ун вуго. Гьебги нилъее мисаллъун букlине ккола. Херлъараб мехалда хlинцлъула пикру ва хlабургъуна гlакълу, бажаруларо цебе гlадин хlалтlи цебе бачун. Гьединлъидал, хадусеб гlелалъеги ресал кьезе ккола хlалтlулъ жидерго бажари-гьунар бихьизабизе.
-Хlажи Мухlамадович, кинал аслияб хlалтlаби гьарун бажарарал бегавуллъун вищаралдаса нахъе?
-Дир цебего кlудияб анищлъун букlана росулъе лъим бачин. Гьединлъидал, аслияб къуват рехун букlана гьеб иш рагlалде бахъинабиялде. Гьедин, 3,8 километрадул манзилалда, 50 мм диаметралъул трубабиги лъун, росулъе бачана кlиго цlияб лъел мухъ. Гьанже росулъ кинабгlаги лъел гlунгутlи букlунаро. Тlануси росдал аслияб къотlнобе тlуна хъил. Босана кlиго лъималазул площадкаялъе хlажатаб инвентарь. Щибго квалквал гьечlого, тlадагьаб автотранспорт хьвадизе бегьулеб куцалда гlатlид гьабуна Гlарахъ магlарде унеб нух.
Гьабсагlаталда тlадбан унеб буго республикаялдаго цlар рагlарав машгьурав политикиявгун жамгlияв хlаракатчи, нижер росуцояв Шагьрудин Шамхалов гьавуралдаса 110 сон тlубаялъул юбилей тlобитlиялда хурхун хlадурлъи. Кватlичlого росулъ тlоритlизе буго гьесул цlаралда волейболалъул ва эркенаб гугариялъул рахъалъ республикалъул даражаялъул турниралги.
Нижер советалдаса 46 чияс гlахьаллъи гьабулеб буго Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда. Гьезул хъизан-лъималаздаги бажараралдалъун квер чlвала нижеца.
Нижер буго 75 цlараки жаниб бугеб Хашта абураб гъутанги. Чанго соналъ цебе гьениб бана цlияб школаги. Аслияб къагlидаялъ, гьениб хlалтlи гьабула нижер СПКялъ.
Гlемерал сахаватчагlи жидерго гlагараб росу-ракьалъе кумек гьабулелги. Гьезул цебесеб кьерда вуго росдал “Машгьурал гlадамал” СПКялъул председатель Зиявудин Мухlамадов. Гьес щибаб санайил хасаб къадар гlарцул кьола росдал хlажалъабазе. Росулъа СВОялъул гlахьалчагlазул хlажалъабазе гьес биччан букlана цо млн гъурущ гlарац. Жидерго иргаялда гьез гьеб гlарац кьуна росулъ бугеб Кlудияб Ватlанияб рагъул гlахьалчагlазе бараб памятник къачlазе.
-Щиб хlалтlи-пишаялда рукlунел росдал жамагlат? Сундалъун букlунеб гьезул бетlербахъи?
-Нижер росулъ батlаго квешаб даражаялда гьечlо росдал магlишат. Хурзал рекьи рехун тун бугониги, гlи-боцlи хьихьарал хъизамал гlезегlан руго. Магlарухъ бугеб кlиябго росдал рохьдолъ буго 270 гlан бетlер чlегlерхlайваналъул, хьихьун буго гlага-шагарго 6000 гlан бетlер гlи-цlцlаназулги.
Нижер буго волейболалъул рахъалъ республикаялдаго цlар араб росу. Гьединлъидал, аслияб къагlидаялъ, гlолохъабиги хьвадула спорталъул гьеб тайпаялде. Гьоркьоса къотlизе течlого росдал спортивияб залалда кьола волейболалъул тренировкаби. Гьанже цебетlун бачlине буго футболги.
-Цоги кинал ругел хlалтlулъ церечlарал масъалаби?
-Цlакъ квешаб хlалалда буго Тlанусиса Гlебутlа росулъе унеб нух. Цебеккун чанцlулго чабахги бан, битlа-бишизабун букlаниги, капиталияб ремонт гьабичlого тlубалеб хlал гьечlо гьениб. Хьул буго районалъул администрациялъухъан гьелъие кумек щвелилан. Гьединго ракlалда буго 300 ва 400 м манзилалда Тlануси ва Гlебутlа ругел нухазул участоказде хъил тlезе.
Рагlалде щун бахъун буго нижер генералияб план хlадуриялда хурхун гьабулеб хlалтlи. Гьеб суал тlубарабго ракlалда буго рачlарал гlарзабазда рекъон, гlадамазе ракьазул участокал кьезеги.
Гьединго бан хlадурун буго нижер росулъ цlияб ФАПалъул мина. Амма цо гlиси-бикъинал жалазда бан, гьеб жеги хlалтlизе биччан гьечlо. Хьул буго буго кватlичlого гьеб суалги рагlалде бахъинабизе.
-Ахиралдаги щиб абилеб дуца дурго росабазул жамагlатаздехун?
-Дие кlудияб баркала кьезе бокьун буго гьабулеб хlалтlулъ кидаго кумекалъе ратулел жамагlатазе, жидерго росу-ракь хириял сахаватчагlазе ва щиб къваригlелалъ аскlове аниги, нахъ чlвачlого, ресалда рекъон нижер суалал тlуразе хlаракат бахъулел районалъул нухмалъиялъе. Киназего гьарула щулияб сахлъи, талихlаб, халатаб гlумру ва ракълилаб зоб!
И. Мухlамадов.
|