18 июлалда райадминистрациялда тlобитlана райсобраниялъул депутатазул иргадулаб сессия. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlер собраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас, депутатаз ва цогидазги.
Данделъаразе саламги кьун, сессия рагьана председатель Мухlамад Мухlамадовас. Гьеб сессиялда гьоркьор лъурал суалазул гlемерисел рукlана хlисабкьеязда хурхарал. Гьедин, араб соналъ жиде-жидер бутlабазда гьабураб хlалтlул хlисабкьейгун ва церечlарал масъалабазул хlакъалъулъ бицун депутатазда цере рахъана лъай кьеялъул отделалъул, районалъул централияб больницаялъул (ЦРБ), культураялъул отделалъул ва централияб библиотекаялъул нухмалъулел.
Лъай кьеялъул отделалъул начальник Патlимат Хlамзатовалъ гlатидго бицана рехсараб бутlаялда бугеб ахlвал-хlалалъул. Гьедин, жакъа къоялде районалъул лъай кьеялъул системаялда буго 77 гlуцlи, гьездасан 20 гьоркьохъеб, 7 гlаммаб ва 12 байбихьул классазул школа, 1023 мугlалим ва 38 школалда цебесеб лъай кьеялъул учреждение. Гъоркьисала цlалул соналъул байбихьуда районалъул школазда вукlун вуго 2985 цlалдохъан. 2023-2024 цlалул соналда жаниб, мугlалимзабазул 62% лъугlизарун руго лъай кьеялъул цlиял стандартазда рекъон махщел тlадегlан гьариялъул курсал. Араб цlалул сонил хlасилазда рекъон районалда вахъун вуго 7 медалист, гьездасан 5 меседил ва 2 гlарцул. Лъай кьеялъул бутlаялъул цебетlей борцуна районалъул лъай кьеялъул гlуцlабаз санайил “Современная школа”, “Точка роста”, “Успех каждого ребенка”, “Образование” миллияб проекталъул “Цифровая образовательная среда” ва цогидалги проектал гlумруялде рахъинариялъулъ гlахьаллъи гьабулеб букlиналъги. 11 школалда хlалтlулеб буго “Точка роста”. Исана ракlалда бугила гьеб Гlоротlа гьоркьохъеб школалдаги рагьизе. Амма лъай кьеялъул бутlаялда кигlан гlемерал цlи-цlиял технологиял хlалтlизаруниги, махщел бугел учительзаби гьечlони, хlасил кколарелъул. Хlалтlул загlипал рахъазул ва дандчlвалел ругел захlмалъабазул бицунаго, Патlимат Хlадисовнаялъ рехсана жакъа кадрабазул дефицит букlинги. Гьедин, жакъа 12 школалда гlолел гьечlила учительзаби, хасго хlажат ругила математикаялъул, физикаялъул ва химиялъул мугlалимзаби. Педагогазул гьоркьохъеб ригь бахунеб буго 47 соналде. Гъоркьисала районалде хlалтlизе вачlун вуго гlицlго 14 гlолохъанав специалист. Жакъа къоялде районалдаса 19 чи цалулев вуго пединституталда ва 9 чи педколледжалдаги. 2022 соналдаса байбихьун, райадминистрациялъ педагогикиял вузазда цlалулел ругел студентазе чlезабун буго стипендияги. Гьелъул бищун дагьаб къадар буго 3000 гъурущ.
Сахлъи цlуниялъул бутlаялда бугеб ахlвал-хlалалъул бицана районалъул централияб больницаялъул бетlерав врач Расул Гlабдулаевас. Гьесул рагlабазда рекъон централияб больницаялда буго 110 унтарасе вегизе бакl, цо сменаялда 100 чи къабул гьабун бажарулеб поликлиника, 35 ва 15 унтарасе бакlал ругел участковиял больницаби, цо врачазулаб амбулатория, 16 ФАП ва 32 ФП. 2023 соналда районалда гьабун буго 476 лъимер, гьездасан 225 вас ва 251 яс. Къадаралде щун вуго 190 чи. Хlалтlулъ ругел захlмалъабазда гъорлъ рехана кадрабазул гlунгутlи букlинги. Мисалалъе, жакъа больницаялда хlажат вугила уролог, онколог, 4 участокалъулав терапевт ва цогидалги специалистал. Жеги рагьараблъун хутlун буго гъутабазда гlумру гьабун ругел гlадамазе медикияб хъулухъ гьабиялъул суалги. Гьес чанго рагlи абуна гьаб ахир заманалда гlадамаздаги Интернеталдаги тlибитlун бугеб, районалда СПИД унти багъарун бугин абураб харбил хlакъалъулъги. Гьеб битlараб жо бугин, жакъа къоялде районалда вугин СПИДалъ унтарав 9 чи, гьездасан 1 лъимерги (гьелъие гьеб щун рагlула эбелалъухъан). Амма, гlадамаз бицанихъе, гьеб туристал сабаблъун ккараб жо гурин, нилъерго гlолилазул гlадлу-низам гьечlеб хьвади-чlвадиялъ лъугьараб бугилан тlадеги жубана гьес.
Культураялъул отделалъул ва централияб библиотекаялъул хlалтlул хlисабкьейгун кlалъазе яхъана отделалъул начальник Жавгьарат Хъайтмазова. Гьелъги гlатlидго бицана рехсараб бутlаялда жаниб бугеб ахlвал-хlалалъул.
Цоги сессиялда гьоркьор лъун рукlана муниципалияб буголъиялъул (мина-карт) приватизация гьабиялъул ва Хlариколо советалъул территориалияб планированиегун градостроительнияб зонирование гьабиялъул хlакъалъулъ суалалги.
Киназулго докладазухъги ва гьезда хурхун гьарурал тlасан кlалъаязухъги гlенеккун, ахиралда депутатаз кьуна жидерго суалалги ва хlукму гьабуна сессиялда гьоркьор лъурал киналго суалал тасдикъ гьаризеги. Кидаго гlадин, сессиялда жигараб гlахьаллъи гьабуна цlигьулдерил депутатал Мухlуч Патахlовас ва Муса Мусаевас. Цониги суал хутlичlин абизе бегьила гьез тlасан кlалъай гьабичlеб.
И. Мухlамадов.
|