Т1оцебе районалда г1емерхъулухъазулаб центр (МФЦ) г1уц1араб мехалда цо-цоязда бич1ч1улеб бук1инч1о щиб г1уц1и гьеб кколебали. Рук1ана гьединаб г1уц1и х1ажат бук1инч1илан абулелги. Хадуб, къойидаса-къойиде, г1адамазул ургьибе ана, гьеб гьезие бигьалъиялъе, гьел бат1и-бат1иял хъулухъал т1уразаризе щибаб г1уц1иялде хьвадич1ого, «цо гордухъан» гьезул къвариг1елал т1убалеб пайдаяб г1уц1и бук1ин. Гьелъие нуг1лъи гьабула гьеб г1уц1аралдаса нахъе араб 10 соналда жаниб г1адамазул гьелъул х1акъалъулъ ругел пикрабаздасанги.
Жакъа дун дандч1вана нилъер районалда бугеб г1емер хъулухъазул централъул директор Мах1мудова Хадижат Х1ажимурадовнагун. Гьелдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:
-Хадижат, бокьун буго т1оцебесеб иргаялда нужеда баркизе МФЦ районалда г1уц1аралдаса 10 сон т1убай. Хадубги районалъул газета ц1алулезда бич1ч1изабизе цебе араб 10 соналда жаниб МФЦялда ккарал хиса-басиязул. Г1адамазе гьелдасан кинаб пайда, хайир бугебали.
-Г1емерхъулухъазулаб Центр г1уц1иялъе г1иллалъун ккана, гьадингоги х1алт1и-пишаялда гъорлъ росун рук1унел г1исинал лъимал ругел улбулги, херал чаг1иги ва г1емерал цогидалги г1емераб заманги ч1ван х1ажатал документазда хадуб бат1и-бат1иял инстанциязде ине ккеч1ого гьезие, юридикиял г1уц1абазеги пачалихъиял ва муниципалиял хъулухъал т1уразе г1уц1араб центр. Мисалалъе, паспорт босизе яги хисизе, къват1исел улкабазде ине х1ажалъи ккани гьенире ине паспорт, медицинаялъулаб страхованиялъул полис, чанахъанасул билет босизе, зеленкаби гьаризе, «Зах1маталъул ветеран» абураб ц1ар, лъимер гьабиялъул х1акъалъулъ свидетельство щвезе ва г1емерал цогидалги хъулухъал т1уразе.
-Гьединал ишал т1уразе г1езег1ан хъулухъчаг1иги ратила МФЦялда х1алт1улел?
МФЦялда х1алт1улел руго г1адамазе хъулухъалъе лъик1аб лъайги, бажариги бугел специалистал-деловикал. Гьенибе вач1арав чиясулгун т1оцебе лъай-хъвай гьабула администраторалъ, хадуб щивасул х1ажалъиялъухъ балагьун, гьел уна операторазухъе, производителазухъе, юристасухъе, курьеразухъе, консультантазухъе. Нижер щивав х1алт1ухъан къеркьола г1адамал разияб х1алалда щивасул къвариг1ел т1убазе. Гьелъие нуг1лъи гьабула МФЦялда бугеб г1арзазул ва баркалабазул т1ехьалда хъварал гьара-рахьиязги.
-Дун кутакалда разияй йиго гьаб коллективалъул х1алт1удаса. Ц1акъ мух1канго бич1ч1иледухъ бицуна ясаз кинабго гьабизе кколебщинаб. К1ванаг1ан хехго т1убала къвариг1елги. Берцинал ясазул гьимиялъги рак1 т1аде ц1ала гьанибе къвариг1елалъ рач1ине. МФЦялъул мина нухлул раг1алда бук1иналъги, ц1акъ санаг1ат бук1уна гьанибе нахъе хьвадизе.
*** *** ***
Бокьун буго МФЦялъул т1олабго коллективалъе гьаризе чорхое сахлъиги, х1алт1улъ ч1ах1иял бергьенлъабиги гьаз г1адамазе гьабулеб кумекалъухъ. Гьанир х1алт1улел руго т1аде рач1аразе лъик1лъи бокьулел, ай гьезул къвариг1ел т1убазе жигарал ясал. Нижг1ан Аллагьги разилъаги гьездаса.
-Х1алт1уе г1урал шарт1ал рук1иналда щаклъи гьеч1о дир.
-Х1алт1и мух1канго бачиналъе щивав чиясда цебе буго компьютер ва цогидалги х1ажалъаби. Щибниги г1олареб жо ккани, ах1ула республикаялъул МФЦялде. Гьез гьебсаг1атго ч1езабула нижее х1ажатабщинаб. Т1аде рач1аразул къвариг1ел т1убалаго ц1акъго дагьал минутал гурого инч1олъиялъги МФЦялъул къадру дагьабги борхула.
-Кинал суалазда хурхун бищунго г1емер г1адамал МФЦялде рач1унел?
-Бищунго г1емер г1адамазул рах1ат хвезабун бук1уна ракьул суалаз. Рач1уна зеленкаби гьаризе, лъималазе пособиял, инвалидазе субсидиял гьаризе. Гьедин, къода жаниб нижеца къабул гьарула 30-40 чи, рук1уна цо-цо мехалда 100 чиясдаса т1аде араб заманги. Г1аммаб къаг1идаялъ лъаг1алида жаниб нижеца т1убазабула 30 азаргоялдаса т1аде араб хъулухъ.
-Щай паспортал гьоркьоса къот1ич1ого хисизе кколел? Ригьнаде ун рук1иналдалъунищ яги…
-Аслияб г1иллалъун гьелъие ккола 1992 соналде щвезег1ан нилъ рук1ана Дагъистаналъул Автономияб Советияб Социалистияб республикаялда г1умру гьабулел, гьелдаса хадуб, ДАССР ДРялде сверизабидал, дол цере рук1арал паспортал хисизе кколел руго «Дагъистан республика» абун ц1арги хъван. Цо талих1алъ г1адамазул паспортал ч1орого хисулел руго. Гуребани, г1адамазул багъа-башари бук1унаан.
-МФЦялъ т1убараб хъулухъалъухъ г1арац босулищ?
-Босич1ого г1оларо зеленкаби гьарун, лъимер гьабиялъул х1акъалъулъ свидетельствабазухъ к1иабилеб нухалда кьолел ругони, паспорт кьолеб бугони босула госпощлина, ригьин гьабиялъул яги гьеб биххиялъул х1акъалъулъ свидетельствабазухъги кьезе ккола Пачалихъалъ бихьизабураб даражаялда госпощлина.
-Дуца районцоязда щиб абилеб бук1араб?
-Дие бокьун буго нилъер районалъул г1адамазда лъазабизе МФЦялде рач1ун рук1ин риидалил каникулазул заманалда школлъималазе нилъер республикаялъ г1арацги биччан, ч1орого х1ухьбахъизе ине бегьулел лагеразул ц1арал. Гьезул т1оцебесеб потокалде ана лъимал. Руго к1иабилеб потокалде ине бокьаразеги путевкаби. Рач1а нижехъе. Нижеца нуж гъираялда къабул гьарила. Гьал хадур рехсарал лагеразде: Буйнакскиялда, Манасаулалда, Агачкалаялда, Верхнее Казанищеялда, Аркасалда, Дербенталда, Каякенталда, Кайтагалда, Карабудахкенталда, Магаремкенталда, Хьаргаби, Гъуниб, Унсоколо ва Шамильский районазда.
-Хадижат, баркала гара-ч1вариялъухъ. Хадубккунги гьарула нужее гьабулеб х1алт1улъ ч1ах1иял бергьенлъаби.
Н. Гlалиева.
|