Воскресенье, 08.09.2024, 06:16 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Июль » 22 » ХlАЛТlУЛ ЗАХlМАЛЪИ ГlЕМЕРЛЪИЯЛЪУЛЪ БУГО
15:17
ХlАЛТlУЛ ЗАХlМАЛЪИ ГlЕМЕРЛЪИЯЛЪУЛЪ БУГО

Исана лъагlалил байбихьуда райадминистрациялъул гlуцlарухъанлъиялъулгун правовояб отделалъул начальниклъун тана Парихан Локалова. Рехсараб отдел ккола райадминистрациялъул бищунго кlудияблъун. Гьез гьабулеб хlалтlулги, церечlарал масъалабазулги, дандчlвалел захlмалъабазулги нижее бицана отделалъул нухмалъулелъ.

-Парихан Мухlамадовна, кинал ругел отделалда тlадал ишал ва сунда хурхараб  букlунеб нужер хlалтlи?

-Нижер отделалъул хlалтlиялъ гъорлъе рачуна цlакъ гlемерал рахъал. Гьелда гьоркьоре уна бегавулзабазулгун хlалтlи гlуцlи, бухьен букlине ккола муниципалитеталъул 24 росдал администрациязулгун. Районалъул администрациялъул гьезда хурханщинал суалалги нижер отделалдасан тlурала. Тlуразарула киналго нормативиялгун правовоял акталги. Гьединго нижер хlалтlуда гъорлъ рукlуна киналго кадровиял суалалги. Цониги хlалтlухъан шапакъат кьун кlодо гьавулев вугони яги гьелъул гlаксалда, тамихl гьабизе ккани, гьеб ишги нижер отделалдасан тlубала. Нижер тlей гьечlеб бухьен букlуна республикаялъул Бетlерасулгун Хlукуматалъулгун администрациялъулгун, тlобитlула гьезулгун кинабго документооборот. Гlаммаб къагlидаялъ, нижер отделалда вуго 9 хlалтlухъан ва щивасул руго жиндаго тlадал ишал ва тlуразе кколел масъалаби. 

-Кинал ругел нужерго хlалтlулъ дандчlвалел захlмалъаби?

-Аслияб захlмалъи букlуна хlалтlул гlемерлъиялъ ва щибаб къойил цlи-цlиял программабиги законалги рахъулел рукlиналъ. Узухъда, гьеб киналдаго хадур гъезе бигьаго букlунаро. Жакъа хlалтlи буго кигlан гlемер хlалтlананиги лъугlулареб. Цо хlалтlи гьабун бахъиналде цоги иш тlад чlвала. Гьединлъидал киналдего квер щоларо.

Цебе нижер цоги захlмалъи букlана цlакъ дагьаб гурони харж-мухь гьечlолъиги. Гlемерисел хlалтlухъабазе щолаан техническияб персоналалъе щолелда бащадаб, гlицlго моцlрое бихьизабураб бищунго дагьаб къадар харжил (МРОТ). Рес букlинчlо хlалтlухъабазе премиял кьезеги. Гьединлъидал, дагьабго харжги гlемераб хlалтlиги букlиналъ, захlматго букlана цlиял хlалтlухъаби ралагьизеги ругел специалистал цlунизеги. Гьединал мукъсанал харжал щолел хlалтlухъабаздасан кlудияб хlалтlи тlалаб гьабизецин нечараб ахlвал-хlал букlунаан. Гьанже, 1 июналдаса нахъе харжал цlикlкlана 50%.

-Сундалъун дуца борцунеб бегавулзабазул хlалтlул рахъи?

-Гьелъие букlуна хасаб, законалъ бихьизабураб бегавулзабазул хlалтlул рахъи борцунеб къагlида. Щибаб санайил февраль-март моцlазда анализ гьабула бегавулзабазул хlалтlул ва букlине кколеб къимат кьола щивасул хlалтlуе. Узухъда, хlалтlулев чиясул гъалатl ккечlого хутlуларелъул, ратила гьезул чанги гlоларел рахъалги. Амма, гlаммаб къагlидаялъ босани, нилъер руго цlакъ хlалтlуе жигар бугел бегавулзаби ва гьезул секретарьзабиги. Жакъа гlемераб хlалтlи буго бегавулзабазде тlаде баччизабун. Мегъ-хурги, армиялде гlолохъаби ритlиги, росулъ ток сваниги, лъел труба бихъаниги, гlазу-цlад бан нух хваниги, цогидаб къварилъи-гlатlилъи кканиги, бегавул бищун цеве вортизе ккола гьениве. Узухъда, киназулго гуро ругел гlемерал ресалги, росулъ хlалтlи-пишаялъе къваригlунеб техникаги цогидаб хlажатабщинабги. Амма кигlанго захlмат бугониги, гьез жидецаго ресал ратунги, кlвараб хlаракат бахъула жидерго хlалтlи букlине кколеб даражаялда гьабизе. Цониги бегавул гьечlин абизе бегьула жинда тlад къараб иш тlубазабуларев. Анкьида жаниб цонухгlаги нижеца тlобитlула киналго актуалиял суалазда хурхун бегавулзабазулгун данделъиги. Бищун рахъи бугезда гъорлъ рехсезе бегьула Сиюхъ, Хlариколо, Гlоротlа, Цlада ва Уздалросдал бегавулзаби. Хас гьабун бихьизабизе бокьун буго, заманаялъ Харахьи росдал бегавуласул ишал тlуразарулей, чlужугlадан йигониги, Эльмира Шейховалъул хlаракатчилъиги. 

-Цо-цо росабалъ захlмалъи букlунин абула бегавуллъун тезе чи щунгутlиялда бан?

-Рукlунел ратизе бегьула гьединал захlмалъабиги. Щайгурелъул, дица цебехун рехсовухъе, бегавуллъи гьаби бигьаяб иш гурелъулха. Амма дун гьаб хъулухъалда йигебгlан мехалъ жеги гьединаб суалгун дандчlвачlо. 

-Дур хlисабалда, бегавул депутатазищ яги жалго изберателазищ вищизе кколев? 

-Дица тола кинабго жоялъул гlадин, рищиязулги лъикlабги квешабги рахъ букlунилан. Бегавулзаби гlадамаз рищиялъул лъикlаб рахъ букlана избирателаз жидеего бокьарав кандидатасда бачlинахъего, гьоркьов чиги гьечlого, цlар чlвазе рес букlин. Узухъда, демократиялъул рахъалъ босани, гьеб къагlида цlикlкlун битlарабги букlана. Амма нилъер жамгlият жеги гlун гьечlо демократиялда рекъон гlумру гьабизе ва хlалтlи гlуцlизе. Нилъеда лъала, цересел соназда кинаб ахlи-хlургун ва рагъ-кьалгун нилъер гьанир рищиял тlоритlулел рукlаралали. Щибал рищияздаса хадуб камулароан цоцазда кlалъаларел вац-яцал, цоцалъ балаан тухум-кьибил ва цогидабги гlагарлъи. Гьеле гьеб кинабго тlаса ана рищизул къагlида хисизабиялъ. Амма, бокьилин ккани, росабазул администрациязул ихтияр буго депутатазул хlукмуялдалъун жидерго уставги хисизабун, бегавул жалго избирателаз вищулев къагlида тlад буссинабизеги. Законалда бихьизабун буго бегавул вищиялъул лъабго къагlида: конкурсалъул кьучlалда, избирателаз вищулеб ва депутатаз вищулеб. Гьезда гьоркьоса цояб тlаса бищизе ихтияр букlуна росдал собраниялъул депутатазул.  Амма гьеб хlукму депутатазул хадусеб ахlиялда (созыв) гурони къуваталде лъугьунаро.  

-Цlикlкlунисел депутатаз вихьизавурав кандидат райадминистрациялъ нахъчlвазе рес букlунищ?

-Районалъул администрациялъул ихтияр букlунаро росдал бегавул вищиялде гъорлъе лъугьине. Киналго законалъул тlалабалги тlуразарун ругони, росдал депутатазул цlикlкlунисез цlар чlварав кандидат вахъуна бегавуллъун ва лъилниги ихтияр букlунаро гьесие квекlенал гьаризе.  

 -Ахиралдаги щиб дуца абилеб районцояздехун ва бегавулзабаздехун?

-Дица цебехун рехсовухъе, дандчlвалел захlмалъабазухъ балагьичlого, нижер отделалъул хlалтlухъабазги киналго бегавулзабазги бажарараб хlалтlи гьабулеб буго жидерго росу-ракь цетlезабизе. Гьелъухъ кlудияб баркала буго гьезие. Киназего гьарула щулияб сахлъи, халатаб гlумру ва хъизан-лъималазул талихl. Хадубккунги хlалтlуде регlун хутlаги киналго!

И. Мухlамадов. 
 

Просмотров: 31 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz