Воскресенье, 08.09.2024, 06:07 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 2
Гостей: 2
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Июль » 22 » М. ХЪАЙТМАЗОВ: "УНТАРАСДЕХУН ДУРГО ЦЕВЕСЕВ ЧИЯСДЕХУН ГlАДАБ БЕРБАЛАГЬИ"
14:27
М. ХЪАЙТМАЗОВ: "УНТАРАСДЕХУН ДУРГО ЦЕВЕСЕВ ЧИЯСДЕХУН ГlАДАБ БЕРБАЛАГЬИ"

Досье: Хъайтмазов Мух1амад Гъазимух1амадович Харахьи участковияб больницаялъул бет1ерав врач, «Дагъистаналъул мустах1икъав тохтур». 1982 соналъ Дагъистаналъул медицинаялъулаб институтги лъуг1ун х1алт1изе вит1ула Белгород областалъул Валуйки шагьаралъул участкаялъулаб больницаялъул заведующийлъун, 1992 соналдасан Харахьи больницаялъул нухмалъулевлъун т1амизег1ан х1алт1ана районалъул больницаялда травмотологлъун. Бет1ерав врачасул х1алт1уда исана бан буго 30 сон. Мух1амад профессионалияб рахъалъ вохараб х1ужа буго гьесул нухдасан вас Расулги (стоматолог) яс Пат1иматги (терапевт) ин.  


Щибаб лъаг1алил июнь моц1алъул лъабабилеб гьат1анкъоялъ 1980 аб. соналдаса нахъе улкаялда к1одо гьабулеб буго медицинаялъул х1алт1ухъабазул къо.

Байрамкъоялъ адабгун рехсола ват1анцоязул сахлъи ц1униялда х1ал-рух1 кьун х1алт1улел тохтурзабиги, медсестрабиги, рац1ц1а-ракъалъиялъул мусудулги, медицинаялъулаб оборудование г1уц1улел инженералги, лаборанталги… Къокъго абуни сахлъи ц1униялъул, цоял гьеч1ого цоял т1убалареб т1олабго гъункараб  механизмалъул къеркьохъаби… 

Халкъияб информациялъул алатазда гьоркьоб, вацап кодоб ккурай к1одол баянал гурел, газеталъул гьурмаздасан бач1аралъул к1варги кьуч1ги бугел 1998-2003 соназда къват1ибе араб газеталъул щибаб к1иабилеб номералда камулароан сах гьарурал унтаразул тохтурзабазе баркала кьурал макъалаби. Гьезда гьоркьоб 70 процентниги кколаан Харахьи участкаялъулаб больницаялда регун рук1арал г1адамазул.

Жакъа къоялда кин гъоркьамухъалъул азархана бугебали лъазелъун, нижеца сапар бухьана Харахьибе. Гара-ч1вари гьабуна больницаялъул бет1ерав врач, Дагъистаналъул мустах1икъав тохтур, Мух1амад Гъазимух1амадович Хъайтмазовгун, гаргазаруна жалго унтарал, балагьана киналъухъго нижерго мухбиразулал рит1ухъал бераздалъун. Гъоркьехун бахъулеб буго бихьараб-тарабги.

Больницаялъул х1алт1ухъаналъул ццидал къвач1ил приступги бач1ун гьелъул унти бахъулел, зах1матго унтун яч1арай 1947 соналъ гьаюрай пациенткаялъе сабабазда… т1аде вач1арав чиясда к1алъазе рег1улареб, х1алуцараб ах1вал-х1алалда ратана нижеда гьеб къоялъги херехьдерил сахлъи ц1униялъул хъаравулзаби…Байбихьудаго бич1ч1ана халатаб хабар-к1алалъе гьаниб заман бук1унареблъи… 

 

-Мух1амад, кин жакъа къоялде г1уц1ун бугеб Харахьи участкаялъулаб больницаялда х1алт1и, кинал масъалаби цере ч1ун ругел нужер коллективалда?

-Харахьи зонаялде гьоркьобе унеб 14 росдал г1адамазе бук1ине кколеб х1алалъ, дурусаб медицинаялъулаб хъулухъ гьаби буго нижеда цебе ч1араб аслияб ва бищун к1вар бугеб масъала. Сахлъизариялъулабгун профилактикияб х1алт1и г1уц1иялъе больницаялда буго 13 лъимадуе ва 22 ч1ах1иязе, кинабниги-35 койка. Нижехъе ккезег1ан унтаразе кумекалъе рух1 кьун х1алт1ула 9 фельдшерлъиялъулгун акушерлъиялъул пункталъул х1алт1ухъабиги. Аслияб къаг1идаялъ нижехъе рач1уна рек1елгун мащабазул, чакаралъул, рищалабазул, гьуърузул унтабигун. Къо бахъанаг1ан ц1ик1к1унел руго халкъалда гьоркьор гьел г1узраби.

-Материалиябгун техникияб база кин бугеб жакъа къоялде больницаялъул?

-Больницаялда х1алт1илеб буго биохимиялъулал анализал гьаризе лаборатория, физиотерапиялъул кабинеталда бажаруна 9-10 процедура т1обит1ун, больницаялдаго  бахъизе рес буго ЭКГ.

Районалъул больницаялдасан, биохимиялъул анализаторал руго кьолел. Гьединго бач1ун буго «хехаб кумекалъул» т1адагьаб машина (гьелдеги к1удияб х1ажалъи бук1ана нижер, гемодиалез гьабизе кколел зах1матго унтарал Шамилхъалаялде раччиялъе). 

Узухъда, бокьилаан ц1ик1к1ун баянал жиндасан щолеб УЗИ-аппаратги.

Жибго унтарал регизарулеб стационаралъул минаги буго 1975 соналъго ц1улал хъарщазул гьабураб (сборно-щитовое). Ц1а ккеялдаса ц1униялъул т1алабазда гьеб т1убанго данде кколаро. Хьул буго ц1ияв главврач Расул Мух1амадовичас цо щиб бук1аниги сабаб ургъилин гьелъиеян.

-Специалистаздалъун хьезари кинаб бугеб больницаялда, «Земский доктор» программаялдасан г1олохъанал тохтурзаби рач1анищ нужехъе
 

-Анц1ила цо врач вуго нижер гьаниб халкъалъе медицинаялъулаб хъулухъалъе; 2 терапевт, 3 педиатр, 2 стоматолог, акушер-гинеколог ва гь.ц.  Гьезда гьоркьор 5-6 г1олохъанав специалистги вач1ун вук1ана «Земский доктор» программаялда рекъон х1алт1изе. Гьабсаг1ат райбольницаялда х1алт1улел ругел Камилова Марьямие, Маликова Муъминатие гьанисан щвана х1алт1улаб х1албихьи. Божула, унтаразги адаб гьабулезда гьоркьор нижер ясал дораги ратиялда. Пациентал бищун цересел г1агарал г1адин рокьиялъул рух1алда куцала нижеца г1олилалги. Бокьилаан лъик1ав невропатолог больницаялда х1алт1изе вач1ине, х1ажат вуго цойги терапевтги…

-Унго-унгояв Гиппократил гьаялъе рит1ухъав тохтур кинав вук1ине кколев дур пикруялда, вугищ медицинаялда мисал босарав чи?

-Чияр унти жиндирабголъун бихьизе ккола унго-унгояв тохтурасда. Гьале дир столалда цебе лъун г1урусазул Валентин Войно-Ясенский абурав халкъалъул адабги Сталинил премияги жиндие щун бук1арав анкьгьунарав тохтурасул сурат. Г1иц1го бечедал чаг1азе гурого тохтурасулаб хъулухъ щолеб бук1инч1еб доб заманалъго гьес лъазабун бук1ун буго жив г1иц1го мискин-пакъирасе дару-сабаб гьабулев тохтур вугилан. Г1елмуялда, т1ахьазда цадахъ х1алт1ул аслуялъе гьес росулел рук1ун руго диниял т1ахьалги. Гьезда хъваралда дандеги ккун бачунеб бук1ун буго тохтурасулаб махщелги.
Дунги чанго хъач1го к1алъанги унев ватила дирго пишацоязда, амма гьелъие г1иллалъунги ккола г1иц1го цо х1ужа-унтарал гьездаса разиго хут1и.

-Байрамкъоги т1аде щолеб бугелъул, рехселарищ коллегабазда гьоркьоса лъик1азул ц1арал?

-Гьеб бищун зах1матаб суал буго, цадахъ х1алт1улел киналго жидерго ишги лъалел, х1алт1иги бокьулел г1адамал рук1ин х1исабалдеги босун, гьадинаб лъик1аб коллективалда цадахъ х1алт1изе щвеялдаса вохарав вуго дун… Лъик1ай, г1адамазе йокьулей тохтур ккола гьабсаг1ат х1еж борхулей жий йигей Г1умарх1ажиева Х1алимат, жиндирго х1алт1ухъ рокьи ккарав Бибулатов Мух1амад. Нужеда бихьунги батила, нижер завхоз Мух1амадх1ажиев Мух1амадх1ажица гьабун бугеб берцинаб какирукъ. Рукъалъулги тун больницаялъул х1ажалъаби т1уралев сахаватав инсанги, къиматав х1алт1ухъанги вуго нижер гьев (Гьаниб Мух1амадица бицинч1ого таниги, дидаго рехсеч1ого тезе к1олеб гьеч1о бет1ерав врачасул вас Расулица больница т1егьазабизе бихьизабулеб бугеб х1аракаталъулги. Берцинго шагьаралда стоматологиялъулаб кабинетги рагьун т1анчал рик1к1унев ч1езе рес бук1арав г1олохъанчи х1алт1илев вуго г1агараб росдал жамаг1аталъул г1усал-цабзазул сахлъи ц1униялда. Гьеб гуребги, больницаялда щиб хваниги гьеб бахъинабулев, ток къач1алев, ремонт гьабулелъе жиндирго махщел х1алт1изабулев, саламатав вас вугин гьевилан бицана дида больницаялъулаз – автор).

Х1алт1ухъабазул ч1аголъиялдалъун бана азбаралъуб гьадаб х1ухьбахъиялъулаб беседкаги. Г1емер руго нижер росулъ дару-сабаб босизе, больницаялъул х1ажалъабазе жидерго сурсатал кьолел, кумекалъе рортулел. Гуребани зах1малъилаан х1алт1и цебехун бачине.

-Дур къадада дида бихьулеб буго Дагъистаналъул т1оцевесев президент Мух1у Г1алиевасул сурат. Гьаб, г1иц1го нилъеего пайда бугезул гурого ц1ар рехсолареб заманалда лъил кабинеталда хут1улеб сонисел х1акимзабазул суратал…

-14 соналъ нижер участкаялдасан депутатлъун вук1ана Мух1у Гьиматович. Аск1оре ун нижерго къвариг1елалъул бицине бегьулев, г1адатав инсан вук1ана гьев. Гьесул баракаталдалъун щвараб буго больницаялъе «Хехаб кумекалъул» машинаги, гьаб лъималазул отделениеги административиял кабинеталги ругеб ц1ияб к1ит1алаяб минаги. К1очон тезе бегьуларо нилъее гьабураб лъик1лъи. Гьелда т1адеги Мух1у вуго ц1аралда х1ур к1ут1изе теч1ев х1аким, нилъер районалъулго ч1ух1и.

-Ишцоязда профессионалияб байрамги баркун, щиб абилеб дуца?

-Гьабсаг1ат улкаялъул Президентасул буюрухъалдалъун г1езег1ан рахинаруна медиказул харжал. 70-80 азарго гъурущ щолел специалисталцин руго нижеда гьоркьор, санитаркабазецин щола 27-30 азарго. Гьебцин г1оларого, разилъунгут1и загьир гьабизе лъугьуна цо-цоял. Дие бокьуларо маг1ишатияб хъант1иялъ гьезулъ чилъи, г1аданлъи ч1вазе, унтараздехун бербалагьи хисизе. Хадубккунги биччанте гьезул рокъобе бач1унелда баракат лъезе, рак1алда гьеч1еб къварилъи гьезул лъиданиги бихьунгут1изе. Унтарал гьездасаги, Аллагь киназдасагоги разияб халатаб г1умруги щивасе насиблъизе. 

-Баркала гара-ч1вариялъухъ. Гьединаб иман-бахьи бугеблъун хут1аги Харахьи азарханаялъул коллектив абадиялъ. Хадусеб байрамкъоялдег1аги ц1ияб минаялъуре нужги рахъун, нужеда гьеб баркизе рач1ине нижги ч1аго таги.

-Амин. Баркала заманги батун, халатаб нухги нахъа тун нижехъе рач1аралъухъ.

Гара-ч1вари гьабуна Ф. Мух1амадовалъ.


 

Просмотров: 32 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz