11 июлалда райадминистрациялда тlобитlана школазул директорзабигун данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна муниуипалитеталъул бетlер Нурмухlамад Задиевас, райсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас, лъай кьеялъул отделалъул начальник Патlимат Хlамзатовалъ ва цо-цо росабазул бегавулзабаз.
Данделъи байбихьана экзаменазул хlасилал гьариялдасан. Гьедин, араб цlалул соналъ ЕГЭ кьун буго 180 цlалдохъанас, ОГЭ 272 цlалдохъанас. 19 цlалдохъанасе щун буго 60 цlикlкlун баллал, 7 цlалдохъанасе щун буго 70 цlикlкlарал баллал. Гlурус мацlалъул ЕГЭялъе бищун цlикlкlараб, 86 балл щун буго Гlобода гьоркьохъеб школалъул выпускник Хlабибов Зиявудин Мухlамадовичасе, гьесго росун руго химиялъул ва биологиялъул экзаменазеги бищун цlикlкlарал 83 ва 73 баллал. Обществознаниялъе 90 балл босун буго Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб школалъул выпускница Гьитlинова Патlимат Ахlмадовнаялъ, гьелъиего щун буго историялъул экзаменалъул бищун цlикlкlараб 84 баллги.
Гьоркьохъеб лъай щвеялъул хlакъалъулъ аттестат щун гьечlо 16 выпускникасе.
Гlаммаб къагlидаялъ босани, хlасилаздаса рази гьечlолъи загьир гьабуна районалъул бетlерасги.
“Хlасилал цо-цоязул лъикlал руго, цогиязул реццизе гlадал гьечlо. Ахирисел соназул хlисаб гьабидал, ЕГЭялъул рахъ босани, нилъер хlасилал лъикlлъун руго, амма ОГЭ цого бакlалда чlун хутlун буго. Дун кинго разилъуларо нилъер лъималазухъа жеги лъикl цlалун бажаруларин абураб жоялда. Бищун лъикlал хlасилал рихьизарун руго Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб ва Гlобода школаз, ай гlемерал выпускникал ругел школаз. Гьелъул гlаксалда - республикаялдаго бищун лъикlабин рикlкlине бегьулеб ва хlажатабщиналдалъун хьезабураб, цlияб Гlарани школа-Интернаталъул щуго выпускникасдасан кlигоясе ккун буго кlийилаб. Гьебищха тlубараб цlалул соналда жаниб гьабураб хlалтlул хlасил? Узухъда, цlияб школалда цlалул тlоцебесеб сонги бугелъул, хlалтlулел чагlазул гъалатlал ккечlого хутlуларо. Амма гъалатlал ритlизаризе хlаракат бахъизе кколаха. Гьединалго хlасилал руго бищунго дагьал выпускникал ругел цогидал школаздаги”, - ян абуна гьес.
“Узухъда, гьал хlасилаздаса разияй йигин абизе кинго кlоларо дида. Щайгурелъул, лъагlалида жаниб гьабунщинаб хlалтlуда рекъарал хlасилал гьечlелъулха гьел. Руго школал, цохlо гурони гьечlев выпусникасда экзамен кьезе кlвечlелги. Гьебмехалъ суал бачlуна, тlубараб цlалул соналъ щиб гьабулелдай рукlарал гьеб школалъул коллективилан? Цlалул соналъул байбихьуда нужее ургъел букlуна гlицlго материалияб рахъалъул ва дора-гьанисан ралагьунги, гlезарула лъималазул къадарги. Амма гьедин гlезарурал лъималазул цlалул хlасилазул ургъел лъицаниги гьабуларо. Жакъа нижеца чlалгlаде гуро гьанире бегавулзабиги ахlун ругел. Гьездаги лъазе ккола жидер росдал лъималазул лъай кинаб даражаялда бугебали. Школалъул директорги росдал бегавулги цадахъ рекъон бачине ккола хlалтlи”, - ян абуна лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулелъ.
Патlимат Хlамзатовалъ цоги нухалъ ракlалде щвезабуна школазул сайтал рачиналъул бугеб кlваралъулги. Жакъа, информациялъулгун тlадегlанал технологиязул заманалда, гьабунщинаб хlалтlи Интернеталдасан бихьизабичlони, гьабураблъун рикlкlунарилан абуна гьелъ.
Данделъиялъул ахиралда цо-цо директорзабазгун бегавулзабаз кьуна жидерго суалалги.
И. Мухlамадов.
|