Пятница, 11.10.2024, 15:36 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Июль » 22 » КИНАБГО БАЙБИХЬУЛА РЕКlЕЛ ТlИНДАСАН...
15:25
КИНАБГО БАЙБИХЬУЛА РЕКlЕЛ ТlИНДАСАН...

СССРалъул художниказул союзалде маг1арул руччабазул т1оцее жий йосарай махщелч1ужу ккола нилъер районцояй, Г1обода росулъа машгьураб Казиевазул хъизамалдаса Сиядат Мух1амадовна Казиева. Ургъел бук1ана искусствалъул ч1ужуг1адангун г1аммаб мац1 батизе дидаго к1веладаян, амма жиндирго саназдаса йихьизе г1езег1ан къамарт1го ятарай, жеги г1олохъанаб рак1алъул ракьцоялъ дун т1оцересел лах1затаздасанго асир гьаюна. Гара-ч1вариялда нижеца бицинч1еб жого теч1о дунялалда т1ад.

-Сиядат Мух1амадовна, бицеха кин дур г1умрудул нух суратал рахъиялда бухьараб? Кидагойищ лъалеб бук1араб мун художниклъун яхъунеблъи?

-Дида ккола к1одоэбелалдасанго бижанин дилъ суратал рахъиялде, берцинлъи г1уц1иялде шавкъан. Г1ажаибал давагьинал рессулелъул, долда рек1ехъе лъалаан щибаб расенги к1ич1ги. Суратал рахъулаан дир эбелалъги. (Гьаниб рак1алде бач1ана Сиядатил вац, техникиял г1елмабазул кандидат, профессор Мах1ачица бицун бук1арабги: «Жеги щуго сон бач1ей ч1ужу аск1ое ах1ула эбелалъ Сиядат, гьадаб х1обода к1усун бугеб кету кагътида бахъеян. Анц1ила щуго минуталде ч1агоялда к1иго къат1раг1ан релълъараб кетуги, х1убиги, кинабго сверухълъиги кагътиде рещт1инабула»-авт.) Сиядатица.

Т1орччол г1ерекъалъ эбелалъ бахъараб гьегьги босун уней г1олилалъул сурат бук1ана г1емерал соназ росдал къадазул цо цололъ. Дида кколаан дой ясалъул берзул балайцин бугеб х1алалъ бахъун бугин эбелалъилан. Дирго альбомалда гьелъ бахъараб вехьасул сураталдаги гьороца к1ич1изабураб буртинадул г1инщцин бук1ана х1акъикъияб. Гьит1инаб мехалъго лъезе ккола лъималазулъ гьезул гъира бугеб ишалде кьуч1ал, х1алт1изе ккола гьезие бокьулелда т1ад. Дир умумузул бидулъанго щвана дие гьеб.

Рак1алда буго, ц1алулей йигей ч1ужу дун, к1одоэбелалда кьеразул спектразул, накъищазул данде ккей-ккунгут1иялъул малъа-хъваял гьаризе, давагьин бессизе малъизе лъугьарай. Долъ дир «теория» ч1идбиххизабуна «Гьаб кун гьабцоялде дандеккей-ккунгут1и гьадинго бералда лъазе кколарищилан». Гьединал рук1ана нилъер умумул. Гьезул гьеб г1ажаибаб махщел ц1унизе, г1олел г1елазухъе кьезе х1алт1и гьабич1они, нилъер хадуб рак1бух1изе буго. 

-Г1агараб Г1обода йигеб заманалъ кинаб асар гьабулеб бугеб дуе, бугищ рек1елъ хасаб рохел?

-Санал анаг1ан пашманлъи ц1ик1к1унеб буго дир ват1аналде  щвеялдаса. Цебе ралъдал карачалаби киниги, гьелчелел рихьулаан рекьарал хурзал, боц1и гъезе, рецаризе унел росуцоял. Гьанжейин абуни, рекьулел гьеч1о цебебак1алцин, щивниги лъидениги рег1улев гьеч1о маг1ишаталдаса, халкъалъул яшав лъик1лъун буго, амма гъорлъ журай, гьуинлъи хашлъун буго. Цебе гваял ран цоцазе кумек гьабулаан, гьанже гьеб г1иц1го г1арцухъ гьабулеб буго. Рек1елгъей бук1уна росулъ: рогьаралдаса нахъе дир нусго иш бук1уна-бекьараб-таралъе хъулухъ гьабулеб, рокъоса-г1ебеде. Радалго телефоналде рахъизе ккола щибаб къойил бат1а-бат1айиса хисулел керчал нак1к1ал, азаркьераб сверухълъи…

-Художникасул кверал рижарал ругищ ракьул х1алт1уе?

-(Елъулаго). Дида цо чияс абунцин бук1ана, дир суратал рахъизег1ан х1еренал кверал гьеч1илан. Амма кверал руго г1иц1го алат. Сурат бахъи буго бот1ролъан рек1елъе кьун, гьенисан бач1унеб ц1акъго щвалде щвараб зах1мат.

Рак1 унтула г1адамаз рехун тун ругел хурзал рихьидал. Г1ажаиблъи гьабизе ккараб иш гьеч1ищ, ракьулъ ч1араб цо мугьалдасан лъугьунебщинаб бат1ияб ч1ах1-т1егь. Аллагьас нилъее кьолебщинаб ниг1мат?!

-Кин бижулеб сурат? Дица гьаб т1егь-хер, рух1ч1аголъи жакъа бахъилаян х1исабалдеги босунищ ялъуни циндагойищ?

-Цо сунца бугониги берзуе лазат гьабидал, гьеб хут1ула рек1елъ ва килщал, ихтияр ц1ехеч1ого, лъугьуна гьелъул сурат бахъизе. Балагье, дир «Дерецал» сураталъухъ. Гьанжего гьанже г1аздакьан раккарал гьел т1угьдул ц1акъго заг1ипал жалин кканиги, гьезулъ бугебщинаб т1абиг1аталъул къуват, берцинлъи!

Институталда нижеда малъулаан бищун г1адатаб алат-кьер бугел къалмаз суратал рахъизе. Релъабаз бахъараб бит1изабизе, гъалат1 ккараб бак1 белъине бегьула. Карандашалъул х1алт1иян абуни, буго ц1акъго мух1канго к1вар кьун гьабизе кколеб, берцинаб х1алт1и, цо штрих бац1ц1аницин сурат  хола. Гьелгун х1алт1улаго, нилъгогицин рак1а-рахарула, т1ок1борч1араб мухъ ц1азе х1инкъула.

-Кинав художник дуе рек1ее г1олев?

-Узухъда, анкьгьунарав искусствалъул эмен Леонардо да Винчи. Гьев чияс такрарлъи гьеч1ел суратал нилъее тей гуребги, боржунеб аппаратцин ургъулеб бук1ана доб мехалъго. Ва гьеб боржунеб гьеч1ин «дурусаб берцинлъиялъул гьеч1олъиялъан» рик1к1унаан гьес. Ай кинабго жо, т1ад т1анк1 лъезе бак1 гьеч1ого, беричаб бук1ине кколаан устарасе, жиндирго х1алт1абигиха! («Что несовершенно – то некрасиво»).

-Сиядат Мух1амадовна, рак1 бух1ич1ищ баг1араб дипломгун полиграфиялъул институт лъуг1ун хадуб Москваялда дуе кьолел рук1арал лъик1а-лъик1ал х1алт1абаздаса улкаялъул г1арац гьабулеб азбар (монетный двор), машгьурал басмаханаби) инкар гьабиялдаса?

-Цо къоялъниги бух1ич1о. Гьит1инаб къоялдаса нахъе къват1ир ругони ругьунлъулелги ратила дозул г1адатазде, г1умруялде. Доба кинабго жо бат1айиса буго: рихха-хочун г1едег1ун унел г1адамал, цоцазде бербалагьи, рук1а-рахъин. Байбихьуда дида к1олароан дозда рекъон йилъанхъизе «т1аса лъугьа» бачуней хут1ун йик1унаан, москвичазул г1едег1араб чвахиялда рекъон хьвадизе лъач1олъиялъ. Гьаниб кинабго г1агараб, рек1ее къабулаб буго. Гьабсаг1атги рек1елъ хинлъигун ва баркалагун рак1алде щола институталда дие дарсал кьолел рук1арал, дунялалдаго ц1ар раг1арал художникал – муг1алимзаби. Гьезулгун лъай-хъвай буго къисматалъ дие кьураб к1удияб шапакъат, амма кьалбаз, гьание ц1ана. Ват1анлъидалха!
Дир цо гьит1инаб анищги бицинищ? Т1олабго дунялалъ маг1арул мац1 бицине! (Гьаниб машгьурай художникалъ дие рикьана т1олго дунялалда ругел халкъал Дагъистаналдасан рач1арал ратизе бегьиялъул жиндирго пикраби. Нилъер мац1алда жидер гlинда рагlи релълъараллъун ругел г1емерал раг1абиги рицана гьелъ. Мисалалъе, Цезарь – «цебе зар», Хункал - кутакал рагъухъаби, «т1ок1ал рагъухъабазул ракь» кколеб буго Хунзахъ, Будда – «бут1а» (г1емерал кьерал ругелъул, ересь – «гьереси» …)

Шималияб Кавказалде «аллагьзабазул тахилан» абулеб бук1ун буго цебе дун божула, г1алимзабаз ц1ех-рех гьабун Дагъистаналъул баракатаб ракь лъик1 лъазабуни, гьанир г1емерал нилъее тамашаял балъголъаби ратизе рук1иналда.

Балагье, нилъер ругелщинал махщалилал г1адамал; т1ансаби – салмагал рессиялъулъги, г1арцул, ц1улал т1аг1алаби гьариялъулъги – сундулъго!

Дица ц1алун бук1ана Африкаялда бугеб цо къавмалъул, гьезул кверзул килщазда (кирниги ц1алич1ого) хъвашун лъалеб раг1ула щаг1ил гьабулеб хъабие кинаб биццалъи кьезе кколеб, гьеб кьват1ич1ого, бекич1ого лъугьине ккананияли. Гьединго нилъер анкьумумуздаги лъалаан жидецаго гьабулеб иш, щибниги г1елму ц1алич1ого. Гьеб хаслъи нилъеца нилъерго лъималазухъе ва гьезулги лъималазухъе кьолеб гьеч1они, билун иналда х1инкъиги буго.

Балагье рет1елалъухъцин! Я къокълъун, я халалъун, я къан бук1уна Турциялдаса добаса - гьаниса босараб гурде нилъер руччабазда. Дозулги нилъерги къаркъалаби релълъенго гьеч1ел рук1иналъха! Киг1ан берцинги рекъонгиха бук1унеб нилъерго улбуз рет1унеб бук1араб г1адатаб партал нилъер ясазда?! Нилъерго хассаб, нилъеего хасиятаб…

Щай бегьулареб модельераз гьеб рекъарабги берцинабги ц1униялде к1вар кьезе?

-Т1адег1анаб полиграфиялъулаб лъай бугей инсан х1исабалда, гьикъич1ого тезе к1оларо: т1аде нилъеда бихьулеб сипаталъулищ к1вар жаниб бугеб маг1наялъулищ, газет-журналалда бук1а, сураталда бук1а?

-Г1урусазул аби гьеч1ищха «Рат1лихъ балагьун дандч1валин, г1акълуялъухъ балагьун нухда рег1улин». Гьединлъидал к1иябго цадахъ рекъезабун бачине к1вани гьелдаса лъик1аб щиб?!

Дирго х1алт1улъги г1умруялдаги г1емер рак1алде щола «берцинлъи г1адатлъиялъулъ бугин» абураб г1акълуги ц1акъго чараб, г1ала-гъважа г1адаб щибго берцинаб бук1унаро.

-Малъа-хъвай гьабиларищ байбихьулел художниказе, кин гьел махщел камил гьабиялда т1ад х1алт1илел?

-Дица гъираялда т1орит1илаан сурат бахъизе лъазе бокьун бугел лъималазе мастер-классал, гьаниб росулъ йигебг1ан мехалда…

Щибаб къойил гьабизе ккола бокьулеб иш гьунар бег1ерлъизе. Х1аракат бахъе бет1ер х1алт1изабун, нилъерго пикрабазда квалун сурат бахъизе, гьелъ берги ц1одор гьабула сураталги камиллъула. Х1ал Алжаналъуб батаяв дир вас (Сиядатил гьеб к1удияб камиялъул дихъаго гьикъун инилан х1инкъуца холаго, кьолел рук1ана дица художникалъе суалал, гьелда аск1об бараб ункъго саг1аталда жаниб. Ковидалъул заманалъ Аллагьасул къадаралде щвана гьалъул бищун хириял рукъалъул чаг1и (гьелги художникал)  бет1ергьанчи Юрий Батыров ва цо вук1арав вас Шамил. Гьелдаса нахъе дунялго ч1ег1ерал релъабаз жиндие белъаниги, маг1арулай къуркьич1о. Аллагьас кумек гьабунин жиндиеян пашманго гьимана гьей ... – авт.) щибаб къойил щиб бахъунги  бахъулев-бахъулев ч1олароан. Дица кисточка сайгъат гьабуни, гьеб т1олабго къочун беэдулаан. Гьедиг1анги бокьизе ккола нилъецаго гьабулеб иш. Ч1агоял чаг1азул жах1даги х1усудги камун бук1унаро узухъда. Гьелъ г1емер чиясул г1умру бец1лъизеги гьабула. Шамилил щибаб къойилаб зах1мат бокьиялъ гьунар т1ок1к1ун бук1ана, гьесда к1олаан иконаби хъвазецин (гьеб ц1акъ зах1матаб х1алт1и ккола – авт.)

-Сиядат Мух1амадовна, баркала гара-ч1варилъухъ, сах-саламат таги мун нусго сонилаб юбилей к1одо гьабизег1ан.

Хадураг1и: Сиядат Казиева ккола Дагъистаналъул профессионалиял художниказул цересезул цояй. Гьелъул буго Дагъистаналъул изобразительнияяб искусство цебет1езабуралъухъ кьураб дипломги, Россиялъул культураялъул Министерствалъул Х1урматалъул грамотаги. Гьелъул х1алт1аби рахъана г1емерал каталогаздагун буклетазда, гьаб жакъаги гьелъул х1алт1абаз нур базабун буго Токиоялда бугеб искусствабазул Музеялда.
     
Ф. Мухlамадова. 

Просмотров: 41 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz