15
маялда Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб маданияталъул к1алг1аялда
т1обит1ана райцентралъул данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна росдал бегавул
Мух1амад Т1алх1атовас, гьесул заместитель Т1агьир Мух1амадовас, диниялгун
жамг1иял х1аракатчаг1и Ах1мад Абужанатовас,
Малах1усен Х1усеновас ва Къурамух1амад Абух1овас.
Данделъаразе саламги кьун, бегавул Мух1амад
Т1алх1атовас жамаг1аталда цебе х1исаб кьуна жив хъулухъалде вач1аралдаса нахъе
гьабураб х1алт1ул. Гьедин, чабахги бан ва цо-цо бак1аздасан г1ат1идги гьарун
къач1ан руго райцентралдаса Гъонохъ, Хьини ва Нак1к1икь росабалъе унел нухал.
Къач1ан руго Гъонохъ, Байикь, Ч1ондокь ва Гиничукь росабазул жанисел къват1ал.
Ч1ондокь х1адурун буго спортивияб инвентарь лъезе площадка. Гьединго чабахги
баччун ва цо-цо къват1азде хъил ва бетон т1ун къач1ана райцентралъул къват1ал.
Хасго к1вар кьуна «Т1агьалъ» микрорайоналъул къват1азде. Дагьаб цебег1анги
бетон т1ун, гвандабиги рацун къач1ан руго Хунзахъ росулъ нухал.
Росдал администрациялъул кидагосеб
т1алаб-агъазалъулаб бербалагьиялда гъоркь руго ункъгоялдаса ц1ик1к1ун соналъ
Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялъул г1ахьачаг1игун ва гьезул хъизамал.
Г1аммаб къаг1идаялъ босун, советалде гъорлъе унеб ич1абго росулъ вуго 150
ц1ик1к1ун СВОялъул г1ахьалчи, жакъа къоялде гьездасан къадаралде щун вуго 16 чи.
Гьел киназулго жаназабазда хадувги бегавул живго ун вуго. Советалъул
администрациялъ х1адурун руго СВОялда ч1варал киналго г1олохъабазул мемориалиял
хъарщалги. Гьезул ц1аралда райцентралда гьабуна «Рак1алдещвеялъул ах»,
гьединабго парк балеб буго Хьини росулъги.
Кинабго халкъ жанибе сверулел бак1алги ругелъул,
хасаб к1вар кьолеб буго Хунзахъ ва аск1орго ругел росабалъ сверухълъи берцин
гьабиялде ва цогидалги г1адамазул рук1а-рахъин лъик1лъизабиялда хурхарал
суалазде. Гьедин, гьал ахирал соназда ц1ияб лъималазул инвентарь лъун буго
райентралда Мух1удада Гьит1иновасул ц1аралда бугеб паркалда, исана рак1алда
бугила гьениб фонтан х1алт1изабизеги. Г1аранибги къач1ан буго х1ухьбахъиялъул
парк. Гьединго ц1ияб оборудование кьун буго Байикь паркалда лъезе ва х1адурун
буго Гъонохъ росдае кьезеги. Плиткаги ккун, къач1ан буго райентралъул М.
Г1алихановасул къот1ноб бугеб тротуар. Сверун бугеб къедги ц1и гьабун ва жанибе ракьги баччун г1ат1ид
гьаруна росдал хабзал. Гьединалго х1алт1аби гьаруна Гиничукь хабзалалъги.
Къач1ана райцентралда к1иго ицц. Кват1ич1ого байбихьизе руго Хунзахъа Г1аранибе
унеб нухлул раг1алда базе бугеб аллеялда сверун х1алт1абиги. Нак1к1илъ росулъ
лъун буго ц1ияб трансформатор. Ц1ияб къед гьабун ва бетон т1ун къач1ана Заг1иб
ц1ияб ФАПалда сверун бугеб территория, гьенибе ва аск1обго бугеб лъималазул
ахикье бачана лъим.
Лъел ва канализациялъул ишал районалъул
администрациялъул жавабчилъиялда ругониги, росдал администрациялъги рехун тун
гьеч1о гьел жамаг1аталъе к1вар ц1ик1к1арал суалал. Гьедин, хисана М.
Г1амирхановасул къот1ноб канализациялъул трубаби ва цогидал къват1аздаги лъел
ва канализациялъул трубаби хисизе кидаго кумек гьабула г1адамазе.
Г1олохъабазул спорталде к1удияб интерес бук1унелъул,
к1вар кьолеб буго гьеб бут1аялдеги. Гьал ахирал соназда циндаго цебет1ун
бач1ине буго хоккей. Санайил т1орит1ула хоккеялъул турниралги. Гьебги
х1исабалде босун, исана райцентралда х1адурана хоккей х1алеб хасаб площадка ва
гьениб т1обит1ана т1олабго улкаялдагоцин раг1арабин абизе бегьулеб даражаялъул
республикаялъул Бет1ерасул призазе г1оло турнир. Гьединго санайил т1орит1ула
футболалъул, волейболалъул канат ц1аялъул ва спорталъул цогидалги тайпабазул
турниралги.
Киназулго к1алзухъ бугеб ва хадуб бехъерхъун хут1ун
бук1ана г1адамазе ракьул участокал кьеялъул иш. Гъоркьисала, рач1арал
г1арзабазда рекъон СВОялъул г1ахьалчаг1азегун г1емер лъималазул хъизамазеги ва
цогидазеги кьуна 300 ц1ик1к1ун план. Цадахъго х1адурана гьезие "зеленкабиги". Гьабсаг1аталда т1адран унел руго ц1иял
участокал кьурал бак1азда нухал рахъиялъул х1алт1аби. Амма гьеб х1алт1и жеги
раг1алде бахъун гьеч1ин, цо г1адан гьоркьов теч1ого, законалда рекъон, ракьул
участок щвезе кколевщинав чиясе кьезе бугилан т1адеги жубана бегавулас.
Гьединго жидеца рекьулел рук1арал яги харибак1ал планазе кьурал бет1ергьабазул
рес бугила, советалдеги рач1ун, данде кколеб бак1ги т1аса бищун, ижараялъул
къот1и-къайги гьабун, жидехъего ц1ияб хур яги харибак1 босизеги.
Х1исаб кьун хадуб, бегавулас жавабал кьуна
жамаг1аталъул суалазеги. Г1адамазул рах1ат хвезабулеб бугоан къо анаг1ан росулъ
г1и-боц1и хьихьизе санаг1алъи дагьлъулеб бук1иналъул, хасалил заманалда цо-цо
авалазда лъел г1унгут1иялъул, магъил г1адлу-низам ц1униялъул, к1удияб ц1ияб
мажгит баялъул ва цогидалги росдал жамаг1аталъул г1умруялда хурхарал суалаз.
Данделъиялда хасаб бак1 ккун бук1ана магъил
г1адлу-низам ц1униялъул ва г1и-боц1и хьихьиялъул суалаз. Гьелда хурхун х1укму
ккана, боц1уда толев вехьасе моц1рое 100 000 гъурущ харжги ч1езабун, 18
маялъ росдал рехьедги гъезе ва 1 июналде росдал кинабго г1иги маг1арде
щвезабизе. Гьелдаса хадуб, магъилъ батараб чу-хьваниялъул бет1ергьанасда
къот1изе буго 1000 гъурущ г1ак1адул, х1айваналдаса – 500 гъ., г1иялъажоялдаса
300 гъ.
Гьединго данделъиялда к1алъаял гьаруна диниялгун
жамг1иял х1аракатчаг1и Ах1мад Абужанатовас ва Малах1усен Х1усеновас. Гьез бицана диналда
жамг1иябгун ва магъил г1адлу-низам
ц1униялъул бугеб к1варалъул ва жамаг1ат ах1ана цоцазда гьоркьор рижулел
суалал берцинго ва сабуралда т1уразе.
И.
Мух1амадов.
|