Районалъул чанго росабалъ, унел руго
бат1и-бат1иял х1алт1аби. Г1иц1го росабазул мукъсанабго бюджеталдаги божун
ч1еч1ого, г1емерисез бегавулзабаз х1аракат бахъулеб буго х1алт1абазе спонсорал
ралагьизе. Жалго жамаг1атазги бак1арулеб буго г1арац росдал х1ажалъабазе.
Гьамущи х1ухьбахъиялъул парк Гьал къоязда «Жилье и городская
среда в Республике Дагестан» абураб программаялда рекъон росулъ байбихьана
ц1ияб х1ухьбахъиялъул парк баялда хурхун х1алт1аби. Гьелъул г1ат1илъи бук1ине
буго 250 квадратияб метр. Проекталда рекъон, гьенир рук1ине руго скамейкаби,
лъималазул гьелчерабигун хъещт1ераби, кьишнидул урнаби, лъезе руго
видеокамераби ва паркалъул территория сверун къазе буго маххул решеткабаз. Сметаялда рекъон объекталъул г1аммаб багьа бахунеб буго 1
285 878 гъурщиде. Г1ага-шагарго, рииялъул ахиралдехун киналго х1алт1аби
раг1алде рахъине рак1алда бугилан бицана росдал бегавулас.
Ччук1ун бач1унаредухъ, сверун
бетоналъул къедги гьабун ва жеги г1ат1ид гьабун, къач1алеб буго росдал
хабзалалъе бугеб нух. Бетон т1езе буго жибго нухдеги. Гьеб х1алт1и гьабизе цо
миллионгун к1инусазаргоялдаса ц1ик1к1ун гъурущ бак1арун буго жамаг1аталъ ва
цо-цо хасал спонсораз. Г1орут1а лъел труба хисулеб буго Байбихьун буго росу гьекъолеб
лъедалъун хьезабулеб бассейналъуса къват1ибе унеб труба хисизе. 200 г1ан
метрадул манзилалда 70 г1ан соналъ цебе лъун бук1араб басралъараб щаг1ил
трубаялъул бак1алда лъолеб буго ц1ияб макърал труба. Гьединго дагьаб цебег1ан
29 метрадул халалъиялъул къед гьабун буго росдал гьобоялда цебеги.
Г1обода хъил т1араб нух Сахаватчиясул г1арцуде 70 г1ан
метрадул манзилалда хъил т1уна росдал цо къват1алъул гьит1инабго участокалде.
Районалъул т1алъиялъ г1арацги биччан, гьединабго манзилалда хъил т1уна цоги
къват1алъул участокалдеги.
Гъоркье чабахги бан, 300 ялдаса
ц1ик1к1ун метрадул манзилалда хъил т1езе х1адурулеб буго Гъоркьколо росдал цо
къват1ги. Рехсараб х1алт1иги гьабизе
буго райадминистрациялъул сурсатазде. Цо райцентралъул гуреб гьит1инал росабазулги агъаз Исана дунял хинлъаралдаса райцентралдаги
т1адран унел руго бат1и-бат1иял х1алт1аби. Бетон ва хъил т1ун, гвендалги рацун,
къач1ана Хунзахъ росдал жанисеб чанго нух. Гьединго унел руго араб соналъ г1адамазе
кьурал ц1иял ракьул участокал ругел территориязда ссанал рахъун ва гох1ккарал
бак1ал рит1а-ришизарун, нухал рахъиялъул х1алт1абиги. Росулъе жанире рач1унеб
бак1алда шагьраялъул к1иябго рахъалдасан бук1инесеб аллеялъул территориялда
дренажалъулаб система гьабизе 200 метрадул манзилалда бухъун буго рахъ. Г1иц1го райцентралда гуребги, росдал
администрациялъ к1вар кьолеб буго советалде гъорлъе унел цогидал росабаздеги.
Гьедин, чабахги бан къач1ана Гъонохъе унеб нух. Гьебго Гъонохъ ва Байикь
росабалъ х1адурана лъабго кьишнидул площадкаби. Квалквалги гьеч1ого т1адагьаб
автотранспорт хьвадизе санаг1ат бук1унедухъ г1ат1идги гьабун, чабах базе
х1адурулеб буго цебе г1и-боц1ул базар лъолеб бук1араб Г1араниб хъалаялда
цебесан бугеб нух. Илълъа маг1арда бугеб заманаялъ кьишни-къул ц1унулеб бак1алдаги
гьабуна бак1а-бахари ва чабахги бан къач1ана гьенибе унеб нух.
Х1ариколо ччук1араб нух къач1ан, К1ахъ спортивияб майдан бан Байбихьун буго Х1ариколо росулъе
унеб нух ччук1ун бач1араб участок къач1азе. 50 метрадул манзилалда гьениб
гьабулеб буго 3-4 метр борхалъидул къед. «Дагавтодор» ГКУялъул заказалда рекъон
гьеб х1алт1и гьабулеб буго «ДорСтройТех» г1уц1иялъ.
Гьединго республикаялъул Спорталъулгун
физкультураялъул министерствоялъул заказалдалъун К1ахъ росулъги балеб футбол,
волейбол ва баскетбол х1азе рес бугеб спортивияб майдан. И. Мух1амадов.
|