Главная » Архив материалов
Автор. Г1иса Г1исаев. март 2011 год.
Гъурщие как балеб,
кепкие сужда гьабулеб, пайда-хайиралъул гурого ургъел гьечӀого, тӀабигӀат чорок
гьабулеб, гӀадамасул сахлъиги, гӀумруги, гӀемераб цогидабги кепказухъ кьолеб гӀуцӀиялда
гӀумру гьабизе хъван бук1ун буго нилъее. Г1емерлъун ругел унтабазеги, хвалиеги
аслияб гӀиллалъун гӀалимзабаз химиялъ чорок гьабураб тӀабигӀатги, кир, сундул
гьаруралали лъаларел квенин цӀар лъурал суррогаталги ругин чӀезабулеб буго.
ХъантӀарал, гӀорцӀи лъаларел буржуяз Цейлоналъул чайилан гӀачи-оцазул ракул
лъим гьекъезабиги, сосискабийин колбасайин цӀар лъурал суррогаталги
фальсификаталги кваназарулел рукӀинги нужеда бицине ккеларо. «Самопал» гьекъон,
аза-азар чи холев вугин Россиялдаян, загьруяб гӀаркъицаги наркотиказги гӀадал
гьабулеб бугин Россиялъул халкъан ахӀи бай гурого гьеб гьукъизе пачалихъалъ
гьабулеб жоги гьечӀо. Т1ад ретӀунеб ретӀелцин, лъималазул игрушкабигицин
гьечӀо заралиялги загьруялги гурел. эбелалъул чохьонирго ругел лъималцин
гьарулел руго унти ккаралги г1ажизалги.
|
Автор. Гара-чӀвари гьабуна НАПИСАТ ГӀАЛИЕВАЛЪ март 2011 год.
Гьаб ахираб Ӏ0
соналда жаниб гӀаммаб лъай кьеялъул бутӀаялда гьаруна гӀемерал хиса-басиял.
Культураялъул ва искусствалъул бутӀаялда кинаб ахӀвал-хӀал бугебали лъазелъун
жакъа нижер мухбир дандчӀвана районалъул искусствалъул школалъул директор МухӀамадов
МухӀамад ЖабрагӀиловичгун ва гьесие кьуна чанго суал.
|
Автор.Мух1амадова Патимат. март 2011 год.
Нилъер районалъул
ШототӀа росулъа Зиявудин ва МухӀамад МухӀамадовазул лъик1ал ишазулги
сахаватлъиялъулги раг1ич1ев ва лъаларев дагъистанияв цониги ватиларо нилъеда
гьоркьов. Мух1амад ккола Смоленск областалдасан Федерациялъул Советалда
сенатор, Зиявудин «Сумма капитал» компаниязул къокъаялъул директор.
|
Автор. Г1иса Г1исаев. январь 2011год.
Гьамущи гьоркьохъеб
школа ккола районалдаго к1удиязул цояб. Жакъа къоялде школалда ц1алулев вуго
223 ц1алдохъан. Цогидал росабалъго г1адин, Гьамущи гьоркьохъеб школалде
рач1унел лъималазул къадарги дагьлъулеб буго. 2001 соналде дандеккун
ц1алдохъабазул къадар 60 чияс дагьлъун буго. Гьелъие ругел г1иллабазул цояблъун
школалъул директор Шагьрудин Мухамадсайгидовас рик1к1унеб буго г1олохъанал
хъизамал бет1ербахъиялъе (заработкабазе) гочине кколел рук!ин.
|
Автор.Патимат Мух1амадова редактор . февраль 2011 год.
Араб соналъул ахиралда
Кизилюрт районалъул ва шагьаралъул жанисел ишазул отделалъул начальниклъун
т1амуна нилъер районцояв, милициялъул полковник Заирбеков АсхӀабгӀали МухӀамадович.
|
Автор.КъурамухIамадов Гъайирбег,бакIалъулаб телевидениялъул редактор. Март 2011 год.
Щибаб санайил, цӀияб
сон тӀаде щведал киналниги Дагъистаниязулго гӀадин дирги пикру букӀунаан, цӀияб
сон цебесеб соналде дандеккун, къварилъаби дагьаб, роххел гӀемераб, къокъ
гьабун абуни сундул рахъалъ босаниги беричаб, бечедаб рахӀмат цӀикӀкӀараб, ритӀухълъи
гӀемераб, гӀадамаз цоцазе кумек квербакъи цӀикӀкӀун гьабулеб, жахӀда-хӀусуд
дагьаб, тунки-гӀуси лъугӀараб, багьаби гӀодорегӀанал, гӀарац цӀикӀкӀун щолеб
сонлъун букӀинилан. Амма щаялиго, исанаги сон байбихьана киналниги кванил нигӀматазухъ
багьаби цӀикӀкӀинариялдасан, къайи-цӀа хира гьабиялдасан, цӀатариялъул багьаби
рорхизариялдасан, къокъ гьабун абуни, мискинчиясул гьадингоги къараб тӀаждал
рачел дагьабги щула гьабиялдасан. Гьереси щай дирго хьул букӀана гӀадатиял
дагъистаниялги рищун Республикаялда тӀобитӀараб Съездалдаса хадуб Дагъистаналда
коррупцияги, клановостьги лъугӀилин, гӀадлу-низам лъикӀлъилин, гӀадатиял
дагъистанияз жидерго ругел унтаби, гӀузраби, къварилъабиги рицун цо къадаралъ
гьезул яшав цебе тӀелилан. Амма пайда щибха, кибехун гӀиял рехъен буссинабуниги
щиб, дугӀби церехун унин абухъего, гӀадатиял дагъистаниязе пикру бицине рагӀиги
кьечӀого, трибунаялда нахъа гӀодор чӀана долго хӀакимзаби, кӀалъазе рахъана гӀемерисел
жакъасеб Дагъистан «тӀегьазабулел» ругел чиновникал. Гьелъги бицунеб буго кигӀан
гӀадатиял гӀадамал, квеш бугин, ритӀухълъи гьечӀилан ахӀтӀаниги, хӀалакъаб
чахъдал гъадигӀанги гьеб лъиданиги рагӀулареблъи, гьеб рагӀизе бокьарав хӀакимчиги
къанагӀат гьечӀолъи, хасго гӀадатиял дагъистанияз гьаркьалги кьун, божилъиги
гьабун рищарал ругониги.
|
Автор: ГIиса ГIисаев. март 2011 год.
Хунзахъ тӀалъи буго
Дагъистаналда бищун квачараб, хасало гьава-бакъалъул санагӀат гьечӀел шартӀазул
бакӀ. Гьаниб печь бакун рукъзал хинлъизаризе ккола 7 моцӀалъ, октябралдаса
байбихьун маялде щвезегӀан. Июль моцӀалъ гӀодоб чӀараб гӀазу баялда гьаниб
лъицаниги гӀажаиблъи гьабуларо. Гьеб киналдаго тӀаде тӀалъиялда гьечӀо гъветӀ-рохь
гуреб, хъархъалцин. Районалъул гӀадамазе кӀвар бугеб суаллъун буго хасалоялде тӀурччи-цӀулалъул
нахърател гьаби. Гьанибе цӀатари баччи, гӀураб къадаралда тӀурччи-цӀулалдалъун
районалъул гӀадамал хьезари бараб буго «Дагтоппром» ОАОялда. Гьеб гӀуцӀиялда
район тӀурччи-цӀулалдалъун хьезаби тӀад букӀин гӀадамазе битӀахъе балагьлъунги
лъугьун буго.
|
|