Мах1муд
Г1абдулхаликъов, Г1агарав
чи, дир гьудул, Дагъистаналъул
артист, Аваразул
Насрудин!
Исламалда
абула, г1адамазе рохел, гьими бикьиги садакъа кколилан. Г1емерал гьеч1о
районалъул г1адамал жидеца щивасул рек1елъ рокьиялъул, берцинаб бербалагьиялъул
асар тарал.
Гьезда
гьоркьор ц1акъго дагьал руго х1акимлъиялъул сверудаса чаг1и. Дун йохарай йиго
хундерил творчествалъулал г1адамал мат1уг1ан рац1ц1адалги, хун хадургицин
«Лъик1ал рук1анин, х1ал Алжаналъуб батаги» ян рехсолеллъун хут1иялдаса.
Гьединазул цоявлъун вуго «Дагъистаналъул артист, аваразул Насрудин» Мах1муд
Г1абдулхаликъовги. Исана т1убала гьев гьавуралдаса 100 сон. 60 соналдаса
ц1ик1к1ун г1умрудул сонал РСФСРалъул мустах1икъав артистас кьуна театралияб
искусствалъе.
Гьавуна
Мах1муд нилъер районалъул Гъоркьколо росулъ. Школа лъуг1арав 16 сон барав чи
вач1ана гьев Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб музыкалиябгун драмаялъул
Авартеатралде. Рагъде киналго артистал араб 1941 сон бук1уна доб. К1иго моц1ил
х1албихьиялъул болжалгун театралде восарав Г1абдулхаликъовас бихьизабула
жиндирго театралияб бажари-гьунар…. ва заманалдасан гьев лъугьана халкъалда
гьоркьов вокьулев ва машгьурав артистлъун. Россиялъул Халкъиявгун мустах1икъав,
Дагъистаналъул Халкъияв артист, Зах1маталъул Баг1араб Байрахъалъул, Гьудуллъиялъул
ва «Знак Почета» орденазул кавалер, г1емерал грамотабазулгун шапакъатазул
бет1ергьан, гьелда гьоркьоб аслияб-публикаялъ рак1алъ восарав инсан, Артист. Г1абдулхаликъовасе
Аллагьас кьураб т1абиг1ияб гьунаралъги, гьесул жиндирго бергьараб пагьмуялъги,
щибаб къойилаб свак лъалареб зах1маталъги, театралде бугеб рокьиялъги
лъугьинавуна гьесул миллияб сценаялъул унго-унгояв махщалилав. Дагъистаналъул
гурел, федералиял СМИяздацин чанц1улго хъван бук1ана гьесул музыкалияб ва
сценическияб гьунаралъул, т1аг1амаб комизмалъул ва Халкъияб махсара-хоч1
х1алт1изабизе бугеб гьунаралъул.
Мах1муд
Г1абдулхаликъовас х1ана бат1и-бат1иял г1амалазул, заманабазул, г1адамазул
150-ялдасаги ц1ик1к1ун роль. Гьезда гьоркьор рук1инч1о г1иц1го хоч1илал
образал. Гьанир: лирикиялги, драмаялъулалги, политикиялги образал.
Авартеатралъул меседил фондалда гьоркьор руго Мах1мудица х1арал: Ягол (У.
Шекспирил «Отелло»), Амадейил (В. Гюгол «Анджело»), Ленинил, Хъах1аб росулъа
Мах1мудил, Чангъиласул (М. Г1абасил «Камалил Башир») ва гь. ц. ролал. Щивха
нилъеда гьоркьов вугев Мах1мудил «Малла Насрудинил» махсарабазда к1арич1ев
чиги?! Кинематографиялдаги цеве вахъана артист рак1алда ч1оледухъ. Расул
Х1амзатовасул «Маг1арулалда» дов, гучаб к1варалда хабар бицунев, Асият гьаризе
вач1арав сог1ав к1уди лъида рак1алда ч1еч1ев? ГИТИСалъул дипломниял
спектаклязда церерахъиназухъ т1адег1анаб къиматги щвана Г1абдулхаликъовасе ва
1960 соналда Москваялда Дагъистаналъул искусствалъул ва литератураялъул
Декадаялда гьабураб г1ахьаллъиялъухъ артист мустах1икълъана «За трудовую
доблесть» медалалъе.
1978-1982
соназ М. Г1абдулхаликъовас т1уразарула Авартеатралъул директорасул ишал, вищула
Мах1ачхъалаялъул Ленин районалъул советалъул депутатлъун, культураялъул
х1алт1ухъабазул профсоюзалъул обкомалъул членлъун, театралиял х1аракатчаг1азул
т1олгороссиялъулаб союзалъул Дагъистаналъул отделениялъул правлениялъул
председателасул заместительлъун. Г1умруялъул ахирисел къоязде щвезег1ан Мах1муд
вук1ана республикаялъул жамг1ияб г1умруялъул, искусствалъул цебесеб кьерда,
г1адатал г1адамазе рохелги насих1атги бикьулев.
Унго-унгояв
Халкъияв артист Мах1муд Г1абдулхаликъов Аллагьасул къадаралде щвана 2007
соналъул 9 декабралда. Амма г1адамазул, театралиял махщелчаг1азул рек1елъ гьев
хут1ана лъик1ав, аваданав, пагьму-гьунар бугев инсанлъунги, такрарлъи гьеч1ев
артистлъунги. Х1ал Алжаналда батаги гьев сахав, рохелгун аваданлъи бикьулаго
г1умру арав инсанасул. Амин.
Ф.
Мух1амадова.
Цо
Мах1муд г1елаан маг1арулазе- Борхатаб
маг1арда г1ишкъуялъул ц1а; Амма
досул ц1аргун мун вач1аравго, Ц1ва
жеги гвангъана нилъер т1алъидул.
Дов
г1адинав шаг1ир, мун г1адав артист, Цо
г1асруялъ кьураб кьурабазул халкъ. Кьилимег1ералъул
г1адада гуро,
К1иго
бет1ер бугеб, даим хут1улеб.
Р.
Х1амзатов
|