Автор: ГIиса ГIисаев. март 2011 год.
Хунзахъ тӀалъи буго
Дагъистаналда бищун квачараб, хасало гьава-бакъалъул санагӀат гьечӀел шартӀазул
бакӀ. Гьаниб печь бакун рукъзал хинлъизаризе ккола 7 моцӀалъ, октябралдаса
байбихьун маялде щвезегӀан. Июль моцӀалъ гӀодоб чӀараб гӀазу баялда гьаниб
лъицаниги гӀажаиблъи гьабуларо. Гьеб киналдаго тӀаде тӀалъиялда гьечӀо гъветӀ-рохь
гуреб, хъархъалцин. Районалъул гӀадамазе кӀвар бугеб суаллъун буго хасалоялде тӀурччи-цӀулалъул
нахърател гьаби. Гьанибе цӀатари баччи, гӀураб къадаралда тӀурччи-цӀулалдалъун
районалъул гӀадамал хьезари бараб буго «Дагтоппром» ОАОялда. Гьеб гӀуцӀиялда
район тӀурччи-цӀулалдалъун хьезаби тӀад букӀин гӀадамазе битӀахъе балагьлъунги
лъугьун буго.